Исанаги нилъее рес щвана жинда жанив хирияв МухIаммад Авараг (гl.c.c.) гьавиялдалъун хиралъараб рабигIул аввал моцI кIодо гьабизе. РабигIул аввалалъул I2-абилеб къо лъагIалида жаниб бищун хирияб бугилан абулел гIалимзабиги руго, Аллагьас гIаламалъего рахIматлъун витIарав Авараг (гl.c.c.) жанив гьавидал.Гьесдалъун буго нилъер хвасарлъи. Авараг (гl.c.c)нилъедасагоги цIакъ вокьизе кколеблъи лъалеб бугониги, нилъехъа гьеб тIубанго бажарулеб гьечIо.Амма гьеб рокьиялде гIагарлъулел ишалгIаги гьаризе тIалъула нилъеда. Авараг (гl.c.c.) вокьи хIасуллъизе ккани, нилъедаги тIадаб буго гьесул хIакъалъулъ гIемер бицине, гьелда хурхарал данделъаби гьаризе газетазда хъвазе, радио-телевидениялдасан бицине.Цо-цояз гьелде инкар гьабулеб буго ургъунго, ялъуни жидерго лъай-гIакълу гьечIолъиялъ, гьеб Аварагасул(гl.c.c.) заманаялъ букIинчIилан. Пикру гьабеха:Аварагасул (гl.c.c.) заманаялъ щибго хIажат мавлид гьабиялде букIинчIо, асхIабзабазда гьесул хIакъалъулъ лъалеб букIиндал. ХIатта гьесул сурат цебеса унарого хIажат тIубазе захIматалги рукIана. ГIалимзабаз хасал данделъаби гьарун Аварагасул (гl.c.c.) хIакъалъулъ бицине байбихьана гIадамазул иман загIипаб лъугьиндал, гьесул хIакъалъулъ бицунелги дагьлъидал.Хадуб, данделъаби лъедерлъун индал, иман цIикIкIараз жигар бахъана лъагIалида жаниб цо моцIгIаги (рабигIул аввал) Аварагасул (гl.c.c.) бицун инабиялда тIад хIалтIизе, гьедин кIвечIони, гьев гьавураб къоялъгIаги гьесул бицине, гьедингIаги гьабичIони, Авараг (гl.c.c.)вокьи цIакъго дагьлъиялда хIинкъун. Гьадинаб мажлис какулев ва гьеб къосин бугилан абулев чи гIакълу-лъай бугевлъун кин вукIунев?! Амма цIунизе ккела мавлидалда шаргIалда рекъоларел данделъаби гьариялдаса:бихьинал-руччаби журан, руччаби лага бахчичIеб ретIел ретIун рукIун, шаргIалъ гьукъараб квана-гьекъолеб жо букIун, къваригIел гьечIеб, хIарамаб калам букIун.Мавлид гьабулаго ният букIине ккела гьелдалъун Аллагь-Аварагасдехун (гl.c.c.) рокьи цIикIкIине,гьелдалъун нилъер квешал данделъабазул мунагьал чуризе ва Аллагь разилъизе. ХIисаб гьабуни, мавлидал гьариялъулъ пайда ва баракат гуреб жого гьечIо ва гьеб гьукъи ва гьукъулезда божи гIантлъи ккола.
Хириялгин пашманал лъазе лъикIал лъаб-лъаб къо.
Бищун хирияллъун лъазе гьарурал, Лъабго къойин бугеб гьаб дунялалда. Диналъул вацазда лъазе рукIине, Лъезин кагъаталда киналго рехсон.
ТIоцебесеб ккола Адам авараг, Алжаналда жанив вачараб цо къо. Гьелъул хиралъиги, элъул кIодолъи, КIудиясда гуреб лъазе кIолареб.
КIиабилеб ккола нилъер Авараг, Ракьалде вачIараб рабигIул аввал. Эсул хиралъиялъ халкъалъе баркат, Кинабго бакIалда батизе бугеб.
Лъабабилеб ккола Магьди Авараг, Вахъине вугеб къо къимат кIудияб. Гьесул къоял ккола бищун рахIатал, РахIматал халкъалде тIаде чвахарал.
Гьеб лъабабго къогIан къимат цIикIкIарал
Къоял цойги гьечIо гьаб дунялалда. Дунял-гIаламалъе шапагIат щолев, Щвайги Расуласул нилъее баркат.
Бищун пашманалги ругел лъабго къо, Лъазе рехсон телин эзулги цIарал. ТIоцебесеб ккола Адам авараг, Алжан тун къватIиве вахъараб цо къо.
КIиабилеб ккола нилъер Авараг, Накълулъун тIолго халкъ пашманлъараб къо. Лъабабилеб ккола Тажалги вахъун, ТIолго гIаламалде балагь щвараб къо.
Гьел лъабго хириял, лъабго пашманал, Лъазе кколел къоял руго нилъеда. Нилъер хIабибасул вижиги хвелги, Халикъасда гуреб лъазе кIоларо.
КЪУРБАНГIАЛИ ПАТАХIОВ, Сивухъ росу
|