Суббота, 27.04.2024, 13:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Автор.Мух1амадх1ажиева Мадина.Хьиндахъ росу.апрель 2011год

8 марталъ къват1ибе бач1араб «Росдал зах1матчи» газеталда бахъараб «жаваб щвезе зах1матал суалал» абураб макъала ц1алараб мехалъ босана цойги нухалъ къалам кодобе, дир цебесеб, гьединго рит1ухълъи ц1ехон хъвараб статья газеталда бахъич1ониги. Авторасги бах1салде х1адурав вугилан хъвалеб бугелъул, бокьилаан дирго пикруги загьир гьабизе.

Просмотров: 886 | Добавил: NiGMaT | Дата: 13.04.2011 | Комментарии (0)

Автор.Г1.Г1алилаев.апрель 2011год.

Дир «инсул» хур, харибак1, ссан ва ах» абурал раг1аби г1адамазул бот1ролъа инаризе к1веч1о 70-80 соналъ советияб г1уц1иялда. Советияб пачалихъ бихун хадубги гьел раг1абаз цо-цо г1адамазул бот1ролъ щулияб бак1 ккуна. Ракь ккола кинабго рух1ч1аголъиялъ жиндасан бет1ербахъи гьабулеб дунялалъул цо бут1а. Дунял бижаралдаса ккарал рик1к1ен г1емерал рагъазул ц1ик1к1арасел рук1ана ракьал сабаблъун ккарал.


Просмотров: 964 | Добавил: NiGMaT | Дата: 13.04.2011 | Комментарии (0)

Автор.Гара- ч1вари гьабуна Г1иса Г1исаевас.апрель 2011 год.

 Т1алх1атов Хизри Гьит1инамух1амадович. Досье. Хизрил г1умруялъул буго 52 сон. Гьеб буго бищун х1алт1ул рахъиги бугеб г1акълуги камилаб г1уж. Лъаялъул рахъалъ Хизри вуго экономист, лъуг1улеб буго управлениялъул ва администрациялъул факультет. Буго техникияб лъайги.Лъайго г1адин Хизрил буго г1емеррахъалъулаб х1алт1ул х1албихьиги г1урабго стажги. Зах1маталде Хизри гьит1инго ругьунлъана. 7-леб классалда ц1алулаго, гьес росдал магъил хъаравуллъиги гьабуна. Гьайгьай, бажарараб кумек рукъалъул х1алт1улъ эбел-инсуеги гьабулаан. Х1алт1ана Хизри телевидениялдаги. Бокьула ракьул х1алт1и Ижараялъе босараб ракьалда г1езабун буго ах. Буго бизнесалда х1албихьиги. Х1асил, Хизрил буго жинцаго жакъа гьабулеб бугеб х1алт1уде данде кколеб лъайги х1алт1ул х1албихьиги. Хизрие г1умруялъул дарсал щвана Советияб Армиялдаги ругьун гьавуна т1адкъараб иш заманалда ва мух1канго т1убазабизе. Гьабсаг1ат Х. Т1алх1атов х1алт1улев вуго Хунзахъ администрациялъул бет1ерлъун. Х1алт1улъ ругел бергьенлъабазе г1оло гьев 2009 соналъ мустах1икълъана Х1укуматалъул Грамотаялъе. 


Просмотров: 1082 | Добавил: NiGMaT | Дата: 13.04.2011 | Комментарии (0)

Автор.Пат1имат Мух1амадова. апрель 2011год.

Араб анкьалда райадминистрациялда т1обит1ана ц1ибищараб г1олилазул парламенталъул т1оцебесеб данделъи. Гьеб коллегиалияб совещательнияб органалде х1ажалъи ккараблъун бихьизабуна республикаялъул т1алъиялъги, бак1азда ругел администрациязги.


Просмотров: 773 | Добавил: NiGMaT | Дата: 13.04.2011 | Комментарии (0)

Автор. Гара-чӀвари гьабуна НАПИСАТ ГӀАЛИЕВАЛЪ. апрель 2011 год

Дир кӀудияб талихӀлъун кканин рикӀкӀуна дица, кигӀанго телевизоралдасан гӀемерго йихьулей йикӀаниги, Дагъистаналда гуребги, тӀолабго дунялалдаго машгьурай поэтесса, жамгӀияй хӀаракатчӀужу, 4Ӏ соналъ «Дагъистаналъул чӀужугӀадан» журналалъе редакторлъи гьабурай, Дагъистан Республикаялъул руччабазул союзалъул председатель Фазу Палиевагун дандчӀвазе ва районалъул руччабазул комитеталъул председатель ПатӀимат Набиевалда, райадминистрациялъул ЗАГСалъул отделалъул заведующая Аймесей ГӀумаровалда цадахъ гьелъулгун гара-чӀвари гьабизе щвей. Райадминистрациялъул бетӀер Дарбишев ХӀажиясул бихьизабиялда рекъон гьелъухъе унелъул ниж пикрабаз толел рукӀинчӀо, Фазу гӀадинай гӀемерал машгьурал гӀадамаз Дагъистаналъул гуребги дунялалъулго литератураялъулъ цӀияб чӀчӀвалъун творчество лъугьанин рикӀкӀуней, Дагъистаналъул поэзиялъул цӀумлъун кколей поэтессаялъ киндай ниж къабул гьарилелан. Амма гьей ятана гӀадамазда гъорлъ йосарай, щибго чӀухӀи чорхолъ гьечӀей гӀадатияй гӀадан.

Просмотров: 1374 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.04.2011 | Комментарии (0)

Март 2011 год.

  Арсеница божилъи ритӀухъ гьабуна. 19-20 марталъ Латвиялъул тахшагьар : Ригаялда т1обит1ана эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб г1олилазул ; турнир. Гьелда гӀахьаллъана Турциялдаса, ; Ираналдаса, Франциялдаса, Германиялдаса, ; Грузиялдаса, Белоруссиялдаса, Финляндиялдаса, х1асил гьабун абуни, 22 улкаялдаса тӀаса рищарал командаби. Россиялъул командаялда гъорлъ гьединал ; кӀудиял къецазулъ (55 кг.) тӀоцебе г1ахьаллъулев вук1ана нилъер ракьцояв, : БакьагьечӀиса КъурамухӀамадов Арсен.


Просмотров: 878 | Добавил: NiGMaT | Дата: 05.04.2011 | Комментарии (0)

Автор.Пат1имат Мух1амадова. март 2011 год.

Жакъасеб къоялда техникиялгун гӀелмиял цӀилъабиги интернетги лъаларев чиясе цӀакъ захӀматго буго гӀумру тӀамизеги хӀалтӀи цебехун бачинеги. Г1елмиябгун техникияб революциялъ чанги квегӀенлъи гӀуцӀана ва гӀуцӀулеб буго инсанасул гӀумруялда. Босе телевизор, телефон, компьютер. Щибалъул буго жиндирго кӀвар. щибалъ инсанасул гӀумруялда, ккун буго цойгидалъ кколареб бакӀ. Г1адамазда гьоркьор рукӀуна цо-цоял, киналго цӀилъабиги жидедаго лъаларебги лъазарун, заманалда рекъон хьвадизе гӀамал гьабулел. Жидедаго лъангутӀиялъ жахӀда ккунищали лъаларо, цойги гӀадамазул къокъаялъ рикӀкӀунаро хӀалтӀулъ тӀадехун дица рехсарал цӀилъаби хӀалтӀизари, къимат кьоларо гьел цӀилъабаз бачӀараб бигьалъиялъе. Гьединал «консерватораз» нахъе, цебе букӀараб, араб заманалдв цӀазе г1амал гьабула циндаго цебе тӀуркӀараб хӀалтӀиги, «гьаказда цере тӀилал лъун» чӀезабизе хӀаракат бахъула цебехун гирулеб бугеб гӀумрудул гьокоги. Амма гьединазул гуро дие жакъа бицен гьабизе бокьун бугеб гьаб макъалаялда. Гьаб гьитӀинабго очеркалда дие бицен гьабизе бокьун буго унго-унголъунги рухӀияб рахъалъ къуватав, г1акъилав ва жамгӀияталъе пайдаяв инсанасул хӀакъялъулъ.Иргадулаб нухалъ «тӀолгодунялалъулаб нусиречалда» (лъаларезе баян: гьединаб цӀар лъун буго, жиб тӀибитӀиялъул бугеб хехлъиялъе гӀоло, интернеталда) районалъул хӀакъалъулъ хъвараб-тараб балагьулаго, дун т1аде ккана Сивухъ росдал официалияб сайталде. БитӀараб бицани, дун гӀажаиблъана, районалъул администрациялъул сайтцин лъагӀалида жаниб цо-кӀиго нухалъ гурого цӀи гьабулареб ва нагагьав чи гурого жаниве лъугьунареблъун бихьун букӀиндал, сахъадерил сайталда щибаб къойилаб цӀияб информацияги, дуниял сверухъе жанире раккулез тарал хинал, лъикӀал рагӀабиги цӀалидал.

Просмотров: 906 | Добавил: NiGMaT | Дата: 01.04.2011 | Комментарии (0)

Автор. Г1иса Г1исаев. март 2011 год.

Гъурщие как балеб, кепкие сужда гьабулеб, пайда-хайиралъул гурого ургъел гьечӀого, тӀабигӀат чорок гьабулеб, гӀадамасул сахлъиги, гӀумруги, гӀемераб цогидабги кепказухъ кьолеб гӀуцӀиялда гӀумру гьабизе хъван бук1ун буго нилъее. Г1емерлъун ругел унтабазеги, хвалиеги аслияб гӀиллалъун гӀалимзабаз химиялъ чорок гьабураб тӀабигӀатги, кир, сундул гьаруралали лъаларел квенин цӀар лъурал суррогаталги ругин чӀезабулеб буго. ХъантӀарал, гӀорцӀи лъаларел буржуяз Цейлоналъул чайилан гӀачи-оцазул ракул лъим гьекъезабиги, сосискабийин колбасайин цӀар лъурал суррогаталги фальсификаталги кваназарулел рукӀинги нужеда бицине ккеларо. «Самопал» гьекъон, аза-азар чи холев вугин Россиялдаян, загьруяб гӀаркъицаги наркотиказги гӀадал гьабулеб бугин Россиялъул халкъан ахӀи бай гурого гьеб гьукъизе пачалихъалъ гьабулеб жоги гьечӀо. Т1ад ретӀунеб ретӀелцин, лъималазул игрушкабигицин гьечӀо заралиялги загьруялги гурел. эбелалъул чохьонирго ругел лъималцин гьарулел руго унти ккаралги г1ажизалги.

Просмотров: 838 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.03.2011 | Комментарии (0)

Автор. Гара-чӀвари гьабуна НАПИСАТ ГӀАЛИЕВАЛЪ март 2011 год.

Гьаб ахираб Ӏ0 соналда жаниб гӀаммаб лъай кьеялъул бутӀаялда гьаруна гӀемерал хиса-басиял. Культураялъул ва искусствалъул бутӀаялда кинаб ахӀвал-хӀал бугебали лъазелъун жакъа нижер мухбир дандчӀвана районалъул искусствалъул школалъул директор МухӀамадов МухӀамад ЖабрагӀиловичгун ва гьесие кьуна чанго суал.

Просмотров: 976 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.03.2011 | Комментарии (0)

Автор.Мух1амадова Патимат. март 2011 год.

Нилъер районалъул ШототӀа росулъа Зиявудин ва МухӀамад МухӀамадовазул лъик1ал ишазулги сахаватлъиялъулги раг1ич1ев ва лъаларев дагъистанияв цониги ватиларо нилъеда гьоркьов. Мух1амад ккола Смоленск областалдасан Федерациялъул Советалда сенатор, Зиявудин «Сумма капитал» компаниязул къокъаялъул директор.

Просмотров: 952 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.03.2011 | Комментарии (0)

Автор. Г1иса Г1исаев. январь 2011год.

Гьамущи гьоркьохъеб школа ккола районалдаго к1удиязул цояб. Жакъа къоялде школалда ц1алулев вуго 223 ц1алдохъан. Цогидал росабалъго г1адин, Гьамущи гьоркьохъеб школалде рач1унел лъималазул къадарги дагьлъулеб буго. 2001 соналде дандеккун ц1алдохъабазул къадар 60 чияс дагьлъун буго. Гьелъие ругел г1иллабазул цояблъун школалъул директор Шагьрудин Мухамадсайгидовас рик1к1унеб буго г1олохъанал хъизамал бет1ербахъиялъе (заработкабазе) гочине кколел рук!ин.


Просмотров: 891 | Добавил: NiGMaT | Дата: 29.03.2011 | Комментарии (0)


 Автор.Патимат Мух1амадова редактор . февраль 2011 год.

Араб соналъул ахиралда Кизилюрт районалъул ва шагьаралъул жанисел ишазул отделалъул начальниклъун т1амуна нилъер районцояв, милициялъул полковник Заирбеков АсхӀабгӀали МухӀамадович.  
Просмотров: 1049 | Добавил: NiGMaT | Дата: 29.03.2011 | Комментарии (0)

Автор.КъурамухIамадов Гъайирбег,бакIалъулаб телевидениялъул редактор. Март 2011 год.

  Щибаб санайил, цӀияб сон тӀаде щведал киналниги Дагъистаниязулго гӀадин дирги пикру букӀунаан, цӀияб сон цебесеб соналде дандеккун, къварилъаби дагьаб, роххел гӀемераб, къокъ гьабун абуни сундул рахъалъ босаниги беричаб, бечедаб рахӀмат цӀикӀкӀараб, ритӀухълъи гӀемераб, гӀадамаз цоцазе кумек квербакъи цӀикӀкӀун гьабулеб, жахӀда-хӀусуд дагьаб, тунки-гӀуси лъугӀараб, багьаби гӀодорегӀанал, гӀарац цӀикӀкӀун щолеб сонлъун букӀинилан. Амма щаялиго, исанаги сон байбихьана киналниги кванил нигӀматазухъ багьаби цӀикӀкӀинариялдасан, къайи-цӀа хира гьабиялдасан, цӀатариялъул багьаби рорхизариялдасан, къокъ гьабун абуни, мискинчиясул гьадингоги къараб тӀаждал рачел дагьабги щула гьабиялдасан. Гьереси щай дирго хьул букӀана гӀадатиял дагъистаниялги рищун Республикаялда тӀобитӀараб Съездалдаса хадуб Дагъистаналда коррупцияги, клановостьги лъугӀилин, гӀадлу-низам лъикӀлъилин, гӀадатиял дагъистанияз жидерго ругел унтаби, гӀузраби, къварилъабиги рицун цо къадаралъ гьезул яшав цебе тӀелилан. Амма пайда щибха, кибехун гӀиял рехъен буссинабуниги щиб, дугӀби церехун унин абухъего, гӀадатиял дагъистаниязе пикру бицине рагӀиги кьечӀого, трибунаялда нахъа гӀодор чӀана долго хӀакимзаби, кӀалъазе рахъана гӀемерисел жакъасеб Дагъистан «тӀегьазабулел» ругел чиновникал. Гьелъги бицунеб буго кигӀан гӀадатиял гӀадамал, квеш бугин, ритӀухълъи гьечӀилан ахӀтӀаниги, хӀалакъаб чахъдал гъадигӀанги гьеб лъиданиги рагӀулареблъи, гьеб рагӀизе бокьарав хӀакимчиги къанагӀат гьечӀолъи, хасго гӀадатиял дагъистанияз гьаркьалги кьун, божилъиги гьабун рищарал ругониги.

Просмотров: 971 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.03.2011 | Комментарии (0)

Автор: ГIиса ГIисаев. март 2011 год.

Хунзахъ тӀалъи буго Дагъистаналда бищун квачараб, хасало гьава-бакъалъул санагӀат гьечӀел шартӀазул бакӀ. Гьаниб печь бакун рукъзал хинлъизаризе ккола 7 моцӀалъ, октябралдаса байбихьун маялде щвезегӀан. Июль моцӀалъ гӀодоб чӀараб гӀазу баялда гьаниб лъицаниги гӀажаиблъи гьабуларо. Гьеб киналдаго тӀаде тӀалъиялда гьечӀо гъветӀ-рохь гуреб, хъархъалцин. Районалъул гӀадамазе кӀвар бугеб суаллъун буго хасалоялде тӀурччи-цӀулалъул нахърател гьаби. Гьанибе цӀатари баччи, гӀураб къадаралда тӀурччи-цӀулалдалъун районалъул гӀадамал хьезари бараб буго «Дагтоппром» ОАОялда. Гьеб гӀуцӀиялда район тӀурччи-цӀулалдалъун хьезаби тӀад букӀин гӀадамазе битӀахъе балагьлъунги лъугьун буго.

Просмотров: 901 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.03.2011 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 83 84 85

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz