Четверг, 18.04.2024, 22:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Май » 19 » РАГЪДАГИ РАКЪЛИЛАБ Г1УМРУЯЛДАГИ-МИСАЛ.
22:55
РАГЪДАГИ РАКЪЛИЛАБ Г1УМРУЯЛДАГИ-МИСАЛ.

  Бах1арчилъиялъе роценлъун бук1ана К1удияб Ват1анияб рагъул замана. Ват1ан ц1унизе щулияб ниятгун къеркьана т1олабго советияб халкъ ва гьелъул къуватлъун бук1ана щивав чиясул бах1арчилъи, жигар ва тушманасде рокьукъаб ццим.Нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1изе цере фашистал г1емер х1адурлъана гьелъие. Гьез кверде росана Европаялъул г1емерисел пачалихъал, гьезул бечелъи ва техника х1алт1изабуна жидерго рагъулаб гуч цебет1езабизе. Фашистаз х1исабал гьаруна танказул, самолетазул, рагъулал гумузул, г1арадабазул, солдатазул ва гьезул х1укму ккана къокъабго болжалалда СССР т1аг1инабизе. Гьез х1исабалде босич1о советиял г1адамазул бах1арчилъи. Патриотизм батана советияб халкъалъул аслияб къуватлъун. Гьелъ къезе гьабуна фашизм ва дунялалда т1адго эркенлъи ц1унана. Гьелъие мисаллъун рехсезе бокьун буго цо г1адатияв маг1аруласул къисмат.

  Мух1амад Сайбулаев гьавуна Хунзахъ районалъул Г1ахьалч1и росулъ 1917 соналъул 15 маялъ. Анц1го сон байдал эмен Г1иса ва эбел Зайнабги хун бесдаллъана. Ц1алана Г1арани школа-интернаталда, хадув Буйнакскиялда авар педучилищеялда. 1936 соналъ байбихьана Г1ахьвахъ районалда учительлъун х1алт1изе. К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьидал гьев х1алт1улев вук1ана Болъихь районалъул педкабинеталъул заведующийлъун. Рагъулаб хъулухъ Мух1амадица байбихьана Буйнакскиялъул рагъулаб училищеялда. К1иго сонил программа гьез нахъа тезе кколаан 8 моц1ида. Гьениб Мух1амадие щвана рагъулаб лъай, махщел ва чорхое къвак1иги. Лейтенантасул чиналда гьев вит1ана фронталде, 297 дивизиялъул 1057 кьвагьдохъабазул полкалде ротаялъул командирлъун. Гьел рагъулел рук1ана Белгород шагьар ц1унулаго. Рагъал рук1ана г1асиял, немцал нахъч1вазе бажарич1о ва шагьар гьез бахъана.

  27 марталъ Мух1амад зах1матго лъукъана. Гьев вит1ана Астраханалде, госпиталалда гьес бана 6 моц1. Сахлъаравго т1адвуссана фронталде. Гьанжесала ккана 111 кьвагьдохъабазул дивизиялде ротаялъул командирлъун. Мух1амадица ва гьесул солдатаз бах1арчилъи бихьизабуна «Гьит1инаб ракьалда» ккарал ц1об гьеч1ел рагъазулъ. Тушманас бет1ер борхизе толеб бук1инч1о. Т1аде балеб бук1ана г1арада, рехулел рук1ана бомбаби, минаби, гьоркьоб къот1улеб бук1инч1о пулеметазул кьвагьи. Нилъераз къаси-къад ч1еч1ого рухъулел рук1ана хандакъал ва гьел церехун унаан, тушман гьеб ракьалдаса вачахъулаан. Бах1арчилъи бихьизабуна гьениб 18 аб. армиялъ. 18 армиялъул № 0123 буюрухъалда рекъон 1943 соналъул 16 марталъ Мух1амадие кьуна к1удияв лейтенантасул ц1ар. Мух1амадида гьенир дандч1вана К1арат1аса лейтенант Г1абдулкаримов Г1абдулбасир. Муртазаг1алиев Мух1амаднаби ва Хизриев Имадибир. Г1абдулбасир зах1матго лъукъун вук1ана, гьесул гъурун бук1ана кваранаб гъажилбет1ер. Мух1амадги лъукъана гьенив мач1алда гуллаги щун. Госпиталалда цо моц1 гурони бахъич1о гьес, т1адвуссана фронталде.

  Гьанжесала Сайбулаев ккана 417 аб. дивизиялъул 395 полкалъул ротаялъул командирлъул. Рагъизе ккана Новороссийск шагьаралда аск1ор, «Сахарная головка» абулеб мег1ер тушманасдаса эркен гьабулаго. Борхалъуде рахине гуребги, зах1малъи бук1ана нилъер рагъухъаби немцазда церелъун рихьулел рук1иналъги. Киг1ан жигар бахъаниги, церехун ине к1олебго бук1инч1о. Ах1изе ккана кумекалъе «Катюшаби» ва самолетал. Гьез маг1арда т1ад ц1а рек1инабуна ва пехотаги маг1арде т1аде бахана, гьениб щулалъана. Гьеб рагъулъ Мух1амадида лъабго ругъун щвана. Гьесул бах1арчилъи ва лебаллъи командованиялъ «Баг1араб ц1ва» орденалдалъун к1одо гьабуна.

  3490 эвакогоспиталалдаса къват1иве вахъилелде Мух1амадил полк щун батана Карпаталъул муг1рузде. Гьанжесала маг1аруласухъе кьуна 66 аб. гвардиялъулаб дивизиялъул пулеметчиказул рота. Муг1рузда рагъизе кибго зах1мат бук1уна, хасго рорхатал муг1рузда: гьенир танкаби хьвадуларо, тушман кив вугевали лъазе к1оларо, фронталъул цо мухъ бук1унаро, рагъул сурсат баччизе чуязда, х1амузда, солдатазда гурони бажаруларо. Мух1амадил солдатаз пулеметал мугъзада раччулаан. Гьел рук1ана унго-унгоял бах1арзал, кидаго х1адурал рагъухъаби. Гьез рачахъана фашистал Венгриялъул, Австриялъул, Чехословакиялъул ракьалдаса ва рагъ лъуг1иялъул байрам гьез Австриялъул Шепс кагьаралда т1обит1ана.

  Рагъул ахиралде анц1ила щуго ругъун бук1ана Мух1амадил черхалда. Гьезул щибалъ нуг1лъи гьабуна Сайбулаевасул гьунаралъе, бах1арчилъиялъе, Ват1аналъе гьес гьабураб рак1бац1адаб хъулухъалъе. Ват1аналъ гьесул каранда бана рагъулаб лъабго орден ва г1емерал медалал. Гьезги нуг1лъи гьабула маг1аруласул лебаллъиялъе ва къвак1иялъе, гьес зах1матал рагъул соназ маг1арул намус-ях1 бац1адго ц1униялъе. Госпиталазда гьев анц1го нухалъ сах гьавун вуго лъаг1елгун бащадалъ.

  Ракълилаб г1умруялдаги Мух1амадица Дагъистаналъул халкъалъе жив хвезег1ан рак1бац1адаб хъулухъ гьабуна. Гьев х1алт1ана К1арат1а гьоркьохъеб школалда директорлъун ва математикаялъул учительлъун, «Большевик» газеталъул редакторлъун, хадув 1952-54 соназ ц1алана Мах1ачхъалаялда партшколалда, лъабго соналъ х1алт1ана Г1ахьвахъ районалъул сельхозуправлениялъул начальниклъун. Хадув гьев х1алт1ана Мах1ачхъалаялда, хъизанги гьенибе гочана.

  Мух1амадил буго 9 лъимер, гьел киналго ц1ализаруна, киназего щвана махщел. Лъималги эменг1адал жигарал, ях1-намус бугел г1уна ва х1алт1улел руго. Мух1амадил лъималазул лъималги рукъалде руссана, ц1алун рахъана. Гьезги жидерго лъималазда Myх1амадил ц1ар ах1ана.

  Мух1амад вук1ана г1адамалгун г1амал-хасият, хабар рекъезабизе лъалев чи. Мах1ачхъалаялда гьес к1ит1алаяб мина бана (Лазол къват1, 51). Гьесул авалалда гьобол-гьудул камулароан. Доб заманаялъ маг1арулал дагьал гурони рук1инч1о шагьаралда. Командировкаялъ гьенире щварал, гъутабаздаса рач1арал хунз, г1ахьвалал, к1аралал Мух1амадихъ рещт1унаан. Мух1амадил хъизан Салтанатги гьоболасе хъулухъ гьабизе ц1акъ бокьулей г1адан йик1ана. Гьелъул богорукъ рагъидаго бук1ана: гьобол цин кваназавулаан, гьикъари хадуб гьабулаан.

  Мух1амад Г1исаевич Сайбулаев хвана 1986 соналъул 13 декабралъ, вукъун вуго Мах1ачхъалаялъул басриял хабзалалъ.

 

Будун Т1агьиров, рагъул ва зах1маталъул ветеран.

К1арат1а росу.

Просмотров: 987 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz