Районалъул бетӀерасул тӀоцебесеб
соналъул хӀалтӀул хӀасилал квешал гьечӀо. Гьелъие нугӀлъи гьабула социалиябгун
экономикияб рахъалъ ругел церетӀеязе гӀоло, ХӀ. Дарбишев хӀалтӀуде вачӀараб тӀоцебесеб
соналъго мӀугӀрузул районазда гьоркьоб районалъ лъабабилеб бакӀ кквеялъги.
Районалда гьарун рагӀалде рахъинарурал ишазул хӀакъалъулъ «Росдал захӀматчи»
газеталъ цебехун хъванги букӀана. Гьал мухъазул автор гьал къояз дандчӀвана
райадминистрациялъул бетӀер ХӀ. Дарбишевгун. Районалъул бетӀерас, газета
гьоркьоб ккун, районалъул гӀадамазе баян гьабуна 20ӀӀ соналъ гьаризе ругел
ишазулги. Гъоркьехун кьолел руго гьезул аслиял.
Райбольницаялде
лъим
бачун лъугӀана. Гьаб соналъ лъим чвахизе буго ЦӀияб БуцӀрабеги. ХӀалтӀи
гьабулеб буго районалъул доходаздасан.
Мущулибе,
ЛъагӀилухъе, ГӀорутӀе лъим бачун лъугӀизабизе буго гьаб соналъ.
ГьоцӀалъе лъим бачун лъугӀизабизе
буго гьаб соналъул хасалихълъиялде. ТӀадеги гьабизе буго лъим цӀунулеб кӀиго
резервуарги.
БакьагьечӀи
росдал ГӀарада хъутаналда бахъун лъугӀун букӀараб артезианалъул иццул лъим батана
гьекъезе бегьулареб. Унеб буго гӀайибияв валагьулеб цӀех-рех. ГӀайиб лъида
батаниги, ГӀарада росдал гӀадамал гьекъезе бегьулеб лъедалъун хьезаричӀого тезе
гьечӀо. ГьоцӀалъ спорткомплексалда гьаризе планалда рукӀарал хӀалтӀаби лъугӀизаруна. ТӀадеги,цӀулал гордал хисун, лъунапластикалъулал. КъачӀалел
руго ретӀел бахъулеб рукъ ва душевая.
Хунзаъ М.ГӀалихановасул къватӀ къачӀан лъугӀизабизе буго гьаб
соналъ.
ТӀануси гӀадамазул минабахъе газ бачун лъугӀанин
абизе бегьула. Хунзахъ, ГӀарани,
Гиничукь, БакьагьечӀи, ЦӀада росабазда гьоркьосел трубаби
(межпоселковые трубы) рачун лъугӀун хадуб, ТӀанусибго гӀадин, Хунзахъ, ГӀарани,
Гиничукь, ВакьагьечӀи, ЦӀада росабазул минабаздаги газ бакизе буго. ТӀалъиялъул
хутӀарал киналго росабалъги лъезе руго газил трубаби. Гьеб кӀудияб хӀалтӀуе гӀарац
балагьун буго. КватӀичӀого хӀалтӀуде байбихьизе буго.
ГӀебутӀа 1 млн. Ӏ04 азарго гъурщиде гьаризе тӀаде
росун рукӀарал хӀалтӀаби гьарун лъугӀизаруна.
Хьиндахъ гьоркьохъеб школа, тӀадеги гьаризе
кколел хӀалтӀабиги гьезда гьоркьобго пищеблокги гьабун лъугӀизабун, пачалихъияб
комиссиялъ къабул гьабулеб даражаялде щвезабизе буго. Гьебго школалда
спортзалалъе байбихьи лъезе буго 20Ӏ2 соналъ.
Хунзахъ №1 школалда капремонт рагӀалде бахъинабизе буго.
ГӀархъида
(ГӀочӀло
хъутан) балеб бугеб Ӏ00 цӀалдохъанасе бакӀ бугеб гьоркьохъеб школа чердакалде
гъоркье буссинабизе буго.
ГӀочӀло (магӀарухъ) райадминистрациялъул хӀисабалда
балеб бугеб спортзал чердакалде гъоркье буссинабизе буго.
ГӀарани-БакьагьечӀи росабазда гьоркьоб шагьра нухда
канлъи кьолеб токалъул кваразул мухъ хӀалтӀизе кьезе буго Ӏ,5-2 моцӀидасан.
Гъоркьколо
балеб
бугеб школа гьаб соналъ хӀалтӀизе кьезе буго. Школа балеб буго
райадминистрациялъул доходаздасан.
Ахтини (ГӀахьалчӀи хъутан) райадминистрациялъул
доходаздасан балеб бугеб спортзалалда гордал, нуцӀби лъейги жанисел хӀалтӀабиги
гьаб соналъул ахиралде лъугӀизаризе руго.
Гьамущибе лъим чвахизабизе планалда буго. Важарилаан лъим
Харахьибе чвахизабизеги. Амма гьезул ракьалда гьечӀо бачине лъим. Херехьдерил
жамагӀаталда ва росдал бетӀерасда мадугьалзабазулгун гӀаммаб мацӀ батун
бажарани райадминистрациялда кӀвелаан исанаго Харахьибе лъим бачине.
Больницаялъе
балеб бугеб цӀияб корпус гьаб соналъго хӀалтӀизе кьезе буго. Гьелъие хӀажалъулеб
гӀарацги балагьун буго. ЦӀияб больницаялде гочинабизе буго поликлиникаги.
«Чистая вода» программаялда рекъон,
лъим бачине буго Гиничукье, БакьагьечӀибе,
ГӀободе, ГӀаранибе, ГӀахьалчӀибе, Хунзахъе. Унеб буго проектал
гьариялъул ва цогидалги хӀадурлъиялъулал хӀалтӀаби.
ГӀарац гьечӀого, гьоркьоб къотӀизабун
букӀана БуцӀра гьоркьохъеб
школа баялъул хӀалтӀи. Райадминистрация-лъул бетӀер ХӀ. Дарбишевас гьеб хӀалтӀиялъе
30 млн. гъурущ балагьана ва кватӀичӀого хӀалтӀуде байбихьизе буго. Школалъул спортзал баялде байбихьизе буго 20Ӏ2
соналъ.
Уздалросулъ
администрациялъул
цӀияб мина базе 3 млн. 200 азарго гъурущ балагьана.
ТӀагьада школалда лъугӀизабичӀого хутӀун букӀараб
спортзал бан лъугӀизабизе 5 млн. гъурущ биччан буго. Гьенибго пищеблок базе гӀарац
балагьана ва гьаб соналъ гьеб хӀалтӀизе кьезе буго.
ЗагӀиб,
Гъоркьколо ФАПазе минаби разе байбихьизе буго.
ГӀарани базе буго 6 квартираялъул мина, хӀисабалде
босун буго 2011 соналъ школазе, ясли-ахазе, ФАПазе ремонталъе гӀарацги.
ТӀадехун рехсарал хӀалтӀабазе 2011
соналъ харж гьабизе буго 119 млн. гъурущ. Гьеб ккола араб соналде дандеккун 85
млн. гъурущалъ цӀикӀкӀун.
Газета цӀалулезда ракӀалде ккезе
бегьула райадминистрациялъ культураялде кӀвар кьун гьечӀилан. Гьеб битӀарабги
буго. Живго районалъул бетӀерасдаги бичӀчӀулеб буго гьеб. ВачӀунеб 20Ӏ2 соналъ
гьеб бутӀаялде цӀикӀкӀун кӀвар кьезе ракӀалда буго районалъул бетӀерасда.
Хадубккунги
районалъул ва росабазул администрацияз гьабураб ва гьабичӀого хутӀараб хӀалтӀул
гъваридго хъвазе буго райгазеталъул гьурмазда.
Районалъул бетӀерасул пресс-секретарь ГИСА Г1ИСАЕВ.
|