Баянаб бук1ахъе дагьаб цебе районалда т1обит1араб
«Лъаг1алил учитель-2011» конкурсалда т1оцебесеб бак1 ккуна Лъаг1илухъ
гьоркьохъеб школалъул биологиялъул учительница Султ1анбегова Саидаца ва гьелъие
рес щвана республикаялъул роцада т1обит1улеб гьебго конкурсалда г1ахьаллъизе.
Бич1ч1ула ц1ик1к1араб х1албихьиги х1алт1ул стажги бугел
пишацоялгун къеркьезе г1олохъанай педагогалъе киг1ан к1ваниги зах1мат бук1ун
батилеблъи. Амма Саидаца гьенибги х1аракат бахъана. Т1оцебесеб ва к1иабилеб
бак1 щвеч1ониги нилъер ракьцояй Дагъистаналъул «Лъаг1алил учитель-2011»
конкурсалъул лъабабилеб бак1алде яч1ана. Гьений Султ1анбегова мустах1икълъана
лъабабилеб даражаялъул дипломалъе, Х1урматалъул грамотаялъе, г1арцул ва
рак1алде щвеялъул сайигъатазе.
Нилъецаги баркула Саидада бергьенлъи. Хадубккунги х1алт1улъ
бергьенлъабиги цебет1ейги гьелъие.
|