Пятница, 19.04.2024, 23:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Апрель » 28 » ДИР Г1АГАРАБ ГЬОЦ1АЛЪ ГЬОРКЬОХЪЕБ ШКОЛАЛЪ ВОХИЗАВУНА ДУН.
11:13
ДИР Г1АГАРАБ ГЬОЦ1АЛЪ ГЬОРКЬОХЪЕБ ШКОЛАЛЪ ВОХИЗАВУНА ДУН.

  Бокьула дие Гьоц1алъ школа. Вохизавула школалъул х1акъалъулъ абулел рецц-бакъалъул раг1абаз, ч1ух1ула гьелъул бергьенлъабаздаса. 1954 соналъ гьеб школа лъуг1арал т1оцересел выпускниказда гьоркьов вук1ана дунги. Дида цадахъ школа лъуг1аразул цо-цоял данде кколеб  школа лъуг1аразул цо-цоял дандекколеб лъайги босун, жидерго г1агараб школалде муг1алимзабилъун т1ад руссана.

  Г1емерал соназ школалъе бергьенлъиялда нухмалъи гьабуна дида цадахъ школа лъуг1изабурав РСФСРалъул мустах1икъав  учителасул ц1аралъе мустах1икълъарав Сулейманов Гьит1инамух1амадица. Школалда жакъаги х1алт1улел руго дир классцоял Сулейманова Пат1имат, Дайтбегова Г1аишат. Дир классцоял Базарганова Пат1имат, Курсанат, Мух1амадбегов Мах1ади ва цогидалги учительзабилъунги х1алт1ун, гьанже мустах1икъаб х1алхьиялда руго. Дида цадахъ школа лъуг1арал цогидал дир гьалмагъзабиги росдаеги, росдал г1адамазеги пайдаял чаг1илъун рахъана.  П. Сулейманова школалда йихьидал, дида рак1алде рач1ана сундулниги ургъел гьеч1ел авданал, г1олохъанлъуде лъугьунел дол сонал, херлъидал бат1аго хирияллъун лъугьунел гьудулзаби, классцоял. Рак1алде щвана гьанже ч1аго гьеч1ел гьудулзаби. Гьелги дагь гьеч1о. гьеб киналъго пикрабазул карачелал гьелчезаруна каранда, къварилъана рак1. Гьанже школа к1одолъунги берцинлъунги бук1иналъ вохизавуна дун.

  Цебегоялдаса лъик1ал, бажарарал директорзабаздалъун, к1вах1-свак гьеч1ел учительзабаздалъун, церет1еяздалъун, бергьенлъабаздалъун машгьураб бук1ана Гьоц1алъ школа. Дол ва хадсел соназ районалъулги республикаялъулги бищун ц1ар бугел, рецц-бакъалъе мустах1икълъарал школазда гьоркьоб бук1ана гьеб. Бечедаб буго школалъул тарих. Жакъаги гьеб районалъул лъик1ал школазул бищун цебесеб кьерда буго.

  Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул жакъасеб бергьенлъабиги ч1ах1иял руго. Араб ц1алул соналъул х1аракаталъул х1асилал данде росулаго районалъул лъай кьеялъул идарабазда гьоркьоб Гьоц1алъ школалъ т1оцебесеб бак1 ккуна. Районалъул УОялъул начальникасул 2010 соналъъул 25 августалъул № 98 бугеб приказалдалъун школа къецазда бергьараблъун лъазабуна. Кват1ун бугониги баркула нужеда, дир г1умруялъул бищун аваданал сонал жаниб араб школалъул коллективалда, гьеб к1удияб бергьенлъи. Сахлъи ва хаду-хадубги бергьенлъаби нужее! Школалъе 1988 соналдаса байбихьун нухмалъи гьабулеб буго Г1абдурах1манов Г1абдурах1маница.

  Гьоц1алъ школа ккола районалдаго ч1ах1иязул цояб. Гьенив ц1алулев вуго 326 ц1алдохъан. Дагьал церег1ан соназги 380 ц1алдохъан вук1анин школалдаян бицана Г1абдурах1маница. Бач1унеб ц1алул соналъ т1оцебесеб классалде росизе ругезул къадар, цересел соназде дандеккун, дагьабго ц1ик1к1ун, 50 чиясде бахине бугилан вохун вугоан директор. Школалде хьвадулев 326 ц1алдохъанасе тарбия-лъай кьолеб буго дандекколеб лъай бугев 46 муг1алимас. Гьезда гьоркьор руго т1адег1анаб категориялъул-9, лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъан-3, лъай кьеялъул отличник-3. Т1убач1еб нагрузкаялда х1алт1улев вуго г1иц1го 2-3 учитель. Директорас-7, завучас 10 ц1алул саг1ат бачунеб буго. Хас гьабун школалъул нухмалъулезул нагрузкаялъул рехсеялъе г1илла буго цо-цо школазда жидерго нухмалъулезул харжазда даг1ба балел рук1ин. Гьез рик1к1унеб буго учительзабазе мухь кьеялъул ц1ияб къаг1ида школалъул нухмалъулез жидеего пайдаялъе х1алт1изабунин, учительзабазул харжал гьелъ дагь гьарунилан. 

  Г1. Г1абдурах1маницаги абуна мухь кьеялъул ц1ияб къаг1идаялъ учителасул харж ц1ик1к1инабич1илан. Т1оцебесеб категориялъул учителасул-4330, т1адег1анаб категориялъул учителасул-4504 гъ. ставка! Г1уралго гъурщал гьеч1ищха, 15 соналъги ц1алун. Т1адег1анаб квалификациялъул специалистасул диплом бугев х1алт1ухъанасул!? Дагьалго классалги, т1аде коридоралги (право бичун босизе очередалда ч1ун) лъуг1арав шофер бегавуласдаса 4 нухалъ дагьаб харж босулев пакъир муг1алим! Гьелъул рук1ине ругел х1асилазул ургъел, к1вар-сан гьеч1еб нилъер «г1агараб, хирияб», «халкъалъул ургъалица квен биълъунареб», «Макьу щоларого бугеб» х1укуматги, гьединалго т1адчаг1и-чиновникал коррупционерал-ц1огьалги.

  Бищун дуда ургъел ч1вазабураб проблема сундулъ бугебг1ан кьураб суалалъе директорас ургъич1ого жаваб кьуна «Ц1алдохъабазе лъаялъул къимат холеб бук1иналъан». Лъаларо гьелъие г1иллал щибали кинаб школалде щваниги, чан учительгун дандч1ваниги, лъай кьеялъул системаялда аслияб г1унгут1илъун ц1алуде ц1алдохъанасул интерес, гъира гьеч1олъи рик1к1унеб буго.

  Директорас бицана 5-11 классазда «5» къматазда ц1алулев-20, «4-5» къиматазда ц1алулев 67 ц1алдохъан вугилан. Х1акъикъиял къиматал гьел ратани, ч1ах1иял классазда ц1акъго лъик1 ва лъик1 ц1алулезул 27 процент лъик1аб х1асил бугин кола дидаго. Х1акъикъаталдаги Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалдаа ц1али квеш батиларо. Районалда щибаб соналъ т1орит1улел олимпиадабазги нуг1лъи гьабулеб буго гьелъие. Цох1о авар мац1алъе гьеб школалъул лъималаз районалъул олимпиадабазда лъабго т1оцебесебги, к1иго к1иабилебги бак1 ккун буго. Авар литератураялъе П. Х1амзатовалъул ц1алдохъанас республикаялъул олимпиадаялдаги 1-себ бак1 ккуна. Жибго Пат1иматие 1-сел бак1алги ккун, районалъул ва республикаялъул «Лъаг1алил учитель» абурал ц1ар щвана. Щвана Пат1иматие Президентасул грантги. Миллиял мац1ал церет1еялъе нухазул ц1ех-рех гьабизе, г1акълу дандбазе Москваялде Госдумаялде ах1ун йик1ун, гьанжег1агар т1ад юссана Пат1имат. 

  Школалъул х1алт1улъ ругел церет1еялги бергьенлъабиги П. Х1амзатовалъулги гьелъул мисал босун х1алт1улел учительзабазул к1вах1-свак гьеч1еб х1аракаталъул х1асил бугин рик1к1унеб буго директорас.

  Гьоц1алъ школалъул буго цогидал росабалъ гьеч1еб г1адаб гьайбатаб, х1ажаталщинал рукъзабаздалъун хьараб школа, лъик1аб спортзал. Школалъул кванил блокалдаса бокьарав ч1ух1изе бегьила: 60 чи г1одов ч1езе бак1 бугеб г1ат1идаб столовая, к1удияб кухня ва квен-т1ех гьабизе х1ажатаб кинабго оборудование, кванил рокъоб ва столоваялъе къвариг1унеб мебель, посуда. 

Дир г1агараб школалъул коллективалъе сахлъиги х1алт1улъ жеги ч1ах1иял бергьенлъабиги гьарун Г1. Г1исаев-Гьоц1алъ школалъул ц1алдохъан.    


Просмотров: 1099 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz