Пятница, 19.04.2024, 11:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Апрель » 28 » Т1ОЦЕЕСЕЙ УЧИТЕЛЬНИЦАЯЛЪЕ РАК1-РАК1АЛЪУЛ БАРКАЛА.
11:35
Т1ОЦЕЕСЕЙ УЧИТЕЛЬНИЦАЯЛЪЕ РАК1-РАК1АЛЪУЛ БАРКАЛА.

  Гьит1инабго гьаб макъалаялда бокьун буго дирго байбихьул классазда йик1арай учительница Мух1амадова Хатиматил (Сергейил Хади) х1акъалъулъ хъвазе. Умумузул аби буго кьуч1 щулияб бугони къед бихуларилан.

  Гьедин, щулияб лъайгун, мисалияб г1адлу-низамгун т1орит1ана Хатимат Мух1амадовнаялъ ниж т1асиял классазде. Дида г1емер рак1алде щола Хатиматица кьолел рук1арал дарсалги дарсаздаса хадуб нижеда гьоркьоб гьабулеб бук1араб класстун къват1ибехунисеб х1алт1иги. Дарсил заманалда бук1унаан г1адлу, жиндихъго лъимал к1варкьун г1енеккизаризеги бук1ана к1удияб махщел. Х1исабалъул дарсида хасго к1вар кьолаан ц1алдохъабазда таблица умножения лъаялде, г1емер гьарулаан ургъизе т1амулел расандаби-х1аял. Гьединабго ц1ик1к1араб к1вар бук1ана нижеда словарь лъаялда т1адги. Гьелъ лъимал т1амулаан бат1и-бат1иял раг1абигун предложениял г1уц1изе, ургъизе, хъвалаан диктантал, сочинениял, изложениял. Дарсазда г1емер х1алт1изарулаан плакатал, таблицаби ва бат1и-бат1ияб т1аг1ел-алат. Хатиматица х1аракат бахъулаан дарсида лъик1 х1алт1арал, жигараб г1ахьаллъи гьабурал лъималазул рак1 батизабизе, гьел разигьаризе. Нагагьлъун ниж свакалел ругони х1алт1изабулаан физкультурияб минутка, 4-5 минуталъ гьабулаан зарядка. Ц1ияб тема бич1ич1ел лъимал дарсаздаса хадур школалда ч1унги лъазабулаан ц1ияб материал. Хатиматил мурад бук1ана киналго малъаралда хадур г1унт1и, классалда нахъе ккей гьеч1ого, киналго лъик1 ц1али.

  Хатимат г1емер щолаан ц1алдохъабазул рокъое, эбел-инсулгун бук1ана лъик1аб гьоркьоблъи, х1ажалъи ккани ах1улаан школалде. Ц1ик1к1араб к1вар кьолаан классный часалъул заманалда к1удиязул адаб-х1урмат гьабизе малъиялде, зах1маталде, х1алт1уде, рац1а-ракъалъи ц1униялде ниж куцаялде. Х1аракат бахъулаан т1абиг1аталдехун нижелъ рокьи бижизабизе. Гьеб мурадалда т1орит1улаан экскурсиял. Школалде г1емер ах1улаан рагъул ветеранал, зах1маталъул церехъаби. Чанго нухалъ рачун рук1ана районалъул газеталъул редакциялде, колхозалде ва цогидалги х1алт1ул г1уц1абазде.

  Хатимат Мух1амадовнаялъ киданиги ц1алдохъаби рат1а гьарич1о. Киназего бук1ана кьварараб г1адлуги, къиматги лъолаан лъаялда рекъараб. Гьелъ ц1акъ т1алаб гьабулаан лъималаздаса лъай. Ц1акъго к1вар кьолаан хат1 берцин гьабиялде, г1емерал т1амулаан хъвадаризе. Библиотекаялъулгун бук1ана к1удияб бухьен, т1ахьазде, художественнияб литератураялде рокьи бижизабизе, х1атта хвараб-бихъараб т1ехь къач1азецин малъана гьелъ нижеда.

  Ана сонал, педагогасул махщелгун т1адвуссарав дун, 12 соналъ х1алт1ана Хатиматида цадахъ Щулалъут1а авалалда бук1араб 8 сонил школалда. Г1ун бач1унеб г1елалъе тарбиягун лъайкьеялъулъ г1емераб пайдаяб х1албихьи щвана дие гьелъул х1алт1удасан. Жакъа къоялда Хатимат Мух1амадовна пенсиялда х1ухьбахъиялда йиго жиндирго лъималгун ва гьезулги лъималгун цадахъ. Дун налъулав ккола Хатиматие, рак1-рак1алъул баркала гьелъие г1умрудул нухде дун куцаралъухъ. Г1емерлъаги нилъее гьединал насих1атчаг1и. Лъималаздаса, гьезулги лъималаздаса йохун таги мун жеги г1емерал соназ, Хатимат.

  Р. Г1амирханов, ДРялъул мустах1икъав учитель, Россиялъул лъай кьеялъул отличник, Президентасул гранталъул лауреат.   


Просмотров: 1024 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz