Четверг, 25.04.2024, 08:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Май » 13 » РАЙОНАЛДА БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО
11:52
РАЙОНАЛДА БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО

7 май. Гъунисезе икъбал кьуна.

Районалда цебегоялдаса батараб лъик1ал г1адатазул цояб ккола Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1иги к1одо гьарун гьезул адаб-х1урматалда 8-9 маялъ байрамалъул тадбир т1обит1и. Т1олго районцоял, мадугьалихъ районаздаса г1адамалги г1ахьаллъун, художественниял х1аракатчаг1азул церерахъиналгун, спортивиял къецалгун, к1удияб рохел-аваданлъиялда уна гьел къоял Хунзахъ т1алъиялда. Гьале чанго сон буго  К1удияб бергьенлъиялъул къоялдаги хурхинабун Ц1ада Х1ажи Къурамух1амадовасул призалъе г1оло районазда гьоркьосеб волейболалъул турнир т1обит1улелдасаги. Гъуниб, Гумрет, Болъихъ, Ц1умада, Курах ва нилъерго районалдаса к1иго команда г1ахьаллъана турниралда. 7 маялъ рук1арал х1аязда цоцазда дандч1вач1еб команда хут1ич1о. Гьелъул х1асилалда финалалде рач1ана Хунзахъ, Гъуниб, Болъихъ ва Курах районазул командаби. Берцинаб, х1алуцараб бук1ана балъхъадеридаги ц1умадисездаги гьоркьоб 3-4 бак1алъе г1оло бук1араб х1ай. Дандиязда т1ад рак1ч1араб бергьенлъиги босун лъабабилеб бак1алде рач1ана курахалъулал, ункъабилелде ккана ц1умадисел. Ц1акъго х1алуцараб бук1ана турниралъул т1оцебесеб-к1иабилеб бак1алъе г1оло хунздеридаги гъунисездаги гьоркьоб бук1араб х1ай. Байбихьудасанго бихьулеб бук1ана бергьенлъи бигьаго цоцахъе кьезе рак1алда гьеч1олъи. Амма гъунисез х1алуцун бийбихьараб х1ай ахиралде щвезег1анги чучлъизе теч1о, 2:0 х1исабгун гьел хунздеридаса бергьана ва турниралъул чемпионаллъун рахъана.

   Лъуг1ана турнир, ирга щвана гьелъул г1уц1иялъул комитеталъ призалъул фондалдасан бергьаразе сайигъатал кьезе. Гьелин абуни исана ч1ах1иял рук1ана. Турниралъул чемпионлъун бахъараб гъунисезул команда мустах1икълъана Дагъистаналъул спорталъул министерствалъ хас гьабун гьеб туниралъе ч1езабураб хьвадулеб кубокалъе, т1оцебесеб даражаялъул дипломалъе, медалазе ва 90 азарго гъурущ г1арцулаб сайигъаталъе. Командаялъул капитанасухъе къиматаб сайигъат кьуна райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс. Турниралъул к1иабилеб призер-хунздерил командаялъе щвана 70 азарго гъурущги, к1иабилеб даражаялъул дипломги, медалалги. Сайигъат бергьаразухъе кьезе цеве вахъана «Горы» программаялъул нухмалъулев, Ц1ада спортзал барал подрядчиказул цояв Зайнулг1абидов Мух1амадх1ажи. 50 азарго гъурущги лъабабилеб даражаялъул дипломги турниралда лъабабилеб бак1 ккураб балъхъадерил командаялъе кьезе т1ад къан бук1ана Гъуниб районалъул Ч1охъа Г1умаровасул ц1аралда бугеб СПКялъул председатель Мачаев Мух1амадханида. К1одо гьаруна турниралда ункъабилеб бак1 ккураб Курах районалъул командаги. Командаялъул капитанасухъе 30 азарго гъурущ кьуна «Чиркей ГЭСстрой» бак1ал ралезул г1уц1иялъул вакил Халилбег Ах1мадовас. Гьединго г1арцудалъун к1одо гьавуна волейболалъухъ валагьизе вач1арав « бои без правил» х1аязул дунялалъул чемпион, нилъер ракьцояв, Г1ахьалч1иса Г1алибегов Русланги. Гьесие сайигъат кьезе цеве вахъана Дагъистан республикаялъул Халкъияб Собранияъул депутат Г1абдуразакъов Сайгидг1али. Турниралъул бет1ераб спонсор «Возрождение» банкалъул Мах1ачхъалаялда бугеб филиалалъ гуребго бергьаразе сайигъатал кьуна цогидал сахаватал г1адамазги. Гьезие мустах1икълъана турниралъул бищунго лъик1ав игрок Болъихъ командаялъул М. Жаватханов, лучший нападающий Р. Ибрагьимов (Гъуниб), лучший связующий Ш. Мух1амадов (Хунзахъ), лучший защитник А. Насрулаев (Курах), приз зрительских симпатий А. Саг1идов (Хунзахъ). К1одо гьавуна турниралда г1ахьаллъаразул бищунго ригь арав Болъихъ командаялдаса Андрей Г1абдурах1мановги. Цадахъ ц1аларал, г1емерал соназ цадахъ х1арал лъик1ав гьудул х1исабада Андрейие сайигъат кьезе т1адкъана К1ахъа Хвалчен Мух1амадида. Гьанибго абила, турниралда г1ахьаллъараб районалъул командаялда х1ана хвалченица ругьун гьарурал Ш. Мух1амадовги, М. Садикъовги, И. Гъазиевги ва Ш. Х1усейновги.

   Лъуг1ана турнир, г1одобе биччана гьелъул байрахъ. Г1ахьалчаг1и гьалбал т1орит1улаго бук1араб къо-мех лъик1 гьабиялъул к1алъаялда турниралъул г1уц1иялъул комитеталъул кидагосев председатель Г1абдулпатах1 Ах1мадовас ва райадминистрациялъул бет1ер Х1ажияв Дарбишевас гьелъул иналда, х1аязул беричлъиялдаса жиндирго рахелги разилъиги загьир гьабуна. Хадубккунги гьединаб, г1иц1го спортивияб даг1ба-къецалда турнир иналда божилъиги лъазабуна гьез. Исана щуабилеб нухалъ т1обит1ана турнир. К1иц1ул т1ат1алабго приз Гъунибе аниги гьал ахирал соназ гьединал беричал х1аял рихьич1илан абуна к1иязго жидерго к1алъаязда.

8 май. Кидагосеб рецц-бакъалъеги адаб-х1урматалъеги мустах1икъал руго нуж. 

8 май хасгьабун К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азде бусараб бук1уна районалда. Районалъул ва цогидал г1уц1абазул нухмалъулел, интеллигенция, т1олалго зах1матчаг1и школлъимал, т1аде рач1арал гьалбал дандч1вала гьелгун райадминистрациялда цере.Кодор т1угьдузул квац1аби горалгун байрамалъулаб колонна гьенисан къокъуна Хунзахъ рагъдаса русинч1ел росуцоязе бараб памятникалда цере. Кидагосеб адаб-х1урматалъеги рецц-бакъалъеги мустах1икъал рагъул г1ахьалчаг1игун районалъул нухмалъулел ва х1урматиял гьалбал рахуна памятникалда цере, лъола гьенир т1угьдузул квац1аби, минуталъулаб руц1унч1еялдалъун рагъда т1аг1арал бах1арзалги рак1алде щвезарун гьезул рух1алдасан дуг1а-алх1амги гьабун байбихьула байрамалъул митингалде.   Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1аздехун баркиялъулаб к1алъай гьабуна райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс, автоматазул залпалдалъун салют кьуна районалда бугеб погранотрядалъулаз.  Митингалдаса хадуб гьелъул г1ахьалчаг1и данделъула районалъул культураялъул рокъор г1уц1арал кванил столазда нахъа. Гьенибги байрамалъулаб ах1вал-х1ал, г1ат1идаб программаялъул концерт, баркиялъулал к1алъаял, рагъулал рак1алдещвеял. Дагъистаналъул президентас районалъул рагъул ветераназда, т1олалго зах1матчаг1азда 9 маялъул байрам баркизе вакил гьавун вач1арав республикаялъул экологиялъул ва т1абиг1иял сурсатазул министр Шамил Му1х1амадовас данделъаразда баркана т1аде щвараб К1удияб Бергьенъиялъул байрам, Мух1амадсалам Мух1амадовичасул ц1аралдасан гьес щивав рагъул г1ахьалчиясе кьуна 20 азарго гъурущ жаниб лъураб конверт. Жиндирго иргаялда баркиялъулаб к1алъайги гьабун рагъул ветераназе 10 азарго гъуращ кьуна районалъул бет1ерасги. К1оченч1о ветеранал исанаги Рус Гидро г1уц1иялъул нухмалъулездаги. ГЭСал ралезул вакил, Гьоц1алъа Х1амзатов Мух1амадицаги кьуна гьезул щивасе 10 азарго гъурущ. Кидагосеб жидерго сайгъат-салам-наркомасул 100 граммги сухой поекги, азарго гъурущги жаниб лъураб пакетги кьолаго баркана Хунзахъ г1орхъаби ц1унулезул командирасул заместитель, полковник Андей Зиновасги ветераназда. Баркиялъул к1алъай гьабурав хунздерил бегавул Т1алх1атов Хизрицаги кьуна росулъ хут1ун ругел ветераназеги рагъда росал т1аг1арал С. Мухтаровалъе, М. Испагиевалъе ва П. Г1амирхановалъе к1иаза-азар гъурущ. Бекьеч1дерил бегавул Г1абдулбасиров Мух1амадицаги кьуна жидерго ветераназе цо-цо куй. Ветераназе концерт кьун цере рахъана районалъул культураялъул х1аракатчаг1и Г1.Тажудинова, П.Султ1анова, Ч. Султ1анбегов, П. Мусаева ва цогидалги.Районалъул нухмалъулев, т1аде рач1арал х1урматиял гьалбал щвана гьалмагъзабазул сверт1е рахъун бажарич1ел рагъул ветераназухъе рокъо-рокъореги. Гьенибги баркиялги г1арцулал сайигъаталги.

 

9 май. Даимлъаги дунялалда рекъел .

Гьале исанаги Г1алаг1арт майданалде данделъулеб халкъ. Кидагог1адин гьениб т1обит1улеб буго 9 маялъул байрам. Цебеккунго х1адурараб планалда рекъон гьениб бук1ине буго байрамалъул митинг, чуял риччай, спортивиял къецал, концерт.

   Байрамалъулаб митинги рагьун гьелъул г1ахьалчаг1аздехун баркиялъулаб к1алъай гьабуна райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовас. К1алъазе рахъарал райадминистрациялъул бет1ер  Х1. Дарбишевас, Хунзахъ г1орхъаби ц1унулезул отрядалъул командирасул заместитель, полковник А. Зиновас, Халкъияб Собраниялъул депутат С. Г1абдуразакъовас ва цогидазги рагъул г1ахьалчаг1азе щулияб сахлъиги, даимаб реццги гьарулаго дунялалда рекъел х1ажат бук1ин загьир гьабуна.

    Х1урматиял ветеранал рак1-рак1алъул баркала нужее гьаб байрам сайгъат гьабуралъухъ, чорхое сахлъигун, хъизан-рукъалдаса рохун таги нуж жеги таманал соназ, даимлъаги дунялалда рекъел!-ян абулеб бук1ана к1алъазе рахъаразул щивас.    Митингалдаса хадуб байбихьана чуял риччай. Т1оцебесеб-бищунго халатаб, щибалт1а 1200 метр бугеб 5 сверут1а риччарал чуязул бергьана Бакьагьеч1и росдал администрациялъул чу. Т1оцебесеб бак1алъе бихьизабураб 20 азарго гъурущги кьун, чот1ахъанасда гор бана райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс. К1иабилеб партиялда лъабго сверут1а риччарал чуязул т1оцебе ч1алт1е бач1ана Шодродаса Шаг1банов Дибирил чу. Гьесие 15 азарго гъурущги кьун гор базе вач1ана Халкъияб Собраниялъул депутат Г1абдуразакъов Сайгидг1али. Лъабабилеб партиялда цо сверут1а риччарал чузул цебе бач1ана Хунзахъ росдал администрациялъул чу. Чот1ахъанасда горги бан, 10 азарго гъурущ г1арцулаб сайигъат кьуна Кизилюрт райадминистрациялъул бет1ер Х1ажиев Мух1амадица.  Ункъабилеб партиялда цо сверут1а риччана юргъа чуял. Гьениб бергьенлъи Т1анусиса Х1осенов Г1абдулагьил чое щвана. Бергьенлъиги баркун Г1абдулагьие 5 азарго гъурщил сайигъат кьуна райсобраниялъул председатель Хваджаев Хваджаца.

Районцоязда цеве вахъана г1ажаибаб къуваталъул инсан, Гиннессил рекордазул т1ехьалде чанц1улго ц1ар босарав Г1умар Х1анапиев. Гьесул махщалицаги къуваталъги ц1идасанги х1айран гьаруна ракьцоял. Грелка понц1ой, т1икъва беки, ч1ах1иял маг1ал цоцалъ кьури ва г1емерал цогидал упражненияздасан г1уц1ун бук1ана Г1умарил программа.

   К1очонаро ветеранал г1орхъаби ц1унулездаги. Районалде рач1аралдаса санайил гьезие кванил стол г1уц1ула пограничниказ. Наркомасул 100 граммги закускаялъе солдатасул котелокалъуб карщги, цогидал ниг1маталги гьарзаяб столалда нахъа абула ветераназул рахъалъ лъик1ал раг1аби, рук1ана рагъулал рак1алдещвеял.

   Т1адеялъулги гьоркьоса чи камугегиян гьари-рахьигун рихана г1адамал Г1алаг1арт майданалдаса.   

 

 

Просмотров: 1102 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz