Четверг, 25.04.2024, 02:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Май » 5 » КОНКУРС ТӀОБИТӀАНА«РАХЬДАЛ МАЦ1АЛЪУЛ БИЩУНГО ЛЪИК1АВ УЧИТЕЛЬ»
11:48
КОНКУРС ТӀОБИТӀАНА«РАХЬДАЛ МАЦ1АЛЪУЛ БИЩУНГО ЛЪИК1АВ УЧИТЕЛЬ»

Гьал ахирал соназда гӀадатлъун лъугьун буго тӀолабго республикаялдаго гӀадин, нилъер районалдаги мугӀалимзабазда гьоркьоб «Рахьдал мацӀалъул бищунго лъикӀав учитель» абураб конкурс тӀобитӀи. Гьелъул мурадлъун ккола миллатазул мацӀазде кӀвар кьей, гьел цӀуни ва церетӀезари. МацӀалъул цебетӀеялда, гьелъул даражаялда бараб букӀуна миллияб культураги, гьеб мацӀ бицунев инсанасул пикруги.

 Конкурсалда гӀахьаллъи гьабизе рачӀун рукӀана районалдаса церетӀурал авар мацӀалъул ва литера-тураялъул учительзаби. Гьезда гьоркьосан финалалде рорчӀун рукӀана Абулпазлуева Адигат-ТӀануси гьоркьохъеб школа, ГӀалимухӀамадова Сидрат-Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школа, Жамалова Эльмира-Харахьи гьоркьохъеб школа.Конкурсалда гӀахьаллъи гьабизе рачӀарал учительзабазе ракӀ-ракӀалъулаб баркалаги кьолаго, районалъул лъай кьеялъул управлениялъул информациялъулгин методикияб централъул специалист ПатӀимат Маликовалъ абуна:-Рахьдал мацӀалдасан байбихьула щивав чиясул лъимерлъи, ватӀаналдехун рокьи. МагӀарулазул тарихги, жакъасеб, метерисеб, букӀинесеб гӀумруги, гӀадамалги, гьезул рукӀа-рахъинги, гӀадаталги, анищалги, хьулалги-гьеб кинабго нилъеда лъала магӀарул мацӀалдасан. Жакъа щивав магӀарул мацӀалъул учителасда тӀадаб буго дарсил качество лъикӀлъизабизе, лъимал гъираялда дарсиде рачӀунеб къагӀида балагьизе. Гьединал цӀи-цӀиял къагӀидаби ралагьиялдалъун, цоцахъе хӀалбихьи кьеялъул мурадалда гӀуцӀула конкурсал. Бергьенлъаби нужее, конкурсалда. Конкурсалъул щияй гӀахьалчӀужуялъ жигар бахъана жидеда цебе лъураб масъала мухӀканго тӀубазабизе. Гьезда гьоркьосан жюриялъ лъикӀаб къимат кьуна Харахьи гьоркьохъеб школалъул мугӀалим Жамалова Эльмирал «КВН» хӀисабалда гӀуцӀараб дарс-къецалъе. «Фразеология» абураб темаялда 2 командаги гӀуцӀун Эльмира Насрудиновнаялъ бачараб дарсалъ бихьизабуна кин фразеологиялги хӀалтӀизарун калам берцин, пасихӀ гьабизе бегьулебали. Дарсие чӀаголъи бачӀинабун букӀана гьанжесел цӀиял къагӀидаби хӀалтӀизарун дарсил аслу бичӀчӀизабизе педагогалъул бугеб махщелалъ, жалго жидедаго чӀун хӀалтӀизе лъималазул гъира базабизе мугӀалималъ бахъулеб букӀараб жигарчилъиялъ. Конкурсалда гӀахьаллъулезе къимат кьезе бищун букӀана жюриги. Гьелъ хӀисабалде босулеб букӀана дарсил гӀуцӀи, цебе лъураб масъала тӀубазабизе мугӀалимзабазул махщел, гьунар, цӀи-цӀиял къагӀидаби хӀалтӀизари. Киналъулго хӀасилалги гьарун тӀоце-бесеб бакӀалде ячӀана Харахьи гьоркьохъеб школалъул авар мацӀалъул ва литерату-раялъул учительница Жамалова Эльмира, кӀиабилеб бакӀ гьоркьоб бикьана Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалъул учительница ГӀали-мухӀамадова Сидратидаги ТӀануси гьоркьохъеб школалъул учительница Абулпазлуева Адигатидаги гьоркьоб. Конкурс ана гьелда гӀахьаллъаразе пайдаяб ва рахъи кьолеб хӀалалда. РакӀалде ккола гьединал тадбираз мугӀалимзабазул жигарчилъи ва таваккал жеги цӀикӀкӀун бижизабилилан

Просмотров: 1692 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz