1 апрелалдаса нахъе
районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальниклъун тӀамуна ГӀумаров Залимхан
ХӀасанович. Залимханица гӀемерал соназ тӀадегӀанаб даражаялда, бажарун нухмалъи
гьабуна Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалъе. Райадминистрациялъул данделъабазул залалда тӀобитӀараб
данделъиялда районалъул бетӀер ХӀажияв Дарбишевас педагогикиял хӀалтӀухъабазул
лъай-хъвай гьабуна РУОялъул цӀияв нухмалъулесулгун. Данделъиги рагьун ХӀ.
Дарбишевас рагӀи кьуна З. ГӀумаровасе. Жиндирго кӀалъаялда Залимханица бицана:
«Дун вуго кидаго хӀалтӀун ругьунав чи, дида цадахъ ругелги дие хӀалтӀизе
рокьила. Вищун захӀматаб хӀалтӀи гьабулел чагӀи руго ясли-ахазул хӀалтӀухъаби
ва байбихьул классазул учительзаби. Гьез кьучӀ лъола лъимералъул букӀинесеб
тарбия-лъаялъе, чӀахӀиял классазул учительзаби руго кьочӀода тӀад къед балел
ругел чагӀи-гьединаблъун бихьула дида лъайкьей». Хадуб З. ГӀумаровас бицана
тарбия-лъай кьеялъулъ ругел цо-цо гӀунгутӀабазул хӀакъалъулъ.
Гьезде гьоркьоре уна педхӀалтӀухъабаз щвалде щун
медосмотр гьабулеб гьечӀолъи, харжазде тӀаде кьолел стимулирующиял кьеялъулъ
ругел риччантеял, букӀине кколеб рацӀцӀа-ракъалъи цо-цо лъай кьеялъул учреждениязда
чӀезабулеб гьечӀолъи, ясли-ахазул хӀалтӀабазулъ ругел гъалатӀал. Ясли-ахазулги
росабазул бегавулзабазулги бухьен букӀунеб гьечӀилан, гьебин абуни хӀажат
бугилан абуна Залимханица. -Киназдаго лъала лъимал гӀемералги-дагьалги школалги, ясли-ахалги районалда рукӀин, цо-цо
росабалъ (Уздалросулъ) киналго лъимал росизелъун ясли-ахал гӀатӀид гьаризе кколел рагӀула. Школазда умумузухъа учительзабаз,
масала ремонталъе, жидеего бокьун (самовольно) гӀарац бакӀаризе бегьуларо,
гьединаб хӀажалъи бугони бегьула умумузул собраниеги гьабун, гьениб гьоркьобги
лъун, бажарараб кумек гьабеян абизе. ГьабсагӀат ц1а ккеялдаса ц1униялъул
системаби лъолел руго ва лъезеги руго гьел гьечӀел учреждениязда.
ТӀадехун рехсарал ва хӀалтӀулъ дандчӀвазе
ругел захӀмалъабиги, гӀунгутӀаби къезариялъе бажарарабщинаб гьабизе бугилан
абуна цӀияв нухмалъулес.
Автор.Пат1имат Гунашева.
|