Районалъул
Собраниялъул сессиялда 2010 соналъ райадминистрациялъ гьабураб х1алт1ул
х1акъалъулъ «Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул администрациялъул бет1ер
Х1. Дарбишевасул х1исаб кьеялдасан:
2010
соналъ 2009 соналде дандеккун
Аслиял
тарихал ва х1ужжаби
-
Районалъул т1олабго доход 11 проценталъ ц1ик1к1ана.
-
Районалъул жиндирго доходал 76 проценталъги ц1ик1к1ун, 74 млн. 537 азарго
гъурщиде рахана.
-
Муниципалияб бюджеталъул доход 447 млн. 764 азарго гъурщиде бахана. Араб
соналде дандеккун, гьеб 3 проценталъ ц1ик1к1ана.
-
Муниципалияб бюджеталда гъорлъ районалъул бут1а 2 нухалъ ц1ик1к1ана ва 189
проценталде бахана.
- Аслияб
капиталалде рач1унел инвестициязул къадар 144 млн. 200 азарго гъурщиде бахана.
Цо чиясе х1исаб гьабун, гьеб ккола 4,7 азарго гъурущ.
2010
соналъ рач1унел налогал 6 проценталъ ц1ик1к1ана, гьезда гьоркьоб районалъул
бюджеталде рач1унел налогал 4 проценталъ ц1ик1к1ана.
Росдал
маг1ишат
Т1адехун
рехсарал районалъул цебет1ей рагьулел аслиял х1ужжабиги рехсон,
администрациялъул бет1ер Х1. Дарбишевас къимат кьуна социалиябгун экономикияб
рахъалъ районалъул цебет1еялъул ах1вал-х1алалъе. Байбихьана экономикаялъул
бищун к1вар бугеб бут1а росдал маг1ишаталдасан.
Бергьенлъаби
руго, амма гьезда г1ей гьабун ч1езе бегьуларо.
2010
соналъ районалда г1езабураб росдал маг1ишаталъул продукциялъул къадар 21
проценталъги ц1ик1к1ун, 910,5 млн. гъурщиде бахана 2010 соналъул ахиралде
районалъул киналго маг1ишатазда бук1ана ч1ег1ербоц1и-27574 бет1ер (2009 соналде
дандеккун803 бет1ералъ ц1ик1к1ун). Г1и-ц1ани-285.188 бет1ер (2009 с дандеккун
21.363 бет1ералъ ц1ик1к1ун). 2009 соналде дандеккун СПКяз бекьараб ракьул
къадар 1900 гаялъ ц1ик1к1ун буго. Могьолал культураби г1езаруна 32,5 ц1ик1к1ун.
Гьан ва рахь-2 проценталъ ц1ик1к1ана. Киналго сельхозпроизводителазе щвана-40
млн. гъурущ кумек.
Районалъул
КФХязе ва ЛПХязе «Россельхозбанкалдасан щвана 42 млн. гъурущ кредитал. Араб
маг1ишатияб соналъул х1алт1ул х1асилалда Д. Г1алиевичасул ц1аралда бугеб
СПКялъе 1 бак1 Энгельсил ц1аралда буго СПКялъе 2-леб бак1ал щвана. 3-леб бак1
г1ахьал гьабуна Хизроевасул ва Баг1арав партизан СПКязе.
Цере
ч1арал масъалаби ва гьабизе кколеб х1алт1и
Районалъул
бет1ерас т1адч1ей гьабуна г1оларел рахъаздаги. Цо г1акдадаса беч1ч1улеб рахьдал
къадар г1одобег1анаб бук1ун, Хизроевасул ц1аралда бугеб ва «Баг1арав партизан»
СПКял тайпадулаб боц1и г1езабулел маг1ишатаздаса гьоркьоса нахъе рахъана ва
гьединал маг1ишатазе кьолеб дотациялдаса мах1румлъана. Рекьич1ого тарал ракьал
жеги г1емерал рук1инги бихьизабуна Х1. Дарбишевас. Районалъул бет1ерас г1и-боц1удаса
рахъулел ниг1матал ва бекьулеб ракьул къадар ц1ик1к1инабизе ккелин бихьизабуна.
Промышленниял
предприятиял зах1матаб х1алалда руго
Гьоц1алъ
художественниял т1аг1алабазул комбинат, консервазул цех, Харахьи консерваби
гьарулеб завод зах1матаб экономикиябгун финансазулаб ах1вал-х1алалда руго. Гьеб
лъик1лъизабиялда хурхараб х1алт1уда т1ад ургъулел руго.
Г1емераб
х1алт1и гьабуна ралел бак1азда, исана гьеб дагьабги ц1ик1к1уна ЦСПСДялъ
хъулухъ гьабулеб буго 2624 чи вугеб 915 хъизамалъе. Социалияб патронажалда Бак1ал
раялда араб соналъ гьабураб ва гьаб соналъ гьабизе бугеб х1алт1ул «Росдал
зах1матчи» газеталъ раг1а-ракьанде щун хъвана 2011 соналъул 21 апрелалъул №
31-32 газеталда.Гьаниб рехсела Г1урк1ач1иб ва Моч1охъ росабалъ детсадазе минаби
2011-2013 ран лъуг1изаризе ва Расулил Ват1аналда «Хъах1ал къункъраби» рак1алде
щвеялъул комплекс баялде 2012 с т1адруссине планалде босун бугилан.
Лъай
кьеялъул ва учительзабазул харжазул х1акъалъулъ
«Районалда
х1алт1улеб буго 54 школа, 40 ДОУ, 4 т1адеги лъай кьолеб г1уц1и. Гьезда
гьоркьосан хъутаналда буго13 школа ва 4 ДОУ. Киназдего г1унт1ун лъай кьеялъул
г1уц1абазул жидерго минаби руго, киназдего г1унт1ун гьел х1алт1улел руго цо
сменаялда».
60
проценталдаса ц1ик1к1араб къадар лъималазе тарбия кьолеб буго детсадазда.
Республикаялда данде ккун гьеб г1емер ц1ик1к1ун ккола.
«Щибав 13
ц1алдохъанасе цо компьютер ккола
районалда». Дагъистаналдайин абуни, 27 ц1алдохъанасе ккола цо компьютер. Амма
школазда заг1ипго пайда босулеб буго Интернеталдасан.
«К1вар
бугеб суаллъун буго гьунар бугел лъимал т1атинари. Гьеб х1алт1и гьабулеб буго
ИМЦеялда цебе бугеб хасаб централъ».
14
ц1алдохъанас гьоркьохъел школаби лъуг1изаруна меседил ва г1арцул медалаздалъун.
«Цо
дагьабго ц1ик1к1ун бугониги, учителасул гьоркьохъеб харж жеги г1одобег1анаб
буго. Гьелъул къадар г1иц1го 7766 гъурщиде бахуна». Гьединаб харж бук1иналъ
лъай кьеялде махщел бугел специалистал рач1иналъе квалквалги гьабулеб бугила.
Г1емерал школазул минабазе х1ажат буго капиталияб ремонт. Райадминистрациялъ
гьелъие рес батизе буго.
Сахлъи
ц1уни миллияб районалда медицинаялъулаб хъулухъалъул даража борхиялъе. Халкъалъе медицинаялъулаб хъулухъ гьабулеб буго ЦРБеялъ, 2 участкаялъулаб
больницаялъ 2 врачазулаб амбулаториялъ, 49 ФАПалъ ва ФПалъ. Хъутабазда ругел районалъул г1адамазе
хъулухъ гьабулеб ЦРБялъ, 11 ФАПалъ ва 1 врачазулаб амбулаториялъ.
10.000 чи
х1исаб гьабун, районалда буго 52,1 койка. 2013 соналде гьезул къадар 56 бахине
буго. Лъаг1алие 350,8 къоялъ т1олалго койкаби унтараз ккун рук1ана (2009 соналъ
344 къоялъ).
2010
соналъ цо койкаялъул багьа 1148 гъ бахун буго. 2009 соналде дандеккун, 10000
чиясул х1исаб гьабун 13,2 чияс хвел дагьлъун буго. Гьебго заманаялъ 1
проценталъ ц1ик1к1ун буго гьарурал лъималазул къадарги. Гьел тарихаз
рохизарулел руго.
2010 соналъ, цебесеб соналде данде ккун, 9,8
проценталъ ц1ик1к1ун руго профилактикиял хал гьабизе. 2010 соналъ Баг1араб
росулъ бана ц1ияб ФП. Ц1ияб минаялъуб х1алт1изе лъугьана Т1агьада ФП. 6 ФАПалда
ремонталъулал х1алт1аби т1орит1ана. Сахлъи ц1униялда ругел церет1еязде гъорлъе
районалъул бет1ерас рехсана медицинаялъул учреждениязул хасго ЦРБялъул
материалияб база щулалъи. Х1алт1изе кьуна 2 ц1ияб корпус, 2011 соналъ бан
лъуг1изабун, х1алт1изе кьезе буго 3-леб корпус. Г1емер лъик1лъун буго
медоборудованиялдалъун, холодильниказдалъун медицинаялъул учреждениял хьезари.
Киналго ФАПазе ва ФПазе гьаб соналъ ремонт гьабизе г1арац бихьизабун буго.
Сахлъи ц1униялда ругел г1унгут1абазде гъорлъе Х1. Дарбишевас рехсана 6 ФП
мухьдахъ ккурал ва 41 ФП типалъул гуреб минаялъуб бук1ин ва гь. ц.
Г1адамазул
талих1аб, гьарзаяб г1умруги гьезул сахлъиги районалъул бищун к1удияб бечелъи
ккола.
УСЕНалъ
социалияб кумек гьабулеб буго 6030 чиясе. Гьезда гьоркьор руго рагъул
г1ахьалчаг1и, рагъда росал хваразул лъудби, зах1маталъул ветеранал, инвалидал,
лъимерлъиялдасаго инвалидал учительзаби ваг ь. ц.руго 352
хъизан.
Х1алт1улев
чиясул гьоркьохъеб моц1рол харж 6408 гъурщиде бахана, росдал маг1ишаталда 1784
гъ, ялъуни араб соналде дандеккун 28 проценталъ ц1ик1к1ана. Г1арцулал доходал
20 проценталъ ц1ик1к1ана ва гьезул гьоркьохъеб къадар 3784 гъ бахана.
Араб
соналде дандеккун, г1исинккун бича-хисиялъул дармил оборот 25 проценталъ
ц1ик1к1ана.
Гьел
церет1еязда цадахъ руго г1оларел рахъалги. Х1алт1и гьеч1езул къадар 7,2 проценталде
МОТалъул методологиялда рекъон, 35 проценталде бахуна. Жеги г1емер руго
г1одобег1анаб гурого г1арцулал доходал гьеч1езул къадарги.
Эркенаб
заманалъул ва культурияб х1ухьбахъиялъул х1акъалъулъ
Районалъул
г1адамазе культурияб ва пайдаяб х1ухьбахъи г1уц1улеб буго районалъул халкъияб
творчествоялъул рукъалъ, централияб библиотекаялъги гьелъул росабалъ бугеб 27
филиалалъги. Киналгоязде г1агарун, росабалъ руго клубалъулал учреждениял. Щибав
азарго чи х1исаб гьабун, районалда буго 7014 экземпляр т1ехь.
2010
соналде районалда буго 3 ДЮСШ, 22 спортзал, 12 стадион, 25 спортплощадка.
Райцентралда буго физкультуриябгун сах гьариялъул комплекс.
Цо чанго
росулъ ва хъутабазда ралел руго спортзалал. Районалда физкультура ва спорт
цебет1еялде хадубккунги к1вар кьезе буго.
Райадминистрациялъул
пресс-хъулухъ.
|