Дида цебе лъалароан щай Дагъистаналъул халкъияв поэт
Г1абасил Мах1амадил куч1дузул бищун дие бокьулеб асарлъун «Дун росулъа вас вуго» абураб кеч1 бугебали. Ц1ияб соналда
цебе живго халкъиясухъеги гьесул х1еренай, х1алимай Савдатихъеги редакциялъул
ясаз гьабураб сапаралдаса хадуб бич1ч1ана дида гьеб асар унго-унголъунги
Г1абасиласул хасият, рух1ияб рахъ рагьулеблъун бук1ин. Гьединлъидал батила,
дица гьеб гьесул рагьараб рек1елъа чвахун бач1араб бац1ц1адаб чилилъун къабул
гьабурабги. Анищ бук1ана Г1абасиласул Мах1амадилгун гара-ч1вари гьабизе, ниж,
хъвадарулезул агьлуялъе гьесул малъа-хъваял раг1изе, кици-биценаздалъун
гьарзаяб г1акъилаб каламалъухъ г1енеккизе. Амма гьеб къоялъ, чорхол сахлъи
операциялдаса хадуб заг1иплъиялдалъун, Г1абасилав къаг1ида гьеч1ого ватана
нижеда. Ниж гьобол гьарун гьуинлъизари т1аде босана, цебеккунго «йихьич1ого
г1оларей», «унго-унгояй маг1арул ч1жуг1адан»-ан жиндир х1акъалъулъ раг1ун
бук1арай, Савдатица. Г1ажаибал, рек1елъе рортулел г1адамал руго гьел.
Г1ажаибаб, парахатаб асар лъугьинабула гьезул мина-карталъ рек1ее. Рак1алде
ккана, унго кинин гьал лъик1ал г1адамазда к1олеб лъуг1и гьеч1еб гьалбадерил
чваххи т1аде къабул гьабизеги, гьезул щивасе данде кколеб раг1и батизегиян.
Х1акъикъаталдаги, Г1абасилавги Савдатги руго талих1ал, жидер адаб ккурал ва жал
рокьулел лъимал г1емерал чаг1и. Гьаб ахирисеб хъвай-хъваг1аялъул маг1на
бич1ч1уларого лъугьине бегьула нужер цо-цоял (киназдаго гьезул лъимер-бет1ер
гьеч1еблъи лъалелъул-авт.). гьабсаг1ат бич1ч1изабила, х1урматиял: цо къоялъ
диде телефоналъ ах1ун бач1ана лъалареб номералдасан. Жаваб кьедал, дида ккана
дирго эбел к1алъалей йигилан. Гьедиг1анги гьаркьилъ х1еренлъигун, рокьигун,
раг1ана дида дирго ц1ар абулеб. «Гьаб щиб лъалареб номер, эбелан?» гьикъидал,
бич1ч1ана дида к1алъалей г1адан Разият-эбел гурей, Савдат-эбел йик1ин. Гьел
сундулъго г1аданлъи т1ок1ал г1адамаз (нижер г1аммаб нечеялъе) гьаб нухалдаги
Ц1ияб сон баркун, г1аданлъиялъулаб к1алъай цебе ккезабуна ниж
«рег1елгьеч1ездаса».
Жакъа, газета гьоркьоб ккун, кват1ун бук1аниги, бокьун буго
баркизе Халкъияв шаг1ирасда гьавураб къоги, т1аде щвараб ц1ияб сонги. Гьаризе
гьел. Г1амал рекъон къадар хъварал к1игоязе щулияб сахлъиги, дунялалда
ч1алг1инег1ан г1умрудул саналги, талих1ги, рохелги. Нужеде кидагосеб адабгун,
цойгиги нухалъ нужер кинаб гъунситухъе русине нигаталда Лъаг1илухъа
т1адруссарал редакциялъулазул ц1аралдасан макъала хъварай П. Мух1амадова.
|