Суббота, 20.04.2024, 00:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Январь » 18 » ГIАДАМАЗУЛ САХЛЪИ ЦIУНИЯЛДА.
17:57
ГIАДАМАЗУЛ САХЛЪИ ЦIУНИЯЛДА.

Гьоркьо-гьоркьов Хунзахъ росдал ФАПалде ине ккола дун. Х1еренго къабул гьавула дун ФАПалъул х1алт1ухъабаз ва кколеб дару-сабабги гьабун т1овит1ула. Дунго г1адин, тохтурасул кумек х1ажалъун рач1аралги ратула дида ФАПалъул коридораздаги кабинетаздаги. Цогидал медпунктазда релълъинч1еб гьеб медицинаялъулаб идараялъул х1алт1ул лъай-хъвай гьабизе дун дандч1вана ФАПалъул нухмалъулей Малачиева Умужат Мух1амадовнагун. Гьелъул раг1абаздасан бицунеб буго:

Тохтурасул махщалиде гьит1инго бижула рокьи. 10 классги лъуг1изабун, мединституталде лъугьине ч1аян инсуца абуниги, хъах1ал халатал рет1арал ясазул х1алт1уде бугеб рокьиялъ, микьго класс лъуг1арай Умужат ячуна Буйнакскиялъул медучилищеялде. 1965 соналъ медучилищеги лъуг1изабун, Умужат х1алт1изе яч1уна Хунзахъ районалъулаб больницаялде. Гьеб соналдаса нахъе 46 соналъ, Умужатица, хъах1аб халат т1аса бахъич1ого, хъулухъ гьабулеб буго бищун гурх1ел-рах1муялъе мустах1икъазе-чорхол сахлъи гьеч1езе, квер-бакъулеб буго бищун инсанасе хирияб г1адамазул сахлъи ц1унизе. 1968 соналъ Умужат т1амун йиго Хунзахъ росдал ФАПалъул нухмалъулейлъун. ФАПгун цадахъ дол соназ бук1ун буго колхозалъул лъимал гьарулеб рукъги (роддом).

Роддомгун цадахъ ФАПалда дол соназ х1алт1улев вук1ун вуго 3 х1алт1ухъан. ФАПалъул заведующилъиялде яч1ун йиго гъираго гьеч1ого. Цо къоялъ больницаялъул бет1ерав врач Саху Дибирчуевас жиндихъего ах1анила ва лъазабунила жий росдал ФАПалъул заведующаялъун т1амулей йигилан. Разилъич1ого жий дол соназ районалъул нухмалъулевлъун вук1арав имг1ал Махуласул Мух1амадихъе йортанила, кумек гьарун. Жиндир рахъ ккун к1алъарав имг1аласда Сахуца абун буго жинда лъидаялдасаго лъик1 лъалин жиндирго х1алт1ухъабазул бажариги гьел х1алт1изе кколеб бак1ги, йиччан тейин Умужат жинца йит1араб бак1алда х1алт1изеян. Мух1амад Сахул далилазда разилъун вуго. Умужатица абуни, жакъа къоялъги Хунзахъ росдал ФАПалъе нухмалъи гьабулеб буго. Щибиланха абизе бегьулеб Хунзахъ росдал жакъасеб ФАПалда?

ФАПалда х1алт1улев вуго 5 врач: 2 терапевт, 1 педиатр, гиниколог, 1 врач-стоматолог, 11 сестраги. Щуявго врачги гьелгун х1алт1улел сестрабиги, х1алт1улел Хунзахъ ФАПалда ругониги, ЦБеялъул (больницаялъул) х1алт1ухъаби кколел руго. Гьезул х1алт1и жинда бараб бук1унарила. Росу бикьун буго участкабазде. Гьел участкабазда г1умру гьабун ругел г1адамазе медицинаялъулаб хъулухъ гьабизе щибаб участкаялда вухьинавурав врач вуго. Росу сестрабазда гьоркьобги бикьун буго. Врачас бихьизабураб дару-сабаб гьабизе хьвадула сестраби. Дару-сабаб, цогидал росабазул г1адамазго г1адин, унтараз жидерго харжаздасан росулел руго. 

Врачасул бихьизаби (назначение) т1убазе гурелги тохтурасул кумекалде х1ажатал ругищали ц1ех-рех гьабунги хьвадулел руго(подворный обход) сестраби жидерго участкабазда.

ФАПалъул х1алт1ухъабазда т1адаб бугила школалде, ясли-садиказде хьвадулел лъималазе прививкаби гьаризе. Гьарулел руго росдал г1адамазе грипалде данде прививкабиги.

Къаси-къад бат1алъи гьеч1ого, ФАПалъул х1алт1ухъабаз, гьезда гьоркьой жинцаги, киданиги инкар гьабич1ила унтарасе кумекалъе ине. Мунагьал чураяв Малачил  Мух1улги (росасул) кидагосеб малъа-хъвай бук1анила унтарасе гьабулеб кумекалъулъ тасамах1лъи, бичча-бихъан тей, к1вах1 бегьуларилан.

Росулъ-лъел ц1олел къулг1абазда, кафеязда, тукабахъ ва гь. ц. г1адамал рак1арулел бак1азда рац1ц1алъи ц1униялда хадубги хъаравуллъи кколила. Батараб ах1вал-х1алалъул росдал бет1ерасухъеги кьолила баянал. Росдал бет1ер Т1алх1атов Хизрилгун лъик1аб гьоркьоблъиги бугила жидер. Хизрица ФАПалъе гьабулила г1арцулаб кумек. Жеги гьес жидер гьари нахъч1вач1ила.

Бокьараб росу бахилаб мина буго Хунзахъ росдал ФАПалъул. Дун щвараб къоялъ г1ураб хинлъи бугоан гьениб. ФАПалъе мина баялъе сабаблъун ккун буго Умужат Хизри Шихсаидовгун, Буйнакскиялъул медучилищеялда цадахъ ц1алулей йик1ин. Рак1алдаго гьеч1ого, Умужатида Хунзахъе вач1ун дандч1ван вуго доб мехалъ Дагъистан республикаялъул Х1укуматалъул Председательлъун вук1арав Хизри Шихсаидов. Х. Шихсаидовасда лъан йиго кидаялиго цо курсалда ц1аларай Умужат. Ккараб икъбалалдасан пайдаги босун, Умужатица Х1укуматалъул бет1ерасда гьарун буго ФАПалъе мина базе кумек. Х. Шихсаидовас къабул гьабун буго курсцоялъул гьари. Г1адада гурелъул абулеб «Киб бук1араб киб батилебали щиб лъалеб»-абун. Бащадаб г1асруялъ цебе Буйнакскиялда бук1араб лъай-хъваялъул баракат Хунзахъ батун буго. 

ФАПалъе х1ажалъулеб инвентарь бугила. Хехаб кумек т1аде щвезег1ан (до врачебная) х1ажалъулел дараби рук1унила. Нагагьлъун г1арац гьеч1ого хут1ани, № 17 аптекаялъул заведующая С. Г1амирхановалъ налъуда кьолила х1ажатаб дару-сабаб. Лъик1ал х1алт1ухъабазда гьоркьой Умужатица рехсана г1адамазе кумекалъе яч1ине х1адурай Х. Мусаева, росдал г1исинлъимал лъалей патронажалъулай сестра Гъ. Г1абдулмаликова.

Гьаб материал х1адурун хадуб Хунзахъ росдал г1адамазда гьарана ФАПалъул х1алт1уе къимат кьеян. Цо-цояз гьеб беццана, цо-цояз какана. Рук1ана гьоркьохъеб къимат кьуралги.

Г1иса Г1исаев.

 
Просмотров: 879 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz