Пятница, 29.03.2024, 12:19 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Январь » 12 » АМЕРИКА ВА АМЕРИКАЯЛЪУЛАЛ. БИХЬАРАСУЛ БЕРАЗДАЛЪУН.
17:19
АМЕРИКА ВА АМЕРИКАЯЛЪУЛАЛ. БИХЬАРАСУЛ БЕРАЗДАЛЪУН.

ТIадегIанав Аллагьас дие кьуна цIакъ дун вохараб талихI. Гьеб ккола дир гIагарлъиялъул букIин берцинаб, гIамал рекъараб хъизам. Гьезул кумекалдалъун ва баракаталдалъун дие рес щвана гьадинаб берцинаб ракь, ракIбацIцIадал гIадамал гьезул тIаде рачIараздехун бугеб гьуинаб гьоркьоблъи, ракIрагьараб кIалъай. Берцинаб гIамал-хасият ва кIудияб адаб-хъатиралъул гьоркьоблъиялда гьалбадеридехун бугеб цIикIкIараб тIалаб-агъаз бихьизе. Гьеб кинабго бихьидал дида бичIчIана, дол цере арал соназда нилъее рицунел рукIарал мекъиял харбал. Киназдаго ракIалда батила, Америкаялда чIегIераб сипаталъул гIадамаздехун квешаб бербалагьи, ай гьел хъахIаб кьералъул гIадамазде гьоркьоре риччачIого, гIадамаллъунго рикIкIинчIого хIакъир гьарулаанилан нилъее рицунел рукIарал маргьаби. ГьанибгIадамазул цоцадехун бугеб гьуинаб, ракIжубараб, рекIеда чIегIерлъи гьечIеб гьоркьоблъи бихьидал, хасго дидехунго букIараб рази-ракияб бербалагьиялъ дида ракIалде ккана гьаздаса ракIлъикIал, рекIелъ хъублъи гьечIел гIадамал кирго ратиларилан.
Гьаб кинабго бихьизе дие рес кьурал, квербакъи гьабурал гьудул-гьалмагъзабазул, гIагарлъиялъул рахъалъ бокьун буго бицине.

  Хунзахъ гьоркьохъеб школа медалаздалъун лъугIизабуна ГIамикьа вехьасул вас Хизрицаги Хунзахъа хъулухъчиясул яс ПатIиматицаги. КIиязулго тIадегIанал цIалул заведениялги лъугIана багIарал дипломаздалъун. Хадур кIиялго рахъана гIелмабазул кандидаталлъунги. Аллагьасул хъваялдалъун гьел рос-лъадилъун лъугьана ва гьезие гьаруна васги ясги. Гьезул буго цоцалъ рекъараб, магIарулаз абухъе, гъункараб, гьуинаб гьоркьоблъиялъул хъизан. Гьезухъе щведал, гьез гIемер ракIалде щвезарулаан ва лъикIаб къимат кьун бицунаан жидерго рукIарал лъикIал мугIалимзабазул: Хунзахъа ХIажиев МуртазагIалил (поэт Загьидил вац), физикаялъул учитель ГIабдурахIманил, химик ГIабдусамадил, историк Атаев Дибирасул, гьабсагIат нилъгун ругел Гьиматов МухIамадрасулил, Хъазанбиев ГIалибегил ва цогидазулги рахъалъ.

Хизрилги ПатIиматилги лъимал Сахратула ва Жамиля цIалана МахIачхъалаялъул I3 абилеб школалда меседил медалаздалъун лъугIизеги гьабуна. Хадубккун Сахратула цIализе лъугьана Москваялъул физико-техническияб институталде, Жамиля Дагъистаналъул мединституталде. КIиязго институтал лъугIизарунабагIарал дипломаздалъун. 26 сон барав Сахратица цIунана гIелмабазул кандидатасул цIар, 28 сонил гIумруялде вахарав гьев вахъана техникиял гIелмабазул докторлъун ва гIемер заман иналдего гьесие кьуна Америкаялда гIумруялъулго профессорасул цIар. Жамиля институт лъугIун хадуса хIалтIана МахIачхъалаялъул лъимал гьарулеб рукъалъул тохтурлъун. ТIадегIанав Аллагьас гьелъие махщел ва гьунар кьуна операциял гьаризеги, унтарал сах гьаризеги. КватIичIого гьайги яхъана медицинаялъул гIелмабазул кандидатлъун. ГьабсагIат хIалтIулей йиго Москваялъул цо институталда дарсал кьолей чIужулъун, поликлиникаялда тохтурлъун ва цадахъго хIадурлъулей йиго медицинаялъул гIелмабазул докторлъиялъул цIаралъе гIоло диссертация цIунизе. ГIемер кватIичIого нилъеда рагIила Хунзахъа Жамиля гIелмабазул докторлъун яхъанилан абураб рохалилаб хабар. Инша-Аллагь.

   Гьале, гьай Жамиля цо къоялъ дихъе ячIана цо кагъатги босун, хIукуматалъулго гIадин, почалъулги хIалтIиги лъикI гьечIелъул, духъе щвечIего хутIизе бегьулин абун жийго босун йилълъанилан. Кинаб кагъатха гьеб букIараб? Гьеб букIана Америкаялдасан цо институталъ дун гьениве гьоболлъухъ ахIараб кагъат. Кагътида хъван букIана дун гьениве ахIиялъул ва сапаралъул киналго харжалги жидеца тIаде росулилан. Дида ракIалде ккана, ракI бахIарго бугониги, гIемерал саналги ран ругин, гьанже вахъун батIиял пачалихъазде изну кьолеб паспорталда хадув лъугьинеги ва цогидал хIажалъулел документал хIадуризеги дир бажари-къуват гIеларин, чорхол тирилъиги гьечIин, гьеб рикIкIадаб сапаралъ къватIиве вахъун лъикI гурилан. Амма, гьеб дихъе бачIараб кагъат бихьарал дир гьудул-гьалмагъзабаз, гIагарлъиялъ дида куркьбал гъуна ва сундулго дида ургъел чIвазе течIого, дун нухда регIана. Дове щвезегIан дун тIовитIизе цадахъ йилълъине къотIи букIана Жамилал. Амма гьеб сапаралъул къоязде данде ккун гьелъул хIалтIулеб бакIалдасан рес ккечIолъиялъ, гьелъухъа дида цадахъ йилълъине бажаричIо. Амма гьелъ дир билеталда хъвазабун батана дун инвалид вугилан. Хадубккун дие гьеб хъвай-хъвагIай, магIарулаз абухъе нухде бараб тIехгIадин кIудияб квербакъиялъе сабаблъун батана.
  Москваялдаса бахъараб самолеталъеги, гьелда рекIаразеги хъулухъ гьабулеб бугоан Америкаялъул гIадамаз. Гьеле гьелдасан байбихьана дир Америкаялдехун ва гьелъул гIадамаздехун букIараб пикруги лъикIаб рахъалдехун хисизе. Гьел хъулухъчагIаз разияб гьумералъул гьимигун рекIинавуна гьакал ругеб коляскаялда, кодоса босун багажалда лъезе дир чемоданги ана. Нью-Йоркалде щвезегIан 3 нухалъ дир хIал-хIукму цIехезе аскIое ячIана стюардесса. Дун воржине кколаан Флорида штаталъул Майами шагьаралде. Гьединлъидал, дида ургъел чIван букIана щибго мацI лъаларев дица кинан багаж босилеб, самолеталда лъица дун рекIинавилеб абун. Дир ургъел гIададисеб батана, кинаб букIаниги дида ургъел чIвазе течIого, каранда дир цIар хъвараб кагъатгун, додиналго гьакал ругеб креслогун, гьурмада берцинаб гьимигун, чIун вугоан чIегIераб гьурмал дангъваялъул чи. Гьес дунги креслоялда рекIинавун вачана Майамиялде унеб самолеталде аскIове, цадахъ босун дир багажги кьуна самолеталде. Самолет боржунеб заман щведал гьес дун гьенив рекIинавуна ва диргун рази-ракияб къагIидаялъ къо лъикIги гьабун нухда регIана. Гьединабго дандчIвай гьабуна диргун дун Майамиялде щведалги. Гьез дундандчIвай гьабизе рачIаразде аскIове щвезавуна. Гьал дие гьадинаб хъулухъ гьабурал гIадамазе дагьаб гIарацгIаги кьезе бугилан дица Сахратида абидал, гьес, ворейила бегьуларила, гъозда жал хIакъир гьарулел ругилан, нилъедехун квеш ралагьулила гъолилан абуна. Аэропорталдасан рокъоре унелъул дида ракIалде щвана мунагьал чураяв Америкаялда дипломатлъун вукIарав нилъер ракьцояв ГIабдухаликъ ва дос цо гьитIинабго данделъиялда абун рукIарал рагIаби. Дос абун букIана: «Дица гьедин абизеги бегьуларила, амма бугеб жо абичIогоги кинила телеб. ЦIакъ лъикIал гIадамал ругила дозул». Цоги абуна: «ГьабсагIат щибго гьабичIого Америкаялъул хIалтIи чIезеги гьабун, нилъ хIалтIизе тани, 200 соналдасанги нилъ дозда хадур гъеларилан. Гьанир къоял ранагIан дирги пикраби ГIабдухаликъилалдасаги цере рорчIанин ккола. Гьаниб бугеб гIадамазул гIумруги, яшавги, тIолабго ахIвал-хIалги бихьидал, ракIалде кколеб букIана дун алжаналде ккун вугилан. Гьелъие гIиллабиги гIемерал рукIана, сундулго ургъел гьабизе кколареб гIадамазул гIумру, чорхолъ чIегIераб тIанкI гьечIел, ракI бацIцIадал гIадамал, нухазул лъикIлъи, рацIцIалъи, гIадамазул цоцадехун бугеб гьуинаб гьоркьоблъи, жахIда-хIусуд гьечIолъи ва гьел гурелги гIемерго гIадамазда гьоркьор ругел лъикIал хасиятал. Гьенив вугебгIан заманалда дида вихьичIо цониги полициялъул хIалтIухъан цо гьитIинабго лъугьа-бахъин ккезегIан. Хизриги дунги велосипедаздаги рекIун унаан океаналъул рагIалде. Гьенибги бокьараб бакIалда чвердезе, хIухьбахъи гьабизе, рагIалчIван бокьаралъуре ине рагьараб дунял, киналъего чIезарурал, лъикI къачIарал санагIалъаби ва гь. ц. Гьенив хIухьбахъиялда вукIаго дида цебеса инчIо Каспиялъул рагIаллъиги гьенир гIадамазе хIухьбахъиялъе, ралъдалъе заборалги лъун, цо-цо хъантIарал гIадамаз нилъее рес толеб гьечIолъиялъул бугеб хIалги.
  ТIад руссун рачIунаго дун цо нух бикьулеб бакIалда велосипедги бегун гIодов ккана. Гьеб минуталда рахъ-рахъалдасан бачIун чIана 2 полициялъул машина. Хизрица дида абуна аз абулеб бугила велосипед машинаялда лъун рокъобе щвезабилила, ав киве щвезавилеван гьикъулеб бугилан. Нижеца гьезие баркала кьуна дие щибго гьечIилан.
Гьениб дида бичIчIана Америкаялда полициялъул гIадамал гIадамазе кумекалъе ругел хIалтIухъаби рукIин.
Цоги дун хIайран гьавураб, чIагого алжаналъур ругин гьазул гIадамалилан дида ракIалде ккараб лъугьа-бахъиналъулги бицине бокьун буго. Ниж ругеб бакIалда аскIобго букIана сверухъ гIемерал тукабиги ругеб, цIакъ берцинго къачIараб шагьаралъул майдан. Гьел тукабазда ругоан гIемерал батIи-батIиял кванил нигIматал, сокал эбел-инсуда цадахъ рачIарал лъималазе расандизе гьарурал бакIал. Дида лъаларо, щай щибаб рузман къоялъ гьез гьеб гьабулеб букIарабали, гьеб къоялъ гьенире рачIунел ругоан Америкаялда лъикIго машгьурал артистал. Гьез чIобого кьолеб бугоан концерт, гьекъолел кваналел жалги чIорого ругоан гьеб къоялъ, дуца бокьараб кванай, бокьараб гьекъеян гьарзаго чIезабун бугоан. Гьеб къоялъги ва гьениб вугебгIан заманалда дида гьенив вихьичIо цониги гьекъон мехтарав чи, тукабазда кигIан босаниги мехтизарулел гьекъолел жал ругониги. Багьаги нилъер анибалдаса учузаб бугоан.
  Хизрицаги ПатIиматицаги гIумру гьабулеб букIана Сахратица азие ккурал рукъзабахъ. Гьединалго рукъзабахъ гIумру гьабун ругоан цоги гIадамалги. Хизрица абуна гъол миллионерал ругилан, амма дида бичIчIичIо гьел миллионералищ, яги гIадатиял гIадамалищали. Нилъер бечедал гIадамазде данде ккун гьезул я ратIлилъ, хьвада-чIвадиялъулъ, гIамал-хасияталъулъ гIадатиял гIадамаздаса батIалъи щибго букIинчIо, букIинчIо гьезул жалго цIунизе тарал гIадамалги, кинабго бугоан гIадатияб.
Америкаялъул гIадамазул рукIунел ругоан гIемерал байрамал. Цо дун хIайран гьавураб байрамалъулги бицинчIого гIоларо. Гьеб байрам дун гьенив вугеб заманалде данде ккана. Гьеб тIобитIулеб буго щибаб соналъул ноябрь моцIалда тIарамагъадисеб хамиз къоялъ. ХIалтIухъабазеги цIалдохъабазеги 3 къо кьолеб бугоан гьеб байрам тIобитIиялъе. Гьел байрамкъояз тукабазда къайи 50-60 проценталъ учуз гьабулеб буго. Дидаго бихьичIебани божилароан. I000 долларалде ругел телевизорал, компьютерал, тIад ретIунеб партал 450-500 долларалде ричулел рукIана. Гьеб байрамалда цIар бугоан «Эбел-инсуе баркала кьезе»-ян абураб. Кир гьел ругониги, хIатта Аляскаялде щвезегIанги гьезухъе щвезе унел ругоан сундухъго, кинаб бугониги гIиллаялъухъ балагьичIого. Гьеб къоялъ цо-цояз щибго лъугьинчIеб мебель-диван-кроватал, креслаби, холодильникал, телевизорал лъола къватIахъ, бокьарав чияс гьел нахъе, ай жидеего росизеги бегьулел руго. Эбел-инсуца гьеб байрамалъул къоялъ лъимал рачIиналде столалда лъезе кколеб буго белъараб гургур. Гьел гIадатал эбел-инсуцаги лъималазги цIунулелги ругоан.
  Бицен гьабизе бокьун буго лъимал цIалулеб школалъулги. Дида абизе кIоларо нилъер гьанибищ, яги Америкаялдайищ учительзабазул дарс кьеялъул къагIида лъикIаб бугебали. Гьениб учителас лъазе толеб гьечIоан жиндир рекIел цIайи кинав цIалдохъанасде бугебали, гьез киналго ращад гьарулел ругоан. Щибаб къойил лъималазе гьарулел ругоан контролиял хIалтIаби. ХIалтIабазе къиматал лъолел руго, амма лъималазда лъазе толеб гьечIо кинаб хIалтIуе кинаб къимат лъурабали. ХIалтIабазул гъалатIалги ритIизарун кьолел ругоан хIалтIаби лъималазухъе, кинаб гъалатI жиндир ккун бугеб, сунде кIвар буссинабизе ккелебали цIалдохъан тIад ургъизе. Хизрилги ПатIиматилги ясалъул яс Тату 6-абилеб классалда цIалулей йиго Америкаялъул школалда. Хизрида цадахъ Тату щвезайизе унелъул диргоги пикру ккана школалда бугеб гIадлу-низамалъул, ахIвал-хIалалъул лъай-хъвай гьабизе цадахъ ине интерес бижана. Анкьида жаниб лъималазе интерес ккезе гьабулеб цо къо букIунеб бугоан. Татуца абуна метер жидер сумасшедший къо бугилан. Гьеб къоялъ лъимал школалде унел ругоан цебе ккараб ретIелги ретIун, гьурмада краскабиги рахун, ботIрода парикалги лъун. Учительзабиги ругоан лъималго гIадин гьезда релълъун. Цоцаздаса рохиялъ гьезул гIорхъи букIинчIо. Цоги къоялъ дие кIудияб асар гьабуна батIияб школалъул 6 абилеб классалъул лъималги рачIун, кIиязулго баскетболалъул къецалъул хIаялъухъ балагьун. Гьединал тадбиразда гIахьаллъулел ругоан лъималазул эбел-эмен, школалъул учительзаби директорасде гIунтIун ва кIвар кьун киназго интерес гьабулеб букIана дандчIваялъул. Къецал рагьулаго оркестралъ бачана США-ялъул гимн ва киназго каранда кверги лъун, цадахъ ахIулеб букIана гимн. Дун кутакалда хIайран гьавуна гьел гIисинал лъималазулги, учительзабазулги, умумузулги цоцадехун бугеб гьуинаб гьоркьоблъиялъ, профессионалал хIалел ругеб гIадин гьезие суд гьабулесухъ валагьун. Гьединал спорталъулал дандчIваял гьенир тIоритIулел руго щибаб хамиз къоялъ.
  -Америкаялда вукIаго дие рес щвана гIемерал, цIодорал, гIакъилал, лъай бугел гIадамазухъ гIенеккизе, гьезие чанго суалги кьезе. Масала, дица гьезие кьуна Америкаялда цониги чиясул цIар лъураб къватI гьечIин, гьелъие гIилла щибан абураб суал. Гьез дие бицана Америкаялда бищунго къимат гьабулила инсанасул ва киналго гIадамал гьезул социалияб рахъ, тухум-кьибилалъул рахъалъухъ балагьичIого ращадги гьарулила. Нагагьлъун цо пуланав чиясул цIар лъуни, вукIине бегьулила гъосдасаги жиндир гIадамазда гьоркьоб ва пачалихъалда цебе тIадегIанаб къимат-къадру бугев, гьесдасаги вацIцIадав, мустахIикъав чи. Гьелдалъун кIиабилезул гIагарлъиялъул бижулила тIад тараздехун рокьукълъи, бихьулила гIадамал ращад гьарулел гьечIолъи. Гьелъие гIоло Америкаялда цониги шагьаралда, къватIазда лъоларила гIадамазул цIарал. Дун гьезул гIакъилаб жавабалда разилъана ва цере чIана нилъер аниб шагьаразул росабазул къватIазда цIарал лъурал гIадамал.
Гьадинаб гIадамазул цоцадехун рокьиги, ращалъиги, лъикIаб гьуинлъиги Америкаялъул киналго штатазда шагьаразда букIунеб батиларилан дица абидал, Сахратица дун вачана гIемерал шагьаразде, гIемераб бакI бихьизеги гьабуна. Гьес дир беразда цебе чIезабуна Америкаялъул бечелъиги ва киса-кибего гьезул гIадамазул цоцадехун бугеб ракI бацIцIадаб гьоркьоблъиги. Гьав бечедав вугин, гьав мискинав вугин гIадамал цоцадаса ратIа рахъизеги дида лъачIо. Гьенив вугогIан заманалда дида лъикI бихьана гьезул хIукумат гIадамазе, гьезул рукIа-рахъин лъикI букIиналъе гIоло гIуцIараб ва къеркьолеб букIин. Гьединал пикраби гуреб батIияб политика гьезул тIадчагIазул гьечIинги ккана дида.
  КигIанго нилъер исламияб диналда гьукъараб бугониги, дир пикрабалъе цодагьабго рекIел хъублъи бачIунеб буго. Дун вуго кинаб бугониги чорхолъ фанатизмаялъул махI гьечIев, Аллагьасе мукIурав лагъ, ТIадегIанав ракIалдаса араб минутги дир букIунаро. Кин бугониги бугелда абичIогоги чIезе кIолеб гьечIо. Цо рекIелъ къараб пикру загьир гьабичIогоги ракIалъ рахIат толеб гьечIо. Нилъ дунялалде риччала тIад щибго гьечIого рацIцIад. ГIилла щибха цоял чIагого алжаналъуре ритIулеб, цогидазе къадаралде щун, доб ахираталъул рокъоре щведал, къваридаб нухалдасан гурого щолареб? Цоцоязе рекIее гIечIого букIинеги бегьила гьаб дида бихьаралъул хIакъалъулъ, дирго пикраби загьиргьабун хъвараб, хIакъикъияб лъугьа-бахъин. Дидаго беразда бихьичIебани, цогидазул харбихъ гIенеккун, дунгоги божичIого вукIине бегьулаан. Гьединлъидал, божуларезда дица гIайиб гьабуларо. Дида ракIалде щвана гьабсагIат Америкалда вугев Хрущевасул васас абурал рагIаби. Америкаялде щун тIад вуссиндал, инсуца ЦК-ялъул данделъиялда абунила, валлагь, Америкаялъул халкъ гьабсагIат коммунизмаялда ругилан. Гьес абухъе рукIунги руго.
  Цоги дир рекIелъ рекъараб, берцин бихьараб жо щибан гьикъани, гьеб буго руччабазул, ясазул хьвада-чIвади, гIамал-хасият. Цониги тукабазда, жамгIиял бакIазда, гIадамал данделъараб бакIалда-кибниги йихьичIо цониги чIужугIадан, ясал гьурмада щибниги бахарал, кIутIби, берал релъарал. Киналго ругоан тIабигIияб, жидее кьураб кьер-мохъалда, гьурмазе, кверазе «тIаде жураялги гьарун, гIакъуба кьечIел», киналго ругоан Аллагьас рижухъе гIадатияб кьергун. Дида гьел гьедин берцинги рихьана. Дида гьенив вихьичIо хъалиман цIалев чи, я гIодобе рехараб бухIунхутI. Гьениб гьеб цIалеб гьечIоанин ккана дида. Лъаларо, цо хасал бакIазда хъалиман бухIулищали дица цIехечIо. Гьанже данде кквеха нилъер шагьараздаги, росабалъги гьеб рахъалъ бугеб хIал, къватI-къватIалъур гIодоре рехарал бухIунхутIалги, сигаретазул ва цогидалъул чIобогоял пачкаби-пакеталги, жамгIиял бакIазда букIунеб хъублъиги, нилъедаго хадуб гьабулареб рацIцIа-ракъалъиги, хъаравуллъиги, гьечIеб кинаб бугониги гьелде кIвар кьолел гIадамалги.
  Хириял дир ракьцоял, Хунзахъ районалъул жамагIат, лъималазул эбел-эмен, киналго умумул, дие бокьун буго ракIбацIцIадго нужедехун абизе. Киве дун щваниги ракI гIорцIулареб гьаб Америкаялъул гIадамазул гIумруги, гIадаталги, гьезул цоцадехун бугеб рокьиги, жидерго ВатIан, хIукумат бокьиги бихьидал, дица Нужеда гьарула нужерго лъималазе гъваридаб лъай кьезе хIаракат бахъе, цIикIкIараздехун адаб-хIурмат бугеллъун куцай, хьвада-чIвадизе лъалеллъун ругьун гьаре. Дида цIар лъезе лъалареб хIукуматги, пачалихъги нилъер лъугьиндал, гIолеб гIелалъе, лъималазе гIумру гьабизе захIмалъила. Гьединлъидал, цIакъго кIвар кье гьел лъикIаб лъай босиялъе цIализаризе, гъваридго гIелмуялда тIадчIолеллъун лъугьинаре. Лъалареб жо буго, ТIадегIанав Аллагьас гIун бачIунеб гIелалъе лъикIаб талихIаб гIумру насиб гьабизе бегьула. ИншаАллагь!
  Дирго гьаб хIакъикъияб лъугьа-бахъиналъул рахъалъ хъвараб хъвай-хъвагIай лъугIизабизе бокьун буго, дун гьаб гьитIинабго лъугьа-бахъин хъвазе рес кьурал ва тIамурал, дида гьаб ракь ва гьелъул тIабигIат, гIадамал рихьизе, гьелъул берцинлъи бихьизе дун кантIизавурал, дие цIакъ хириял хундерил гIолохъабазе, дир гьудул-гьалмагъзабазе, дирго гIагарлъиялъе, хъизан-лъималазе ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун.
Хунзахъа МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев
ГIАЛИЕВ МУХIАМАД РАСУЛОВИЧ.

Просмотров: 810 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/2

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz