Четверг, 28.03.2024, 11:54 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Декабрь » 30 » ЦIИЯБ СОНАЛЪ ДИР МУРАД.
15:22
ЦIИЯБ СОНАЛЪ ДИР МУРАД.

Ц1ияб соналъ дир мурад

Рик1к1адги г1агарлъухъги

Г1арада кьвагьугеги,

Г1адамил лъимералъул

Рак1 лъукъун бихьугеги.

 

Ч1ара-хьараб куцалда

Кепалда нилъ хут1аги,

Каранда рак1 мах1царал

Цо-цо ккун рачун аги.

 

Рек1ел унти щвезелъун

Щокъаб г1умру кьогеги,

Кьог1лъун дунял бигъине

Балагьал данд ч1вагеги.

 

Чагъир-г1аракъиялъул

Г1орхъи лъидаго лъаги,

Г1амал квешаб къавмалъул

Къавулъа рик1к1алъаги.

 

Къарумасул карталда

Кирит рахан хут1аги,

Сахаватил рокъобе

Рикъзи чваххун бач1аги.

 

Рат1алъун, рихха-хочун

Хъизан-рукъ батугеги,

Рокьул оеканалъул

Ургуялт1а хут1аги.

 

Г1алимзаби ц1ик1к1аги,

Жагьиллъи дагьлъун аги,

Дагъистаналъ г1араб мац1

Г1ащикъго лъазабеги.

 

Ракьалда кьалул хабар

Кьуч1дасан т1аг1ун аги

Т1олабго дунялалда

Дин-ислам г1ат1илъаги.

 

Рокьукъал жах1тачаг1и

Жундуца рачун аги,

Эгерал х1акимзаби

Х1упруца кванан хваги.

 

Х1алт1ухъаби нахъе цун

Цурдузул ролал х1алел,

Х1алихьатаб мафия

Малаца к1к1ук1к1ан хваги!

 

Мац1ит1а г1умру унел

Г1уруца росун аги,

Ц1огьода бечелъарал

Бичас нахъе рачаги!

 

Г1амал к1одолъиялда

К1алт1а печать кьабг1аги,

К1алзул базаргабазул

К1ут1би седон хут1аги.

 

Мискинлъи чурун аги,

Бечелъи чваххун щваги,

Щокъал сахлъун рач1аги,

Сахал щулалъун ч1аги!

 

Ч1ух1и-ас г1одой ккаги,

Г1амал берцинлъун аги,

Г1ала-гъважа чаг1азда

Чалу Аллагьас кквеги.

 

Чаранг1адал васалги,

Чиниг1адал ясалги,

Росабалъ г1емерлъаги,

Г1ищкъу бац1ц1адаб ккаги!

 

Рокьарал данделъаги,

Рокьукъал рик1к1алъаги,

Лъимал рокьарал щваги,

Щокълъарал гьаругеги!

 

Исламалда куцараб

Камилаб наслу г1еги,

Купруялде унареб

Агьлулъун нилъ ратаги!

 

Базарал ц1ик1к1аниги

Бизан лъик1лъун бач1аги,

Босулезул рес г1еги,

Бичулеб учузлъаги!

 

Рек1к1 гьабун чи гуккулел

Рачун туснахъ гьареги,

Хияналъи г1емерал

Г1арч1 т1илалъ ч1ван рехаги.

 

Рекъасул бох бит1аги,

Беццазе канлъи кьеги,

Анищан краб щинаб

Инагьдич1ого щваги!

 

Умумузул адаб тун

Лъималаз батугеги,

Лъималазул агъаз тун

Умумул раг1угеги!

 

Хвалил хабар дагьлъаги,

Ц1иял г1елал ц1ик1к1аги,

Ц1ияб соналъ гурони

Ц1уц1ун гьекъей к1очаги.

Мух1амад Х1усенов, Мущули.

 

Просмотров: 720 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz