Четверг, 28.03.2024, 23:32 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Январь » 18 » ЦАДАХЪ РЕКЪОН ХIАЛТIАНИ…
17:43
ЦАДАХЪ РЕКЪОН ХIАЛТIАНИ…

Т1абиг1ат берцинаб, г1ат1илъи ц1ик1к1араб, ц1алдохъабазе расанди-х1аязе квег1енлъаби ц1ик1к1араб бак1алда бан буго Т1агьада росдал г1адамаз жидерго лъималазе г1аммаб гьоркьохъеб лъай кьеялъул школа. Дагьал церег1ан къоязда Гьоц1алъ участкаялда ругел росабалъе сапар бухьунелъул ниж щвана гьеб школалдеги. Т1оцебе нижеда гьениб дандч1вай гьабуна г1емерал соназ школалъе бажарун нухмалъи гьабулев школалъул директор Г1исаев Г1арип Г1исаевичас. Гьес нижергун лъай-хъвай гьабуна т1олабго школалъулгун, рачана кабинетазде. Ц1акъго берцинго бараб, г1ат1идал, гвангъарал классаз бечед гьабураб, шагьаралдацин къанаг1ат гурого гьеч1еб г1адаб школа эхетун буго гьениб лъималазе. Школалда бугоан мух1канаб рац1ц1а-ракъалъи, дарсазда г1одор ч1арал лъималазул ц1акъго г1одобе биччараб сих1къот1и. Коридоралъусан унелъул къадал берцин гьарун руго школалъул «щуйил» къиматазда ц1алулел ц1алдохъабазул, школалъул жиб-жиб предмет кьолев муг1алимасул гьел гурелги школалъул церет1еязул бицунел стендаз, плакатаз. Нижеда бихьана директорас гьениб киг1ан к1вах1аласулги гъира бач1ого бук1инаредухъ х1алт1изе шарт1ал ч1езарун рук1ин. Нижедаги гьесдаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари. 

  -Г1арип Г1исаевич, бокьилаан чан ц1алдохъан ва муг1алим школалда ц1алулев вугевали, ц1алулгун тарбия кьеялъул иш кин неб бугебали бицани. 

  -Т1агьада росдал г1аммаб лъай кьеялъул гьоркьохъеб школалда ц1алулев вуго 121 ц1алдохъан. Гьезие тарбия-лъай кьеялда х1алт1улев вуго жидер т1адег1анаб лъайги, х1алт1удеги лъималаздеги унго-унгояб рокьиги бугев 30 муг1алим. Ц1ияб ц1алул сон школалъ байбихьана мух1канаб ремонт гьабиялда цадахъго, ц1алдохъабазул лъаялде, г1елмуялде ц1ик1к1араб гъира-шавкъ балеб х1алалда, муг1алимзабазул х1алт1уде к1удияб рокьи бижиледухъ лъик1аб х1адурлъиги гьабун. Школалда ц1али бачунеб буго Россиялъул Федерациялъул ва ДРялъул лъай кьеялъул министерствабаз рихьизарурал ц1алул программабазда рекъон, ц1алулгун методикияб х1алт1и пачалихъиял т1алабазда данде кколеб къаг1идаялда. Школалда к1удияб к1вар кьола педагогикияб х1алт1улъ ц1и-ц1иял технологиял х1алт1изариялде.

Ц1алдохъабазе ц1акъго пайда ц1ик1к1араб х1алалда уна Зайнулг1абидица нухмалъи гьабулел ОБЖ-ялъул ва физкультураялъул дарсал. К1удияб реццалъе мустах1икъаб къаг1идаялда уна математикаялъул учитель Х1усенов Ах1мад Зайирбеговичасул дарсал. «Лъаг1алил учитель-2008» конкурсалда гьесие щвана лъабабилеб бак1. 2008 соналъ Ах1мад Зайирбеговичасул 4 ц1алдохъан г1ахьаллъана республикаялъул математикаялъул конкурсалда. 365 чиясда гьоркьоб гьесул ц1алдохъанасе щвана 56 бак1. Гьебги нижеца к1удияб бергьенлъилъун рик1к1уна. Бицинч1ого г1оларо Дагъистаналъул пачалихъияб университетги лъуг1изабун 30 соналъ росдал лъималазе г1урус ва рахьдал мац1алъул дарсал кьолев х1албихьи бугев муг1алим т1оцебесеб категориялъул специалист Дагъистан Республикаялъул Халкъияб лъай кьеялъул отличник Г1абдулпатах1ов Г1абдулпатах1 Г1алиасх1абовичасул х1акъалъулъги. Гьес к1удияб к1вар кьола лъималазда дарс ч1алг1инаредухъ бат1и-бат1иял къаг1идаби х1алт1изарун бачине. Щибаб дарс бук1уна цояб цоялда релъинч1еб, жиндиего хасиятаб берцинлъи гьоркьоб бугеб. Дарсида учителасдаги лъималаздаги гьоркьоб лъугьинабун бук1уна цоцада рич1ч1и, гьединлъидал ц1алдохъаби гьесул дарсиде хьвадула к1удияб гъираялда. Г1абдулпатах1 Г1алиасх1абович ккола 1-себ категориялъул учитель. Гьес жиндирго х1албихьи г1ахьал гьабула г1олохъанал, гьанжего гьанже х1алт1изе рач1арал специалистазе. Г1абдулпатах1ица школалда т1орит1ула рагьарал дарсал. Гьесул к1удияб адаб-х1урмат гьабула цадахъ х1алт1ул муг1алимзабаз, лъималаз ва гьезул умумуз. Ц1алдохъаби гъираялда хьвадула республикаялъул Мах1ачхъалаялда бугеб культураялъул колледж  лъуг1арав Султ1анбегов Г1умарица рачунел музыкаялъул дарсаздеги. Гьел церехун рехсарал муг1алимзаби гурелги, нижер т1олабго коллектив къеркьола лъималазе лъайгин трабия кьеялъе жидехъаго бажарарабщинаб гьабизе.

Школалда г1уц1ун х1алт1улел руго г1урус мац1алъул, математикаялъул, информатикаялъул, краеведениялъул, волейболалъул кружокал.

Т1абиг1аталде рокьи бижизабиялъул, г1агараб ракь лъазабиялъул, гьелъул г1адамал, г1адатал ва тарих лъазабиялъул мурадалда, муг1алимзабигун цадахъ ц1алдохъаби г1емер уна т1абиг1иял бак1азде экскурсиялъ, дандч1вала росдал ригь арал г1адамалгун, зах1маталъул церехъабигун.

Нижер школалъ жигар бахъула районалда школлъималазда гьоркьор кинал тадбирал т1орит1улел ругониги, гьезда г1ахьаллъизе. Спортивиял къецаздаса, олимпиадабаздаса ц1алдохъаби т1ад руссуна цересел бак1алги росун. Гьедин, араб ц1алул соналда т1орит1арал географиялъул, биологиялъул, химиялъул, физкультураялъул, ОБЖялъул, правоялъул олимпиадабазда нижер ц1алдохъабазе щвана 2-лел ва 3-лел бак1ал данде росун 15 грамота, спортивиял къецазда 5 грамота: 2-т1оцебесеб, 2-к1иабилеб, 1-лъабабилеб.

Исана т1оцебе школалде рачарал ц1алдохъаби ц1алулел руго ц1иял стандартазда рекъон. Щиб дуца абилеб гьезда хурхун?

  -Гьаб соналда нижер школалда 1-себ классалде хьвадулев вуго 8 ц1алдохъан. Гьезие ч1езарун руго ц1иял т1ахьал. Лъималгун х1алт1улей йиго х1албихьи бугей муг1алим Къурбанова Пат1имат Мух1амадовна. Гьелъ г1иц1го лъимал гурелги, гьезул умумулги цадахъ ругьун гьарулел руго ц1ияб къаг1идаялда лъималгун х1алт1изе. Пат1иматица гьездаги бич1ч1улареб бич1ч1изабула, лъалареб лъазабула, гьарула малъа-хъваял. Дица тола х1алт1и квеш унеб гьеч1илан.

Нужер школалда кинал г1унгут1аби ругел?

  -Г1унгут1и буго ц1ияб бараб спортзал жанисан къач1азе сурсатал гьеч1олъиялъул. Лъималгун х1алт1изе бегьулеб х1алалда гьеб къач1азе к1вани рак1алде ккола нижер бергьенлъаби дагьалги ц1ик1к1инилан.

Зах1малъи бук1ана т1урччи гьеч1олъиялъулги.

Г1арип Г1исаевич, баркала гара-ч1вариялъухъ. Нижер мурад буго гьабулеб ишалъулъ нужее бит1 ккей. Рак1алда ругел мурадал т1урайги. Гьаб макъала хъвалелъул дица гара-ч1вари гьабуна лъай кьеялъул управлениялъул информациялъулгин методикияб централъул нухмалъулей Патах1ова Салих1атилгун ва ц1ехана гьеб школалъул х1акъалъулъ гьелъул пикру. Гьелъ нижее бицана гьадин:

  -Т1агьада гьоркьохъеб школалда РУОялъ дагьаб цебег1ан т1обит1ана аттестация. Гьелъ бихьизабуна школалда лъайгин тарбия кьеялъул х1алт1и г1уц1араб къаг1идаялда унеб бук1ин. Школалъул директорлъун Г1исаев Г1арип Г1исаевич ккаралдаса х1алт1и цебехун бач1ине лъугьана. Гьесда к1вана школалъул коллектив цоцалъ гъункизабизе. Директорасул раг1и муг1алимзабазе законлъун лъугьун буго. Гьев муг1алимзабазде ах1дон, семун гуро х1алт1и бачунеб. Гьев вуго ч1ара-хьарав, г1одой виччарав, абулеб раг1и ургъун гурого бицунарев чи. Жиндир г1акъилаб сабруяб каламалъги, гьабулеб ишалъулъ рит1ухълъиялъги к1вана гьесда коллектив цадахъ рекъон х1алт1изабизе.


Написат  Г1алиева.

Просмотров: 844 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz