Четверг, 28.03.2024, 11:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Декабрь » 14 » БАГЬАДУР
23:46
БАГЬАДУР

.Ц1адул балагьалдаса ц1унагиян гьариялъул маг1на-квер-малъ базе бак1 гьеч1еб, къварилъи г1емераб, г1умруялъе х1инкъи ц1ик1к1араб ц1адул балагь бук1ин бич1ч1изаби ккола.

Араб анкьалъ ц1адул карачелалъ квелъ бана Лъаг1илухъ Пайзулаев Мурадбегил минаялда. Хвалдаса Мурадбег хвасар гьавуна 3 абилеб классалъул ц1алдохъан Х1асанх1усенов Мух1амадг1алица.

Жиндирго пекарниялда чед бежулаго сордо борч1арав Мурадбег, радал ц1аги бакун, т1урччиги бан, вегизе вахуна. Чед босизе вач1арав Мух1амадг1алида, печалъул нуц1аги рагьун бач1ун, г1одобе бач1араб т1орччодасан ц1а рек1ун батула. Гьурмаде курткагаги бачун, к1анц1ула гьев жаниве, гьесда вихьула к1к1уйца тамахлъарав Мурадбег. Гьес гьев терк1езавула, гьурмада лъим ч1вала, х1алалъ к1иялго къват1ире рорч1ула. Заманго иналде кьвагьараб газалъул балоналъ ц1а гьалаглъизабула. Азбаралда гьевги тун, Мух1амадг1али векерула мажгиталде г1адамазда ва школалде учительзабазда хадув.

Гьеб кутакаб ц1а ва  к1к1уй Гьамишт1е бихьун, гьенисанги ах1ун батана телефоналъ. Унго-унгоял, рак1 бац1ц1адал, т1алаб-агъаз ц1ик1к1арал мадугьалзабазе-гъамишт1исезеги кьолеб буго росдаца баркала. Ц1а свинабулаго к1удияб жигарчилъи бихьизабуна росдал г1олохъабаз, школалъул ч1ах1иял ц1алдохъабаз ва учительзабаз. Цо рокъоса бажарараб къайи-къоно, гъоркьа-пекарниялдаса ролъ, чакар ва цогидабги къват1ибе баччана. Гьелегьараб ц1адулъ х1алт1улаго, т1охдаса рортарал, тунка-г1усарал г1адамалги ккана. Школалъул ясазда ва росдал руччабазда г1емер г1акъуба бихьана г1ураб лъим бук1инч1олъиялъ, гьеб баччулаго. Цинги бачана лъимги, бач1ана Хунзахъа пожарная машинаги. Мадугьалихъ росабазул г1олохъабигицин рач1ун, свинабизе к1вана ц1аги.

«Багьадур» абун макъалаялда ц1ар бихьарабго, рак1алде щвезе бегьула жул-жул г1адал михъазул, кьуру г1адав чи. Гьав нилъеца бицунев багьадурасул 10 сонцин т1убан гьеч1о. Амма гьес 60 сон барав чи хвалдаса ворч1изавун вуго. Кисаха гьесие гьеб гьунар щвараб? Сунцаха гьесул рак1алъе гьединаб къвак1и кьураб?Тарбиялъ гьавула чи лъугьине. Гьесие, нилъер гьит1инав багьадурасе -Мух1амадг1алие цин рокъосан щвана щвезе кколеб тарбия - эмен Мух1умагъазил Халитилги, эбел Исмаг1илил Пат1иматилги гьунар ккола гьезул къадарав вас лъугьинч1олъи, гьез байбихьараб тарбиягун вач1ана гьев школалде ц1ализе.

Школалда гьесул учительницалъун ккола Расулова Султану Асх1абг1алиевна. Гьелъул тарбия кьезе бугеб махщелалъги гьит1инав Мух1амадг1алилъ бижизабуна к1удияб г1аданхиралъи – гьебги ккола гьесие щвараб тарбия. Гьит1инав Мух1амадг1алие жинда т1адаб тарбия кьуна школалъул завуч Мух1амад Сайгидмух1амадовичас, гьединго къойилго т1аса бер босич1еб тарбия Мух1амадг1алие бук1ана школалъул директор Мух1амадбег Къурамух1амадовасулги. Г1ам гьабун абуни, щвезе кколеб тарбия щолеб бук1иналъ вачана гьит1инав Мух1мадг1али к1удияб г1умру жинца хвасар гьабиялде.

Гьесул рек1елъ къвак1и бук1инч1ебани, гьев ц1а рек1ун батарабго нахъе лъутун инаан, гьесул рек1елъ г1аданхиралъи бук1инч1ебани, гьесда Мурадбегил г1умруялъе бугеб х1инкъи бич1ч1илароан... Инсанасул щибаб гали бараб буго гьесие щвараб тарбиялда.

Гьесул гьунаралда бахиллъун гуревани, нилъер халкъияв поэтасул, Г1абасил Мах1амадил к1алдисан гьал раг1абиги рач1инароан:

 

Мух1амадг1али

Мух1амадг1али, мун Халитил васищ,

Расги х1инкъулареб х1алалъ вихьулин?

Я Мух1умагъазил васасул васищ,

Ц1аркьурасул г1адаб г1амал бихьулин?

 

Мух1умагъазиги мурид вук1арав

К1удияв Шамилил байрахъ босарав.

Рагъул завалалда гьевги лъукъарав,

Къадаралде нусил сонги бан щварав.


Маргьулъун бицуна Мух1умагъазил -

Гьев дур к1удадае жинца ц1ар тарав.

Ц1акъавин бицуна Мух1амадг1алил -

Дуда лъураб ц1арги кьезе ватарав.

 

Жеги балугълъич1ев вас вугоан мун-

Лъабабилеб класс киг1ан т1уцаб бак1.

Амма дур ц1аралъе реццлъун ккана мун-

Дур батана чармил мах1 гъорлъ бугеб рак1.

 

Мурадбег ц1адулъа нахъе вачине -

Чилъиги гьунарги г1ун батана дур.

Ц1адулъ вух1улесе х1алае ине -

Амрулъун ях1 ккараб х1исаб ккана дур.

 

Росдалго агьлуялъ, азарил сонал

Сверидалги, бицен къот1иларо дур,

Ц1ия- ц1ияб наслу росулъе щведал

Дурги ц1ар ц1илъила, нижер багьадур.

 

Мун гьит1инго вук1ин нижеда лъала,

Лъалареб рахъ буго г1акълугин къвак1и.

Къвак1араб г1амалалъ г1умру бохула,

Рохеллъун хут1ила халкъалъе къвак1и.

Гьаб кеч1 ц1алана школалъул директорас линейкаялда ц1алдохъабиги рак1арун, жинца ц1адудаса чи хвасар гьавурав Мух1амадг1али Х1асанх1усеновги цеве вахъинавун. Гьесие кьуна грамотаги, учительзабазул рахъалдасан г1арцулаб сайигъатги, х1акъикъияб реццги гьабуна киналго к1алъазе рахъараз.

Мух1амадг1алие баркала кьезе Мах1ачхъалаялдаса рач1ана Мурадбегил г1агарлъиги яцалги. Гьез сайигъаталъе бач1араб хирияб телефонги кодоб ккун, цоги щиб лъик1лъидай гьабизе щвелаян воххун хьвадулев Мух1амадг1алиги вуго гьанже.

Бак1 ккун бук1аго цо гьариги буго росабазулго рахъалдасан районалъул нухмалъулезде: нижер Харахьи участкаялъе цо пожарная машинаг1аги кье, Хунзахъа бахъараб бач1унеб кват1улеб бук1инги х1исабалде босун.

Лъаг1илухъ школалъул рахьдал мац1альул учительница Сиражудинова Г1айшат.

Просмотров: 875 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/2

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz