Т1оцебесеб декабралъ «Росдал зах1матчи» газеталда (№ 93-94)
бач1араб макъала ц1алидал, пикру гьабизе бач1ана кисан росундай гьелгощинал
бугьтанал газеталъул бет1ерай редакторалъ дит1е г1унт1изарунилан.
Байбихьудасан баркала кьезе бокьун буго нижер школалъе
г1олареб-камураб ц1ехон, рач1ун рук1арал телевидениялъул ва газеталъул
х1алт1ухъабазе. Гьезулго г1адин дирги бук1ана хьул ц1ияб школа базе рес
рекъеч1ониги, капиталияб ремонтниги гьабизе кумек нижее щвелилан. Дихъаго
бажарулеб жо дица школалъе гьабуна ва гьабизе буго. Лъик1аб рахъалдехун школа
хисизабизе кумек щвелин абураб хьулги т1аг1унеб гьеч1о.
Нижер школа бихьич1ей, цебеккунго диргун гара-ч1вари
бук1инч1ей райгазеталъул редактор Пат1имат Мух1амадовалъул «Шотот1а школаги
гьелъул директорги» абураб макъалаялъе жаваб кьеч1ого йик1ине к1веч1о.
Т1оцебесеб иргаялда босани, дица ах1ун рач1арал рук1инч1о
нижехъе рач1арал гьалбал. Нижер школа кинаб х1алалда бугеб, кинал ругел
г1оларел рахъалин гьез ц1ехедал бицун батила г1олел-г1оларел рахъал, кумек
щвеялда хьулгун. Дица мухбир «ег1ерич1ониги» гьелда жиндаго бихьун батила
школалъул х1ал кин бугебали. Нижехъе яч1иналдего «ег1ерун» яч1ун йик1анин ккола
гьей. Гьединго Пат1иматица г1айиб г1унт1изабулеб буго аск1ор рук1арал дир
х1алт1ухъабазде. Кинав учителасде аск1ое гьей яч1ун йик1арай, ялъуни кинав
учитель гьелда аск1ове арав нижги лъик1ал санаг1алъабазда х1алт1улел ругин,
къвариг1арабги щибго гьеч1ин абизе. Редакциялъулазул квераздалъун «ц1а
багъаризе» рак1алда бук1арабани, цебеккунго х1адурлъиги гьабун, дицаго ах1илаан
школалде телевиденияги, редакциялъул х1алт1ухъабиги. Нужецаго ругин ккола гьел
«ц1адулъе регьарал кверал» рух1ич1ого рук1ине чияр «квенч1елалда рац1унел».
«Кинабго лъик1 буго, школалъе щибниги х1ажат гьеч1о»-ян абурал раг1аби дица
абурал г1адин цитировать гьаризе ккани, нужер мухбиралда лъаларебищ гьерсазул
рач1 къокъаб бук1унеблъи? Чиналъухъ балагьун дица чилъи бичуларо. Районалъул
лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев З. Г. Омаровасда цебе, х1алт1удаса
рехилин х1инкъун, дица гьединаб жаваб гьабунин дуца абулеб бугелъул, дур
х1исабалда, гьев кколев вугоха г1унгут1абазул бицарав щинав х1алт1ухъан нахъе
рехулевчилъун. Хъулухъ ц1унизелъун к1алдиб «к1иг1аркьелаб мац1ги кидаго
хьихьич1о».
Ахиралдаги, х1урматияй рит1ухълъиялъул кидагосей лагъ
Пат1имат Мух1амадова, бадиса бадибе кьуч1аб хабар бицуней редактор х1исабалда,
дица дуда гьарула чияда бугьтанал лъезе мун г1едег1угеян. Рит1ухълъиялде нуц1а бугьтанал
лъеяз гурелъул рагьулеб!
Шотот1а школалъул директор У. М. Мух1амадова.
|