Щуго моцlгlан мех ана районалъул бищун кlудияблъун кколеб Хунзахъ росдал администрациялъул бегавуллъун Мухlамад Тlалхlатов вищаралдаса. Гьеб къокъабго болжалалда жаниб гьабун бажарараб хlалтlулги церечlарал масъалабазулги нижее бицана цlияв нухмалъулес.
- Мухlамад Хизриевич, лъала мун хъулухъалде вачlун гlемер заман инчlониги советалде гъорлъе унел росабалъ гlезегlан хlалтlаби гьаризе байбихьун рукlин. Бокьилаан гьезул хlакъалъулъ бицани.
- Хъулухъалде вищун тlоцересел къояздаго дица дирго командагун цадахъ байбихьана гурун гъуждулгун хlалтlи гьабизе. Дидаго цебе лъураб масъала буго цохlо райцентралда гуребги, гьитlинал росабаздеги квер щвезабизе. Щайгурелъул, гьел рехун тани, райцентралде ва шагьаразде гlадамалги гочун, гlисинал росаби тlубанго чlунтиялдацин хlинкъи бугелъул. Хlалтlулал бакlал, лъим, ток ва цогидалги коммуникациял чlезариялда цадахъго, росаби чlунтичlого рукlине ккани чара гьечlого хlажалъула лъикlал нухалги. Гьединлъидал байбихьана нухаздасан. Чабахги бан къачlана райцентралда ругел гlемерисел нухал. Гьитlинаб автотранспортцин хьвадун бажарулареб хlалалда букlун, чабах бан, гвендал рацун, квалквал гьечlого бокьараб ьранспорт хьвадун бажарулеб хlалалъ битlа-бишизабуна Хунзахъа Гъонохъе унеб нух. Къачlана жибго Гъонохъ росулъ жанир ругел нухалги. Гьединго гlатlидги гьарун, чабах баччун къачlана Хьини ва Накlкlикь росабалъе унел нухал. Гьабсагlаталда Расул Хlамзатовасул юбилеялде гьабулеб бугеб хlадурлъиялда рекъон, гlатlидги гьабун, 6 километргlан манзилалда хъил тlезе хlадурулеб буго Хунзахъа “Игирагlал” абулеб бакlалде щвезегlан бугеб нухлул участок. Чlондокь ва Гlарани росабазул гьариязда рекъон, гьенирги чабахги бан къачlана цо-цо нухал. Федералияб программаялда рекъон, райцентралда цебе стадион букlараб бакlалда базе буго рагьараб тайпаялъул физкультураялъулун сахлъи щула гьабиялъул комплекс (ФОКОТ). Гьабсагlаталда гьенир хlалтlаби байбихьун руго. Гьениса бахъараб ракьги баччун, гlатlид гьабулел руго росдал кlиго хабзалазул территориял.
Хунзахъ тlоцебесеб школалда аскlоб рагьун буго теннис хlалеб рукъ.
Гlолохъабазул гьариялда рекъон гьениб лъезе босана цо теннисалъул столги.
Райцентралъул “Чотода” авалалда балеб буго цlияб мажгит. Гьасагlаталда гьелъул кlиябго тlала эхетун буго, бачlун буго кинабго хlажатаб материал ва гьал къоязда ракlалда буго тlад тlох базе.
Мобилизациялда рекъон, советалдаса 10 гlолохъанчияс гlахьаллъи гьабулеб буго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. Гьезул кlигояв лъукъунги рукlун, гьасагlаталда сахлъи щулалъизегlан рокъоре рачlун руго. Гьеб хабар рагlидал, нилъер лъукъарал солдатазда хадув дун ун вукlана Севастополь ва Новочеркаск шагьаразде. Къваригlараб-тараб цlехон щвана киналго мобизациялда рекъон СВОялда гlахьаллъулел ругел гlолохъабазул рокъовеги. Тlей гьечlеб бухьен букlуна гьезул хъизамазулгунги.
- Кинал захlмалъабигун мун дандчlвалев вугев хlалтlуда? Кинал ругел советалда цере чlарал аслиял масъалаби?
- Жакъа къоялде бищун захlматаб гlузрулъун ккола райцентралда лъеда хурхун хlалуцараб ахlвал-хlал лъугьун букlин. Гьабсагlаталда росулъ цо-цо авалазда цlакъго дагьлъун яги тlубанго цlорон буго лъим. Гьеб иш тlаде кколеб САХ “Благоустройство” гlуцlигун цадахъ нижер хlалтlухъаби щибаб къоялъ кlвахl тун хlалтlулел руго хlалкlун росулъ лъим чlезабиялда тlад. Амма кигlан нижеца хlаракат бахъаниги щиб, цебегlадин гьарзаго ралел гlазу-цlадалги гьечlони, иццул бетlералдаго лъимги дагьлъун бугони, бугебниги лъимги гlадамаз исрап гьабулеб бугони, 1200 гlан мина жаниб бугеб кlудияб росдада лъим хадуб гъезабизе захlмалъулеб буго. Зама-заманалдасан ниж щола Чlондокь росдада тlаса бугеб лъим бикьулеб бакlалде. Дагьаб цебегlанги сверун бетонги тlун, къватlибе чвахулебщинал бакlалги рацун къачlана гьениб бугеб лъел резервуар. Гьединлъидал, росуцояздехун кlудияб гьари буго лъим рекъон хlалтlизабеян. Гьадин лъадакъго росуги букlаго, бегьилищ цохlо нилъерго гурони ургъелги гьечlого, минаялда жаниб чанго точкаялда къасиги-къадги гlададе лъим гlодобе чвахизе биччазе? Минаялда цо бакlалда бугониги гlолелъул лъим.
Цоги хундерил рахlат хвезабулеблъун буго магъил гlадлу-низам гьечlолъиялъул суал. Ракlалда буго исана гьелда хурхунги хlалтlи гьабизе. Гьанжего тун руго мегъ цlунизе гlулдул. Амма жеги щун гьечlо рохьдода тезе вехь. Гьеб хlалтlи тlаде босун бажарилин ккарав чи вачlине бегьула советалде. Гьединлъидал жамагlаталде гьари буго исана хурзал рекьиян.
- Хадубккунги жеги кинал хlалтlаби гьаризе ракlалда ругел?
- Дие бокьуларо жеги гьарун рахъинчlел хlалтlабазул хlакъалъулъ цебеккунго бицине. Щайгурелъул, гьанжего гьаризе ракlалда ругел хlалтlабазулги тlуразе ругел масъалабазулги бицун, гьезул цо бутlаниги рагlалде бахъинабун бажаричlони, хадуб жамагlаталда цебе намуслъараб бакlалде ккола ва гьезул божилъиги хола. Узухъда, гlагараб росу-ракь цебетlеялъе гьаризесел хlалтlабиги, тlуразе ракlалда ругел масъалабиги гlемер руго. Дагь-дагьккун гьел гlумруялде рахъинарила ва жамагlаталда цебе гьабунщинаб хlалтlул хlисабги кьела.
- Ахиралда щиб дуца абилеб росабазул жамагlатаздехун?
- Рес ккун букlаго, дие кlудияб баркала кьезе бокьун буго кинаб хlажалъи кканиги дида хьолбохъ ратулел росдал гlолохъабазе, щиб къваригlелалъ аниги бажарараб кумек гьабулеб районалъул нухмалъиялъе, муниципалитеталда ругел цогидал хъулухъазул хlалтlухъабазе, рухlияб нухмалъиялъе, жамгlиял хlаракатачагlазе ва цогидалги росу-ракьги бокьулел, гьелда ракlги унтарал гlадамазе. Нилъер гlадамазул гlадат буго кинабго гlайибги хlакимзабазде рехун, жалго бокьухъе хьвадулел. Гьеб мекъаб пикру буго. Щибав чияс бищун цебе жиндиего суал кьезе ккола, цогидаздасан гаргадун гурев, жиндасан гlагараб росу-ракьалъе кинаб мунпагlат бугебилан?
Щибав чияс жиндасанго ва жиндирго хъизан-рукъалдасан байбихьизе ккола жамгlият хисизабизе. Бищун цебе жинцаго базе бегьуларо гlодобе кьишни-къул, исрап гьабизе бегьуларо лъим, биччазе бегьуларо магъилъе гlи-боцlи, хвезабизе бегьуларо гlадлу-низам. Гlицlго гьедин гурони бажаруларо жамагlат лъикlаб рахъалдехун хисизабун. Живго рощнол гъонолъги кlусун, цогидаздасан гаргадунин абун жамагlат лъикlаб рахъалдехун хисуларо.
Гара-чlвари гьабуна И. Мухlамадовас.
|