Суббота, 27.04.2024, 03:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Февраль » 3 » ТАЛИХl ЛЪИМАЛАЗУЛЪ БАТАРАВ
15:41
ТАЛИХl ЛЪИМАЛАЗУЛЪ БАТАРАВ

Дагьаб цебег1ан г1умруялъул 70 сон т1убана Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул физкультураялъул муг1алим, Дагъистан респубикаялъул мустах1икъав учитель, Россиялъул лъай кьеялъул отличник, ДРялъул физкультураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан Г1амирханов Расул Мух1амадовичас. Расулида рохалилаб байрам баркизе рач1ун рук1ана гьесда цадахъ х1алт1арал, гьесда цере ц1аларал ва гьабсаг1аталдаги гьесде цере хьвадулел ц1алдохъаби. Г1емерал берцинал раг1аби абуна гьеб къоялъ Расул Мух1амадовичасул х1акъалъулъ.
Данделъиялда к1алъазе вахъарав районалъул ДЮСШялъул тренер Г1исаев Наби Мух1амадовичас Расул Мух1амадовичасул х1акъалъулъ гьадин абуна:

-Р. Г1амирханов ккола лъималазе вижарав г1адинав чи. Гьев жиндирго дарсазда киданиги лъималаздаса ват1а т1ун вук1унаро. Лъималгун цадахъ гьев векерулевги, к1анц1улевги, торг1о х1алевги вихьизе бегьула. Жиндирго кружокалъул акробаталгун цадахъ гьев вихьула районалда кинал байрамал т1орит1улел ругониги, гьенив цеве вахъунев, гьудуллъиялъулал дандч1ваял т1орит1улев. Гьев цеве вахъуна нилъер гурел, цогидал районаздаги. Дагьав цевег1анги гьев ун вук1ана Шамил, Хьаргаби районазде лъималгун цеве вахъине.
Гьабсаг1аталда гьанир нужеда рихьулел ругел бищун г1исинал т1оцебеселдаса бахъараб ункъабилеб классалде щвезег1ан ва гьездаса т1адеги сонал арал ц1алдохъабиги гьесул спортсменал ккола. Гьел киналго Расулил кружокалде хьвадиялъул г1илла буго, гьезие тренер ц1ик1к1ун вокьулев вук1ин, гьесдасан гьезие мунпаг1алъи ц1ик1к1араб бук1ин.
Расул Г1амирхановасул вук1арав ц1алдохъан, цевесев акробат Гьиматов Сурхайица рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна жиндирго муг1алимасе, жидее кьураб лъик1аб физическияб х1адурлъиялъухъ, черх лъадарараллъун, къвак1араллъун, щулияллъун ц1алдохъаби лъугьиналъе лъураб к1удияб бут1аялъухъ. Жидее Расул Мух1амадовичасул дарс х1ажалъанилан,- баян гьабуна хадубги гьес,-рокъобги къват1ибги т1адег1анаб ц1алул заведениялда ц1алулелъулги, хадубги жавабияб х1алт1уда х1алт1улелъулги.
Расулил акробатаз х1айран гьарурал росуцояз гуребги, къват1исел районаздаса г1адамазги г1емерал лъик1ал раг1абаздалъун рак1алде щвезавула гьев.
Гьал къоязда дун дандч1вана Расул Мух1амадовичгун ва гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.


- Расул Мух1амадович, лъазе бокьилаан кин дур физкультураялде ва спорталде рокьи бижарабали?


- Мунагьал чураяв дир эмен вук1ана ц1акъ лъималазда хадув ч1арав чи. Дунги, дир к1удияв вац Хъарачуги, гьединго Щулалъут1а, Лъарахъ авалазул ч1ах1иял, г1исинал данделъулаан аск1обго бугеб «Ругани» абулеб бак1алде.  Гьениб цоял рук1унаан зарядка гьабулел, цогиял чвахукь чвердолел, дагьал ч1ах1иял х1ухьбахъи гьабулел. Дуниял квачазег1ан щибаб къоялъ ниж унаан чвахукье чвердезе, хадубги, нижехъа бажарарабщинаб гьабулел рекери, к1анц1и, х1аял т1орит1улел рук1унаан гьеб бак1алда. Рокъобги нижер бук1ана теннис х1алеб стол, гантелаби, гираби, кольцаби, турник. Авал-къоноялъулго лъимал данделъулаан гьенир. Гьедин, инсул т1адч1еялдалъун ниж физкультураялде, спорталде ц1айи булеллъун г1ун рач1ана.
Школалда ц1алулеб мехалъги, физкультураялъул учительзабаздалъун дир талих1 ккана. Т1оцебе дир вук1ана спорталъул тарихги лъалев, лъималазда гъорлъ махсаро-хоч1ги г1емерав, жинцаго кьолеб дарсги лъик1 лъалев муг1алим Х1айбулаев Камал. 9-10 классазда ц1алулелъул нижее дарс кьезе ккана Хьиниса Набил вас Ибрагьимги, Гъонохъа гимнастикаялъул спорталъул мастер Г1абидов Шарапудинги. Гьел к1иязгоги дир ц1акъ гъира базабуна гимнастикаялде. Гьез дие сайгъат гьарун рук1ана гьит1инал г1одорлъолел брусьяби.


- Бич1ч1улеб буго т1адег1анаб ц1алул заведениялдаги дуца гьебго махщел т1аса бищун бук1ин.


- Бит1араб буго 1971 соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул физкультураялъул факультеталде. 1975 соналда гьеб лъуг1арав дун х1алт1изе вач1ана г1агараб росдал 8 сонил школалде. Гьенив х1алт1улаго жигар бахъана дида цере ц1алулел ц1алдохъабазулги физкультураялде ва спорталде гъира базабизе. Дарсаздаги, гьел лъуг1ун хадубги дица ц1алдохъабазда бич1ч1изабуна инсанасул черхалъе физкультураялъул ва спорталъул бугеб к1варалъул.  
Гьале, исана Мах1ачхъалаялъул № 17, 38 школазда, Хунзахъ ва Г1арани школазда бук1араб практикаги гьоркьобе бачун дун х1алт1улев вугелдаса т1убалеб буго 50 сон.


- Гьебгощинаб заманалда х1алт1улелъул щиб дуда лъималазулъ халлъараб?


- Гьеб заманалда жаниб дида дандч1вана ц1акъ бат1и-бат1ияб г1амалалъул, хасияталъул, хьвада-ч1вадиялъул, рук1а-рахъиналъул лъимал. Рук1уна лъимал къвак1арал, къо х1ехьолел, гогьал, заг1ипал, унтарал. Лъимер кинаб бугониги, учитель гьевгун рекъон х1алт1изе ккола. Бищун лъималазда рек1еда балеб жо буго, гьел цоцадаса рат1а гьари. Мисалалъе, эбел-эмен к1удияб хъулухъ-ишалда ругездехун, бечелъиялдехун ц1ан, мискинал нахъе цуй. Хъулухъ-ишги, бечелъиги заманаялъул жо буго. Жакъа бугони гьеб, метер бук1инч1огоги бук1ине бегьула. Кинав вугониги инсан, г1аданлъун рик1к1ине ккола. Нилъеего бокьулареб, чидаеги гьабизе бегьуларо. Бицинин цо дирго ккун бук1аралъул. Институтги лъуг1ун х1алт1изе вач1ун моц1г1ан заман бан бук1ун батила. Дун вук1ана школалъул ясазул волейболалъул команда данде гьабулев. Дида аск1ое яч1ана цо гьит1инаб росталъул яс жийги хъвайила командаялде гьоркьоейилан. Дица гьелда абуна, дур ростги гьит1инаб бугин, дур волейболистка яхъунарилан. Г1одилаго ана гьей яс дида аск1оса. Гьаб жакъаги гьей ч1ужуг1адан данде ккараб мехалда дун нечола. Цо дагьаб заманалдасан дие бадибч1вай гьабун бук1ана школалъул завуч, мунагьал чураяй Хажа Локаловалъ. Х1алт1араб заманалда рекъон щолеб бук1ун буго г1умрудул х1албихьи ва ругьунлъи.


- Расул Мух1амадович, муг1алимасул вохарал, пашманал къоязул бицинарищ?


- Дир г1умру ана лъималазда гьоркьоб гьезулги дирги даимаб адаб-х1урматалда, божилъиялда. Гьединлъидал дие гьел кутакалда рокьула. Гьезул рохелаз вохизавула дун, гьезул пашманлъабаз пашман гьавула дун. Дица жигар бахъула ц1алдохъанасулгун лъик1аб гьоркьоблъи батизе, махсаро-хоч1 гьабун гьезул рек1елъе нух батизе. Дун лъималгун цадахъ х1ала, васандула. Гьезда гъорлъ вугев мехалъ дир рак1 рохалил ц1ун бук1уна. Дир рак1 бохула лъималазул церет1еяздасаги.
Нилъеца лъималазул рак1 бохизабуни, гьез нилъерги гьединго гьабула. Дарсил заманалда бук1а, переменаялъ бук1а, дирго акробатикаялда бук1а, кинаб бук1аниги цебет1ей лъимералъ гьабуни, дица гьелъие грамота, баркалаялъул кагъат, медаль кьола. Лъимер гьелдаса кутакалда бохула ва дагьабги ц1акъ жигаралда х1алт1изе лъугьуна. Лъимералъул гьурмада бугеб разилъиялдаса к1удияб рохел диеги щибха бук1инеб.
Бокьун буго Расул Мух1амадовичасда баркизе гьесул г1умрудул гьайбатаб юбилей, гьаризе гьесие чорхое щулияб сахлъи, х1алт1улъ жеги ч1ах1иял бергьенлъаби, халатал соназул г1умру.


Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.

Просмотров: 548 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz