Автор И. Мухlамадов. Январь 2023 сон.
1 февралалда райадминистрациялда тlобитlана районалъул терроризмалде данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК) данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, прокурор Рамазан Гlумаровас, РОВДялъул начальник Мухlамадхlажи Сайбулаевас, УФСБялъул Хунзахъ бугеб районазда гьоркьосеб отделалъул нухмалъулев Шамил Гlумаровас, районалъул имам Ахlмад Мухlумаевас ва цогидазги.
Данделъи байбихьулаго, районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас абуна цересел соназде дандеккун, гьаб ахир заманалда терроризмалъул хlинкъи гlодобцун бугилан абун нилъеца гьеб бутlаялда гьабулеб хlалтlи чучлъизе тезе бегьуларилан.
Хадуб гьес гlатlидго бицана 2022 соналъ районалъул АТКялъ гьабураб хlалтlул. Гьедин, араб соналъ районалда ккун гьечlо цониги терроризмалда хурхураб такъсир. Райотделъул хасаб учеталда лъун вуго 22 чи. Гьездасан анкьгояв вуго туснахъалдаса къватlире риччарал, 9 чи вуго халкъазда гьоркьосеб розыскалда. Районалда буго 76 мажгит, 1 мадраса ва 1 мактаб. Гьел гlуцlабазда лъай кьеялъул процесс гlуцlун буго республикаялъул муфтияталъул бихьизабиялда рекъон. Гьединго жакъа къоялде районалда гьечlо цониги гьабсагlаталда къуваталда бугеб, законалда данде кколаредухъ яргъид гlуцlаразул къокъа.
Терроризмалъул идеологиялда данде къеркьезелъун районалда гlуцlун буго АТКялъул аппараталъул, лъай кьеялъул, гlолилазулгун спорталъул отделазул, ихтиярал цlунулел органазул ва рухlиял церехъабазул вакилзабиги гъорлъе рачарал хасал хlалтlулал къокъаби.
Тасдикъ гьабун буго гlемер гlадамал данделъулеб ва хlинкъи букlине рес бугел объектазул сияхl. Гьелда гъорлъе уна 122 объект. Жакъа къоялде киналго объектазул гьабун буго категорирование. Гьезул комплексалъулаб хал-шал гьабиялъе гlуцlун буго хасаб комиссияги.
2022 соналъ халгьабуна киналго лъай кьеялъул объектазухъ. Гьел киналго руго сверун къан, къаси мехалда чlезабун буго канлъи, лъун руго хехаб бухьеналъул мобильниял телефонал, видеокамераби, металлодетекторал ва хlадурун руго терроризмалъул рахъалъ хlинкъи гьечlолъиялъул паспортал. Лъай кьеялъул 5 учреждениязда буго ЧОПалъул охрана, исана цоги кlиго учреждениялдаги лъезе буго гьеб.
Терроризмалда данде чlараб информационнияб сообщество гlуцlиялъул мурадалда хасаб информация лъола районалъул сайталда, социалиял гьиназда, газеталда ва бакlалъулаб телевидениялда. Телевидениялдасан бихьизабула районалъул АТКялъул членазул, жамгlиялгун диниял хlаракатчагlазул церерахъинал. Гlадамал данделъулел бакlазда ран руго баннерал. Гlолилазда гьоркьор тадбирал тlоритlулаго, рикьана терроризмалъул хlакъалъулъ бицунел 350 буклетал. Гlаммаб къагlидаялъ босани, 2022 соналда терроризмалдагун экстремизмалда хурхун тlобитlана 120 профилактикияб тадбир.