22-23 апрелалда Хунзахъ Р. Хlамзатовасул цlаралда бугеб спорткомплексалда тlобитlана “Мужество” орденалъул кавалер, гъачагъаздаса Ватlан цlунулаго рухl кьурав Хунзахъа Мухlамад Хlусенов ракlалде щвезавиялъул мурадалда райцентралъул гьоркьохъеб тlоцебесеб школа лъугlун арал выпусказул командабазда гьоркьосеб волейболалъул иргадулаб турнир. Районалда гьеб турнир тlобитlулеб буго 1996 соналдаса нахъе, 2003 соналдаса байбихьун гьеб бухьинабун буго Мухlамадил цlаралда. Цересел турниралгогlадин исанаги гьеб гlуцlун букlана бахlарчиясул классцоязул, гьудул-гьалмагъзабазул ва гlага-божаразул хlаракаталдалъун.
Исана турниралда гlахьаллъи гьабуна кlиго группаялде рикьарал 10 командаялъ. Щибалъусан къватlибе борчlизе рес букlана кlи-кlи командаялъул. Кlиго къоялъ халат рахъарал хlалуцарал хlаязул хlасилалда цин группабазда, хадуб полуфиналалда дандиязда тlад бергьенлъабиги росун, финалалде рачlана 2003 соналъ школа лъугlарал ва волейболалъул ветераназул командаби. Гьелго командаби рорчlун рукlана ахирисеб кlиго сонил турниразул финалаздеги. Кидагогlадин, кутакалда хlалуцараб букlана гьезул финалалияб хlай. Амма 2-0 хlисабгун ветераназда тlад бергьенлъи босана 2003 соналъулаз. Гьелдалъун рехсараб командаялъ цlи гьабуна жидерго рекорд - гьеб командаялъ ункъабилеб нухалда тlатlала бергьенлъи босана турниралда. Гьединго 2003 соналъул выпускалъул команда ккола гlаммаб къагlидаялъ бищунго гlемер турниралда бергьенлъи босараллъунги. Исанасеб бергьенлъи ккола - ичlабилеб.
Тадбир къалаго кlалъаял гьаруна Хунзахъ росдал бегавул Мухlамад Тlалхlатовас, аслияв судья Малачиев Шамилица ва цогидазги. Чемпионлъун бахъараб ва призалъулал бакlал ккурал командабазе кьуна хьвадулеб кубок, грамотаби ва гlарцулал сайгъатал. Хасал сайгъатаздалъун кlодо гьаруна 1-4 бакlал ккурал командабазул бищун лъикlаллъун рикlкlарал игрокалги - Гьиматхlажиев Мухlамад (2003), Мухlамадов Арсен (ветеранал), Гlабдухаликъов Мухlамад (2006), Гlамирханов Мухlамад (2012). Балагьаразул ракlал асир гьариялъул приз кьуна 2021 соналъул выпускалъул командаялъе.
И. Мухlамадов.
|