Пятница, 19.04.2024, 10:44 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Март » 14 » БИГЬАЛЪАБИ ЛЪИЕ РУГЕЛ?
14:30
БИГЬАЛЪАБИ ЛЪИЕ РУГЕЛ?


2023 соналъул налогазулаб кодексалда налогал кьеялда хурхун гьарун руго бигьалъаби. Лъие гьел гьарун ругел, киналго гражданазейищ яги т1аса бищараб къокъаялъейищ?
Гьеб лъазелъун жакъа дун дандч1вана Россиялъул ФНСалъул Дагъистан республикаялда бугеб №10 МРИялъул бет1ерав пачалихъияв налоговияв инспектор Х1айбулаев Юсуп Мух1амадовичгун. Гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:


-Юсуп Мух1амадович, г1адамазе бокьун буго налогал кьеялда хурхун гьаб соналда гьарун ругел хиса-басиял кинал ругелали лъазе. Бокьилаан гьезул х1акъалъулъ дуца къокъал баянал кьуни.


-Х1акъикъаталдаги налогал кьеялда хурхун гьаб соналда гьарун руго хиса-басиял. Руго араб соналде дандеккун бигьалъаби гьарулел г1адамазул категориялги. Гьел х1алт1изаризе бегьула пенсионеразги, лъимал г1емерал хъизаназги. Араб соналъул налогал кьун рахъинаризе ккола бач1араб соналъул 1 декабралде, ай 2022 соналъул налогал кьун рахъинаризе ккола 2023 соналъул 1 декабралде. 
Буголъиялъул налог (имущественнияб налог).
Гьеб буго федералияб гуреб, бак1алъулаб налог. Гьеб ч1езабула регионаз жидецаго. 


-Лъица кьезе кколеб налог?


Буголъиялъул налог кьезе ккола жидер жаниб ч1олеб мина, квартира, рукъ, гараж, машина лъезе бак1, бан бахъинч1еб балеб бак1, жалго бет1ергьанал помещениял ругез. Ракьал ругел бак1азда жалго бет1ергьанаб маг1ишат гьабиялъе, ах-хур х1алт1изариялъе минаби, жанир ч1олел бак1ал ругел г1адамаз. 


-Кин ч1езабулеб налогалъул къадар?


Гьеб бараб бук1уна нилъер бугеб мина-рукъалъул кадастровияб багьаялда, жибги цогояб пачалихъияб реестралде босараб (ЕГРН). Гьоркьохъеб х1исабалда буголъиялъул налог г1уц1ула гьеб бак1алъул кадастровияб багьаялъул 0,1 процент х1исаб гьабун. Киг1ан багьа ц1ик1к1араб мина батаниги, гьедиг1ан ц1ик1к1араб бук1уна налогалъул къадарги. 
2023 соналда Россиялда жеги ран лъуг1ич1ел ралел бак1азе, помещениязе кьезе буго кадастровияб къимат. Переоценка гьабизе буго 4 соналда жаниб цо нухалда, федералияб к1варалъул шагьаразда-к1иго соналда жаниб цо нухалда.


-Буголъиялъул (имуществалъул) налогалдаса щал эркен гьарулел? 


-Бищун цере гьарула пенсионерал, Совет Союзалъул, ва Россиялъул Федерациялъул Бах1арзал, Реццалъул орденалъул кавалерал, 1 ва II группаялъул инвалидал, К1удияб Ват1анияб рагъул ва цогидалги рагъулал операциязул г1ахьалчаг1и, 20-ялдаса ц1ик1к1ун сонал рагъулаб хъулухъалда арал рагъулал хъулухъчаг1и, бет1ергьанчи камун хут1арал рагъулал хъизанал, рагъулал ва пачалихъиял хъулухъчаг1азул умумул ва руччаби, жалги хъулухъалъулал т1адкъаял т1уралаго хварал.


Налог кьеялъул бигьалъаби гьарула хадур рехсарал шарт1ал т1уразарурал г1адамазе: гьезул буголъи предпринимательлъиялъулаб ишалъулъ х1алт1изабулеб гьеч1они, буголъиялъул кадастровияб багьа 300 млн гъурущалдаса т1аде унеб батич1они, бигьалъаби гьарула налог кьезе кколеб цо объекталъе, налог кьезе ккола т1аса бищаралда рекъон. Мисалалъе, пенсионерасул 3 квартира бугони, буголъиялдасан налог босуларо цо квартираялъухъ, хут1араб 2 квартираялъухъ босула. Пенсионерас жинцаго т1аса бищула кинаб квартираялъухъ налог кьелеб, киналъухъ кьеларебали.


-Цоги кинал бигьалъаби рук1унел?


Цо бак1алдаса цойгиги бак1алде росун бажаруларел объектал, минаби, гьезда аск1об кинаб бук1аниги ишалъе рарал помещениял, т1аде ралел ругел лъуг1ич1ого хут1арал бак1аздаги лъола налог гьадинал бигьалъабиги гьарун: лъаг1алил ахиралда налог кьолелъул, церехун рехсарал бигьалъаби гьарулел г1адамазе минаялъул 50 кв.м., квартираялъул-20 кв.м., цо гьит1инаб рукъалъул-10 кв.м. кколеб г1арац т1аса бахъула, хут1арал бак1азда лъола налог. Цогидал раг1абаздалъун абуни, налог бахъула щибаб моц1алъе гуреб, лъаг1алида жаниб цо нухалда, цебехун рехсараб къаг1идаялда бигьалъабиги гьарун, гьелдаса т1аде арал метрабазухъ.


Буголъиялъул налогалдаса эркен гьарула г1овул г1ужде рахинч1ел лъимал г1емерал хъизанал. Гьезие налог кьолелъул т1аса бахъула минаялдаса 7 кв.м., квартираялдаса 5 кв.м. жиб-жиб лъимадуе х1исаб гьабун.


-Кин бигьалъаби щолел?


-Налогазда хурхун лъазариял рук1уна ФНСалъул сайталда, налог кьолесул жиндирго баянал хъвараб бак1алда (личный кабинеталда). Гьезул хал кквезе бегьула пачалихъиял хъулухъазул х1акъалъулъ хъвараб сайталда. ФНСаялъги хал гьабула гражданинасул бигьалъабазе ихтияр бугищали.


Налогазулал бигьалъаби щвеялъе г1арза хъвазе бегьула чанго къаг1идаялда: налог кьолесул личный кабинеталдасан, налогазулаб инспекциялде бит1араб почалъул сообщениялдасан, налогазулаб  инспекциялде нилъго ун, МФЦялдасан.


-Ракьалъул налог кин кьолеб?


Пенсионераз налог кьоларо ракьул 6 сотыхалдасан. Гьесул ракьул къадар дагьабги ц1ик1к1араб бугони, хут1аралъухъ г1арац кьезе ккола. Гьебго къаг1ида буго лъимал г1емерал хъизаназеги.


-Транспорталъулаб налогалда хурхун щиб дуца абилеб?


Транспорталъулаб налог кьола щибаб автомашинаялъул чол къуваталъухъ балагьун.
100 чол къуват бугеб машинаялъухъ лъаг1алие босула 8 гъурущ
100-150 чол къуваталде щвезег1ан бугелъухъ – 10 гъурущ;
150-200 чол къуваталде щвезег1ан бугелъухъ - 35 гъурущ;
200-250 чол къуваталде щвезег1ан бугелъухъ – 50 гъурущ;
250-ялдаса т1аде аралъухъ -105 гъурущ;
Къайи бачулел машинабазухъ:
100 чол къуват бугелъухъ – 14 гъурущ;
100-150 чол къуват бугелъухъ – 20 гъурущ;
150-200 чол къуват бугелъухъ – 35 гъурущ;
200-250 – 40 гъурущ;
250 ва т1адеги 50- гъурущ;
1, 2, 3 группаялъул инвалидал эркен гьарула 150 чол къват бугеб машинаялде щвезег1ан кьолеб налогалдаса, пенсионерал-кьолеб налогалъул 50 проценталдаса. Къайи баччулел машинаби гьоркьоре рачунаро. Т1уранго эркен гьарула 4 ва т1адеги г1овул г1ужде рахинч1ел лъимал ругел хъизанал, К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1и, Чернобылалъул авариялде ккарал.


-Цересел соназ кьеч1ого хут1араб налог, т1асияб соналъ бец1ич1ого т1ураларищ?


-2023 соналдаса байбихьун, цересел соназул налогал рец1ун гурого, хадусеб соналъул налогал росизе гьеч1о. Цо-цоязда рак1алде кколеб буго гьоркьоб хут1араб налог кьеч1ого гьоркьоб хут1улилан, амма гьеб мекъаб пикру буго, налог кьеч1ого цониги чи гьоркьов толаро. Кьеч1езда т1аде пеня бач1уна ва судалдасан дагьабги ц1ик1к1араб къадар г1арцул кьезе ккола.


Цебе жиб-жиб бат1ияб налогалъухъ г1арац бат1а-бат1аго кьезе бегьулеб бук1араб батани, гьанже киналниги налогал рехула цогояб налогазул счеталде

Н. Гlалиева

Просмотров: 692 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz