Пятница, 29.03.2024, 02:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Март » 28 » УНГО-УНГОЯЛ ГЬУДУЛЗАБИ ЗАМАНАЯЛЪ ХИСУЛАРО
14:54
УНГО-УНГОЯЛ ГЬУДУЛЗАБИ ЗАМАНАЯЛЪ ХИСУЛАРО

Телевизоралдасан бихьизе, радиоялдасан раг1изе, печаталдасан ц1ализе бегьула, кин г1адамаз, хасго г1олохъанал гьудул-гьалмагъзабаз «гъоркье рехизе» бегьулебали. Гьединаб, гьудулзабаз махсароде кквеялъул бицунеб г1олохъанаб г1елалда, дие абизе бокьилаан, гьудуласул гъалат1 ккун батани, т1аса лъугьаян, нагагьлъун гьеб унго-унголъун гъоркье рехилъун батани, ургъел гьабугейин гьудул вилунин абун, гьев вук1ун гьеч1ин унго-унгояв гьудуллъунилан. Цо дие бокьулеб коч1олъ ах1улеб бук1ахъе: «За ошибки друзей мы прощали, но измены простить не могли…». 


Гьудулзаби бит1ун т1аса рищизе лъаялъ батила, г1умруялда дие бит1 ккана. «Бит1ун гьудулзаби т1аса рищизе лъаялъ» абурал раг1абазе баян кьела.


Студентлъун вахъараб т1оцебесеб соналдаса нахъе дун г1одов ч1ун вук1ана цо г1олохъанчиясда цадахъ цо партаялда нахъа, переменаялъул заманалдаги, занятиял лъуг1ун хадубги, г1емерисеб мехалъ ниж цадахъ рук1унаан. Гьев заг1ипав студент вук1индал, дица кумек гьабулаан гьесие контролиял х1алт1аби гьаризе, х1албихьиялъулал т1адкъаял т1уразе. Киг1анго гьедин рук1аниги, ниж унго-унгоял гьудулзабилъун лъугьинч1о. Цо къоялъ дица гьесда абуна: «Т1аса лъугьа, мун эгоист вуго, дида лъала, Аллагьас хъван батугеги, нагагьлъун рагъ ккун, нилъ к1иялго тушманас пленалъ росани, дуца дун тушманасухъе кьолевлъи, щай гурелъул дуца кинабго гьабулелъул дуего данде кколеб къаг1идаялда»,-ян абун.


Нуж т1убанго божиларо, дир гьудулзабазул цонигиял киг1ан жамг1ияталда хиса-басиял кканиги, киг1анго зах1матаб ах1вал-х1ал диде т1аде бач1аниги, дида аск1оса нахъе инч1о, дун къват1иве рехич1о, дида рак1алде кковухъе, дица гьелго г1адинан.


Дир лъимерлъиялъул гьудул, Г1умаров Исрапил вук1ана гьедиг1анги лъик1авлъун, ДГУялде лъугьунелъул эркенаб темаялда хъвалеб дирго сочинение дица хъвана гьесулги дирги гьудуллъиялъул х1акъалъулъ «Дир лъик1ав гьудул» абураб ц1аралда гъоркь. Гьаб г1умруялде рахинег1ан ниж цониги нухалъ къацандич1о. 230 километралъул манзилалда цоцаздаса рик1к1ад г1умру гьабун рук1аниги, нижер хъизанал цоцазда гъорлъ гьудуллъиялда рук1уна, зама-заманалдасан т1аде-гъоркье щола. 


1998 соналъул 20 марталда дир ккана ишемическияб инсульт, лъай-г1акълуялдаса ун реанимациялда вук1ана 2 моц1алъ бусадаса вахъинч1ого. Дида т1аде вахъине к1вана, Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун, гьудулзабазде бугеб божиялъ, г1умруялде бугеб рокьиялъ, г1адамазе, гьудул-гьалмагъзабазе лъик1лъи гьабизе бугеб х1асраталъ. Гьеб ишалъулъ къимат кьун бажарилареб г1адинаб бут1а лъуна дир школалъул гьудул Жалалудинов Жалалудиница. Гьесул ва гьединалго школалъул гьудулзаби, Халилов Ах1мад г1адинал, цогидалги рук1иналъ, зах1матаб унтиялдаса хадуб, дун ц1ияб г1умруялде т1ад вуссана.
Врачаз дие лъик1аблъун бихьизабун бук1инч1о т1адч1ей  гьабизе кколеб г1акълияб зах1маталде вуссине, бук1аниги, дун 4 соналъ х1алт1ана дицаго хъвалеб «Х1ариколо росдал тарих» абураб т1ехьалда т1ад. 


Т1ехь хъван бахъун хадуб, суал бач1ана гьадинаб улкаялъего зах1матаб заманалда, киндай т1ехь къват1ибе бахъилебан абураб. Жидерго асарал рахъизе машгьурал хъвадарухъабазцин ралагьизе кколел рук1ана спонсорал. Гьелъиеги дие кумек гьабуна дир школалъул гьудул Г1усманов Абубакарица-Мах1ачхъалаялъул автобусазул паркалъул директорас, гьев дир цинаг1алги ккола ва школалдасанго гьудул Гъарзимирзоев Нурмух1амадица-типографиялъул х1алт1ухъан. Г1усмановас абуна дида: «Г1али, дур т1ехь къват1ибе биччаралъухъ дица кьела г1арац типографиялъе. Мун ккола 4 лъимал хьихьизе кколев инвалид. Гьединлъидал, дица дуеги кьела дур к1удияб зах1маталъухъ росуцоязе г1оло г1арац». Амма дица инкар гьабуна: «Абакар, районалъул централияб больницаялда реанимациялда вегун вук1аго, дун чанго секундалъ рек1еде вач1ун вук1ана. Дица т1адег1анав Аллагьасе раг1и кьуна, дир лъималазе г1оло гьес дие г1умру кьуни, дица росдал тарихалъул х1акъалъулъ т1ехь хъвазе бугилан. Нагагьлъун т1ехь хъваралъухъ дица духъа г1арац босани, дица дирго нийят хвезабула»-абун.

Бокьун буго т1ад вуссине. 1980 соналъул июнь моц1алда дица лъуг1изабуна ДГУялъул  математикаялъул факультет. 1 октябралдасан направлениялда рекъон дун вит1ана Кизилюрталъул районалъул Самилахъ гьоркьохъеб школалда х1алт1изе. Гьеб росулъ х1алт1улеб заманалъул ва гьениб г1умру гьабун ругел г1адамазул х1акъалъулъ рак1алдещвеял дир бищунго лъик1ал руго.


Гьениб дир унго-унгояб гьудуллъи ккана Г1абдулпатах1 Абакарович Х1амзатовасулгун – гьанжесев районалъул лъай кьеялъул отделалъул профсоюзазул комитеталъул председательгун, Г1ободаса г1усал-цабзазул врач Х1ажидибирилгун, Гьац1алухъа зах1маталъул учитель Камилгун ва г1емерал цогидазулгун. Г1умруялда жаниб дун ц1ик1к1ун Г1абдулпатах1 Абакаровичгун дандч1вазе кколелъул, къокъго бицина гьесулгун гьудуллъиялъул. Рак1алде ккола нижер гьудуллъиялъе кьуч1 лъунин, дунго г1адин гьевги лъик1 ц1аларав вук1иналъ, т1ок1лъигун ДГПУ лъуг1ун бук1иналъ, спорт ва физическияб культура бокьулеб бук1иналъ, ч1ах1ияздехунги, г1исиназдехунги адабалда к1алъалев вук1иналъ. Гьабизе к1олареб иш гьес киданиги т1аде босулароан. Гьесда к1олаан ц1алдохъанасдаги учителасдаги гьоркьоб манзил ц1унизе ва вук1унаан кидаго лъималаз волейбол, футбол х1алеб бугониги, экскурсияз унел ругониги, гьезда гьоркьов, гъорлъ восун. Рак1алда буго дица нухмалъи гьабулеб бук1ана 9 «б» классалъе, гьес – 10 «а» классалъе. Къецал т1орит1улеб заманалда ниж х1алаан лъималгун цоцаде данде. Рохулаан гол кьабаниги, очкаби рахъаниги. Кват1ич1ого нижер гьудуллъи  щулалъана цоцазухъе хъизаналгун гьоболлъухъ иналде щвезег1ан. Дун зама-заманалдасан унаан Г1аду Абакаровичасухъе гьоболлъухъ, гьевги вач1унаан Самилахъалдасан 7 километраялъ рик1к1адег1ан бугеб нижер Баг1араб росулъе. Гьес лъай хъвай гьабуна дир инсулгун, эбелалъулгун ва вацасулгун. Нижер гьудуллъиялъе кумек гьабуна, дир х1исабалда, г1умруялда жаниб гьевги, дунго г1адин, к1удияв педагог А.С. Макаренкол «Инсанасде бищунго ц1ик1к1араб адабгун ва гьесде бищунго ц1ик1к1араб т1алабгун» абураб принципалда рекъон хьвадулев вук1иналъ.


Инсульт ккун бана 6 сон. Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун дир сахлъи дагьаб лъик1лъана ва врачаз дида абуна дун школалда х1алт1изе бегьулилан. Дун ана дирго гьудул Г1аду Абакаровичасухъе. Доб мехалъ гьев х1алт1улев вук1ана РУОялъул начальниклъун. Дица гьесда бицана дидаго х1алт1изе рак1алде ккун бук1иналъул. Гьев вохана: «Г1али Мух1амадович, гьединал педагогикиял кадраби нижее х1ажат руго» - ян. Гьес бицана 2005 соналъул 1 сентябралдасан дун г1агараб школалъул социалияв педагоглъун х1алт1изе т1амизе рак1алде ккун бук1иналъул. 


Гьале чанго сон буго дир школалда социалияв педагоглъун х1алт1улев вугелдаса. Х1алт1улъ дие кумек гьабулеб буго дир к1удияб х1албихьиялъ. Дица жигар бахъулеб буго дирго гьудуласул божилъи рит1ухъ гьабизе, унго-унгоял гьудулзабаз гьабулеб къаг1идаялда. Гьеб гуребги, дун цеве вахъуна районалъул «Росдал зах1матчи» газеталъул гьурмаздасан социалиялгин педагогикиял темабазда.


Бицине бокьун буго, Г1аду Абакаровичас лъай  кьеялъул отделалъе нухмалъи гьабулеб заманалда, гьелъул г1емерисеб лъик1аб рахъалдехун хисараблъи: районалъул киналго школазде бач1ана компьютералъулаб техника, лъик1лъана предметазулаб олимпиада гьабиялъул даража, сайгъатазулал бак1ал кьолелъул рит1ухълъи ва г1емераб цогидабги. Гьелъие нуг1лъи гьабун  бицина, 2008 соналда Россиялъул Бакъбаккулаб федералияб  округалъул конкурсалда  информациялъулгин методикияб централъе щвана цебесеб бак1. Гьединал мисалал г1емерал рачине бегьула спорталъул рахъалъ росаниги, республикаялъулал олимпиадабазул рахъалъ росаниги.


Бак1 ккун бук1аго, бокьун буго дирго унго-унгоял гьудулзабазе гьаризе щулияб сахлъи, г1емерал соназул г1умру, хъизаналда талих1, х1алт1улъ творческиял бергьенлъаби.


Ахиралда бокьун буго чанго малъа-хъвай гьабизе г1олохъанаб г1елалъе гьудулзаби т1аса рищиялда бан: т1аса рищуге гьудулзаби социалияб ах1вал-х1алалъухъ ва гьезул эбел-инсул х1алт1улеб бак1алъухъ хал гьабун, ай жиндиего бук1ине бугеб пайдаялъулъ х1исаб гьабун, г1иси-бикъинал гъалат1азе г1оло гьудулзабаздаса т1аса лъугьинч1ого ч1оге, щай гурого щибниги гьабуларев чиясул гурого гъалат1 ккеч1ого бук1унаро. Гьудуллъиялъулъ жавабчилъи бук1ине гьабе дулъго, вук1а гьединавлъун гьудулзабаздехунги, ругьунлъе гьудулзабазул къимат гьабизе, жигар бахъе гьудулзабазул гъалат1ал гурелги т1ок1лъаби ратизе.


Шамсулг1али Абакаров, Россиялъул лъай кьеялъул отличник.
 

Просмотров: 585 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz