Суббота, 25.03.2023, 21:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

24 март 2023 г № 12 (10366)

17 март 2023 г. № 11 (10365)

10 март 2023 г. № 10 (10364)

3 март 2023 г. № 9 (10363)

24 февраль 2023 г. № 8 (10362)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Автор И. Мухlамадов. Декабрь 2021 сон. 

 16 декабралда райадминистрациялда тlобитlана райсобраниялъул депутатазул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, депутатаз, администрациялъул хlалтlухъабаз, прокурор Рамазан Гlумаровас ва цо-цо бегавулзабаз.
Данделъаразе саламги кьун сессия рагьана оайсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас. Сессиялъул повесткаялда букlана 10 суал. Гьездасан аслияллъун рукlана “Хунзахъ район” МРаллъул 2022 ва планалъулал 2023, 2024 соназул бюджетазул проекталъул хlакъалъулъ, 2021 сонил 9 моцlил бюджет тlубазабиялъул хlакъалъулъ, росдал магlишаталъул отделалъ 2021 соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ суалал. Жидецаго исана гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ бицана росдал магlишаталъул отделалъул начальник Мухlамад Гlалиевас. Гьесул рагlабазда рекъон районалда хlалтlулеб буго 7659 ЛПХ, 113 батlи-батlиял гlуцlиялъулгун правовоял къагlидабазул предприятие, гьездасан 80 юридикияб предприятие ва 33 КФХ. Кинабниги росдал магlишаталъул бутlаялда хlалтlулел руго районалъул 10000 чи, гьезул гlемерисел руго ЛПХязда. 

Просмотров: 40 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 09.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Декабрь 2021 сон. 

1998 соналдаса нахъе щибаб соналъул ноябрь моц1алъул ахирисеб гьат1ан къоялда нилъер улкаялда к1одо гьабула Эбелалъул къо.
Исанаги рохалилаб ах1вал-х1алалда к1одо гьабуна гьеб гьайбатаб байрам нилъер районалъул маданияталъулгин х1ухьбахъиялъул централда. Гьелде ах1ун рук1ана лъимал г1емерал улбул, бесдалал хьихьарал, жалго г1ажизго хут1арал улбул.
Улбузда рохалилаб байрамги баркун данделъи рагьана ва ахиралде щвезег1ан эбелалъул х1акъалъулъ цояздаса цоял берцинал раг1абиги абун гьеб берцинго бачана районалъул администрациялъул культураялъул отделалъул заведующая Жавгьарат Хъайитмазовалъ.
Эбел-ккола нилъер г1умруялъул мат1у, нилъее г1умру кьурай, нилъ г1езаюрай, лъик1аб-квешаб малъун нилъ г1умруялъул бит1араб нухде ячуней г1адан. Нилъер районалъул администрациялъги ц1ик1к1араб к1вар кьолин эбеллъи ва лъимерлъи ц1униялде, хъизанал церет1езариялде,-ян абуна Ж. Хъайитмазовалъ. 
Эбел-ккола нилъер г1умруялъул мат1у, нилъее г1умру кьурай, нилъ г1езаюрай, лъик1аб-квешаб малъун нилъ г1умруялъул бит1араб нухде ячуней г1адан. Нилъер районалъул администрациялъги ц1ик1к1араб к1вар кьолин эбеллъи ва лъимерлъи ц1униялде, хъиназал церет1езариялде,- ян абуна Ж. Хъайитмазовалъ. 

Просмотров: 71 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 09.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Хъазамбиева Х. Декабрь 2021 сон. 

Араб г1асруялда жаниб, щибаб росдалги, районалъулги, Дагъистаналъулги, гьеб  тун къват1ибехунги  жиндирго  лъалк1ги, накъищги, к1варги, тарихги тана аза-азар чияс. Щибаб заманаялъул рук1ана жиндирго зах1малъабиги, лъугьа - бахъиналги, рагъ-кьалалги, инкъилабиги, жидерго бах1арзалги, хилиплъаралги, бет1ергьабиги. Гьединаздасан  гьоркьоса  цоялъул х1акъалъулъ хъвазе бокьун буго, киг1ан мукъсанго гурони дида лъазе к1вечlониги. 
Хъазамбиева Хамиз гьаюна 1888 соналъ Бакьагьеч1иб росулъ батракасул  хъизамалда. Гьелъул г1умру ккола историялда жаниб к1вар бугебщинаб заманаялде, октябралъул инкъилаб, гьелдаса  хадуб хъачагъазде данде партизаназул рагъ, ц1ияб х1укумат маг1ишат-яшав г1уц1и, палх1асил, к1иялго дунялалъул рагъал ва гьездасан хадуб биххараб х1укумат г1уц1и.
Зах1матал рук1ана дол революциялъулал къоял. Дагъистаналъул халкъалъул къисматин абуни доб мехалъ ц1акъ кьог1аб ва бец1аб букlана, г1адамазул яшав язихъаб, мискинаб ва т1олабго г1умру  бук1ана  къваридаб къисалъун.
Ц1акъго кьог1аблъун  бук1ана нек1сиял маг1арул руччабазул къисмат. Г1иц1го напсияб ихтияралдаса шариг1аталъ мах1рум гьариялда цадахъго, бец1аб ва язихъаб бук1ана маг1арулазул г1умруги. Амма Аврораялъул гьаркьица маг1арулалъул гьурмадаса ч1ег1ераб пардав бахъана. Гьелдаго цадахъ ч1ужуг1аданалъул эркенлъиялде г1ищкъуги ц1ик1к1ана.

Просмотров: 54 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 09.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Декабрь 2021 сон. 

3 декабралда рагlалде бахъана Челябинск шагьаралда тlобитlараб боксалъул рахъалъ Россиялъул чемпионат. 8 къоялъ халатбахъараб турниралда гlахьаллъи гьабуна улкаялъул 48 батlияб регионаздаса 180 спортсменкаялъ. Дагъистанлъул тlаса бищараб командаялда гъорлъ 66 килограмм цlайиялда чемпионаталда гlахьаллъана нилъер ракьцояй Сагlадат Тlалхlатоваги. Гьей рингалде яхъана лъабго нухалъ ва щибаб нухалда бергьенлъиги босун иргадулаб нухалда яхъана улкаялъул чемпионкалъун. Гьеб ккола Сагlадатил Россиялъул чемпионаталъул анкьабилеб меседил медаль. Финалалда Сагlадатица 5-0 хlисабгун ракlчlараб бергьенлъи босана Москваялда боксер Анастасия Эсманида тlад.

Просмотров: 33 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 09.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Н .Гlалиева. Декабрь 2021 сон. 

Гьал къоязда Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб Авар театралда т1обит1ана Дагъистаналъул халкъияй поэтесса, маг1арулазул машгьурай шаг1ир ва драматург Батирова Залму Мух1амадовна гьаюралдаса 80 сон т1убаялъул х1урматалда юбилеялъулаб вечер. 
Гьеб х1урматияб дандеруссиналде рак1арун рук1ана Дагъистан Республикаялъул культураялъул Министерствоялъул, хъвадарухъабазул Союзалъул вакилзаби, Залму Мух1амадовнаялъул творчество бокьулел ва гьелъие къимат кьолел хъвадарухъабигун поэтал, пишацоял, гьелъул росуцоял, хъизан-лъимал.
Нилъер районалъул ц1аралдасан халкъияй поэтессаялда баркиялъулаб к1алъай гьабизе вахъун вук1ана райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъов.
Нилъер район бечедаб бугин,-ян абуна гьес машгьурал хъвадарухъабаздалъунги шаг1ирзабаздалъунги. -Гьезда гьоркьоб бихьулеб бак1 ккола Залму Батировалъ. Гьелъул Ват1аналде хъварал асараз щивав чиясул рек1елъ гъваридал лъалк1ал тола, г1акъилал насих1аталги, малъа-хъваялги киналго г1елазе г1акълулъун ч1ола. 
К1алъазе рахъарал Дагъистаналъул культураялъул Министрасул заместитель Мурад Х1ажиевас, РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул бет1ерав г1елмияв х1алт1ухъан Мух1амадов Мух1амад Ибрагьимовичас, Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Г1умахановас, Сириялдаса поэт Ибрагьим Стамбульскияс ва г1емерал цогидазги к1удияб къимат кьуна Залму Батировалъул творчествалъе. Гьезул церерахъиназдасан бич1ч1улеб бук1ана залму Мух1амадовнаялъул асаразде гьезул бугеб рокьи.

 

Просмотров: 35 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 09.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Декабрь 2021 сон. 

Гьал къоязда райадминистрациялда тlобитlана нилъер районалдаса регбисткабазулгун дандчlвай. Гьелъие гlиллалъун ккана гьез лъикlал хlасилал рихьизарулел рукlин. Гьедин Гlахьалчlиса Патlимат Мухlамадова ккола руччабазул тlаса бищараб командаялъул аслияй игрок, Россиялъул чемпионка ва улкаялъул кубокалъул меседил медалистка. Гьединго Патlимат ккола нилъер районалдаса цого цо йигей регбиялъул рахъал спорталъул мастерги. Дандчlваялда гlахьаллъи гьабуна Россиялъул гlолилазул первенствоялъул лъабабилей призер Жамилат Хlосеновалъги. Россиялъул тlаса бищараб командаялда гъорлъ гьелъ гlахьаллъи гьабизе буго кватlичlого тlобитlизе бугеб регбиялъул рахъалъ Европаялъул первенствоялда. Спортсменкабазда цадахъ районалъул нухмалъигун дандчlвазе рачlун рукlана Дагъистаналъул регбиялъул федерациялъул президент ва республикаялъул аслияв тренер Мухlамад Хlажимухlамадов ва ДРялъул спорталъул хlаязулал тайпабазул школалъул регбиялъул рахъалъ кlудияв тренер Давуд Мухlамадовги.    

Просмотров: 47 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 09.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Н .Гlалиева. Декабрь 2021 сон. 

Россиялъул тарих бечедаб буго кирго цIар рагIарал лъугьа-бахъиназдалъун, рагъаздалъун, гьезда бихьизабураб бахIарчилъиялдалъун, къо хIехьеялдалъун, бихьинчилъиялдалъун. Кинаб заман босун хал гьабуниги, Россиялъул гуч, гьелъул ярагъ ва яргъилал къуватал рукIана нилъер пачалихъалъул кIудияб чIухIилъун ва тIей гьечIеб бутIалъун. Руго лъугьа-бахъинал, жидеца Россиялъул тарихалда мустахIикъаб бутIа лъурал. Гьел халкъалъул рекIелъ даималлъун гьариялъе, ВатIан цIунулаго хваразул цIарал мустахIикъаб къагIидаялда кIодо гьариялъул мурадалда 1995 соналдаса нахъе Россиялда кIодо гьарулел руго рагъулаб реццалъул къоял. Гьал гIагарал къоязда нилъеца кIодо гьабизе буго Советиял аскараз Москваялда гъоркь тушманасда дандечIей гьабиялъул хIурматалда кIодо гьабулеб къо.

Просмотров: 33 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 09.09.2022 | Комментарии (0)

Автор. Н. Гlалиева. Ноябрь 2021 сон.  

Гьал къоязда гIумруялъул 80 сон тIубалеб буго Хунзахъ росдал жамгIияй хIаракатчIужу, гIун бачIунеб гIелалъе лъайгин-тарбия кьеялъе тIубараб гIумруго кьурай Ахъбердиева Умужат Иманшапиевнаялъ. Умужат ккола рагъул соназул лъимер. Лъабго сон барав васги, жеги эбелалъул ургьийго йигей ясги тун уна гьелъул эмен Ахъбердиев Иманшапи КIудияб ВатIанияб рагъде ва гьениса тIокIав тIадги вуссунаро. Бищунго захIматал рагъул соназ гIагараб ВатIан цIунизе арав бетIергьанчиги тIад вуссинчIого, бесдал лъималазул тIалаб-агъаз тIаде ккола гьелъул эбел Ахъбердиева ПатIиматиде. Гьелъ лъимал гIезарула намус бацIцIадаллъун, захIмат хирияллъун, магIарул гIадатги, гIаданлъи нухги цIунараллъун. Кьуна гьезие тIадегIанаб лъайги. ТIалхIат Иманшапиевич ккола тIадегIанаб категориялъул терапевт, Дагъистаналъул мустахIикъав врач, Умужат Шапиевна махщел камилай педагог. 

Просмотров: 37 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 09.09.2022 | Комментарии (0)

Автор П. Мухlамадова, Харахьи росу. Ноябрь 2021 сон. 

 РекIелъ иман бугев, чорхолъ яхI бугев
Чилъиги намусги борхатго ккурав.
МунгIадал гьареги магIарухъ васал
Дунял тананиги кIочон толарел.

Инсанас жиндирго гlумруялда нахъе тарал лъик1алги квешалги лъалкlаздасан кьола гьесул г1умруялъего къимат. Жиндир гlумруялъул нухда гlемерал лъикlал лъалкlал тарав, рек1елъа унарев ва к1очон толаревлъун вук1ана нижер школалъул директор, Дагъистаналъул мустах1икъав учитель жиндир мунагьал чураяв, росдаего гьеч1ого г1оларев Г1усман Гъазимух1амадов. 13 ноябралъ 90 сон тlубана Г1усман гьавуралдаса.

Гъазимух1амадов Г1усман Мух1амадович гьавуна 1931 соналъул 13 ноябралъ Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ. 1938 соналъ ц1ализе лъугьана Харахьи 7 сонил школалде. Гьитlинго гьес жиндирго бутlа лъуна «8 март» колхоз цебет1езабиялъулъ, фронталъеги гьабуна кумек. 7 класс лъуг1ун хадуб Г1арани гьоркьохъеб школалде уна цlализе.

Гьелдаса хадуб Г1усман вит1ула Гумбет районалъул Килалъ росдал гьоркьохъеб школалъул байбихьул классалъул учительлъун. 1949 соналъ ц1ализе лъугьуна ДГПИялъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталде. 1957 соналъ гьебги лъуг1изабун, гlолохъанав специалист гlагараб росулъе тlадги вуссун, школалде математикаялъул учительлъун хlалтlизе лъугьуна. 1993 соналъ школалъул директорлъун тlамуна ва 2003 соналде щвезег1ан гьеб хъулухъалда хlалтlана. 1960 соналъ лъугьуна КПССалъул мухъилъе. Директорлъун х1алт1улаго Г1усман Мух1амадовичас живго вихьизавуна бажариги гьунарги махщелги бугев нухмалъулевлъун.

Просмотров: 2340 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор Гъаирбегов Зубаир, районалъул харабазул советалъул председатель. Май 2021 сон.

 Чанго тухум буго Хунзахъ росулъ кинаб рагъ-кьал кканиги гьелда жидеца жигараб гIахьаллъи гьабураб. Гьединаздасан цояб ккола Шамил имамасул машгьурав наиб ХIажимурадил тухум.
Гьесул вас Гуллал вас Бадави жиндиего бокьун ана гIурусазулгун-япониязул рагъде ва гьениб бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ мустахIикълъана кIиго БахӀарчиясул хъанчалъе, доб заманалда цIакъ кIудияб шапакъат букIана гьеб. Гьесулги вас МухӀамад ХIажимурадов гьавуна 1915 соналъ Хунзахъ росулъ. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьилалде гьес лъугӀизабула Ростовалъул педагогикияб институталъул историялъул факультет. 1942 соналъул апрелалда цIалун лъугIула Сталинградалъул рагъулабгун-политикияб училище, гьитIинав (младший) политрукасул цIаргун. Лъабго къоялдасан гIахьаллъула Крымалъул фронталда Керчь шагьаралда ккарал рагъазулъ. 1942 соналъул 11 апрелалда захӀматго лъукъула ва витӀула госпиталалде, кIиго моцӀалъ гьенивги вегун рокъове виччала ва тӀубанго сахлъизегӀан гIагараб росулъе вачIуна. 1942 соналъул 15 сентябралдаса нахъе кколаан Доналъул хъазахъазул гвардиялъул кавалериялъул корпусалъул Эльбрусалъул рахъалда бугеб кавалериялъул комсорглъун, хадуб Закавказалъул фронталъул Северияб рагъухъабазул къокъаялъул комсорглъун. 1942 соналъул декабралда нахъойги лъукъула ва Ереван шагьаралда госпиталалде витӀула.

Просмотров: 214 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор Шайхова Эльмира, Харахьи росу. Май 2021 сон.

 1941-1945 соназул КӀудияб ВатӀанияб рагъалъ лъалкI течIеб тухум яги хъизан цониги батиларо цебе СССРалда гьорлъ рукӀарал, гьанже жалго жидедаго чӀарал пачалихъазда. Рагъда лъала бихьинал. Гьебго рагъда лъала къадаралги. Нилъерго райгазеталъул гьумералдасан дие бицине бокьун буго нижее киназего хирияв вукIарав, нижер кӀудияв инсул хIакъалъулъ.
Ибрагьимов Шайих гьавуна Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ 1914 соналда. 1941 соналъ, рагъ байбихьун тIоцересел къоязго, Шайх-дада (хӀурмат гьабун гьедин абулаан нижеца гьесда) ун вуго тушбабаздаса ВатIан цIунизе. Гьесул рагъул нух халатаб буго-гӀахьаллъи гьабуна фашистаз ккурал Балашов, Киев, Ростов-на-Дону ва Харьков шагьарал эркен гьариялъулъ. Рагъулав полководец И. С. Коневасул нухмалъиялда гъоркь вагъанилан бицунаан гьес Шималияб Кавказалъул рагъухъабаздасан гIуцIараб 19-аб. армиялда.

Просмотров: 204 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор Ахlмадова Зарема, Хунзахъ росу. Май 2021 сон.

 Дир кIудаэмен АхIмадов Сайгид Дадаевич гьавуна 1912 соналда Хунзахъ росулъ векьарухъанасул хъизамалда. 4 классги лъугIизабун, рагъ байбихьизегIан гьев хIалтIана НКВДялъул кьеразулъ Новочеркасск шагьаралда ва Дылымалда. Хадуб хIалтIизе лъугьана Москваялъул порталда. Гьеб заманалда байбихьун буго рагъ. Гьедин 1941 соналъул 26 августалда гьев Москваялъул Пролетаралъул военкоматалдасан ахIун вуго фронталде сержантасул цIаралда. ВукIана отрядалъул командирлъун ва 03504 рагъулаб часталъул 53-аб. армиялъул автоматчиклъун. ГIахьаллъи гьабуна тушманасдаса Харьков, Белгород, Бухарест, Буденновск ва Кировоград шагьарал эркен гьариялъулъ. Узухъда, рехсарал шагьарал эркен гьарулаго бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ пачалихъалъ кьуна мустахIикъаб къимат. Гьесие кьуна «БагIараб байрахъалъул», «ВатIанияб рагъул кIиабилеб даражаялъул» орденал ва «Бихьинчилъиялъухъ» медаль. Гьединго 1945 соналде Япониялъулгун рагъул заманалда гIахьаллъи гьабуна Хинганалъулгун Мукденалъул гьужумалъул операциялдаги. Гьев лъалаан СССРалъул БахIарчи, маршал Георгий Константинович Жуковасдаги «О мужестве, о доблести, о славе» абураб тIехьалда кIудаинсул вукIарав нухмалъулев СССРалъул БахIарчи, генерал-полковник Иван Мефодьевич Манагаровас бицараб харбида рекъон хъвалеб буго: «Дида гьев лъикI лъарав мехалъ, дица Сережаян абизе байбихьана гьесда. Армиялъул штабалъул солдатазгун офицеразги гьединго абулаан гьесда. Амма цонух маршал Г. К. Жуковас «Ахмедыч» абун борчIидал, гьелдаса нахъе гьеб цIар рекIана гьесда.

Просмотров: 161 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

 Баркула нужеда КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса 76 сон тIубай. Гьеб ккола ракI-ракIалъ нилъ нилъерго ВатIаналдаса, гьелъул яргъилал къуватаздаса, нилъер халкъалъул цолъиялдаса чIухIиялъул асаралъ нилъ цолъизарулеб байрам. Гитлерилаб фашизмалда тIад бергьенлъи босиялъулъ ВатIан цIунизе рахъарал дагъистаниязул кьеразулъ мустахIикъаб бакI ккуна нилъер районалъул гIадамазги. ГIемерисез рихьизаруна бахIарчилъиялъул ва бихьинчилъиялъул мисалал, щвана рагъулал орденал ва медалал.
Фронталъе кванил ва ратIлил кумек гьабиялъе гIоло бахIарчиго хIалтIана хунзги авлахъазда ва хурзабахъ. Нилъер халкъалъ КIудияб ВатIанияб рагъулъ бихьизабуна бахIарчилъи, гъунки ва халкъалъул цолъи. Жакъа къоялда районалда хутIичIо цогIаги рагъул гIахьалчи, ана гьел абадияб рокъоре. Амма нилъеда кидаго кIочене бегьуларо гье-зул рагъул дарсал, нилъ ккола гьезул ирсилал. ГIелаз гIелазухъе кьун, нилъеца даимго цIунила КIудияб Бергьенлъиялъул ракIалдещвеял. Гьарула щивасе щулияб сахлъи, даимаб рохел, рекъел, икъбал ва талихI.


Райадминистрациялъул бетIер Н. ЗАДИЕВ.
Райсобраниялъул председатель М. МУХIАМАДОВ.  

Редакция

Просмотров: 153 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор М. Мухlамадов. Апрель 2021 сон. 

 Ахирал соназда нилъер гIумруялъулъ ккарал бищунго кIудиял хиса-басиязул цояб ккола диналде гIадамазул бербалагьи хиси. Гьебго заманалда цебетIей щвана диналда хурхараб рухIияб маданияталъеги: Дагъистаналда къватIире риччалел руго диниял газеталгун журналал, рахъулел руго тIахьал, тIоритIула диналда хурхарал тадбирал. Исламияб публицистикаялда цадахъго цебетIуна исламиял темабазда художествиял асарал гIуцIиги.
Нилъеца бицен гьабулеб заманалда жаниб МахIмуд-апандил пагьму-гьунаралъулъ ккана лъалеб цебетIей. Гьев лъугьана бищунго машгьурал исламиял шагIирзабазул цоявлъун. РекIелъ щулияб иманги бугев, ахираталъул пикрабазги кодове восарав шагIирасул диниял асараз халкъалъул ракIазулъе нух бахъана.
Дагъистаналъул Халкъияв поэт ГIабасил МахIамадица хъвалеб буго: «ШагIир хIисабалда, МахIмуд-апанди адабияталде вачIунев вукIана батIи-батIияб нухдасан. Цин рокьул шигIраби хъван, цинги кьалул кучIдул хъван, хадуб философиял ункъжугьабазде кIанцIун. Ахиркъадги, гьале гьаб динияб поэзиялъул нух жиндираблъунго батун буго гьесда», - ян.
ЦIалдолезул тIадегIанаб къиматалъе мустахIикълъана гьесул «УнкъбокIонал чIинхал» (1995, 2013) абураб мажмугI, «Дир ЧIикIаса КIудияв» (1996) абураб къасидат (поэма), «ЦIияб мавлид» (1998), тIоцебесеб нухалъ сапаралъ рахъунел хIажизабазе малъа-хъваял гьарун кочIодалъун хъвараб «Нужее нух битIаял, хириял хIажизаби» абураб тIехь, ГъазимухIамад имамасул мурид Харахьиса ГIалихIажиясул хIакъалъулъ «Имамасул цо мурид» ва «Генуса шайих ГIабдула-хIажи» абурал поэмабаздасан гIуцIараб «Муридги шайихги» (2001) абураб тIехь.

Просмотров: 155 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

 МухIамадов МахIмуд-апанди ГIумарович-ккола пагьму-гьунар камилав, магIна гъваридал асаразул поэт ва прозаик.
Гьавуна 1951 соналда Харахьи росулъа педагог ГIумаров МухIамадил хъизамалда. Эбел, Хадумова Зайнаб гьаюна Чачаналде кколеб Кванхи росулъ.
МахIмуд-апандие тарбия щвана динияв цевехъан, бакIалъулаб тарих, гIараб ва авар литература лъикI лъалев, халкъияв хурдузул устар, гьесул кIудияв эмен МустIафал ГIумарил бербалагьиялда гъоркь. ГIолохъанаб заманалда кIудияв эменгун цадахъ МахIмуд-апанди гIемерав хьвадулаан Дагъистаналъул тарихиял бакIазде. ГIолохъанаб жан-жигаралъ ва ракIалда жо чIеялъ, цIи-цIияб лъазе бугеб гъираялъ, цIодорлъиялъ, гьесул чорхолъ рессана гIемерал цересел харбалги, бице-киценалги. Гьез кIудияб кумек гьабуна гьесул хадусеб гIумруялъеги.

Просмотров: 156 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 5 6 7 8 9 ... 80 81 »

by NiGMaT © 2023 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz