Пятница, 26.04.2024, 20:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Май » 12 » РАГЪУЛ ВЕТЕРАНАС НАСЛАБАЗЕ ТАРАБ ИРС
22:30
РАГЪУЛ ВЕТЕРАНАС НАСЛАБАЗЕ ТАРАБ ИРС

Жив-жив  инсанасул г1умрудул нухги, къисматги  тарихги  бат1и-бат1ияб  буго.  Цо-цоязул  гьеб  т1убараб  т1ехь  хъвазе  г1ураб, бечедаб  ва гъваридаб  лъалк1  нахъе  тараб  буго. Дие  бицен  гьабизе  бокьун  буго, жинца  бечедаб,  бах1арчияб  ва  хадуб  г1олеб г1елалъе  мисал  босизесеб берцинаб  г1умру  гьабурав  ва  лъик1ал ишалги  рак1алдещвеялги   нахъе  тарав  Харахьиса  К1удияб Ват1анияб  рагъул  г1ахьалчи  Булатов Мух1умадибирил.

Жиндир мунагьал чураяв , рагъул ветеран, Блокадный Ленинградалъул  г1ахьалчи,  рагъ  байбихьаралдаса гьеб лъуг1изег1ан жив бах1арчиго вагъарав  Булатов Мух1умадибир  нилъедаса ват1алъана  2013  соналда, гьев кколаан  Харахьиса  рагъулъ г1ахьаллъарал 119 чиясул, бергьенлъиялдаса хадуб  г1агараб росулъе ч1аго нахъ руссарал  50 гоязул цояв, хут1арал  69 анц1го г1олохъанчи хут1ана кьалул авлахъазда, цо-цоязул хобал кир ругеланцин лъаларо жеги 78 сонсвераниги. Рагъдаса хадурги ругънал сахлъич1ого  дагь – дагьккун мигьлъана  рагъул г1ахьалчаг1азул  кьерал, гьезда гъорлъ ахирисев нижедаса ваталъарав  рагъул ветеран кколаан Булатов Мугумадибир, алжан  щун  вохун ватаги гьев.     

Доб  вах1шияб  рагъул  кьог1лъи  лъач1еб хъизан- рукъ  хут1ун  батиларо  Дагъистаналдаги, Россиялдаги.  Гьеб  кинабго  бихьана  ва  х1ехьана жиндир  мунагьал  чураяв  Харахьиса  Мух1умадибирицаги гьесул  хъизан-лъималазги
Гьев вук1ана  г1ун  бач1унеб  г1елалъул насих1атчиги. 


2015 соналъул 9 маялъул праздникалда цересел къоязда Харахьиб гьоркьохъеб школазде умумузул тарих лъазабулезул  кружокалъул г1ахьалчаг1игун дандч1ваялде  рач1ун  рук1ана  Мух1умадибирил  лъимал жиндир мунагьал чураяв  Булатов  Булат  ва   Булатова  Г1айшат.  Гьез лъималазе  бицана инсул  рагъул   ва  зах1маталъул  нухалъулги  ва  гьесул  х1акъалъулъ  бит1и-бат1иял  рак1алде щвеялги. Мух1умадибирил лъималаз,  инсул гьединаб гьари бук1анин  абун, Харахьиб  гьоркьохъеб  школалъул,  краеведческий  музеялде  сайгъат  гьарун кьуна  инсул киналниги  шапакъатал, документал ва  орден-медалал.  


Бокьун  буго  киналго  ц1алдохъабазул  рахъалдасан  гьеб  къиматаб  сайгъат  музеялъе  кьурал  Булатов  Мух1умадибирил лъималазе  ва лъималазул лъималазе  рак1-рак1алъулаб  баркала  кьезе.


«Рагъ лъугIаралдаса сонал анагIан 
Элъул  г1ахьалчагIи мигьлъулел руго 
ВатIан цIунулаго цIадулъ рагъарал 
ЦIарал килшаз рикIкIун тIуралел руго»

- ян  хъвана  Г1абдулмажид  Хачаловас  цо  чанго  соназ  цебего. Гьанже гьел  килщазда  рик1к1инецин  кин гурин цох1оцин хут1ун гьеч1о К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи  цо-цо  росабалъ. Къо бахъанаг1ан мигьлъун, лъуг1ун ана  рагъул г1ахьалчаг1азул кьерал, амма нилъеда гьел к1очене бегьуларо, гьел руго наслабазе мисаллъун.  

Г1ун бач1унеб г1елалдаги лъазе ккола х1акъикъатги, къо х1ехьарал умумузул бах1арчиял рагъулал нухалги. Гьелъие г1оло, бач1унеб г1елалъе гьеб кинабго нахъе ц1унизелъун, г1уц1араб ккола нижер школалда музейги. Нижер школалда рагъул г1ахьалчаг1и кколаан кидаго, х1урматиял гьалбаллъунги, нижер лъик1ал насих1атчаг1илъунги. Кинаб лъугьа бахъи школаллда бугониги гьел нижеца кидаго ах1улаан. Щибаб санайил  чанго нухалъ ц1алдохъабазулгун дандч1ваялде школалдеги рач1унаан  ва  ц1алдохъаби гьезухъе  рокъореги унан. Гьединаб  тадбир т1обит1ун бук1ана К1удияб Бергьенлъиялъул дандч1ваялъул 68 сон т1убаялъул х1урматалдаги. Мух1умадибирил  сахлъи киг1анго лъик1 бук1инч1ониги гьев разилъана ва нахъ ч1вач1о нижер гьари. Гьеб тадбир бихьана музеялдасан, цинги гьелдаса хадуб Мух1умадибирие лъималаз кьуна г1емерал суалал ва кутакалда к1вар кьун, г1енеккун рук1ана рагъул ветеранасул рак1алде щвеязухъ ва насих1атазухъги. Гьес цереч1езаруна дол сог1ал рагъул соназул бит1ахъего кинабго сурат, лъугьа-бахъин. Рак1алде щвезаруна рагъулал нухал, загьир гьаруна араб заманалъул ва жакъасеб  къоялъул х1акъалъулъ пикраби. Мух1умадибирица гьединго бицана хвалда данде унел рук1ин лъаниги, дора рагъда х1инкъулароанила. Гьединго к1вар буссинабун абуна гьадинал тадбиразул к1вар к1удияб бугила г1олеб г1елалъе, щайгуреблъидал, школалда ругелг1олохъабиги кколеллъидал рук1инесел солдатал, Аллагьасе рецц,  рагъда гуреб, армиялда.  Мух1умадибирица  гьединго бич1изабуна, жеги Харахьиса рагъдасан руссинч1езда гьоркьор ругила  г1емер, жеги  щиб ракьалда  жив вукъаравали г1ага-божаразда лъаларев чангиясул ц1ар. Тавфикъ кьеги нужее гьезул ц1арал т1атинаризе, ралагьизе гьел рукъарал  хобал. Гьеб нужеца гьабулеб х1алт1и бугила кутакалда х1ажатаб, Аллагьасул рахъалъ кириги бугеб, г1адамазул рахъалъ баркалаги  бугеб иш. Тавфикъ кьеги нужее гьабулеб иш раг1алде бахъинабизеян. 


Цойги гьес  жиндирго разилъи загьир гьабуна жив кутакалда воххарав вугила исанаги К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азе росу бакьулъ  бараб памятник ремонт гьабун,къач1азихъин бугин абураб хабаралъ. Гьеб памятник кколила раг1да ч1ванщинав 69 херехьдерил васазе бугеб хоб. Гьеб кколила зиярат. Амма ц1ияб ремонт гьабураб памятник бихьизе гьесул анищги, хьулги бук1аниги хъван бук1ун гьеч1о гьеб  бихьизег1ан  нахъе хут1изе.


Рагъул х1акъикъат якъинго цебеч1езабун рагьана нижее Мух1умадибирица. Доб заманалда ярагъ гьанже г1адаб бук1инч1о, ц1акъго г1адатияб бук1ана, г1иц1ал квералгунги  унаан рагъизе,  цо  чангоязда  гьоркьоб  цо  гурони  къвагьулеб  жо,  туманк1 ва автомат гьеч1огоги  рагъана. 
Рагъ байбихьараб мехалъ Мух1умадибир вук1ана Ленинградалъул радистал х1адурулел радиотелеграфалъулаб училищеялда, курсазде ц1ализе вит1ун. Ленинградалъул 900 сордокъоялъ халатбахъараб блокадаялъул г1ахьалчиги. Радистасул махщелги щун, рагъул т1оцересел къояздасанго байбихьун, гьеб лъуг1изег1ан кьварарал  рагъул  нухазда бухьеналъулаб  хъулухъ  т1убазабуна.  Анкьго  соналъ  халат  бахъараб рагъулгун,  кьалул нухазда  бихьараб тараб г1акъуба-къоялъулги, лъугьа-бахъиназулги,  щварал  шапакъатазулги  бицана Мух1умадибирица.


Бищунго лъик1аб шапакъатлъун жидее кколила нужер лъик1аб хьвада ч1вадиги. Нужер лъик1аб ц1алигиян абуна гьес. Ц1аларав, лъай бугев  чи  кивго къвараг1уна гьанже. Гьеб дандч1ваялдаса разиго хут1ана киналго. Лъималаз фронтовикасе гьарана щулияб сахлъи, парахалъи ва халатаб г1умру. Ват1ан бокьиялъул  г1аламатал х1исабалда  г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия кьезе къуват кьегиянги.  Гьеб  дандч1вай  бук1ун буго ахирисеблъун.


К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьилалде армиялде  арав гьесул  рагъулаб хъулухъ  лъуг1илалде  тушманги т1аде  к1анц1ун, жеги щуго  соналъ  халат бахъана ц1а боркьараб рагъда Ват1ан ц1уни. Гьеб вах1шияб рагъ лъуг1изег1ан, 2-3 нухалъ лъукъун госпиталалде ккана, Европаялде щвезег1ан рагъулаб нух нахъа тана. Г1емерал орденал медалалгул вуссана гьев, рагъ лъуг1ун хадуб, г1иц1го 1946 соналъ, 7 соналъ халатбахъараб «сапаралдаса». Рокъове т1ад вуссингун  колхозалъеги, росдаеги бажарарабщинаб х1алт1иги гьабуна. Мух1умадибир г1адинав чиясул г1умруялъул бицинеги  хъвазеги ц1акъго г1емераб заманги кагъатги къвариг1ина.  Гьесул  бицунаго  рак1алде  щвезаризе  бокьун  буго  гьесулго къисмат  рагъда г1ахьал гьабураб киналниги  херехьдерил 119 рагъул г1ахьалчи, рагъдаса т1ад руссаралги, руссинч1ого рагъул-кьалул авлахъалда хут1аралги, хобал щун хабалъ рукъаралги, щвеч1ого араб бак1 лъач1ого т1аг1аралги ва хьулги буго цониги ц1ар лъаларев ва вукъараб бак1 лъаларев, «безымянный» солдат хут1иларин. Доб г1асияб рагъда нужеца бихьизабураб бах1арчилъиги нижеда к1оченаро. Рагъдаса хадубги нужеца гьабулеб бук1ана ц1акъ к1вар бугеб  иш, г1ун бач1унеб г1елалъе Ват1ан бокьиялъул тарбия кьолаго. 

Рагъул г1ахьалчаг1азе сонал анаг1ан ц1акъ бокьуларо рагъулги жидерго г1ахьалъиялъулги, гьунаразулги, бихьараб  къоялъулги, жидергоги бицинеги, рак1алде щвезабизеги, бицине кканиги бицуна гьудул-гьалмагъзабазулги гьезул гьунаразулги. Мух1умадибирица абулаан жиндица гьабураб жо доб заманалда, жиндир г1елалъ киназго гьабунин, бат1ияб куцалда бук1ине ресги бук1инч1ин, щайгурелъул, жидеца ц1унулеб бук1анин  бищунго гьеч1ого г1олареб  ва  къвариг1унеб  эркенлъи  ва  Ват1ан.  Гьединаб  къо  т1аде  ккани  нужер  щивасги  такрар  гьабизе  бугин гьебго  нух  ва  гьебго  къисмат. Амма  нужеда  гьеб  бихьизе  хъван  батугегиян.  Гьелъие  г1олон  т1унин  жидецаги, жидер г1елалъги  би г1одобе Ват1ан ц1унулаго,  нужер бук1инесеб парахатаб  бук1иналъе  г1олон.
Булатов  Мух1умадибириеги  ц1акъ  бокьулароан  жиндирго гьунаразул    бицине.  Ват1ан  ц1уни,  ккараб  къо  борхи,  гьес  т1адаб  борчлъун рик1к1унаан. 
Булатов  Мух1умадибир  гьавуна 1921  соналъ Хунзахъ  районалъул  Харахьиб  росулъ.  1938  соналъ  лъуг1ана  7  сонил  школа.  1941 соналъул байбихьуда   Булатов  ах1ана  Баг1араб  Армиялде.  К1удияб  ват1анияб  рагъ  байбихьараб  заманалда  гьев  вук1ана  Ленинградалъул рагъул радиографалъул  училищеялъул  курсантлъун.  Лъабго  моцI  хут1ун  бук1ана  гьесул  цIали лъуг1изе  Ленинград  фашистаз  сверун  ккураб  мехалда. Фашистаз рагъ  байбихьун лъабабилеб  къоялде Ленинградалде самолетаз  бомбаби разе  байбихьана. Гьеб  т1оцебесеб  къоялъго к1удияб  къуват рехун  бук1ана  Ленинград  бахъизе. Блокадаялъул къварилъи  бух1иги, ракъиги, къечейги кинабго бихьана гьесда  рагъул  байбихьудаго,  гьениб щвана  Мух1умадибирие  т1оцебесеб  рагъул  х1албихьиги, лъадариги. Гьенибго  лъана  рагъул  кьог1лъиги, къварилъиги, вах1щилъиги, г1асилъиги.   Курсал  лъуг1ун  хадуб  Булатов  вит1ула 11-абилеб дивизиялъул  228-абилеб  полкалъул   штабалде  радистлъун.  1941  соналъул сентябралда Кронштадаталдаса Ленинградалде  бач1унаго   Мух1умадибир  т1ад гама бук1ана бух1улеб,  х1алицаго рорч1ана  гамида  рук1арал ч1аго нахъе. Гьединал ва  цогидалги  г1умруялъе  х1инкъи бугел лъугьа –бахъинал  г1емер  дандч1вана  гьесда рагъ  лъуг1изег1ан.  1941  соналъул  ахиралда Мух1умадибир т1ад  вугеб  часталде фашистаз  г1асиял гьужумал  гьаризе  байбихьана.  Гьединаб  зах1матаб ва  х1инкъи ц1ик1к1араб  ах1вал- х1алалда гьес  жинцаго хъулухъ гьабулеб рагъулаб  часталда гьоркьоса  къот1ич1ого телефоналъул  бухьен  ч1езабулеб  бук1ана.  Цо-цоязда рак1алде  ккезе бегьула,  радистлъи  рагъда  бигьаяб  иш бугилан.  Гьеб гьедин  гьеч1о,  радистлъи  дагьабги  х1инкъи  ц1ик1к1араб  буго, щайгурелъул,  т1аде  ралел бомбабаз связь  т1ураб  мехалъ,  г1арада-бомбабазул  ц1адалда гъоркь  радистаз  чанго  нухалда гьеб  связь  къач1ан, т1ураб  квар  балагьун ва дандбан нахъойги  телефоналъул  бухьен ч1езабулеб  бук1ана.


Сордо –къоялъе 200  грамм чадил тун бат1ияб квен  кванач1ого анкьго- микьго моц1ниги  бана Мух1умадибирица  дол  зах1матал  Блокадаялъул къоязда.  


1942 соналъул  марталда Мух1умадибир зах1матго  лъукъула.  Гъалмагъзабаз Ругъналги  рухьун,  гьев санчасталде щвезавула, Киров областалда бук1араб Слободский госпиталалде.  Ункъго  моц1ица  венгана  госпиталалда,  т1убанго  лъилъун  ругънал  гьеч1ониги   т1адвусана рагъде.  Гьаб нухалда гьев ккана  19-абилеб  гвардиялъулаб  45-абилеб  артилериялъул  полкалде радистлъун.


1942 соналъул риидал зах1матал рагъал унел рук1ана Витебскиялъул ракьалда. Гьенибе бак1арун бук1ана тушманасул к1удияб къуват. Вах1шиял рагъал унел рук1ана  Рудневская маххул нухлул станциялъе г1оло. Гьеб рагъулъ бергьиналъул х1урматалда 49 – абилеб артилериялъул полкалъе кьуна Рудневалъулаб Гвардиялъулаб ц1ар. Гьеб рагъул гьоркьоб къот1ич1ого бухьен ч1езабуралъухъ Булатовасе кьуна «Багьадурлъиялъе г1оло» медаль ва х1урматалъул грамота. Цо нухалда гуро т1аде балеб гуллил ц1адалда гъоркь, хъурщунги ун, г1арадабазул гуллбуз т1езабураб бухьен гьес рук1алиде ккезабураб.

Гьедин, киг1ан г1асиял рагъал рук1аниги, гьоркьоб къот1изе теч1ого, кидагосеб бухьен ч1езабулаан Мух1амадибирица щибаб къоялъ к1удияб ракьалъулгун, кьолаан командованиялъе радиограммаби. «Багьадурлъиялъ г1оло» медалалъе гьев мустах1икълъана Смоленск шагьар тушманасда эркен гьабиялъе г1оло рагъулъги. Мух1амадибир нахъеги лъукъула ва к1иабизеги госпиталде ккола. Гьениса к1иабизеги гьев фронталде т1ад вуссана 1943 соналъул августалда. Гьаб нухалда Мух1умадибир ккола к1иабилеб Белоруссиялъул фронталъул 32 – абилеб хассаб бухьеналъул полкалде. Гьенив Мух1умадибир вук1ана радистлъунги шофёрлъунги. Булатов гъорлъ вук1араб 32 – абилеб полкалъул командующийлъун вук1ана генерал – полковник Александр Никалаевич Боголюбов.  Мух1умадибирица  гьоркьоб  къот1ичеб  бухьен  ч1езабулаан рагъул  командованиялда  гьоркьоб.

Рокосовскиясдаги  ва бат1и-бат1иял  полководцаздаги,  дивизияздаги   гьоркьоб  бухьен  ч1езабулаан  Булатовас чанго  моц1аца.
Мух1умадибирица рак1алде щвезабулаан  жинда кидаго к1очон толарила Харьковалда аск1об бук1араб рагъ. Гьенив нилъеразул 15 азарго солдат т1аг1анила ч1ванги асирлъуде ккунги. Сталинил буюрухъ бук1анила гьениб цо цедералъги нахъе къагеян. Гьединлъидал, сверун кколел рук1аниги, нахъе къазе буюрухъ кьезе к1веч1ила цониги командирасда. Гьедин кканила гьенир к1удиял камиялги.
Нижеда т1аде бомбаби гурелги, фашистаз рач1унаан самолётаздасан ран листовкабиги сураталги пленалъе  рач1аян. Цоял суратазда бихьизабун   бук1унаан лъик1аб г1умру, цогидалда – рагъ, концлагерь. Суратазда т1адги хъван бук1анаан: «Нужер ихтияр буго бокьараб бищизе», - ян.  


Булатовас  г1ахьаллъи  гьабуна гьединго  бакъ Баккул Пруссиялда ва Кенигсберг тушманас кутакалда ц1унун бук1ана. Немцаз гьелда сверун цоялдаса цояб камилаб лъабго кьер щулалъиялъул гьабун бук1ана. Цо-цо бак1азда ккун бук1ана маххул заз, рахъун рук1ана гъваридал ва г1ебал рахъал, гьезул т1ино ц1езабун бук1ана бег1ераб маххул ва маг1ал т1ад ругел телалъул квараз. Бит1ахъего бахъизе к1олареб хъалаялда сверизабун бук1ана гитлерилаз шагьар. 


Амма къуркьи гьеч1ел нилъер солдатазул бах1арчилъиялъ т1убараб моц1алъ  халат-бахъараб рагъдаса хадуб шагьар бахъана. Гьедин, к1иабилеб Белоруссиялъул фронталъул 32- абилеб хасаб полк бищунго цебе бач1ана, тушманги нахъе кьабун, Балтика ралъдал раг1алде. 


Кенигсберг шагьар тушманасдаса эркен гьабиялъул зах1матал гьужумазда гьоркьоса къот1и гьеч1еб телефоналъул бухьен ч1езабиялъе г1оло Булатов мустах1икълъана «Кенигсберг эркен гьабиялъе г1оло» медалалъе. Ц1а боркьараб рагъулъ фронталъул цебесеб кьердеги ун, жиндиего бугеб хвалилаб х1инкъиялъулъги балагьич1ого, телефоналъул бухьен рук1алиде ккезабуралъухъ ва госпиталалдаги командованиялдаги гьоркьоб бухьен ч1езабуралъухъ гьесие кьуна «Баг1араб Ц1ва» орден. Гьединго рагъда бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ Булатовасе щвана чанго шапакъат ва командованиялъул хасаб буюрухъалдалъун лъазабуна чанго баркала. 


Гьев г1ахьаллъана Ленинград, Минск, Смоленск, Киев, Орша, Варшава шагьарал гурелги,  цогидалги ракьал тушманасдаса эркен гьариялъулъ. Берлин бахъанин ва Рейхстагалда байрахъ ч1ванилан хабар лъана Булатовасда Штетен шагьаралда. Бергьенлъиялъул х1урматалда гьес хъулухъ гьабулеб бук1араб полкалъ 1945 соналъ 5 маялда цадахъ ч1ун сурат бахъана. Гьеб буго Булатовас бищунго къиматаб хазина г1адин ц1унун. 


1945 соналъ гьев отпускалдаса хадуб цоги соналъ нахъвуссун армиялда хъулухъ гьабизе Львов шагьаралде уна. Гьенив армиялде бач1араб ц1ияб г1ел куцазе т1амула. Щуго сонги анлъго моц1ги бана гьес рокъоса аралдаса ва бергьенлъигун т1адвуссана г1агараб росулъе.
Рагъдаса хадусел соназда гьев х1алт1ана росдал колхозалда бат1и-бат1иял хъулухъазда.

1947-1951 соназда Булатов вук1ана колхозалъул председательлъун, гьеб заманалда гьесул нухмалъиялда гъоркь бана школалъе ц1ияб мина, гьанже жаниб музей бугел рукъзал. 1951-1954 соназда х1алт1ана Хунзахъ милициялда, генерал, командир ТОКСа Г1умар Муртазаг1алиевасул шоферлъун, гьел соназда Гlумар Муртазагlалиевич х1алт1улев вук1ана Хунзах КГБда. Кив щивлъун х1алт1аниги, рагъдаго г1адин, жинда т1ад къараб иш Булатовас намус бац1ц1адго т1убазабуна. 


1975 соналда Г1. Муртазаг1алиев вач1ана Мух1умадибирихъе  ва гьесие сайгъаталъе кьуна  рукьалда балеб командирасулаб саг1ат. Гьес гьебги ц1унун бук1ана  бищун къиматаб хазина г1адин. Мух1умадибирил вук1ана к1иго вац. Гьоркьохъев вац Мух1амадги рагъ байбихьарабго ана рагъде. Гьев ккана финазул фронталде, т1ок1аб хабар лъач1о.  КIудияв вац НурмухIамад  хIалтIулаго унтун хвана.


ГIун бачIунеб гIелалъе ВатIан бокьиялъул рухIалда тарбия кьеялъул бихьулеб хIалтIи гьабулаан  ветеранас.


Нилъер  к1удияб талих1лъун  ккола  рагъулги,  кьалулги, зах1маталъулги кьог1лъи  бихьарал,  г1умруялъул  х1албихьи  бугел г1адамал  г1ун  бач1унеб г1елалъе  мисал босиялъе  нилъеда  сверухъ рук1индал,  ва гьезул тарихги, нахъа тараб нухги  нахъе г1олеб г1елалъе   мисаллъун  бачине  ц1унун хут1идал.
Нужер бах1арчилъиялъул Ват1аналдехун бугеб к1удияб рокьул х1исабалда эркенаб г1умрги цебет1еялъе  шарт1алги щварал ниж нужеда цере кидагосеб налъукь  руго.Нуж ва нужер ишал киданиги к1очон тезе гьеч1о!   
Рагъул  бух1иялъул ругънал сахлъич1ел 
Ч1аран рачун ана  гьаб заманаялъ 
Рач1а гьудулзаби т1аргъалги рахъун 
Бет1ер къулун  гьезул гьабизин х1урмат!!! 
КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб мехалъ Харахьи росулъа фашистазул хъамалчагIаздаса эбелаб ракь цIунизе 119 г1ан чи ана. Рагъде арав 119-го чиясул гIицIго 50 чи гурони росулъе тIад вуссинчIо.Нилъеда гьезул бахIарчилъи , къо-хIехьей гьунар абадиялъего кIочене бегьуларо. 


Халкъазда кидаго кIоченаро 1945 соналъ 9 маялъул къо,  цIар рагIараб бергьенлъи босиялъул рохалил хабар.   Гьелдаса нахъе  сверана  78 сон.  Гьел бахIарзазул цIарги гьунарги рекIелъ цIуни чIаго ругезул адаб хIурматги гьаби ккола щивав чиясул налъилъун. Ина нахъеги 10-10, 100-100 сонал.  Гьеб цIар рагIараб бергьенлъи босиялъул кIодолъи заман банилан мукъсанлъизе гьечIо. Гьеб бергьенлъиялъул цIва даимго кунчIун букIине буго. Биччанте КIудияб рагъул Булатовас ва цогидалги росуцояз гьабураб гьунар гIасрабаз чIаго букIине!   Даимаб рецц ва хIурмат гьезие!!!


Ильясова  Гулишат, Харахьи росу

Просмотров: 263 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz