Четверг, 08.06.2023, 15:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

2 июнь 2023 г. № 22 (10376)

26 май 2023 г. № 21 (10375)

19 май 2023 г. № 20 (10374)

12 май 2023 г. № 19 (10373)

5 май 2023 г. № 18 (10372)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

 Батирова Залму-поэтесса ва драматург. Гьаюна 1941 соналъ Хунзахъ районалъул Хунзахъ росулъ. 1960 соналъ лъугIана гьоркьохъеб школа Хунзахъ, хадуб-Дагъистаналъул педагогикияб институт. Къого соналъ хIалтIана учительницалъун, 1985 соналъ яхъана МахIачхъалаялде ва хIалтIизе лъугьана «Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул авар мацIалда бахъулеб выпускалъул редакторлъун. 1986 соналда хIалтIизе лъугьана МахIачхъалаялъул Кировский райисполкомалъул гIаммаб отделалъул заведующийлъун, 1991 соналдасан-ДРялъул тIабигIиял ресурсазул ва тIабигIат цIуниялъул Министерствалъул гIаммаб отделалъул начальниклъун, Дагъистаналъул ралъдал инспекциялъул пачалихъияй инспекторлъун.

Просмотров: 156 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

 Хунзахъ район кидаго бечедаб букIана поэтаз-далъун ва хъвадарухъа-баздалъун. Гьелда абизе бегьула шагIирзабазул къебелъиян. Гьеб тасдикъ гьабуна дагьаб цебегIан Россиялъул хъвадарухъабазул Сою-залъ адабияталдагун маданияталда цере рихьизарурал тIокIлъабазе гIоло ва адабият цIуниялъулъ лъураб кIудияб бутIаялъе гIоло нилъер районалъе «Россиялъул литературияб район» абураб хIурматияб цIар кьезе гьабураб хIукмуялъги. ГIемер гьечIо анлъго Халкъияв шагIирасдаса ва хъвадарухъабаздаса чIухIизе рес бугел районал. Дагъистаналъул адабияталъул борхалъуда хасаб гвангъигун кенчIолел руго ДРялъул Халкъияй шагIир Залму Батировалъул асарал. Гьезул щибалъулъ буго кунчIи. Гьениб дандчIвала кочIохъе хъвараб хабарги, харбихъего хъвараб шигIруги. Цоязулъ бихьула ракI пана гьабулеб поэзиялъул гьунар, цогидазулъ-гIодизе тIамулеб пашманлъи ва гIасрабаз хъвагIаларел тарихалъул хIужаби. Исана нилъер шагIиралъ тIубала 80 сон. ХIурматияй Залму МухIамадовна, дирго ва тIолалго районцоязул рахъалдасан ракI-ракIалъ баркула дуда гьеб юбилей.Хадубккунги дур магIна гъваридал асараз ниж хIайран гьаризе щулияб сахлъи ва икъбалгун талихI гьарула дуе. Хъизан-лъималаздаса ва гьезулги лъималаздаса йохун хутIаги даимго.Гьединго исана 70 сон тIубана цоги нилъер районалъул машгьурав поэт МахIмуд-апанди МухIамадовас. Гьесул творчество бокьулезда лъала кигIан гьунар бугев шагIир МахIмуд-апанди кколевали. Гьесул творчествоялъул байбихьи букIана жиндирго цIар гIахьалав ХъахIабросулъесул гIадаб-МахIмуд-апандица хъвана рокьул кучIдул. Хадубккун гьес хъвана философияб ва динияб темабазда асарал. Гьесул «УнкъбокIонал чIинхал» абураб тIехьалъе тIадегIанаб къимат кьуна цIалдолез. Бусурбабазе кутакалда пайда цIикIкIараллъун руго «1001 жаваб» ва «ХIадисазул квацIи» абурал тIахьал. Бокьун буго гьединго ракI-ракIалъ баркизе МахIмуд-апанди ГIумаровичасда юбилей. Биччанте жеги гIемерал соназ сах-саламатго мун нижгун вукIине ва гьунаралъе мустахIикъал цIаралгун шапакъатал дуе щвезе!

Районалъул бетIер Н. ЗАДИЕВ.

РЕДАКЦИЯ

Просмотров: 144 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор МухӀамад Гlумаров. Январь 2021 сон.

ЗахӀматал рукӀана дол революциялъулал къоял. Дагъистаналъул халкъалъул къисматин абуни доб мехалъ цIакъго кьогIаб букIана. Язихълъиялъ къвал бараб, бецӀлъиялъ кодоб ккураб букӀана магӀарулазул гӀумру. Гьеле гьедин рес къотӀиялъ къватӀиве вахъарав дир эменги гӀемер мехалъ хӀалтӀана Бакуялъул нартил буругъазда. Гьевгун цадахъ 1911-1918 соназ Бакуялда дунги хӀалтIизе ккана чанго батӀиял хIалтӀабазда. 1918 соналда росулъе тIад вуссараб мехалъ мугӀрузда тӀибитӀун букӀана Россиялда револю-ция бергьиналъул хӀакъалъулъ хабар.

Просмотров: 387 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.11.2021 | Комментарии (0)

Автор П.Пайзулаев. Январь 2021 сон.

ЛъебергогIан соналъ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб,   1860 соналъул 5 апрелалда Россиялъул пачаясул Кавказалда вукIарав сардарас тасдикъ гьабуна Дагъистан областалда ва Закатала округалда нухмалъи гьабиялъул положение, низам. Областлъунги лъазабун букIана гьеб тарихалда тIоцебе Дагъистаналъул ракь цолъизабураб гIуцIи. Областалъул гIатIилъи бащалъулаан 29,8 азарго квадратияб километралда. Дагъистаналъул ракьалда рукIарал ханлъабиги цогидал политикиял гIуцIабиги хвезарун, гьенив бетIерлъун тана генерал-губернатор. 

Просмотров: 204 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.11.2021 | Комментарии (0)

 20 январалда 100 сон тlубала Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социалистияб Республика гIуцIаралдаса. Нахъа тараб гIасруялъулаб гIумру-ялда регион лъугьана экономикияб, культурияб, социалияб рахъалъ Россиялъул Федерациялъул щвалде щвараб политикиябгун правовияб субъектлъун. Амма нилъеда ракIалдаса ине бегьуларо революциялда цебесеб, советияб, пере-стройкаялда хадусеб Дагъистаналъул тарихазул бахIарчиялги, пашманалги, рохалилалги гьурмал.
Нилъер халкъазул цолъи ккола къиматаб хазина, батIи-батIиял гIадат-гIамал-хасиятал жиндилъ рехсараб гIемермиллатазул ва батIи-батIиял диназул республикаялъул щулияб кьучI. Дун божарав вуго гъунки, гражданинасулаб цадахърекъей, миллияб хаслъи хадубги цIунани, нилъеда кIвелин цере лъурал масъалаби тIуразаризеги, районгун республика Россиялъул церетIурал регионазул цояблъун лъугьинабизеги.
Гьарула тIолалго дагъистаниязе ракълилаб зоб, гвангъараб гIумру, икъбалгун талихI! Дагъистан республикаялъул 100-сонилаб юбилейгун!
«Хунзахъ район» МРялъул бетIер Нурмухlамад Задиев

Просмотров: 174 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.11.2021 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов. Августь 2020 сон.

Районалда т1адбан унеб буго бач1ин бак1ариялъул ва раг1и-хер х1адуриялъул х1алт1аби. Гьединго т1аде щолеб буго гъутабазде г1и гочинабулеб заманги. Гьеб киналъулго ц1ехон ниж дандч1вана райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул специалисталгун. Гьезул раг1абазда рекъон, гъоркьисалаялде данде ккун исана к1иц1ул ц1ик1к1ун гьабун бук1ана хаслихъе рекьи, гьелъул х1асилалда к1иго нухалъ ц1ик1к1ана бач1инги. Гьедин районалъул киналго категориязул маг1ишатаз г1аммаб къаг1идаялъ хаслихъе рекьи гьабун бук1ун буго 1700 гектаралда.

Просмотров: 3141 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 06.09.2020 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Август 2020 сон.

6 августалда т1олабго Дагъистаналдаго к1одо гьабуна республикаялъул т1оцевесев президент, философиял г1елмабазул доктор, жамг1ияв ва политикияв х1аракатчи, нилъер ракьцояв Мух1у Г1алиевасул 80 сонилаб юбилей.

Просмотров: 382 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 26.08.2020 | Комментарии (0)

Гара-чӀвари гьабуна республикаялъул литературиял журналазул бетӀерав редактор Мурад AXIMAДОВАС.

-МухӀу Гьиматович, дуе pec щвана тӀубанго батӀи-батӀиял заманабазда кӀиго нухалда республикаялъе нухмалъи гьабизе. Мун вукӀана СССРалда гьоркьоб Дагъистан бугеб мехалда партиялъул обкомалъул тӀоцевесев секретарлъунги, Россиялъул Федерациялда гъорлъе унеб нилъер республикаялъул тӀоцевесев президентлъунги. Гьеб кӀиялдаго гьоркьоб ана 15 соналъул тарих. Кинаб къимат дуца кьолеб жибго гьеб цоцаздаса тӀубанго батӀи-батӀияб заманаялъеги, гьел заманабазул нухмалъиялъул хаслъабазеги? Щиб нилъее щвараб ва щиб нилъехъа билараб? Кинал захӀмалъаби дандчӀварал дудаги республикаялдаги гьел соназда? Аслияб къагӀидаялъ гьабизе щиб кӀвараб ва щиб хутӀараб гӀумруялде бахъинабизе бажаричӀого?

Просмотров: 390 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.08.2020 | Комментарии (0)

Гара-чӀвари гьабуна республикаялъул литературиял журналазул бетӀерав редактор Мурад AXIMAДОВАС.( продолжение )

-МухӀу Гьиматович, дуе pec щвана тӀубанго батӀи-батӀиял заманабазда кӀиго нухалда республикаялъе нухмалъи гьабизе. Мун вукӀана СССРалда гьоркьоб Дагъистан бугеб мехалда партиялъул обкомалъул тӀоцевесев секретарлъунги, Россиялъул Федерациялда гъорлъе унеб нилъер республикаялъул тӀоцевесев президентлъунги. Гьеб кӀиялдаго гьоркьоб ана 15 соналъул тарих. Кинаб къимат дуца кьолеб жибго гьеб цоцаздаса тӀубанго батӀи-батӀияб заманаялъеги, гьел заманабазул нухмалъиялъул хаслъабазеги? Щиб нилъее щвараб ва щиб нилъехъа билараб? Кинал захӀмалъаби дандчӀварал дудаги республикаялдаги гьел соназда? Аслияб къагӀидаялъ гьабизе щиб кӀвараб ва щиб хутӀараб гӀумруялде бахъинабизе бажаричӀого?

Просмотров: 440 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.08.2020 | Комментарии (0)

Х1урматияв Мух1у Гьиматович! Дирго ва т1олалго районцоязул рахъалдасан баркула дуда г1умрудул 80 сонилаб гьайбатаб юбилей. Дур гьеб 80 соналъ жанире рачана г1умрудул бат1и-бат1иял рахъал. Т1олалго дагъистаниязда мун лъала гьунар бугев, махщел камилав г1уц1арухъан ва жавабияв, т1алабчилъи ц1ик1к1арав нухмалъулев х1исабалда. Г1агараб ракьалде бугеб рокьиялдалъунги, дурго гъваридаб лъаялдалъунги, камилаб г1акълуялдалъунги, свак лъач1еб зах1маталдалъунги, х1ур хъвазе теч1ого, ясберг1адин бац1ц1адго ц1унараб намусалдалъунги вахана мун жамг1ияб г1умрудул борхалъуде. Амма киг1ан к1удиял борхалъабазде ваханиги г1адамазда гьоркьов мун хут1ана Хуриса Г1алил довго г1адатияв васлъун. Мун ккола г1адатияв, амма г1адатав гурев инсан. Дур г1умрудул аслияб борчлъун бук1ана г1адатияб халкъалъе рак1бац1ц1адго хъулухъ гьаби. Гьебги дуца т1адег1анаб даражаялда т1убазабуна.

Хъизан-агьлугун, г1ага-божаралгун ва гьудул гьалмагълъигун цадахъ талих1аб г1умруялда, сах-саламатго жеги г1емерал сонал гьарула дуе.

Хунзахъ район МРалъул бет1ер Нурмух1амад Задиев

Просмотров: 317 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.08.2020 | Комментарии (0)

Хунзахъ район буго тарихги бечедаб, тарихалда лъалк1 тарал умумулги г1емераб, гьезул ирс босарал васазги ясазги жакъасеб къоги берцин гьабураб ракь. Бокьараб росу босаниги, республикаялдаг1аги раг1арав чи камураб бак1 цониги гьеч1о. Рихьулел лъалк1ал тана нилъер ракьцояз г1умруялъул киналго бут1абазда: политикаялдаги экономикаялдаги, г1елмуялдаги, адабияталдаги, маданияталдаги, жамг1иял ишазулъги.

Просмотров: 376 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.07.2020 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева.Июль 2020 сон.

2 июлалда районалъул администрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана «Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул депутатазул Собраниялъул 37 сессия.Гьелда гьоркьор лъун рук1ана 2020 сооналда районалъул бюджеталда гьаризе ругел хиса-басиял ва т1адежураял. К1алъазе яхъарай районалъул финансазул отделалъул начальникасул заместитель Г1алисултанова Заремаца баян гьаруна улкаялъул Президент В. В. Путинил бихьизабиялда рекъон классалъе нухмалъи гьабулев щивав педагогикияв х1алт1ухъанасе харжида т1адеги кьезе кколеб 5 азарго гъурущ ва «100 школа» проект г1умруялде бахъинабиялъул мурадалда гьарулел рук1ин бюджеталда хиса-басиял. Бихьизабуна гьелъие х1ажатаб г1арцул роценги.

Просмотров: 292 | Добавил: NiGMaT | Дата: 15.07.2020 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Июнь 2020 сон.

18 июналда райцентралда Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда к1одо гьаруна районалъул  исанасел  медалистал. Исана короновирусалъул пандемиялда хурхун ц1алул соналъул к1иабилеб бащалъиялда г1езег1ан зах1малъаби дандч1ваниги районалда меседил медалалъе мустах1икълъана 16 выпускник.

Просмотров: 410 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.06.2020 | Комментарии (0)

Хунзахъ районалъул ТӀануси росдал Бабаюрталъулаб зонаялда бугеб «Машгьурал гӀадамал» СПК ккола республикаялъул церетӀурал магӀишатазул цояб. Пачалихъалъул гӀемерал шапакъатазда, хӀурматиял гӀаламатазда гьоркьор руго 2015 ва 2018 соназда ВДНХялда СПКялъе щварал меседил медалалги. Гьелъул ракьалъул гӀатӀилъи ккола 5200 гектар (кӀиазарго гектар Кочубей зонаялда), буго 170 бетӀер чӀегӀербоцӀул, 6600 бетӀер гӀи-цӀцӀаназул, хӀалтӀуе гӀураб къадар техникаялъул. Гьал къоязда гьенире щварал ниж дандчӀвана 10-гӀанасеб соналъ магӀишаталъе нухмалъи гьабулев вугев Зиявудин МухӀамадовгун ва нижер ккана гьадинаб гара-чӀвари.

 

Просмотров: 357 | Добавил: NiGMaT | Дата: 19.06.2020 | Комментарии (0)

Автор.ЛАБАЗАНОВ МУХIАМАД, ГIорутIа росу.Июнь 2020 сон.

«Лъиениги квешлъи гьабунгут1иялъ, рек1елъ лъидехунго жах1да гьеч1олъиялъул рахъалъ лъимерлъуда щвараб цох1о мисал г1ола г1умруялъго ях1-намус ва г1аданлъи бугеллъун рахъиналъе» - гьедин абун буго машгьурав Ж.Ж. Руссоца. Амма жакъасеб заманалда ях1-намус ц1унаравлъунги, къо ккарасе х1ажатаб кумекалъулаб квер бегьулевлъунги, жиндаса бажарараб лъик1лъи сверухъ ругезе гьабизе х1адуравлъунги, киназего гьеб лъик1лъи бокьулевлъунги вук1ин, бигьаяб масъала гуро бугеб.

Ц1акъго квешаб асар гьабуна дие дагьаб цебег1ан «Х1акъикъат» газеталдаса ц1алараб (№7, 21 февраль) М. Халиловасул  «Ганч1ил рак1ал ратила гьал тохтурзабазул» - абураб макъалаялъ. Мух1канго лъала гьединабго асар гьабун батула цойгидал ц1алдолезеги. Гьеб макъалаялъ дун г1емерал пикрабазде т1амуна: цере рач1ана дидаго раг1аралги, дун жидер кумекалде ккун, аман гьарун, жиндихъе аралги, дидаго лъик1 лъалел тохтурзабиги гьезул ишалги, г1амал-хасиятги.

Лъиениги балъголъи гуро: киналго кидаго гуро г1олохъанлъиялдаги, чорхолъ рит1унги, щулияб сахлъиялда рук1унел. Расги лъач1ого, киг1ан нилъее бокьич1ониги, нахъа ч1ун батула херлъиги, гьелдаго цадахъ бат1и-бат1иял г1узрабазул г1езег1анго халатаб рахасги. Гьеле гьеб мехалъ нилъ ккола, нилъедаго т1аса рехизе к1олареб, бищунго инсанасе хирияб, чорхол сахлъиялъе хехаб кумек х1ажатаб ах1вал-х1алалде ва бич1ч1ула нилъее кумекалъе ратулел, нилъер къварилъигун ургъелал т1аса рехизе х1адурал, баракатал г1адамазул къиматги нилъее гьезул хиралъиги. Гьединлъидал щивав инсанасе чара гьеч1ого х1ажатабги ц1акъго х1урматиябги буго тохтурасул х1алт1иги гьесул кумекги, гьев живго ях1-намусги ц1унарав, щулияб иманги бугев , жиндирго х1алт1удехун жавабчилъиги ц1ик1к1арав вугони.

Просмотров: 372 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.06.2020 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 7 8 9 10 11 ... 81 82 »

by NiGMaT © 2023 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz