Четверг, 08.06.2023, 14:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

2 июнь 2023 г. № 22 (10376)

26 май 2023 г. № 21 (10375)

19 май 2023 г. № 20 (10374)

12 май 2023 г. № 19 (10373)

5 май 2023 г. № 18 (10372)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

ККурал к1алалги гьабураб г1ибадатги къабул гьареги!

Х1урматиял районцоял-диналъул вацалги яцалги!

Рак1-рак1алъ баркула нужеда бусурбабазул динияб ва рух1ияб г1умруялъул т1ей гьеч1еб бут1алъун кколеб, нилъер щивас жиб лъик1ал ишаздалъун, гурх1ел-рах1муялдалъун, рух1ияб камиллъиялдалъун ва къадру т1адег1анлъиялдалъун к1одо гьабизе х1аракат бахъараб Рамазан моц1алъул ахирлъун кколеб К1албиччаялъул г1ид!

Биччанте гьаб къадруяб моц1алъул гурх1ел-рах1му нилъер щибаб къойилаб г1умру цадахъаблъун бук1ине. Щибаб рокъобе, щибаб хъизамалде рохелги, рекъелги, хинлъиги босун бач1араблъун батаги нилъее гьаб баракатаб байрам. Ккурал к1алалги гьабураб г1ибадатги Аллагьас къабул гьабун, нужее Алжаналъе рагьараб кавулъун лъугьаги, х1урматиял ракьцоял!

Райадминистрациялъул бетIер Н. Задиев.
Райсобрание.
Районалъул имам

Просмотров: 437 | Добавил: NiGMaT | Дата: 22.05.2020 | Комментарии (0)

 Жакъа нилъеца кIодо гьабулеб буго КIудияб ВатIанияб рагъда фашистазулаб Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIубаялъул кIудияб байрам. 1945 соналъул 9 май-гьеб ккола тIолабго халкъ чIухIараб, гIасияб,гурхIел-рахIму гьечIеб, 1418 сордо-къоялъ халатбахъараб рагъ лъугIараб къо. ТIолабго Россиялъул халкъазда ва гьелъул бахIарчиял яргъилал къуватазда цадахъго гьеб къо кIодо гьабулеб буго СССРалде гъорлъе унел рукIарал тIолалго улкабазул халкъаз,гьединго фашистаздаса нилъер Армиялъ эркен гьарурал Европаялъул халкъазги.Заман унилан кIочонаро КIудияб ВатIанияб рагъги нилъер халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъиги. Цебехун киданиги букIинчIебгIадаб къвакIиялъул, тIадегIанаб рухIияб къиматалъул, халкъазул цолъиялъул ва гъункиялъул гIаламат хIисабалда гьеб абадиялъего хъван буго нилъер ВатIаналъул бахIарчияб тарихалда.
Нилъеца бетIер къулула рагъул авлахъаздаго хутIарал,гьениса тIадруссун хадур гIумруялдаса ратIалъарал рагъухъабазе, тылалда хIалтIаразе. Гьез хIехьараб гIакъуба-къварилъиялъул бицун хIал кIвеларо. Жакъа нилъеда тIадаб буго рагъул кьогIлъиялъул, гьелъ нилъер халкъалде босун бачIарабщинаб балагь-къварилъиялъул хIакъалъулъ ва кин бергьенлъи щварабали гIолеб гIелалда бицине, гьел куцазе ккола ВатIан бокьиялъул рухIалда, нилъер умумузул бахIарчияб тарих лъалеллъун. Нилъер г1аммаб пашманлъиялъе, Исана т1оцебесеб нухалъ Хунзахъ районалъ байрамалда дандч1вац гьабулеб буго цониги рагъул г1ахьалчиги гьеч1ого. Амма гьезул гьунаралъе нилъер бут1рул абадиялъ къуларал руго! ХIурматиял районцоял,тылалда хIалтIун бергьенлъи гIагар гьабурал, Дагъистаналда ва къватlир гIумру гьабулел киналго гIадамал, ракI-ракIалъ баркула щивасе хирияб байрам-Бергьенлъиялъул къо. Гьарула щивасе халатаб ва талихIаб гIумру, даимаб рохел, гьабулеб ишалъулъ битIккей,сундулъго икъбал, щулияб сахлъи, хIалтIулъ бергьенлъаби,хъизан-рукъалъулаб талихI. Я Аллагь,бихьугеги кидаго рагъул кьогIлъи ва вахIшилъи...Амин

«Хунзахъ МР» районалъул бетIер Н. ЗАДИЕВ.
Райсобрание.
Рагъул ва захIматалъул ветераназул совет.

Просмотров: 775 | Добавил: NiGMaT | Дата: 09.05.2020 | Комментарии (0)

1917 соналъ революция ккун хадуб г1уц1ун бук1ана Россиялъул милиция. Лъабго соналдасан, 1920 соналъул 28 апрелалда милиция г1уц1ана Дагъистаналдаги.Революция ккун т1оцересел соназда Россиялдаго г1адин, Дагъистаналдаги т1ибит1ана такъсирчилъи: шагьараздаги росабалъги г1адамазул рах1ат хвезабулеб бук1ана гьениб т1акъсириял ишал, вах1шиял ч1вай-хъвеял гьарулел къукъаби ц1ик1к1унел рук1ун.Гьединаб зах1матаб х1алалде ккараб Дагъистаналда бищун цебе ч1араблъун лъугьана хъачагълъиялде, ц1огьалде, ай т1олабго такъсирчилъиялде данде рагъ гьаби. Гьел масъалаби т1урай мурадалда 1920 соналъ г1уц1арабги бук1ана Дагъистаналъул милиция.

Просмотров: 424 | Добавил: NiGMaT | Дата: 25.04.2020 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Апрель 2020 сон.

  Хатима Г1алиевна Г1умарова дида цеегоялдаса лъалаан. ДГПУялда преподавательлъун х1алт1улагоги, жамг1ияб г1умруялдаги иш бажарарай, цеехъаналъул хасиятал жиндилъ ругей г1адан йик1ана гьей. 20 соналъ цее г1умру гьабизе улкаялъул тахшагьаралде яхъиндалги, Хунзахъ районалъул Байикь росулъа маг1арулай кверал т1ат1ала лъун ч1еч1о! Хатимал буго жийго бет1ергьанаб чаялъул компания, гьей ккола Дагъистаналъул гендернияб политикаялъул централъул нухмалъулейги.

Просмотров: 383 | Добавил: NiGMaT | Дата: 12.04.2020 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.март 2020 сон.

Жакъа къоялда т1олабго дунялалда аслияб темалъун лъугьун буго коронавирус. Газеталъул иргадулаб номер къват1ибе унеб 27 марталъул бакъанил г1ужалдехун ругел ахирисел баяназда рекъон дунялалда коронавирусалъ унтун вуго бащдаб миллионалдасаги ц1ик1к1ун чи, гьездасан вирусалъул хвалил квач1икьа рорч1изе к1ун гьеч1о 25000 г1ан чиясда. Россиялда унтаразул къадар азаридаса т1аде ун буго. Дагъистаналда COVID – 2019 бук1ин тасдикъ гьабун буго цо чиясул. Республикаялъул бет1ерасул указалдалъун регионалда лъазабун буго ц1ик1к1араб х1адурлъиялъул режим. Районалда жеги вирусалъ унтарал загьирлъун гьеч1ониги т1адбан унеб буго унтуе дандеч1езе х1адурлъи. Г1уц1ун буго оперативияб штаб, нахърахъун руго т1орит1изе рук1арал киналго маданияталъул, спортивиял ва цогидалги тадбирал ва г1емерал г1адамал рак1арулел дандеруссинал. Киналго тадбирал руссинарун руго коронавирусалде данде къеркьеялде.

Просмотров: 438 | Добавил: NiGMaT | Дата: 03.04.2020 | Комментарии (0)

Г1иса аварагасул (г1. с) ц1аралда балеб рух1иябгун лъай кьеялъул комплексалда гьабулеб х1алт1улъ жигараб г1ахьаллъи гьабулеб буго Хунзахъ районалъги. Х1акъикъаталдаги кумек къвариг1араб х1ал буго гьениб. Гъоркьисала районалъул щибаб росдал жамаг1атаз гьениб т1обит1ана субботникал, гьел т1орит1изе руго исанаги. Районалъ 10 миллионалдаса ц1ик1к1араб г1арацги бак1арун т1аде босана 70 г1ан бетоналъул колонна (щибалъул багьа – 150 000 гъурущ).

Просмотров: 259 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.03.2020 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева.Март 2020 сон.

Гьаб анкьалда байбихьуда районалъул бет1ер щвана Гьац1алухъ росулъе. Т1оцебе райадминистрациялъул жавабиял х1алт1ухъабигун сапар бухьана росдал школалде, хал гьабуна кинан гьениб х1алт1и г1уц1ун бугебали, кинаб х1адурлъи школалъул бугеб К1удияб Ват1анияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса 75 сон т1убаялде, кинаб х1алт1и школалда гьабулеб бугеб г1ун бач1унеб г1елалъе.Ват1ан бокьиялъулаб тарбия кьеялда хурхун гьабулеб х1алт1и. Хал гьабуна ремонт гьабун ц1идасан къач1араб лъималазул ахалъухъ.

Просмотров: 302 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.03.2020 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Март 2020 сон.

Жидерго ракь, чияда бач1олъи, эркенлъи, дин ва хаслъи ц1унун Кавказалъул халкъаз бащдаб г1асруг1ан заманалъ Россиялъул империялде данде гьабураб рагъулъ бихьулеб бак1 ккола Шамил имамасул кваранаб кверлъун вук1арав, жиндир бах1арчиялъ ц1ар арав, машгьурав наиб Хунзахъа Х1ажимурадица.

Просмотров: 229 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.03.2020 | Комментарии (0)

Хириял руччаби! РакI-ракIалъ баркула нужеда бищунго берцинаб, бищунго гвангъараб ихдалил праздник - 8 Март. Гьеб буго бакъул хинал чIоралгун, чIаголъулеб, цIилъулеб тIабигIатгун, щибаб соналъго бачIунеб байрамазул цояб. Гьелъулъ бессун буго чIужугIаданалъул сипаталда хурхараб кинабго гьайбатабщинаб. Гьеб къоялъ нилъеца кIодо гьабула нилъ гьарурал, кодоре рачун нилъ реэдарал, кинидахъ хIайранал кучIдул ахIарал, нилъер хIеренал, кидаго нилъ рекIел хинлъиялъги, тIалаб-агъазалъги сверун ккурал улбул, нилъер къадруял, къиматал, хIажаталъур нилъер хьолбохъ ратулел ясал ва яцал. Щибаб хъизаналъул рухIияб рацIалъиги хинлъиги цIунулел, хIалхьи лъаларел нужелъ буго дунялалдаго лъикIабщинаб. РакI-ракIалъ баркула нилъер улбузда, яцазда, ясазда, лъудбузда ва киналго руччабазда ихдалил гьайбатаб байрам. Гьарула рагъ-кьалалдаса рикIкIадаб, парахатаб, хъизан-лъималаздаса рохараб гIумру. Биччанте киналго хъизанал рахIаталда ва гьарзалъиялда рукIине. Иманги, талихIги, икъбалги, нужее, нижер хириял руччаби!

Н. Задиев, «Хунзахъ район» МРалъул бетIер.

Х. Хваджаев, Районалъул Собраниялъул председатель

«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.

 

Просмотров: 390 | Добавил: NiGMaT | Дата: 08.03.2020 | Комментарии (0)

«Дун талих1авлъун вук1уна г1адатиял г1адамал ресалда г1умру гьабулел рихьидал ва нилъер умумул г1адин гьел х1алт1улел ц1алулел ругеб мехалда».

«Дида к1оларо г1адамаздаса т1ун вук1ине. Ц1акъаб жо буго коллективалда гьоркьов, гьелда г1амалги рекъезабун вук1ин».

1931 сон- Г1орот1а росдал байбихьул школалъул учитель.

1931 соналъул бащдаб лъаг1ел – Харахьи байбихьул школалъул учитель.

1937 – райОНОялъул методист.

1938 сон – комсомолалъул райкомалъул отделалъул нухмалъулев.

1940 сон – Хунзахъ районалъул партиялъул райкомалъул 1 секретарь.

  1. 1952 сон – Казбек районалъул КПССалъул райкомалъул т1оцевесев секретарь. СССРалъул Верховный Советалъул депутат. 1954 сон – Веденоялъул рищиязул округалдасан СССРалъул Верховный Советалъул депутат.

1960 сон – Хунзахъ КПССалъул райкомалъул 1 секретарь.

1973 сон – республикаялъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председателасул заместитель.

1980 сон – персоналияв пенсионер ДРялъул МВДялъул Ц1а ккеялдаса ц1униялъул хъулухъалъул Централъул начальник.

1980- лел соназ ДРялъул Пачалихъияб Советалда цебе бугеб Херазул Советалъулги Дагъистаналъул рагъул ва зах1маталъул ветераназул Советалъул президиумалъул член.

Просмотров: 391 | Добавил: NiGMaT | Дата: 20.02.2020 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Февраль 2020 сон.

6 февралалда райадминистрациялда тIобитIана терроризмалда данде къеркьеялъул районалъул комиссиялъул (АТК) данделъи. Гьениб гьоркьоб лъун рукIана районалъул АТКялъ 20I9 соналъ гьабураб хIалтIул ва 2020 соналъ тIуразе церечIарал масъалабазул, 20I9-2023 соназда терроризмалъул идеологиялде данде къеркьеялъул комплексалъулаб план тIубазабиялъул хIакъалъулъ суалал ва районалъул АТКялъул комиссиялъул 2020 соналда гьабизе бугеб хIалтIул план тасдикъ гьаби.

Просмотров: 294 | Добавил: NiGMaT | Дата: 08.02.2020 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Январь 2020 сон.

23 январалда райцентралда Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалъул бет1ерасул араб соналъ гьабураб х1алт1ул х1исаб кьей. Данделъиялда рук1ана районалъул актив, федералиял г1уц1абазул вакилзаби, росабазул бегавулзаби, райсобраниялъул депутатал, жамг1иял г1уц1абазул церехъаби, СМИязул вакилзаби ва цогидалги.

Просмотров: 362 | Добавил: NiGMaT | Дата: 03.02.2020 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Январь 2020 сон.

Кутакалда бокьула газеталда къват1ибе аралда т1асан жидерго пикру загьир гьабурал кагътал ц1алдолез рач1ине. Бук1а гьеб бак1алдасан материалалда, лъик1ал г1адамазул х1акъалъулъ очерказда, х1акимзабигун гара-ч1вариязда т1асан пикру, т1асанк1алъай, дандерижи. Амма гьал къоязда нижехъе бач1араб дандерижиялда кутакалда квеш бихьун бугоан Мущули росдал г1адамазда ц1ияб соналъулаб казияталда рахъарал абундачазда жал гьобол-гьудул рокьуларел чаг1илъун рехсон ругилан.

Просмотров: 354 | Добавил: NiGMaT | Дата: 21.01.2020 | Комментарии (0)

ХIурматиял районцоял!

Нилъеца къо-мех лъикI гьабураб 2019 сон нилъер районалъеги букIана бергьенлъабазулаблъун.

ГIезегIанго тадбирал гьаруна районалъул гIадамазул г1умру лъикIлъизабиялъе, лъай кьей, сахлъи церетIезабиялъе, рана ва хIалтIизе кьуна социалиял объектал.

Дица, районалъул тIолалго гIадамазда рак1-рак1алъго баркула дирго рахъалдасан, депутатазул корпусалъул рахъалдасан, районалъул администрациялъул рахъалдасан ЦIияб 2020 сон!

Гьарула щибаб хъизамалъе, щивав чиясе талихIаб, рохалилаб, ракълилаб щулияб имангун яхI-намус цадахъаб гIумру, киналго лъикIал ишазулъ-битIккей ва бергьенлъаби.

ЦIияб сонгун, хириял ракьцоял!

«Хунзахъ район» МРалъул бет1ер Нурмух1амад Задиев.

 

Просмотров: 410 | Добавил: NiGMaT | Дата: 31.12.2019 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Декабрь 2019 сон.

Н. Задиев: Дунгун х1алт1улев чиясе бищун цебе вижараб ракь бокьизе ккола

2019 соналъул ахирисел т1анчал регулаго, районалде бач1ана рохалилаб хабар-2018 соналъул социалиябгун экономикияб цебет1еялъул х1асилал данде росидал, муг1рузул районазда гьоркьоб нилъер районалъ т1оцебесеб бак1 ккун бугилан. Цересел бак1ал ккурал шагьаразул округазе ва муниципалитетазе г1арцулал сайгъатазе республикаялъул т1алъиялъ бихьизабун буго 25 млн. гъурущ. Т1оцебесеб бак1алъухъ нилъер районалъе щвезе буго 2 миллионг1анасеб г1арац. Районалда унел ругел х1алт1абазул, ц1ияб соналъ гьабизе рак1алда бугелъул бицараб г1ат1идаб гара-ч1вари ккана дидаги районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевасдаги гьоркьоб. Байрамалъулаб номералда кьолеб буго гьебги.

Просмотров: 338 | Добавил: NiGMaT | Дата: 31.12.2019 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 8 9 10 11 12 ... 81 82 »

by NiGMaT © 2023 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz