Пятница, 19.04.2024, 23:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Октябрь » 3 » ХЕРЕХЬДЕРИЛ ХАЛКЪИЯБ ЛЪИМ
11:36
ХЕРЕХЬДЕРИЛ ХАЛКЪИЯБ ЛЪИМ

Жакъа тlолабго Дагъистаналда церечlарал аслиял масъалабаздасан цояблъун ккола гlадамал гьекъолеб лъедалъун хьезари. Руго гьелъие х1алт1улел пачалихъиял программаби, риччалел сурсатал. Амма ц1ик1к1униселъ лъел иш раг1алде бахъуна жалго г1адатал г1адамал х1алт1уде гъорлъе журани.  Руго нилъер районалдаги цlакъ захlматго буго лъел иш. Ц1адаса Х1амзатица абухъе, «Лъехъ г1ащикъал росаби» жеги г1емер руго гьанир. Гьездасан цояблъун ккола районалда бищун кlудияздасан жиб кколеб Харахьи росу. 2020 соналъул январь моцlалда цlороялъ росулъе бачlунеб трубаги бихъун лъабго моцlалдаса цlикlкlараб заманалъ лъимги гьечlого хутlун букlана херехьдерил жамагlат. Гьеб заманалда САХ Благоустройство гlуцlиялъ баччулеб букlана росулъе лъим. Амма азаргоялдаса цlикlкlун чияс гlумру гьабулеб бугеб росдае баччараб лъим гlелищха? Гьелдаса хадусел хаселазги жидецаго къватlиса баччизе ккун буго гlадамаз лъим.  


2018 соналда районалъул газеталъул журналистаз росабалъе сапарал гьарулелъул, ниж щун рукlана Харахьи росулъеги. Гьеб мехалдаго росдал жамагlаталъул вакилзабаз тlокlаб жого абилароанин, жидее лъимги, букlине кколеб тlадецуй бугеб токги чlезабуниян гlарз бахъун букlана нижеде. Гьелдаса нахъе ункъго сон свераниги Харахьи додинго лъехъ гlащикъаб росулъун хутlун буго. 


Гьедин, жидер мурад тlубазе пачалихъалдасан гьечlеб кумекги бихьун, херехьдерица хlукму гьабун буго жидерго къуваталдалъун росулъе цlияб лъел мухъ бачине. 


Моч1охъа гъоркьа, кьураби-парсал ч1ван гьеб бачинилан рак1алде ккун бук1ун буго 1920 абилел соназ рук1арал умумуздаго.


Нилъерго бераздалъун бихьарабгlадаб жо букlунарелъул, гьал къоязда редакциялъул хlалтlухъабаз жидецаго сапар бухьана халкъияб лъим бачунеб бакlалде. Ниж гьенире щведалги хlалтlи тlадбан унеб батана. 100 метр халалъи бугеб труба рахъниб лъезе бехъерхъулел ратана росдал гlолохъабазул къогоялдасаги цlикlкlун чи. Хlалтlул нухмалъулев Мухlамадица бицана кинан гьеб хlалтlи унеб бугебали. Гьес бицана лъим бачунаго бихьулеб бугеб захlматалъул. Хlакъикъаталдаги хlалтlизеяли киб гурин, гьадинго хьвадизегицин хlинкъи бугеб бакlалдасан лъун руго трубаби. Дагьабниги хlетlе тарани кlкlалахъе рортун ине рес бугел кьурул ракьанлъабаздасанги парсахъанги унеб буго лъел цlияб мухъ. Кьурулъан лъун буго г1олохъабаз «Сират1алъул кьо» абун ц1ар тараб маххул арматурабазул гьабураб нух. Гьеб гьабураб г1арадерил г1олохъабазеги ниж мук1урал руго. Исана риидал байбихьанин хlалтlабиян бицана нижее Мухlамадица. Лъел мухъалъул гlаммаб халалъи буго 10, 4 километр. Жакъа къоялде гьелъул бащадалдасан цlикlкlун манзилалда трубаби ракьулъ лъун руго. Гlемерисеб бакlалдасан рахъ бухъизе ккун буго квералъ, газа-белалъул кумекалдалъун. Цо-цо цlакъго къвакlараб хъиру бугеб бакlалда перфораторги хlалтlизабулеб буго. Жеги лъабгогlан километралъул манзилалда рахъ бахъизе кколеб буго. Лъим бачунеб буго 90 см диаметралъул трубабиги лъун. Гьединаб трубаялъул цо метрадул багьа буго 495 гъурущ. Росдал гlолохъабаз хис-хисун ун кlудияб гlахьаллъи гьабулеб буго гьеб ишалъулъ. Хlатта, щибал гlодоркъояз росу тун къватlирехун ругел шагьараздасагицин рачlунел руго гlолохъаби гьенир г1аммаб субботникалда хlалтlизе. Лъим бачун бахъарабго, гlагарал соназда росдал лъел суал тlубазе ракlалда бугилан абуна нижеда хlалтlухъабаз. Гьединго гьез кlудияб баркала кьуна гьеб халкъияб лъел мухъ бачиналъулъ гlарцудалъун бугониги, жидерго къуваталдалъун бугониги гlахьаллъи гьабулел ругел росдал патриотазе лъик1ал мадугьалзаби-мач1хъадерил г1арадерил ва цогидалги сахаватчагlазе. 


Лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго росдал школа лъуг1арал ц1алдохъабаз жидерго ц1аралдасан гьеб х1алт1уе бак1арун г1арац кьолеб бук1инги. Гьедин, мисалалъе, 2005 соналъ школа лъуг1арал выпускниказ, Аллагьасул къадаралде щварал жидерго к1иго классцоязул рух1алдасан босун буго 200 метр трубабазул. Гьездасан мисалги босун, халкъияб лъел мухъ бачиналъулъ жидерго бут1аби лъун руго цогидал выпускниказги. Гьелъги нуг1лъи гьабулеб буго херехьдерил гъункараб жамаг1ат бук1иналъе.

      
Исламияб диналда ц1акъго кири к1удияблъун рик1к1уна нухал рахъи, кьоял рай, ва лъим бахъиг1адал жамг1иял х1алт1абазе боц1и-мал харж гьаби. Щайгурелъул, инсан хун хадувги лъуг1улареб, ажру к1удияб садакъа бук1унелъул гьелъул. Гьединлъидал, гьеб Аллагьги гlадамалги разияб ишалъулъ жидерго бутlа лъезе бокьараз гlарац рехизе бегьула гьаб номералъул сберкартаялде - 2202 2036 7041 5076 (Мухlамад Гlабдулаевич). Киназулго садакъа къабулги гьабун, азариде бахинабеги!


И. Мухlамадов.

 

Просмотров: 124 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz