Автор И. Мухlамадов. Сентябрь 2022 сон.
Жакъа тlолабго Дагъистаналда церечlарал аслиял масъалабаздасан цояблъун ккола гlадамал гьекъолеб лъедалъун хьезари. Руго гьелъие х1алт1улел пачалихъиял программаби, риччалел сурсатал. Амма ц1ик1к1униселъ лъел иш раг1алде бахъуна жалго г1адатал г1адамал х1алт1уде гъорлъе журани. Руго нилъер районалдаги цlакъ захlматго буго лъел иш. Ц1адаса Х1амзатица абухъе, «Лъехъ г1ащикъал росаби» жеги г1емер руго гьанир. Гьездасан цояблъун ккола районалда бищун кlудияздасан жиб кколеб Харахьи росу. 2020 соналъул январь моцlалда цlороялъ росулъе бачlунеб трубаги бихъун лъабго моцlалдаса цlикlкlараб заманалъ лъимги гьечlого хутlун букlана херехьдерил жамагlат. Гьеб заманалда САХ Благоустройство гlуцlиялъ баччулеб букlана росулъе лъим. Амма азаргоялдаса цlикlкlун чияс гlумру гьабулеб бугеб росдае баччараб лъим гlелищха? Гьелдаса хадусел хаселазги жидецаго къватlиса баччизе ккун буго гlадамаз лъим.
2018 соналда районалъул газеталъул журналистаз росабалъе сапарал гьарулелъул, ниж щун рукlана Харахьи росулъеги. Гьеб мехалдаго росдал жамагlаталъул вакилзабаз тlокlаб жого абилароанин, жидее лъимги, букlине кколеб тlадецуй бугеб токги чlазабуниян гlарз бахъун букlана нижеде. Гьелдаса нахъе ункъго сон свераниги Харахьи додинго лъехъ гlащикъаб росулъун хутlун буго.
Гьедин, жидер мурад тlубазе пачалихъалдасан гьечlеб кумекги бихьун, херехьдерица хlукму гьабун буго жидерго къуваталдалъун росулъе цlияб лъел мухъ бачине.
Моч1охъа гъоркьа, кьураби-парсал ч1ван гьеб бачинилан рак1алде ккун бук1ун буго 1920 абилел соназ рук1арал умумуздаго.