Пятница, 29.03.2024, 11:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 27 » АРАЛЪУЛ ХlАСИЛАЛГИ ГЬАРУЛАГО
16:11
АРАЛЪУЛ ХlАСИЛАЛГИ ГЬАРУЛАГО

30 августалъ Хунзахъ культураялъул кIалгIаялда тIобитIана мугIалимзабазул августалъулаб совещание. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул школазулгин лъималазул ахазул директорзабаз, заведующияз, педагогаз, райадминистрациялъул ва росабазул администрациязул бутIруз, гьединго районалъул лъай кьеялда хурхарал цогидалги гIуцIабаз. ДРялъул Лъай кьеялъул министерствалдасан гьелда гIахьаллъи гьаб изе ячIун йикIана ГIабасова Лейла Пазилаевнаги.

ЦIалул сон байбихьулеб букIиналъул рохалилаб байрамги баркун кIалъазе вахъарав райадминистрациялъул бетIер Задиев НурмухIамадица гIодорчIаразе бицана Россиялдаго, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналдагин нилъер районалда лъай кьеялде кьолеб бугеб кIудияб кIваралъул.

Киданиги букIинчIилан абуна Н. М. МахсутIхIажиевичас,-улкаялдаго кьучIдасанго къачIан, бан 200 школа, Дагъистаналда 40 школа цадахъ цIияб цIалул соналде хIалтIизе биччараб лъугьа-бахъин.

Нилъер районалдаги ралел руго 2 кIудиял школал, тIасияб соналда базе байбихьизе буго кIудияб лъималазул ах. Баркала загьир гьабизе бокьун буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул Министерствоялъе нилъер районалъул лъай кьеялде кьолеб бугеб кIудияб кIваралъухъ. Жиндирго иргаялда районалъул нухмалъиялъги кинабго гьабулеб буго нилъер районалъул гIун бачIунеб гIел тIадегIанаб лъайгин лъикIаб тарбия щвараблъун куцаялъе. ЕГЭялъул бицани, гIаммаб къагIидаялъ босун цIакъго кIудияб цебетIей батичIониги, руго цIалдохъаби 80, 90, Хунзахъ районалда цониги нухалъ букIинчIеб 100 балл щваралги. Баркала буго гьел цIалдохъаби хIадурарал педагогазе, директорзабазе, эбелинсуе гьединал хIасилал ккеялъул мурадалда лъималгун хIалтIарал.

Районалъул лъай кьеялъул системаялда 2021- 2022 соналда ккарал хIасилазул ва бачIунеб цIияб цIалул соналда цере чIарал масъалабазул бицун кIалъарай лъай кьеялъул отделалъул начальник ХIамзатова ПатIимат ХIадисовнаялъ бихьизабуна районалъул лъай кьеялъул системаялде гьоркьобе унеб 81 лъай кьеялъул организациялда букIин 38-гIаммаб лъай кьеялъул, 38-школалда цебесеб лъай кьеялъул, 5-тIадеги гIаммаб лъай босиялъул учреждение.

Гьаб соналъул 1 сентябралдасан партабазда нахъа гIодов чIезе вуго 3014 цIалдохъан, гьездасан-241 тIоцебесеб классалде унев.

Цересел соназдаго гIадин, араб цIалул соналдаги районалъул лъай кьеялъул системаялъул хIалтIи буссараб букIана федералиял, пачалихъиял школалда цебесеб, байбихьул, гIаммаб лъай кьеялъул гьоркьохъел ва аслиял стандартал гIумруялде рахъинариялде. Гьединго лъай кьеялъул учреждениязул сайталдасан щибалъул хIалтIи рагьун ва битIараб куцалда бихьизабиялде, аслиял гIунгутIаби ралагьун гьел тIагIинариялъе ракI чIарал нухал ралагьиялде.

Школалда лъималазул цIалуда хадургъей бараб букIуна гьезие школалда цебесеб хIадурлъиги лъикIаб щун бугони. Гьелъие гIоло районалда буго 38-школалда цебесеб учреждение ва 83 гIаммаб цебетIезабиялъул группа. Амма гьебги жеги гIураб къагIидаялда гьечIо. Школалда цебесеб лъай кьеялъ гьабсагIаталда гъорлъе вачун вуго 1332 гьитIич, иргаялда чIун буго 287 лъимер. ГIуцIун буго гьезие муниципалияб электронияб ирга.

Педагогасул, школалъул коллективалъул хIалтIул хIасиллъун ккола цIалул соналъул аттестациялъул рихьизариял, тIолгороссиялъулал, регионалиял ва муниципалиял олимпиадабазда, творческиял конкурсазда гIахьаллъи. Гьел нилъеда рихьула пачалихъияб аттестация, ЕГЭ тIобитIараб мехалдаги.

Исана ЕГЭ тIобитIулелъул гьеб бацIцIадаб къагIидаялда ва информациялъулаб хIинкъи гьечIолъиялда тIобитIи бихьизабуна киналниги аудиториязда видеонаблюдение, жамгIиял хал кколел чагIи, металлоискатель гьениб хIалтIизабулеб букIиналъги.

БицинчIого гIоларо араб цIалул соналда ЕГЭялъул ккарал хIасилазулги. 2021-2022 цIалул соналда ЕГЭ кьолел рукIана 149 цIалдохъан, ЕГЭ 100 баллалда кьуна 1 цIалдохъаналъ. ИчIго цIалдохъанасе щвана «ЦIалулъ рихьизарурал хасал хIасилазе гIоло» медалал. ЕГЭ кьолаго, гIурус мацIалъе бищунго кIудияб-91 балл щвана ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан Гайдалова Алипат МухIамадовнаялъе. Гьелъиего ингилис мацIалъул экзаменалъеги щвана 81 балл.

Математикаялъе-70 балл щвана МочIохъ гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан ХIажимухIама-дова ГIайшатие.

Биологиялъе-64 балл щвана Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан ТIагьирова Залмуе.

Историялъе-78 балл босана ГIобода гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан РахIматулаев МухIамадица. Химиялъе-74 балл щвана Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан КъурамухIамадова Багисултание.

Обществознаниялъе-100 балл щвана Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан Хъазанбиева Мадинае.

Районалъул лъай кьеялъул отделалъ ракIракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго гьел цIалдохъаби куцарал педагогазе.

ПатIимат ХIадисовнаялъул докладалдаса хадуб жидецаго нухмалъи гьабулел гIуцIабаз араб цIалул соналъ гьабураб хIалтIул, рихьизарурал церетIеязул, гIолел-гIоларел рахъазул ва исанисеб цIалул соналъ гьабизе ракIалда бугеб хIалтIул бицун кIалъаял гьаруна лъай кьеялъул отделалъул профсоюзазул комитеталъул нухмалъулев ХIамзатов ГIабдулпатахI Абакаровичас, 2021-2022 цIалул соналда гIаммаб лъай кьеялда гьабураб Пачалихъияб аттестациялъул хIасилазул бицараб кIалъай гьабуна ЕГЭ тIобитIиялъул пункталъул нухмалъулев, ТIануси гьоркьохъеб школалъул директор ГIабдулкъадиров Мурад МухIамадовичас, «Дир бищун лъикIаб видеодарс» абураб доклад гьабуна республикаялъулаб конкурсалъул цеехъан, ТIолгороссиялъулаб классазул нухмалъулезул форумалъул гIахьалчIужу Маликова Мадина Билаловнаялъ, Тарихазулаб лъай цебетIезабиялъе ругел ресазул хIакъалъулъ бицана лъай кьеялъул отделалъул специалист МухIумаев Мурад ИсмагIиловичас. ЦIалдолезулгун гьабулеб тарбия кьеялъул хIалтIул хаслъабазул ва цIи-цIиял къагIидабазул бицараб гара-чIвари букIана «КIудияб перемена» ТIолгороссиялъулаб конкурсалъул куратор ХIусенова ПатIимат АхIмадовнаялъулги.

Сайгъатал ва баркалаялъул кагътал кьун кIодо гьаруна исана хIалтIудаса нахъе унел Гиничукь лъималазул ахалъул заведующая Сайпудинова СагIадат Мамаевна, ГIахьалчIи лъималазул ахалъул заведующая МухIамадова Зайнаб МухIамадовна, ХIариколо гьоркьохъеб школалъул директор Хваджаева ПатIимат МухIамадовна. Гьединго 70-ялдаса тIаде сонал арал, гIемерал соназ педагоглъиялъул хIалтIуда ракI бацIцIадго хIалтIарал педагогал: Казиев ГIабдулатIип ХIусенович, ГIахьалчIи; Гъазиева ПатIимат МухIамадовна, БакьагьечIи; ХIасанов М. Г. ва ХIамзатов Ш. Г., БуцIра; КъурамухIамадов МухIамадбег, СултIанбегов ГIабдусалам СултIанбегович, ЛъагIилухъ; СагIидов СайгидулбатIал МухIамадович, Уздалросу; Гъазиев Гъазияв МухIамадович, ХIариколо; ГьитIинова Хъандулай Дибировна, Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школа; ЕГЭялъе 100 балл щварай цIалдохъан хIадур арай ХIамзалова ПарсихIат ГIабдулатIиповна, Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школа, ГIобода гьоркьохъеб школалъул «Точка роста» централъул нухмалъулей Инусова Зарема Инусовна.

Гьединго ПатIимат ХIадисовнаялъ баян гьабуна сентябрь моцIалда нилъер лъай кьеялъул системаялде гъорлъе 5 гIолохъанал педагогал лъугьунел рукIинги.

Жиндирго цееяхъиналъул ахиралда П. ХIадисовнаялъ баркала кьуна районалъул киналго лъай кьеялъул хIалтIухъабазе ва хасго камилаб лъайги, лъикIаб тарбияги щварал лъимал куцарал, хIалтIулъ мухIканал хIасилал рихьизарурал педагогазе. ЦIияб цIалул соналда цIиял ишазде, цIиял бергьенлъабазде, дагьабги лъикI хIалтIизе гъирагун, къасдалгун лъугIизабуна педагогазул конференция.

СагIат лъикIаб батаги, хадубккунги бергьенлъабиги, церетIеялги нужее.

И. Мухlамадов.

Просмотров: 108 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz