Автор Н. Гlалиева. Август 2022 сон.
30 августалъ Хунзахъ культураялъул кIалгIаялда тIобитIана мугIалимзабазул августалъулаб совещание. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул школазулгин лъималазул ахазул директорзабаз, заведующияз, педагогаз, райадминистрациялъул ва росабазул администрациязул бутIруз, гьединго районалъул лъай кьеялда хурхарал цогидалги гIуцIабаз. ДРялъул Лъай кьеялъул министерствалдасан гьелда гIахьаллъи гьабизе ячIун йикIана ГIабасова Лейла Пазилаевнаги.
ЦIалул сон байбихьулеб букIиналъул рохалилаб байрамги баркун кIалъазе вахъарав райадминистрациялъул бетIер Задиев НурмухIамадица гIодорчIаразе бицана Россиялдаго, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналдагин нилъер районалда лъай кьеялде кьолеб бугеб кIудияб кIваралъул.
Киданиги букIинчIилан абуна Н. М. МахсутIхIажиевичас,-улкаялдаго кьучIдасанго къачIан, бан 200 школа, Дагъистаналда 40 школа цадахъ цIияб цIалул соналде хIалтIизе биччараб лъугьа-бахъин.
Нилъер районалдаги ралел руго 2 кIудиял школал, тIасияб соналда базе байбихьизе буго кIудияб лъималазул ах. Баркала загьир гьабизе бокьун буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул Министерствоялъе нилъер районалъул лъай кьеялде кьолеб бугеб кIудияб кIваралъухъ. Жиндирго иргаялда районалъул нухмалъиялъги кинабго гьабулеб буго нилъер районалъул гIун бачIунеб гIел тIадегIанаб лъайгин лъикIаб тарбия щвараблъун куцаялъе. ЕГЭялъул бицани, гIаммаб къагIидаялъ босун цIакъго кIудияб цебетIей батичIониги, руго цIалдохъаби 80, 90, Хунзахъ районалда цониги нухалъ букIинчIеб 100 балл щваралги. Баркала буго гьел цIалдохъаби хIадурарал педагогазе, директорзабазе, эбелинсуе гьединал хIасилал ккеялъул мурадалда лъималгун хIалтIарал.
Районалъул лъай кьеялъул системаялда 2021- 2022 соналда ккарал хIасилазул ва бачIунеб цIияб цIалул соналда цере чIарал масъалабазул бицун кIалъарай лъай кьеялъул отделалъул начальник ХIамзатова ПатIимат ХIадисовнаялъ бихьизабуна районалъул лъай кьеялъул системаялде гьоркьобе унеб 81 лъай кьеялъул организациялда букIин 38-гIаммаб лъай кьеялъул, 38 -школалда цебесеб лъай кьеялъул, 5-тIадеги гIаммаб лъай босиялъул учреждение.