Гlобода росдал советалда хадуб буго 2453 га ракьул, гъорлъе уна лъабго магlарухъ бугеб росу ва кlиго гъутан. Гlаммаб къагlидаялъ гьениб буго 496 цlараки, гlумру гьабун буго 1370 чияс. Хlалтlулеб буго 1 гьоркьохъеб ва 2 байбихьул классазул школал, 1 спортивияб зал, 3 ФАП, 1 библиотека, 1 культураялъул рукъ ва 2 ясли-ах. Лъагlелги бащадалдасаги мех ана росдал поселениялъул бетlерлъун Дибирдадаев Къебеддибир вищаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабун бажарараб хlалтlулги, цере чlарал масъалабазулги, гьел тlуразарулаго дандчlвалел ругел захlмалъабазулги бицун редакциялде вачlарав бегавуласулгун ккана гьадинаб гара-чlвари.
- Къебеддибир МухIамадович, кинаб ахlвал-хlал бугеб советалда? Кинал хlалтlаби гьарун бажарарал хъулухъалде вачlаралдаса нахъе?
Лъагlелги микьго моцlги сверана дун бегавуллъун вищаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабун бажарана цо хасаб къадаралъул хlалтlи. Гьелдасан аслияблъун дица рикlкlуна магъил ва гlи-боцlул гlадлу-низам гьабун бажари. Гьеб рахъалъ тlубанго гlадлу биххун букlана нижер росулъ. Хъулухъалде вачlун гlемер заман иналде, цо жамгlияб советгlадаб жоги гlуцlун, гьениб гьоркьоб лъуна магъил ва гlи-боцlи хьихьиялда хурхун гlадлунизам гьабизе ккеялъул суал. Гьедин гlачиязе, бачазе ва гlицlцlаназе батlа-батlаго рикьана росдал мучlдул. Киназдаго тана гlухьби ва рихьизаруна жидерго мучlдузул гlорхъаби. Унта-щокълъарал гlи-боцlуеги бихьизабун буго хасаб бакl. Гьединго цlидасан гlадамазда гьоркьор рикьана рецабиги.
Лъабабго росулъ буго тlабигlияб газ. Жеги гьеб рокъобе бачинчlев лъабго чияс документал кьун руго, гьанже хlалтlизе лъугьараб цlияб программаялда рекъон (догазификация) чlобого хъахlилаб цlатари бачинеги.
Росдал цо къотlнобе 480 метраялда рагlаракьанде щун тlуна хъил. Жамагlаталъул жидерго хlаракаталдалъунги жеги 160 метрадул манзилалда цоги къотlнобги хъил тlуна. Лъабабго росдал къватlахъ дагьаб ток бухlулездалъун хисана къогогlан чирахъ. Чабахги бан къачlана Гlободаса Гозолоколобе унеб нух. Гъоркьколо росдал гlолохъабазул гьариги къабул гьабун, гьезие босана теннисалъулаб стол. Гьебго росдал жамагlаталъул гьариялда рекъон сурсатал риччана росдал кверкьаби лъолеб бакl къачlазеги. Салиутар гъутаналда токалъул мухъал цlи гьаризе босана 100 метр кваразул. Федералияб программаялда рекъон Гlобода балеб буго 150 лъимералъе бакl бугеб, гьаб заманаялъул тlалабазе жаваб кьолеб цlияб школа. Гьенибе цIалеб буго цIияб токалъул мухъги. ГьабсагIаталда хIубал чIван руго.Гьеб бан бахъинегlан, исана цlияб цlалул сон лъималаз тlамизе ккола мадрасаялъул минаялда жаниб, кlиго сменаялда.
- Гьел хlалтlаби ратилаха росдал мукъсанабго бюджеталдасан гьарурал. Гьечlищ жидерго росу-ракьалъе кумек гьабулел сахаватчагlи?
Руго. Гьединал сахаватчагlазул кумекалдалъун цоги 160 метрадул манзилалда тlуна хъил. Рецц Аллагьасе, районалъул цогидал росабазда данде ккун, нижер советалда лъел кинаб бугониги гlунгутlи гьечlин абизе бегьула. Гlицlго гъоркьисала хасало Гозолоколо букlана лъел дагьабго гlунгутlи. Исана гьенибги жамагlаталъул жидерго хlаракаталдалъун росулъе цlияб лъел мухъ бачунеб буго. Гlаммаб къагlидаялда, Гlобода кlиябго мажгиталда цере ругел площадкабаздеги, 1200 квадратияб метрадул гlатlилъиялда сахаватчагlазул кумекалдалъун хъил тlуна. Гьединго ватун вуго, жинцаго тlадеги босун, цебе умумузул букlараб бакlалда лъеда хlалтlулеб гьобо къачlазе ва кор гьабизе хlадурав чиги. ИншаАллагь, кватlичlого гьеб хlалтlиги рагlалде бахъун, гьобоги корги жамагIаталъе пайдаялъе хlалтlизе лъугьина.
- Кинал ругел росдада церечlарал масъалаби?
Бищунго аслияб масъала буго гlадамазе минаби разе ракьул участокал кьеялда хурхараб. Дун хъулухъалде вачlаралдаса 60-70 гlарза бачlана дихъе планал кьеян. Амма гьабсагlаталда 30-40 гурони участок кьезе ракь гьечlо росдал. Гьелги кьун бажарулел гьечlо жеги росдал генералияб план хlадурун гьечlолъиялъ. Гьеб буго тlолабго районалдаго бугеб “унти”. Генплан гьечlого, законалда рекъон ракьазда хурхун щибниги гьабизе бегьулеб гьечlо. Гьеб хlадуриялъе нижеда бан хутlараб жоги щибгlаги гьечlо. Россреестралъул хlалтlул хlинцлъи-ялъ хадуб бехъерхъун хутlун буго гьеб. Гьедин генплан хlадурарабго, советалда хадур ругел ракьазда хиса-басиялги гьарун, ракlалда буго рачlарал киналго гlарзабазда рекъон гlадамазе участокал кьезе. Гьелъие гlоло, дунгоги гъорлъ гьечlого, хlадурун буго 6 чиясдасан гlуцlараб хасаб комиссияги. Гьеб комиссиялъ щибаб гlарзаялъул мухlканго халги гьабун, бищун цебе лъие кьезе кколеб, нахътlамун щив тезе бегьулебали хlукмуги къотlун, рикьизе руго участокал. Цоги нижер гlунгутlабаздасан ккола токалъул хlубал ва кварал цlакъго басралъун рукlин. Квараца ккун чlун ругин абунигин бегьила цо-цо хlубал.
Гьединго кватlичlого байбихьизе буго 5,5 километрадул манзилалда Гозолоколобе щвезегlан хъил тlезе. Гьеб суалалъ исана нижер росдал вакил ун вукlана Дагъистаналъул Бетlер Сергей Меликовасухъе. Республикаялъул нухмалъулес рагlи кьуна 2023 соналде, Расул Хlамзатовасул юбилеялда хурхун сайгъатлъун букlине, нижер мурад тlубалилан. Хlадурун буго проект ва гьабсагlаталда гьеб буго экспертизаялда. Гlагараб заманалда байбихьизе руго ракьул хlалтlаби ва тlасияб соналда хъилги тlун къачlазе буго гьеб нух.
- Сунде русун рукlунел росдал жамагlат, кинаб бугеб гьезул магlишат-яшав?
20 цlикlкlун чи хlалтlулев вуго АО “Мостоотряд-99” компаниялда. Гlемер гьечlониги, цо-цоял хlалтlулел руго районалъул полициялда ва гlорхъаби цlунулезул рагъулаб часталда. Цадахъго гlемерисез хьихьула гlи-боцlиги. Росдал рохьдолъ буго 200 гlан хlайван, рехъалъин абуни, 2000 гlан гlиял. Амма харибакlал рецун гурони, гlадамаз хурзал рекьи тlубанго рехун тун бугин абуниги мекъи ккеларо. Жидерго минабазда цере ругел пастIаби рекьун гурони, къанагlатги чияс хурзал рекьулел гьечlо. Росулъ магъил гlадлуги гьабидал, хьул буго, гlадамал хурзал рекьиялде тlад руссиниланги.
- Ахиралдаги щиб абилеб дуца росдал жамагlаталдехун?
Ратизе бегьула дица тlуразе рагlи кьурал, амма жеги квер гlунтlичlого хутlарал ишал. Амма гьел дида кlочон тун гьечlо ва киналго рагlалде рахъинаризе ракlалда буго. Циндаго киналго хlалтlаби гьарун бажаруларелъул, дагь-дагьккун киназдего квер щвелеб батила. Гьединго районалъул газета гьоркьоб ккун, кlудияб баркала кьезе бокьун буго кидаго дие кумекалъе ратулел, жидерго росу-ракьги бокьулел активистазе, сахаватчагlазе ва тlолабго жамагlаталъе. Хадубккунги нилъер киназулго цадахъаб хlаракаталдалъун росабазул жамагlатазул яшав цо къадаралъниги цебе тlезабиялде буссараб букlине буго дирги хlалтlи.
И. Мухlамадов.
|