Учитель… Унго, гьеб раг1иялда жаниб бугеб к1удияб маг1на. Гьелъ жанибе бачунебщинаб г1акъиллъи, ц1одорлъи, лъай, къадру-къимат.
4 октябралда районалъул культураялъул к1алг1аялда к1одо гьаруна, т1олгодунялалъул учителасул, школалда цебесеб лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул къоял ва Дагъистаналдаго т1оцебе районалда «Большая перемена» клуб рагьиялъул рохалилаб мажлис.
Гьеб х1урматияб данделъиялда г1ахьаллъи гьабуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председателасул заместитель, депутат Г1усманов Х1асан Маликовичас, «Большая перемена» сообществалъул нухмалъулей Чухрина Виктория Владимировнаялъ, районалъул администрациялъул бет1ер Задиев Нурмух1амад Махсут1х1ажиевичас, лъай кьеялъул отделалъул начальник Х1амзатова Пат1имат Х1адисовнаялъ, лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул профсоюзазул комитеталъул председатель Х1амзатов Г1абдулпатах1 Абакаровичас, рик1к1ен г1емерал ц1алдохъабаз, муг1алимзабаз ва г1емерал цогидазги.
Ц1одорал, г1акъилал, махщел камилал муг1алимзабазул къадруяб зах1маталъе къиматги кьун, баркалаялъул раг1абаздалъун гьел к1одо гьарурал церерахъиназдасан байбихьи лъуна ва ахиралде щвезег1ан гьеб берцинго бачана школалъул ц1алдохъабаз.
Хадуб к1алъазе раг1и кьурав райадминистрациялъул бет1ерасги баркана х1урматиял учительзабазда педагогасул къо. Гьесул к1алъай буссараб бук1ана цох1о учителасул къоялъ гуребги, щибаб къоялъ, щибаб саг1аталъ нилъее лъайгин г1акълу кьурал учительзаби к1одо гьаризе ккеялде. Учитель гьес релъинавуна нилъер к1иабилел умумузда, щайгурелъул рокъор эбел-инсуда аск1ор рук1унелдаса ц1ик1к1ун заман гьез, учительзабазда аск1об инабулелъул. Нилъер лъимал г1умруялъул нухде лъугьине, лъаялъул кьуч1 лъезе, гьез т1оцересел галаби лъезе гьез кумек гьабулелъул, лъималазул къисмат педагогазул г1акълуялда, лъаялда, сабруялда бараб бук1унелъул.
Лъай кьеялъул отделалъул начальник Пат1имат Х1амзатовалъ г1одорч1аразда бич1ч1изабуна, киг1анго улкаялда х1алуцараб ах1вал-х1ал бугониги, тарбия-лъай кьеялъул х1алт1и нилъеца рехун тезе бегьунгут1и. жакъа нилъеца к1одо гьарулел ругел учителасул къоги, воспитателасул къоги, гьединго «Большая перемена» клуб рагьиги,-ян абуна Пат1иматица,- ц1акъго к1вар бугел лъугьа-бахъиналлъун кколилан. Дагъистаналдаго т1оцебе «Большая перемена» клуб рагьи-гьеб к1удияб цебет1ейлъун рик1к1унилан. Нилъер ц1алдохъабаз Россиялъулго конкурсазда бергьенлъаби росун рук1инч1елани, гьеб гьедин ккеч1ого бук1инеги бегьулаан. Рехсараб клубалъ ц1алдохъабазе кьезе буго к1удияб цебет1ей. Гьел ругьун гьаризе руго ургъизе, ц1и-ц1иял пикраби церехун рачине, цадахъ рекъон ц1ализе, х1алт1изе, гьудуллъиялда, ракълида рук1ине. Гьениб рес рекъола умумулгун цадахъ лъималазги сапарал гьаризе, хъизанал цолъизе, цоцазде рокьи бижизабизе.
Лъай кьеялъул отделалда к1очон теч1о г1емерал соназ лъай кьеялъул х1алт1уда рак1бац1ц1адго х1алт1арал муг1алимзаби к1одо гьаризеги. Гьез гьел к1одо гьаруна бат1и-бат1иял даражабазул шапакъатаздалъун.
«РФялъул лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъан» абураб ц1аралдалъун к1одо гьаруна :
Гъазиева Пат1имат Мух1амадовна, Бакьагьеч1и; Гороева Сиядат Мух1амадхановна, Бакьагьеч1и; Х1ажиева Башат Г1амирг1алиевна, Хунзахъ; Мух1амадова Чакар Х1ажиевна, Гьац1алухъ; Мух1амадов Мух1амад Г1умарх1ажиевич, Хьиндахъ; Мух1умах1ажиева Пат1имат Х1усеновна, Харахьи; Нажуева Аминат Мух1амадх1ажиевна, «Ромашка» лъималазул ах, Г1обода; Шамилова Пат1имат Мух1амадовна, Гьоц1алъ №2 лъималазул ах.
Россиялъул х1урматиял грамотабаздалъун к1одо гьаруна:
Мух1амадова Зумурат Мух1амадовна, Х1ариколо; Х1ажимух1амадова Гульжанат Саг1адуевна, Гьац1алухъ; Х1усенова Саида Давулмух1амадовна, Уздалросу; Инусова Зарема Инусовна, Г1обода; Мугудинова Пат1имат Х1усеновна.
Гьел гурелги рук1ана Дагъистаналъул, райадминистрациялъул, лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул профсоюзалъул комитеталъул рахъалдасан баркалаялъул т1амчалги, реццалъул грамотаби щваралги.
Мажлис берцин гьабун бук1ана Хунзахъ культурияб рукъалъул «Г1акаро» ансамблялъул, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазул ва жалго клубалъул г1ахьалчаг1азул церерахъиназ.
Бокьун буго рак1-рак1алъ баркизе киналго районалъул муг1алимзабазда гьезул гьайбатаб байрам-учителасул къо.
Нилъер район цебет1ураб буго лъай ва махщел камилал муг1алимзабаздалъунги, гьезул церет1еяздалъунги. Биччанте, хадубккунги гьезул къадар г1емерго ц1ик1к1ине. Биччанте, ц1алдохъабаз учителасул къадру-къимат гьабизе, гьезул бергьенлъабаз нилъер рак1ал рохизаризе.
Н. Гlалиева.
|