Суббота, 27.04.2024, 00:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 24 » ДОНЕЦКАЛДАСА ГЬАЛБАЛ
23:04
ДОНЕЦКАЛДАСА ГЬАЛБАЛ

Гьал къоязда Дагъистаналде рачlун рукlана Донецкалдаса лъималазул къокъа. 10 августалда гьел щвана нилъер районалдеги. Гьезда цадахъ рукlана лъималазул ихтиярал цlуниялъул рахъалъ республикаялъул советалъул членал, регионалъул Бетlерасда цебе бугеб лъималазул ихтиярал цlуниялъул рахъалъ омбудсменд Марина Ежова, гьелъул кумекчагlи ва цогидалги.

Къалъул гlужалдехун гьел щвана Хунзахъ тlалъиялде. Кlудияб хlадурлъигун къабул гьаруна районалъ рикlкlадаса рачlарал гьалбал. Тlоцебе гьел рачана Цlолокь рагlалда бугеб халгьабиялъул площадкаялде. Гьенибго туристазул хабалда цебе гlодор чlана кваназе. Киназго гlахьаллъи гьабуна райадмистрациялда цебе бугеб пастlаниб Донецкалъул гlаламатлъун кколеб роза чlеялъулъ. Хадуб райадминистрациялда гlуцlана гургинаб стол. Гьениб тlобитlана районалъул школазул Советалъул гlахьалчагlигун дандчlвай. Районалъул школьниказ ва гьалбадерица бицана жидедаго тlаса бищизе ракlалда бугеб профессиялъул хlакъалъулъ. “Дагъистаналъул тарихалдаги гlемерал руго бидулал тlамчал, нижедаги бихьана рагъул кьогlлъиги, терроризмалъул балагьги ва гьелдалъун кколел камиялги. Гьединлъидал нижеда цlакъ лъикl бичlчlула жакъа нужер Ватlаналда бугеб ахlвал-хlал. Ниж хlадурал руго нужер захlмалъи-къварилъи бащад гьабун бикьизе, нижехъан бажарараб кумек гьабизе. Хасго дир ракl унтула эбелэменги чlван, тlокlаб тlала-агъаз гьабизе чиги гьечlого хутlарал лъимал рихьидал”, - ян абуна Марина Ежовалъ. Гьединго кlалъаял гьаруна районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ, Жамгlияб палатаялъул председатель Раисат Гlусмановалъ ва цогидазги. Донецкалдаса рачlарал лъималазул кlигоял нилъер районалъул Хунзахъ ва Шотода росабалъа хъизамаз жидехъего хьихьизе рачана.

Гьенисан киналго цадахъ щвана Цlада Расул Хlамзатовасул рукъ-музеялде. Гьениб гьалбадерида бихьизабуна кlудияв шагlир жанив гьавурав ва гlурав мина-къайи. Цlадасан гьалбал щвана Макьасдеги. Ахиралда райцентралда Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб культураялъул кlалгlаялда цебе бугеб майданалда районалъул культураялъул бутlаялъул хlаракатчагlаз бихьизабуна кьурдабаздасан, кучlдул ахlи ва рикlкlиналдасан гlуцlараб гlатlидаб программаялъул концертги.

Гьединго жидерго церерахъин букlана Донецкалъул халкъияб хореографиялъулгун вокалияб “Сувенир” ансамблялъулги.

“Цlакъ бокьана нижее нужер ракь. Хlайран гьаруна гьаниб бугеб гlажаибаб тlабигlаталъ, дунялалда тlокlаб кибго гьечlебгlадаб маданияталъ, гlицlго гьал рорхатал мугlрузе хасиятаб рукlа-рахъиналъ, гlадамазул лъикlлъиялъ, гьезул гьалбадеридехун бугеб рокьиялъ, хlеренаб бербалагьиялъ ва адабхlурматалъ. Дагъистаналде щваралдаса нахъего киназго цlакъ лъикl къабул гьаруна ниж, жидецаго рачана тlабигlиял ва тарихиял памятникал рихьизаризе. Ниж гlумру гьабун руго цlан битlараб авлахъалда, гьединлъидал нижеда мугlрул-щобал цlакъго берцин рихьула. Нужер гьанирин абуни, гьел цlакъго гьайбатал руго”, - ян абуна къокъаялда цадахъ рукlарал Донецкалъул школалъул 11 классалъул цlалдохъаби Анастасия Берестюкица, Владимир Калечица ва Диана Дворниковалъ.

И. МУХIАМАДОВ.

Просмотров: 88 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz