Четверг, 25.04.2024, 03:59 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 24

Автор И. Мухlамадов. Август 2022 сон.

Гьал къоязда Дагъистаналде рачlун рукlана Донецкалдаса лъималазул къокъа. 10 августалда гьел щвана нилъер районалдеги. Гьезда цадахъ рукlана лъималазул ихтиярал цlуниялъул рахъалъ республикаялъул советалъул членал, регионалъул Бетlерасда цебе бугеб лъималазул ихтиярал цlуниялъул рахъалъ омбудсменд Марина Ежова, гьелъул кумекчагlи ва цогидалги.

Къалъул гlужалдехун гьел щвана Хунзахъ тlалъиялде. Кlудияб хlадурлъигун къабул гьаруна районалъ рикlкlадаса рачlарал гьалбал. Тlоцебе гьел рачана Цlолокь рагlалда бугеб халгьабиялъул площадкаялде. Гьенибго туристазул хабалда цебе гlодор чlана кваназе. Киназго гlахьаллъи гьабуна райадмистрациялда цебе бугеб пастlаниб Донецкалъул гlаламатлъун кколеб роза чlеялъулъ. Хадуб райадминистрациялда гlуцlана гургинаб стол. Гьениб тlобитlана районалъул школазул Советалъул гlахьалчагlигун дандчlвай. Районалъул школьниказ ва гьалбадерица бицана жидедаго тlаса бищизе ракlалда бугеб профессиялъул хlакъалъулъ. “Дагъистаналъул тарихалдаги гlемерал руго бидулал тlамчал, нижедаги бихьана рагъул кьогlлъиги, терроризмалъул балагьги ва гьелдалъун кколел камиялги. Гьединлъидал нижеда цlакъ лъикl бичlчlула жакъа нужер Ватlаналда бугеб ахlвал-хlал. Ниж хlадурал руго нужер захlмалъи-къварилъи бащад гьабун бикьизе, нижехъан бажарараб кумек гьабизе. Хасго дир ракl унтула эбелэменги чlван, тlокlаб тlала-агъаз гьабизе чиги гьечlого хутlарал лъимал рихьидал”, - ян абуна Марина Ежовалъ. Гьединго кlалъаял гьаруна районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ, Жамгlияб палатаялъул председатель Раисат Гlусмановалъ ва цогидазги. Донецкалдаса рачlарал лъималазул кlигоял нилъер районалъул Хунзахъ ва Шотода росабалъа хъизамаз жидехъего хьихьизе рачана.

Просмотров: 87 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 24.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. Август 2022 сон

Аллагьас дие редакциялда тун батIияб хIалтIиги, цебе араб гIумрудул хIисабал гьаризе соналги кьунани, гьаб дунялалда дида лъаралщинал лъикIал гIадамазул читIиралъулъ цо хасаб бакI кквезе буго жиндир мунагьал чураяв МухIамад ПатахIовас.

ГIажаибго лъимадулаб ракIалъул, гIаданлъиялъул нухалъул чи вукIана гьев.

«Шагьаралда хварав магIарухъа чи» ясул магIу-кечIалъги, «Абула басрияб цIилъулеб бугин,

ЦIогьалдай рукIана нилъер умумул?

Инсанасул къадру кепкиде кканин,

Какал кепкиедай дозги ралаан?»-хечалъулаб бадибчIваялъги асир гьаюрай дида ПатахIов-инсан лъазего лъалароан 2003 соналде щвезегIан.

Гьеб соналъ районалъул газеталъул редакторлъун вачIана МухIамад хIалтIизе. Сундукьаго намусав, гIадатав инсан ватана мунагьал чурад. Ва амма доб гIадатлъиялъулъ букIана гIорхъудаса ун тIокIборчIараб гIадан хиралъиги гIакъиллъиги.

Дида журналистикаялъул цо къатIраниги лъалеб батанигьелъул «гIайибиявги» вуго ПатахIов МухIамад. Гьаб жакъа гIадин ракIалда буго гьесул: «Рубрика гьечIеб макъала тIагъур тIад лъечIев магIаруласда релълъун, сури гIун букIуна», «Хъвай хIакимасе гуреб, гIадамасе къабуллъиледухъ, цинги дур ракI бухIиларо»-ян малъа-хъваял.

Дир цо художественияб хабаралъе гьес хъван букIана жибго хабаргIанасеб анализ гьабураб пикру (гьесул кIарчамаб хатIалъ гьабураб гьеб рецензия дир жеги цIунунги буго). ЦIикIкIунисеб заман шагIирзабазул барщичIел асарал цIубазарулеб, чияе жиндирго пикраби рикьулеб инчIебани, гьесул нус-нус тIехь жиндирго гIелаанин абурабги битIараб букIиналда ракIчIана дир. Чангияз босун батила мунагьал чурадил ракI лъикIлъиялдаса пайда.

ХIакимас гIадин гуреб, ракI жубарав, цIикIкIарав гьалмагъас гIадин кьолаан гьес тIадкъаялги. Дицаги божуда рекIкI гьабулароан къварилъи-гIатIилъи бичIчIарав, сахаватав насихIатчиясе.

ТIоцебесеб рагIи баккулаго цоцазда ричIчIулел махсараби, гIакъилал кици-биценазул къойил чваххулеб ихх-гьеб кинабго лъугIана МухIамад хIалтIудаса нахъе индал.

Просмотров: 102 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 24.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Август 2022 сон.

2 августалда райадминистрациялда тlобитlана районалда гlадлу-низам ва хlинкъи гьечlолъи чlезабиялъул бицараб данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, администрациялъул хlалтlухъабаз, прокурор Рамазан Гlумаровас, районалъул полициялъул начальникасул ишал тlуралев Шамил Маликовас, Хунзахъ бугеб районазда гьоркьосеб цlех-рехалъул отделалъул нухмалъулев Анвар Укмасовас ва цогидалги къуваталъулалгун ихтиярал цlуниялъул идарабазул вакилзабаз.

Данделъи байбихьана дагьаб цебегlан районалда ккараб пашманаб лъугьа-бахъиналъул бициналдасан. Муниципалитеталъул бетlер Нурмухlамад Задиевас абуна кигlан хlаракат бахъаниги районалде вачlунев щибав туристасда хадуб халккун бажаруларин ва жалго туристалги хlал лъаларел бакlазда цlодорго рукlине кколилан. Туристазе хlинкъи гьечlолъиялъи цlуниялда сверухъ гьабулеб бугеб хlалтlул бицана райадминистрациялъул гlолилазул ишазул, спорталъул ва туризмалъул рахъалъ отделалъул начальник Шамай Гlумаровалъ. Гьелъ бицана 22 июлалда Оренбургалдаса хъизангун цадахъ Цlолокь кlкlалахъе машина бортараб бакl хас гьабун тlабигlаталъухъ халгьабизе бихьизабураб бакl кколарин, гьединаб площадка 200 метралъ добегlан бугин ва гьеб тlоцебесеб къоялдаса нахъе сверунги къан, хасал знакалги лъун хlадурунги бугилан. Хlинкъи гьечlолъиялъул план тlубазабиялда рекъон, 2021 соналдаго муниципалитеталда лъун руго цlуна-къай гьабизе рихьизарурал хасал знакал. Гьел лъун руго халгьабулеб площадкаялда, Макьасда, Мочlохъ хlорил рагlалда ва Гьоцlалъ ГЭСалъул территориялда. 600 метрадул манзилалда Гlарани ва Илълъа росабазул рахъалдасан Цlолокь рагlал сверун къазе республикаялъул бюджеталдасан районалъе биччан буго 4 млн цlикlкlун гъурущ гlарцул. Кватlичlого гьел хlалтlаби гьаризе байбихьизе руго. Дагьаб цебегlан кьурул рагlалда ругел “Роупджампинг” экстремалиял аттракционазул ва цогидалги туристазул объектазул хlалтlи законалда данде кколедухъ гlуцlун бугищали халгьабеян кагъат битlун буго Хунзахъ РОВДялде. Гьединго гьал къоязда тобитlараб халгьабиялдаса хадуб кьурул рагlалда ругел гостиницабазул ва гьалбадерил рукъзабазул хважаиназда лъазабун буго жидерго объектазда бугеб территория хасал знакалги лъун сверун къаян. Кlкlалахъе машина бортун хадуб кьурул рагlал сверун тlадеги лъун руго хасал знакал ва “Тобот” гостиницаялъул ва халгьабулеб площадкаялъул рахъалдасан бетоналъул блокалги лъун рагlалде нух къан буго. Кватlичlого жеги 45 хасал знакал лъезе руго гьенирго.

Просмотров: 89 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 24.09.2022 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz