Пятница, 26.04.2024, 00:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 24 » ЧУНТБИ ГЬОРОРАЗУЛЪ ГЬУДУЛ ЦlЕХЕЧlЕВ
22:53
ЧУНТБИ ГЬОРОРАЗУЛЪ ГЬУДУЛ ЦlЕХЕЧlЕВ

Аллагьас дие редакциялда тун батIияб хIалтIиги, цебе араб гIумрудул хIисабал гьаризе соналги кьунани, гьаб дунялалда дида лъаралщинал лъикIал гIадамазул читIиралъулъ цо хасаб бакI кквезе буго жиндир мунагьал чураяв МухIамад ПатахIовас.

ГIажаибго лъимадулаб ракIалъул, гIаданлъиялъул нухалъул чи вукIана гьев.

«Шагьаралда хварав магIарухъа чи» ясул магIу-кечIалъги, «Абула басрияб цIилъулеб бугин,

ЦIогьалдай рукIана нилъер умумул?

Инсанасул къадру кепкиде кканин,

Какал кепкиедай дозги ралаан?»-хечалъулаб бадибчIваялъги асир гьаюрай дида ПатахIов-инсан лъазего лъалароан 2003 соналде щвезегIан.

Гьеб соналъ районалъул газеталъул редакторлъун вачIана МухIамад хIалтIизе. Сундукьаго намусав, гIадатав инсан ватана мунагьал чурад. Ва амма доб гIадатлъиялъулъ букIана гIорхъудаса ун тIокIборчIараб гIадан хиралъиги гIакъиллъиги.

Дида журналистикаялъул цо къатIраниги лъалеб батанигьелъул «гIайибиявги» вуго ПатахIов МухIамад. Гьаб жакъа гIадин ракIалда буго гьесул: «Рубрика гьечIеб макъала тIагъур тIад лъечIев магIаруласда релълъун, сури гIун букIуна», «Хъвай хIакимасе гуреб, гIадамасе къабуллъиледухъ, цинги дур ракI бухIиларо»-ян малъа-хъваял.

Дир цо художественияб хабаралъе гьес хъван букIана жибго хабаргIанасеб анализ гьабураб пикру (гьесул кIарчамаб хатIалъ гьабураб гьеб рецензия дир жеги цIунунги буго). ЦIикIкIунисеб заман шагIирзабазул барщичIел асарал цIубазарулеб, чияе жиндирго пикраби рикьулеб инчIебани, гьесул нус-нус тIехь жиндирго гIелаанин абурабги битIараб букIиналда ракIчIана дир. Чангияз босун батила мунагьал чурадил ракI лъикIлъиялдаса пайда.

ХIакимас гIадин гуреб, ракI жубарав, цIикIкIарав гьалмагъас гIадин кьолаан гьес тIадкъаялги. Дицаги божуда рекIкI гьабулароан къварилъи-гIатIилъи бичIчIарав, сахаватав насихIатчиясе.

ТIоцебесеб рагIи баккулаго цоцазда ричIчIулел махсараби, гIакъилал кици-биценазул къойил чваххулеб ихх-гьеб кинабго лъугIана МухIамад хIалтIудаса нахъе индал.

Амма лъугIичIо гьудуллъи. Щиб ригьалъ, щиб къваригIелалъ кIалъаниги, мунагьал чурадица жаваб кьолаан, сагIаталъги ракIмакI гьабун хабар бицунаан.

Доб 2020 соналъул хасалихъе гIужалъ диде букIана ирга ракI батизабиялъул хабар бицине. Нечолаан мунагьал чурад къойил живго цIехеялдаса, меседил мугIруллъун рихьулаан дугIаялъул рагIаби, гьари-рахьиял. ГIемер гьес къимат кьеялъго батила дир гьудуллъи-вацлъи бугеб мунагьал чурадил киналго вацазулгун, Къурбан-дадалгун, гIагарлъигун. Гьесде букIараб адабалъул кьо гьездехунги лъун ана дир, расги лъачIого. Сах таги сахал гIадамал. «ЦIияв чиги лъугьун, сахлъун вуссиндал, дун магIарухъе вачIинарищха?! Иншааллагь. Гьеб мехалъ чура-ххулулаго бачинаха нилъеца ччухI…» МухIамадил ахирисеб гьаркьилаб сообщение…

Жеги бацIцIинчIеб номерги, мех-мехалдасан жание яккун дун гIенеккулеб сабураб гьаракьги. Хъван букIун гьечIо Аллагьас ПатахIов сах-саламатго магIарухъе вачIине. Цойги рекIел чIва тIуна дир. Гьанже дие хутIана мунагьал чурадица жиндие сахлъи гьарун дугIа гьабеян абулеб букIараб амру батIайиса тIубазабизе. Дуниял кIочараб, гIалам бахилаб ахират кьун вохизавеги мун, хIурмат тIадегIанав гьалмагъ, Аллагьас. Дур рекIел хинлъиги лъикIлъиги ссунгеги нижер, дур гьудулзабазул ракIалдещвеязулъ. Амин.

P.S. Кинав чи Сивухъа КъурбангIалил МухIамад вукIаравали бицина гьесул кучIдуз. ЦIале магIна босун.

1 августалда мунагьал чурадица тIубалаан гIицIго 60 сон…

Ф. МУХIАМАДОВА

 

Лъалеб чанго рагlи шурулеб буго

Жакъа хирияб къо. Хабалазулъе

Хваразухъе рачӀун pyгo чӀагоял;

Умумузул занахъ гӀодорги къулун

ДугӀа-алхӀамалда pyгo наслаби.

 

Дун балагьун вуго янгъизаб зонохъ,

Гъаримаб рицӀигъветӀ тӀаде гьетӀараб;

ТӀамхазулъ шуршулеб гьорол сас гуреб,

Инсанасул дугӀа дагьаб рагӀараб.

 

Гьаб хабалъ лъуравги вукӀана инсан,

Аварагасул нух дурусго ккурав.

Бажарараб лъикӀлъи ракьалда тарав.

Кьураб рикъзиялда разилъун чӀарав.

 

Гьав тӀерхьунеб къоялъ гурхӀалил гуреб,

БухӀун тӀечӀо магӀу - букӀинчӀо наслу

РухӀел гӀахьал гьабун, къан квер босизе,

Кверкьовуда чӀаралъ ватичӀо гӀадан.

 

Ва амма хӀал ккедал лъачӀеб гӀагарлъи,

- ГӀемерал ратана ирс щолел чагӀи.

Унтидал бусадухъ кӀусичӀеб агьлу,

- Бащдаб росу гӀуна варисзабазул.

 

Жакъа хирияб къо. Хважайинзаби

БатӀиял ратила гьадал ригьзабахъ;

Гьасул рухӀалда рукъ къосунгутӀизе.

КъантӀа нах бежулеб батиладай махӀ?

 

Кин щиб букӀаниги кверал цере ккун

Дун гьабабги зонохъ лъалхъулев вуго;

Хабалъ вукъарасе сабаблъагиян

Лъалеб чанго рагӀи рехсолеб буго.

 

Гьабдай букlараб доб демократия

Гьабдай букӀараб доб демократия?

– ТахбакӀ бетӀерлъуда, бетӀер хӀалхьуда;

ХӀара беричабгӀан гӀарада бихьун,

ГӀакълу гьелда гьикъун гьабулеб ханлъи.

 

Чияраб пикрудай квер борхичӀезе

Рикъзи къотӀилилан къулкъулеб алмас,

Нилъ риханщиназул зурма-къолохъе

Къирал кьурдулелъул чӀвалебщинаб хъат.

 

Гьабдай букӀараб доб демократия?

– «Дун» бачунез бугин бечелъун улка.

Куркьбал рижанщинал цӀумаллъунги чӀун,

ЦӀумагъудуз ругин рахъулел хъулби.

 

Рукъ рикӀкӀун партия, гьезул мурад щиб?

Щивали тухьули тахиде ворхи.

Щаклъизе бачӀуна демократия

Демагогиялъул бац гуребдаян.

 

Гьабдай букӀараб доб демократия?

- Гьабдай ирсилазе умумузул нух?

БукӀаралда цӀа гъе, цӀияб лъелълъ гъанкъе

Гьебдай наслабазе нилъер насихӀат?

 

ГурхӀалил фондазул цӀадал ранагӀан.

РахӀму гӀадамалъа лъугӀулеб буго.

Мажгитахъ ахӀулел какил рагӀабаз

КантӀизе тӀамурал тӀагӀунел руго.

 

Сонисев хlаким

КӀалдиб ккун хъалиян, кодоб шляпа,

Шагьаралъул къватӀ ккун унев вуго гьав;

Надалда паркъолел гӀетӀул гаралгун,

Жив ругьунлъун ккараб рилълъинги цӀунун.

 

Лъимадул ригьалъго лъалел гьал бакӀал

БатӀияллъун pyгo рихьулел жакъа,

Гьороца жубалеб гъутӀбузул карцин

Жиндаса шуршулеб бугеблъун бихьун.

 

Паркъана цебеса чӀегӀераб «волга»,

ЧӀана гьав балагьун, хутӀана лъалхъун;

БукӀанин замана, абулеб гӀадин,

Угьун хӀухьел биччан, ана цевехун.

 

БукӀана замана, сонгицин гурищ

Гьасул гӀакълу халкъалъ дарслъун цӀалараб;

ЦӀигьабун гӀуцӀизе кколин гӀумруян

ГIадамазда цеве вахъун вукӀарав?

 

Цинги щиб? Циндаго ана кинабго:

Кабинет, секретарь, цӀияб машина.

Гьас килищ битӀани, къваригӀаралъуй

Къавул гьаби гӀадин рортулел замал.

 

БакӀаб хӀал къулчӀизе къуват балагьун,

КъватӀ чӀван унев вуго цевесев хӀаким;

Цо-цо балагьула гьав свера-хъверун,

Сон билараб хӀурмат батизе гӀадин.

 

Батиларо хӀурмат, хӀакимлъиялъул

ХӀеренаб тахбакӀгун цогияс араб.

Ине те къватӀ чӀван гьав, ругьунаб куцалъ,

Къулиларо гьанже гьасий щивниги.

 

***

Кинав ватаниги батIалъи гьечIо

БатIиявлъун гьанже дун лъугьинаро.

Ратила мунагьал-Малаик гурев,

Инсанлъун вижидал дунги Аллагьас.

 

Какдарухъабазул хъанхъра бацIцIине,

ЦIилицI балагьизе гьечIо дун регIун;

ГIадам вижулаго бижараб илбис

Эб къецалде ахIи ахIмакълъи буго.

 

***

Нусилъе вахунев херав чи вуго,

ХутIилародаян цогиги къоялъ.

Къого сон сверичIев гIолилав вуго,

ГIумру жиндир жеги цебе бугилан.

 

ГIажал буго гьазухъ балъго балагьун,

ГIужие кинавдай восун лъикIилан;

Хьулазул цIа ссунев гьадав херавдай,

Хиялал гьарзаяв гьав гIолилавдай?

 

***

Икъбалалъул цIараз цIалтун риччараз

ЦIар жидейго гьабун пулеб куц зурма.

ГьитIинабцин квекIен нухда батани,

Бичасда дагIба бан гIорцIуларо гьел.

***

ХIаким лъикIав ккола, вачIараб къоялъ,

ВачIаравго гIадин уневлъи лъалев.

***

Гьаб дуниялалъул пайда гьечIолъи

ГьечIеб ритIухълъиялъ бицунеб буго.

 

 

Просмотров: 103 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz