Суббота, 20.04.2024, 07:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 24 » ХlИНКЪИ ГЬЕЧlОЛЪИ-СУНДУЛГО АСЛУ
16:31
ХlИНКЪИ ГЬЕЧlОЛЪИ-СУНДУЛГО АСЛУ

2 августалда райадминистрациялда тlобитlана районалда гlадлу-низам ва хlинкъи гьечlолъи чlезабиялъул бицараб данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, администрациялъул хlалтlухъабаз, прокурор Рамазан Гlумаровас, районалъул полициялъул начальникасул ишал тlуралев Шамил Маликовас, Хунзахъ бугеб районазда гьоркьосеб цlех-рехалъул отделалъул нухмалъулев Анвар Укмасовас ва цогидалги къуваталъулалгун ихтиярал цlуниялъул идарабазул вакилзабаз.

Данделъи байбихьана дагьаб цебегlан районалда ккараб пашманаб лъугьа-бахъиналъул бициналдасан. Муниципалитеталъул бетlер Нурмухlамад Задиевас абуна кигlан хlаракат бахъаниги районалде вачlунев щибав туристасда хадуб халккун бажаруларин ва жалго туристалги хlал лъаларел бакlазда цlодорго рукlине кколилан. Туристазе хlинкъи гьечlолъиялъи цlуниялда сверухъ гьабулеб бугеб хlалтlул бицана райадминистрациялъул гlолилазул ишазул, спорталъул ва туризмалъул рахъалъ отделалъул начальник Шамай Гlумаровалъ. Гьелъ бицана 22 июлалда Оренбургалдаса хъизангун цадахъ Цlолокь кlкlалахъе машина бортараб бакl хас гьабун тlабигlаталъухъ халгьабизе бихьизабураб бакl кколарин, гьединаб площадка 200 метралъ добегlан бугин ва гьеб тlоцебесеб къоялдаса нахъе сверунги къан, хасал знакалги лъун хlадурунги бугилан. Хlинкъи гьечlолъиялъул план тlубазабиялда рекъон, 2021 соналдаго муниципалитеталда лъун руго цlуна-къай гьабизе рихьизарурал хасал знакал. Гьел лъун руго халгьабулеб площадкаялда, Макьасда, Мочlохъ хlорил рагlалда ва Гьоцlалъ ГЭСалъул территориялда. 600 метрадул манзилалда Гlарани ва Илълъа росабазул рахъалдасан Цlолокь рагlал сверун къазе республикаялъул бюджеталдасан районалъе биччан буго 4 млн цlикlкlун гъурущ гlарцул. Кватlичlого гьел хlалтlаби гьаризе байбихьизе руго. Дагьаб цебегlан кьурул рагlалда ругел “Роупджампинг” экстремалиял аттракционазул ва цогидалги туристазул объектазул хlалтlи законалда данде кколедухъ гlуцlун бугищали халгьабеян кагъат битlун буго Хунзахъ РОВДялде. Гьединго гьал къоязда тобитlараб халгьабиялдаса хадуб кьурул рагlалда ругел гостиницабазул ва гьалбадерил рукъзабазул хважаиназда лъазабун буго жидерго объектазда бугеб территория хасал знакалги лъун сверун къаян. Кlкlалахъе машина бортун хадуб кьурул рагlал сверун тlадеги лъун руго хасал знакал ва “Тобот” гостиницаялъул ва халгьабулеб площадкаялъул рахъалдасан бетоналъул блокалги лъун рагlалде нух къан буго. Кватlичlого жеги 45 хасал знакал лъезе руго гьенирго.

Районалдаса армиялде гlолохъаби ахlиялда хурхун бугеб ахlвал-хlалалъул бицана военкоматалъул хlалтlухъан Баху Мухlамадовалъ. Гьелъ абуна цlакъ захlмалъулеб бугин армиялде ритlулел гlолохъаби данде ракlаризе. Гьедин, ихдал призывалъул планалда рекъон 1077 чи ахlун вукlун вуго военкоматалде, гьездасан гlицlго 37% гурони рачlун гьечlо, наряд тlубан буго 84 %. Гьеб суал захlмалъун буго Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса.

Гlолилалазда ва гьезул эбелинсуда кколеб буго жидер лъимал рагъде ритlизехъин ругилан. Амма гьеб гlададисеб хlинкъи бугин, Украинаялде контракталда рекъон хъулухъ гьабулел ругел профессионалиял рагъухъаби гурони ритlуларин ракlчlезабуна Баху Мухlамадовалъ. Районалъул бетlерасул заместитель Тlалхlат Гlамиргlалиевас абуна Интернетги, телевидениеги, газетаги хlалтlизабун, гьеб рахъалда хурхун халкъалда гьоркьоб бичlчlикьеялъулаб хlалтlи гьабизе кколилан. Районалъул нухмалъулев Нурмухlамад Задиевас лъикlаб къимат кьечlо военкоматалъул хlалтlуе ва рагъулалгун учеталъул столазул (ВУС) хlалтlухъабазул жавабчилъи гьечlеб хlалтlул хlасилалда лъугьун бугин гьединаб ахlвал-хlалилан абуна. Цогидазеги дарслъун букlине, гlиллаги гьечlого, Ватlаналда цебе тlадаб борч тlубазе ине инкар гьабулел гlолохъабазда тlад материалалги хlадурун, гьел иш тlаде кколел идарабазде кьеян тlадкъайги кьуна гьес.

Архитектор Мухlамад Къебедовас баян кьуна районалда ихтиярги гьечlого ран ругел объектазул хlакъалъулъ. Гьес бицана муниципалитеталда цlакъ квешаб хlал бугин ихтиярги гьечlого эхетун рачlинел ругел объектазда сверухъ. Гlемерисел даранбазаралъул объектал ран рагlула ва хlалтlулел ругила ихтиярги гьечlого. Гьедин гlицlго 7 объекталъул рагlула документал. Мисалалъе, Гlараниса Бакьагьечlибе унеб нухлул рагlалда эхетун ругел объектазул цонигиязул гьечlила даран-базар гьабизе кьураб ихтияр ва цогидалги рукlине кколел документал.

Районалда ругел 231 даран-базаралъул точкабазул 151 жеги лъун гьечlо налоговияб учеталда. Гьалбадерил рукъзабазул гlицlго 20 гурони хъвай-хъвагlай гьабун гьечlо налоговияб инспекциялда. Къо бахъанагlан районалда гьалбадерил рукъзал гlемерлъулел ругелъул, гьезул гlаммаб къадар чlезабизе захlмалъулеб буго. Гьел киналго тlатинеги гьарун, гьезул ва персоналалъул хlалтlи законалъул тlалабазда рекъон гlуцlизе кколилан абуна Нурмухlамад Задиевас.

Цоги данделъиялда бицана “Роупджампинг” экстремалиял аттракционазул хlалтlи законалъул рахънибе бачиналъулги. Мисалалъе, законалда рекъон гьез гьабизе кколеб буго администрациялъулгун къотlикъай ва щвараб хайиралъул цо бутlа районалъул бюджеталдеги кьезе кколеб буго.

Гьединго данделъиялда рорхана налогал ракlариялъул, ракьазда хадуб халгьабиялъул хlалтlул ва цогидалги районалъе кlвар бугел суалал.

И. МУХIАМАДОВ.

Просмотров: 89 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz