Исана риидал, республикаялдаго цIар тIибитIарав «таргIил устар», тIабигIаталъго волейболалъе гьунармахщел сайгъат гьабурав, гъорлъе лъугьаралдаса тIубараб къуватги жигар-жанги спорталъе кьурав КIахъа Хвалчен МухIамадил гIумруялъул 70 сон тIубан бугиланги рагIун, лъикIаб материал газеталъе хIадурилилан йикIана дун... Амма, кидаго гIадин, кватIун ккана. КватIун ккана мустахIикъав чиясе къимат кьезе, гьев хинал рагIабаздалъун вохизавизе. Араб гIасруялъул лъабкъоялда анцIабилел соназ волейболалъе къватIибе бахъараб «Хвалчен» МухIамадил хвалчен Аллагьасул къо лъугIиялдалъун 31 августалъул къад гIужалъ лъалиниб лъуна. Юбилеялъулаб макъалаги сверизабизе ккана некрологалде…
ТIокIлъигун ГIарани школа-интернаталда 8 класс лъугIарав АхIмадов Буйнакскиялъул кIиабилеб педучилищеялде лъугьуна цIализе. ГьитIинго гIелму-лъаялде цIайи бугев МухIамадие кIудияб захIмалъиго ккечIо хасаб гьоркьохъеб лъай босизеги. БагIараб дипломгун лъугIула гьесул педучилище ва 1970 соналъ районалде тIад вуссарав гIолохъанав специалист ГIуркIачIи байбихьул классазул учительлъун тIамула хIалтIизе. ГIемерго кватIичIого гьениса МухIамад вачуна гIагараб КIахъ байбихьул школалде. Математикаялъе къуватав вукIиналъ батила, МухIамадие шашкаби, шахматал кидаго рокьулаан, цо шахматазул турниралда районалъул чемпионлъунги вахъун вукIана гьев. ЛъикIаб махщел букIана мунагьал чурадил мандолина - балалайкаялда бакънал рачинеги. ТIубан спорталде вуссиналъ музыкаялде регIуларин абулаан гьес.
Гьоркьохъеб лъайги босун, байбихьул классазда дарсал кьун, чIезе МухIамадил ракIалъ къабул гьабуларо. 1971 соналъ пединституталъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталде цIализе лъугьарав АхIмадов тIубанго волейболалде вуссуна. КигIанго математика бокьулеб букIаниги, спорталъ тIалъи босула ва тIоцебесеб курс лъугIун хадуб, гьес документал физкультурияб факультеталде кьола. КIудияб адаб-хIурматгун ракIалде щвезавулаан гьес педучилищеялдаго жиндир тренерлъун вукIарав, волейболалдехун ракI цIазабурав тренер ГIали ГIабдусаламович. …
МухIамад Шахшаевич КъадилмухIамадов -пединституталъул физкультурияб факультеталъул преподаватель, волейболалъул чанги «устар» куцарав, республикаялда волейбол цебетIеялъе гIемераб хIалтIи гьабурав тренер. Гьесда бихьула тIоцебе АхIмадовасулъ спорталде бугеб рокьиги, вукIинесев волейболистги. Дол рикIкIадал 70 соназ, кIиявго МухIамадил ккараб гьоркьоблъи жеги щулалъун, унгоунгояб гьудуллъиялде сверула. Шахшаевичасул тIадчIарал, щибаб къойилал тренировкабазги, гIадатиял хIаязги, рикIкIен гIемерал дандчIваялтурниразги АхIмадовасул «Хвалчен» лъугьинавула. ГIахьвахъ районалда тIобитIулеб турниралда, волейболалъул фанат - КIаратIаса ГIумарица гьесул тирилъи-лебаллъиялъе къимат кьун «Балагье цо, хвалчен гIадин хьвагIулеб куц,» - ан ахIаралдаса «Хвалчен» абураб тIокIцIарги даимго рекIуна МухIамадида. Гьес кидаго абулаан Шахшаевич вукIинчIевани «Хвалченги» букIунароанилан, спорталда гьадинаб борхалъиялде живги вахинароанилан, жиндир бергьенлъабазулъ цIикIкIунисеб захIматги гьесул бугила, кидагосеб баркалаялъе, рецц-бакъалъе мустахIикъав чи вугила МухIамад Шахшаевичилан.
М. КъадилмухIамадовасул хIаракаталдалъун ккола АхIмадов Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялде ва гьелда гъорлъ хIалаго Россиялъул югалда кIиго нухалъ ккола лъабабилеб бакI. Лъабго нухалъ вахъуна Россиялъул педвузазда гьоркьов чемпионлъун. Лъабго нухалъ гьесие щола «Лучший нападающий России среди педвузов» абураб хIурматияб цIар. Дол соназ МухIамад вачунев вукIуна Грозныялъул «Автомобилист», Ростовалъул «СКА», Саратовалъул «Кристалл» гIадал ва цогидал цIар бугел командабазда гъорлъе. Амма АхIмадовасе гьеб къабуллъуларо ва гьев 1977 соналъ багIараб дипломгун пединститутги лъугIизабун гIагараб районалде тIад вуссуна.
Гьелдаса нахъе байбихьула МухIамадил мугIалимлъиялъул нухги, жеги цебетIола спортивияб гIумруги. Цебе республика улкаялдаго рагIизабураб команда Хунзахъ районалъул букIиналъ, хIаракат бахъула гьелъул цIар борхатго цIунизе. ХIажат рукIана чIахIиязул бакI кквезе мустахIикъал волейболистал. Нахъа тараб захIматалъул нухда – Хунзахъ № 2 школалда, ДЮСШялда тренерасдаса гьелъул директорасде щвезегIан ва 1993 соналдаса гIумрудул ахирисел къоязде щвезегIан ГIарани рагъулабгун спортивияб лицеялда вугел соназги МухIамадица кинабго гьабуна спорталъе, районалда волейбол цебетIеялъе гIоло.
25 гIан соналъ вукIана гьев районалъул тIаса бищараб командаялъул капитанлъун. Гьебго заманалда хIана республикаялъул тIаса бищараб командаялдаги. МухIамад кколаан Дагъистаналъул спартакиадаялъул ва гIемерал турниразул чемпион. 1982-84 соназ хIана ДСО «Урожаялъул» тIаса бищараб командаялда. 2002-2003 соназ хIалтIана ДГПУялъул кIудияв преподовательлъунги цадахъго гьабуна Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъе тренерлъиги.
МугIалимлъи – тренерлъиялда цадахъго АхIмадов вихьизе бегьулаан республикаялъул роцада тIоритIулел турнираздаги. Россиялъул БахIарзал М. Толбоевасул, М. Манаровасул ва цогидал чIахIиял къецаздаса камулароан гьев. ТоргIо хIаялъул ригь бекун букIаниги, МухIамад цеве вахъарал къецазда бищунго лъикIав игроклъун рикIкIунаан кидаго. Араб заманалде нахъвуссун балагьизе чIухIараб лъалкI тана АхIмадовас. МухIамадил «площадкаялда» ругьун гьарун гIумруялъул нухде тIоритIарал гIолилал, республикаялъул ВУЗазда цIалулел, цIалун лъугIарал лъикIаб хIалтIуда, цIар бугел командабазда хIалел, Дагъистаналъул спортивияб къадру цIунун, гьелъул тIасабищараб командаялда гъорлъ ругин абуниги мекъи ккеларо.
АхIмадов МухIамадил спортивияб цебетIейги кIодо гьабун, гьесул 45 сонилаб юбилеялъул хIурматалда Республикаялъул роцада волейболалъул турнир тIобитIана 1997 соналъ. БатIи-батIиял районаздаса командаби, доб мехалъ Пачалихъияб Думаялъул депутат Рамазан ГIабдулатIипов, Россиялъул БахIарчи МухIамад Толбоев, республикаялъул спорталъул министр ва гIемерал цогидалги хIурматиял гьалбадерил гIахьаллъигун, гIуцIадго ана гьеб тадбир МухIамадил гIагараб КIахъ росулъ. М. АхIмадовасул 50 сонилаб юбилеялде 2002 соналъ букIараб турниралда райадминистрациялъ Хвалчение «Жигули» машина сайгъат гьабуна, 2007 соналъ букIараб турнир тIобитIана волейболалъул ветераназда гьоркьоб.
АхIмадовасул захIмат кIодо гьабуна хIурматиял цIараздалъунги къиматал сайгъатаздалъунги. Гьев кколаан тIадегIанаб категориялъул учительги, тренерги, СССРалъул ва РСФСРалъул лъайкьеялъул отличникги, ДРялъул физическияб культураялъул ва спорталъул мустахIикъав хIалтIухъанги, МухIамадие щвана лъайкьеялъул бутIаялда Россиялъул президентасул грантги.
Хъизан Сулайсатгун МухIамадица тарбия – лъай кьун гIезаюна кIиго яс.
Жиндирго васал гьечIониги, яс Анжеликае вас гьавидал рохалие гIорхъи букIинчIила цоги волейболист – хвалчен тухумалда гIезавизе бугеб анищалъилан бицунаан МухIамадица. Щибаб къойил гьава-бакъалъухъ балагьичIого хIалтIуде иналдеги хIалтIудаса вуссун хадубги гьев векерулев вукIун вуго чанго километралъ, гьабулеб букIун буго щибаб къойилаб зарядка, заман батулаан спортплощадкаялда росдал лъималгун хIазеги, гьезие малъа-хъваял гьаризеги. Черх кидаго «формаялда» букIине кколилан абулаан мунагьал чурадица. Волейболалъе гIоло лъалиниса къватIибе цIараб МухIамадил хвалчен гвангъун паркъана 70 соналъ. ХIал Алжаналъуб батаги гьев сахав, унголъунги спорталъе маян кьун вукIарав гьунар тIокIав инсанасул. Амин.
Ф. МУХIАМАДОВА.
|