18 августалда райадминистрациялда тlобитlана бегавулзабазулгун иргадулаб данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, прокурор Рамазан Гlумаровас, УФСБялъул нухмалъулев Шамил Гlумаровас, рагъулав комиссар Шамил Мухlамадовас ва цогидазги.
Аслияб къагlидаялъ гьениб гьоркьор лъурал суалаздасан рукlана хаслихъе призывалде хlадурлъи ва росабазул генпланал хlадуриялда хурхун бугеб ахlвал-хlалалъул бицин.
Гьаб ахир заманалда районалда цlакъго цlикlкlараб кlвар кьолеб буго армиялде гlолохъаби ритlиялде. Гьелъие гlиллаги буго гьенире ритlулезул план тlубазабизе кlолеб гьечlолъи. Мисалалъе, исана ихдалил призывалъул планалда рекъон 1077 чи ахlун вукlун вуго военкоматалде, гьездасан гlицlго 37% гурони рачlун гьечlо, наряд тlубан буго 84 %. Гьеб суал захlмалъун буго Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса. Гlолилазда ва гьезул эбел-инсуда кколеб буго жидер лъимал рагъде ритlизехъин ругилан. Амма гьеб гlададисеб хlинкъи бугин, Украинаялде контракталда рекъон хъулухъ гьабулел ругел профессионалиял рагъухъаби гурони ритlуларин ракlчlезабуна иргадулаб нухалда данделъиялда. Хаслихъе призывалдаги гьединабго жо ккечlого букlине ккани, гьанжего хlадурлъизе кколилан абуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас. Гьев рази гьечlоан военкоматалъ ва росабазул бегавулзабаз гьеб суалалда хурхун гьабулеб хlалтlудаса. Тlадкъай кьуна гьеб ишалда сверухъ гьабулеб хlалтlуде цlикlкlун кlвар кьеян. Районалъул военкомас бицана гьабсагlаталда армиялде ине жидер сахлъиги водителасул правабиги ругел 280 гlолохъанчи вугин районалдаян. Амма гьел киназулго прописка районалда букlаниги, хlакъикъаталда киналго гуро районалда гlумру гьабун ругел. Гьелъги захlмалъулеб бугила армиялде ритlизе гlолохъаби ралагьизе.
«Армиялде ине жиндир сахлъиги бугев гlолохъанчияс инкар гьабулеб бугони, законалда рекъон, гьесие букlуна кьварараб тамихl - рес буго кlиго соналде щвезегlан болжалалда гьев туснахъ гьавизецин», - ян абуна прокурор Рамазан Гlумаровас.
14 росабазул поселениязул генпланал хlадурун ругиланги бицана данделъиялда. Цогидазулги рагlалде щун рагlула гьел. Ахиралда бегавулзабаз кьуна жидерго суалалги.
И. Мухlамадов.
|