Автор Н. Гlалиева. Август 2022 сон.
Гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул фермеразул магIишатазул съезд. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министр Аджеков Мухтарбий Кошманбетовичас, Россиялъул фермеразул магIишатазул ва кооперативазул Ассоциациялъул президент, Пачалихъияб Думаялъул депутат Плотников Виктор Васильевичас ва цогидалги Дагъистаналъул кIвар бугел росдал магIишаталъул хIалтIухъабаз, церетIурал фермераз
Гьелда фермераз бицунеб букIана жакъа къоялда жаниб росдал магIишаталъул захIматчагIазда дандчIвалел ругел захIмалъабазул, киназулго гIолел гIоларел рахъазул.
РуцIцIун чIечIо нилъер районалъул вакилзабиги. Районалъул КФХязул А с с о ц и а ц и я л ъ у л председатель, Дагъистан Р е с п у б л и к а я л ъ у л росдал магIишаталъул МустахIикъав хIалтIухъан Макъсудов МухIудада МухIамадовичасги рорхана жакъа къоялда жаниб КФХязда данд чIвалел захIмалъабазул бицарал суалал. Гьезул аслиял суалаздасан цояллъун ккола чахъабаздаса къунцIараб квас кьезе бакI гьечIого гIадада холеб букIин. Жиндирго кIалъаялда гьес кIвар кьуна гьадинал суалазде:
-Метис яги магIарул, кIиябго гъорлъ жубараб, тушинский породабазул квас босулебго гьечIо, босаниги, гьелъухъ 5-12 гъурущалдаса тIаде кьолеб гьечIо. цIокотIомги 20-30 гъурущалде я босула яги кибего босичIого къватIибе рехизе ккола.
Гьоркьохъеб хIисабалда цо чахъдадаса къунцIизе бегьула 2-3 кг квасул. Гьелдасан чахъаби хьихьулезе щолеб буго 10-20 гъурущ. Цо чахъу къунцIун кьолеб буго 100 гъурущ. ГIаммаб къагIидаялда 1 бетIералдасан кколеб хайир бахунеб буго 10-15 гъурущалде. Гьеб гIарац 1 буханка чадил босизецин гIоларо, цогидал тIад унел харжазул бицинчIониги.
1 бетIер чахъабазул яги цIаназул хьихьаразе кьолеб буго 165 гъурущ, араб соналда букIана 220 гъурущ. Гьеб гIарац 1 кип харил босизецин гIоларо, гьебго заманалда, хасало 1 эбелаб чахъу яги цIцIе хьихьизе хIажалъула харил 10 тюк.