Суббота, 20.04.2024, 11:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 25 » СУАЛАЛНИ РОРХАНА, АММА КУМЕКГО ЩВЕЛАДАЙ
21:34
СУАЛАЛНИ РОРХАНА, АММА КУМЕКГО ЩВЕЛАДАЙ

Гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул фермеразул магIишатазул съезд. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министр Аджеков Мухтарбий Кошманбетовичас, Россиялъул фермеразул магIишатазул ва кооперативазул Ассоциациялъул президент, Пачалихъияб Думаялъул депутат Плотников Виктор Васильевичас ва цогидалги Дагъистаналъул кIвар бугел росдал магIишаталъул хIалтIухъабаз, церетIурал фермераз

Гьелда фермераз бицунеб букIана жакъа къоялда жаниб росдал магIишаталъул захIматчагIазда дандчIвалел ругел захIмалъабазул, киназулго гIолел гIоларел рахъазул.

РуцIцIун чIечIо нилъер районалъул вакилзабиги. Районалъул КФХязул А с с о ц и а ц и я л ъ у л председатель, Дагъистан Р е с п у б л и к а я л ъ у л росдал магIишаталъул МустахIикъав хIалтIухъан Макъсудов МухIудада МухIамадовичасги рорхана жакъа къоялда жаниб КФХязда данд чIвалел захIмалъабазул бицарал суалал. Гьезул аслиял суалаздасан цояллъун ккола чахъабаздаса къунцIараб квас кьезе бакI гьечIого гIадада холеб букIин. Жиндирго кIалъаялда гьес кIвар кьуна гьадинал суалазде:

-Метис яги магIарул, кIиябго гъорлъ жубараб, тушинский породабазул квас босулебго гьечIо, босаниги, гьелъухъ 5-12 гъурущалдаса тIаде кьолеб гьечIо. цIокотIомги 20-30 гъурущалде я босула яги кибего босичIого къватIибе рехизе ккола.

Гьоркьохъеб хIисабалда цо чахъдадаса къунцIизе бегьула 2-3 кг квасул. Гьелдасан чахъаби хьихьулезе щолеб буго 10-20 гъурущ. Цо чахъу къунцIун кьолеб буго 100 гъурущ. ГIаммаб къагIидаялда 1 бетIералдасан кколеб хайир бахунеб буго 10-15 гъурущалде. Гьеб гIарац 1 буханка чадил босизецин гIоларо, цогидал тIад унел харжазул бицинчIониги.

1 бетIер чахъабазул яги цIаназул хьихьаразе кьолеб буго 165 гъурущ, араб соналда букIана 220 гъурущ. Гьеб гIарац 1 кип харил босизецин гIоларо, гьебго заманалда, хасало 1 эбелаб чахъу яги цIцIе хьихьизе хIажалъула харил 10 тюк.

МугIрузда гIемер ккола бацIал тIаде кIанцIун яги цурдуздаса, гIанкIаздаса хIинкъун тIурулаго гIиял мугIруздаса, хъитIаздаса гъоркье кIанцIарал, жалго жидецаго мерхьун, чIинтIарал лъугьабахъиналги. Гьедин, 2019 соналъ «Стелла» СПКялъул гIиял хIинкъиялъ кьурулъа гъоркье кIанцIун, хун рукIана тайпадулаб 250 бетIер. Бихьулеб букIахъе, гьеб кIудияб ками ккола. Нилъер районалъул «МочIохъ» гIиял къайиялде кIанцIарал бацIаз гьабиги гъанкъун, чIван ратана 350 бетIер эбелал чахъабазул. Гьев фермерасул гьеб букIана живгоги, хъизан-лъималги хьихьизе цо букIараб нух. Гьесие ккараб зарал я пачалихъалъ бецIичIо, я страховияздасан щвечIо, яги Россельхозбанкалдасан кредит щвечIо. Гьелдалъун лъугIана гьев гьалмагъасул фермерлъи. Кредит щун букIарабани, росизе бегьилаан дагьалниги гIиялъажалги, гьезие кормаги.

Гьал соналда «Цикломен» гIиял къавуде кIанцIана бацIал, 30-ялдаса цIикIкIун чахъу-хух чIвана ва лъукъана. Гьединал мисалал гIемер рачине бегьула. Гьединлъидал нижеца гьарулеб буго страховоязде гьоркьоре бацIал гIияде кIанцIи ва мугIруздегун гIатIидал авлахъазде гIи гочунелъул, нухда гIияе кколеб зарал бецIиялъул лъугьа-бахъинал гьоркьоре ккезареян.

Страхалъулал гIуцIабаз страхование гьабуларо гIемерсоназулал рекьабазул бачIиналъе. Фермеразги жалго гIадамазги чIола ахал, гьез бачIин кьезегIан бала 3-5 сон. Гьеб заманалда мугIрузулал шартIазда ккола цIорой ва бала горо-цIер. Гьезги хвезарула ахал.

Цебе гIи гочинабизе тун рукIунаан хасал нухал, гьанже гьединал бакIал ккун руго гIадамаз. ГIи гочинабизе кколеб буго машинабазул нухдасан. Шамхалянгъиюрталдаса Кизилюрталде унеб нух сверун ралел руго рукъзал, рухъун руго каналал, гIи гочинабулеб букIараб бакIги хIисабалде босичIого. Рес гьечIо гьеб нухда гIияде машинаби кIанцIичIого хутIизе. Чанги ккана батIибатIияб рехъалъа данде росун 20-30 бетIерниги чIинтIарал хIужжаби. ГIемерисел водителал уна гьеб бакIалдаса жидехъа ккаралъул щибго сан гьабичIого, гIухьбузда гьезда хадур рекеризеги кIоларо, кIваниги, гIи жибго тун бажаруларо.

ГIи гочинабулелъул, гIемерисеб мехалда бухьен гьоркьоб къотIула. Гьелъ рес букIунаро ккараб-таралъул МЧСалде лъазабизе. Гьедин, «Цикломен» ПКялъул цо рехъен1200 бетIер ккун букIана кутакалда цIакъ балеб гIазукье ва сордо-къоялъго лъалеб букIинчIо кир ругел гIиял ва гьезул вехьали.

Д а г ъ и с т а н Республикаялда дагьлъулел руго рахьдалгин гьанал фермаби. Гьедин, 1990 соналдасан бахъараб нилъер районалдаги тIагIана 25 гьединаб ферма, гьединго гIадамазги тIагIинарулеб буго гIи-боцIи. Гьединабго хасият буго Болъихъ, Гумбет, ГIахьвахъ ва цогидал районаздаги. Хунзахъ росулъ букIана гIадамаз жидецаго хьихьараб гIачиязул 800 бетIер, жакъа къоялде гьезул 200 бетIерцин хутIун гьечIо.

Рахь босулел пунктаз, рахьдал заводаз, рахьдадасан хIан, нах, нису бахъулел предприятияз, къарал учрежденияз заманалда кьолеб букIинчIо босараб рахьдахъ гIарац. Бащдаб лъагIелалъги, тIубараб лъагIалицаги жидерго рахьдахъ гIарац щвечIеб мехалда, гьеб гIезабулезе гIолеб букIинчIо гIарац, дотациялъги бахчулеб букIинчIо тIад унеб гIарац. Гьединлъидал рахьдахъ щолеб гIарац дагьаб буго 0,5 л минералияб лъехъ щолеб гIарацалдаса, ай гьеб гIодобегIанаб буго, гьелда тIад унеб харжалдаса.

Гьелъул кIудияб квал-квал кколеб буго рахь гIезабулезе. Гьезда кIолеб гьечIо заманалда налогал кьезе, пенсиялъул фондалде ва цогидалги хIажатал бакIазде кколеб гIарац рехизе.

Гьелъул хIасилалда, гьезухъе кьолеб гьечIо кинаб букIаниги налъи гьечIин гьезда тIадилан абураб справка. Гьеб справка гьечIони, субсидиялги кьолел гьечIо.

Америкаялда 1 бетIер хIайваналъул хьихьарав чиясе кьолеб буго 1000 долар, нилъер улкаялда чIахIияб боцIи хьихьарал гIадамазегIаги кьолеб букIарабани гьединаб субсидия. Аниб субсидия 3 азарго гъурущ кьолеб буго гIицIго тайпадулаб гIачи хьихьарал гIадамазе.

Гьезда гьоркьоре унел руго калмыкиязул боцIи, герофордал ва цогидалги.

Гьединго гьари буго фермеразул ракьазда сверун гIунгутIабаздеги кIвар кьеян.

Законалъ хал гьабиялде босани лъикI букIинаан ракь хIалтIизабулезухъе арендаялъ ракь кьезе, (КФХ, ИП ва цогидалги) хаслихълъиялдаса бахъараб 1 июналде щвезегIан, щибаб соналъ цIиги гьабун. Гьелъ кумек гьабилаан хасалил мучIдул эркен гьаризе хаслихълъи щвезегIан. Хасалиде хер хIадур гьабизелъун хер бижизе. ХутIараб херги боцIуе кваназе букIине. Гьеб гьедин гьабизе ккани, гьел ракьал лъалъазе ккола. щибаб соналъ ракъдаллъиялъ рес рекъоларо хасало гIи-боцIуе кьезе хер бецизе. Гьединлъидал хер бичун босизе ккола. гьелъ кумек гьабилаан гIи-боцIуда тIад унел харжал дагь гьаризе ва гьанал жибго чIолеб багьа гIодобе ккезабизе.

Гьеб гуребги, гьеб къотIи-къаялъ кумек гьабилаан фермеразе, предпринимателазе грантазда гъорлъ гIахьаллъи гьабизе, щайгурелъул, ракь субарендаялде босизе цIакъ захIмат букIунелъул.

Субсидия щвезе гIарза хъвазе кколаан 2022 соналъул 4 маялде щвезегIан. Киналниги магIишатазе субсидиял кьезелъун документал кьезе бихьизабураб заман кколеб буго битIун гIи къунцIулеб, гьел риидалил мучIдузде гочинарилалде ветеринариялгин профилактикиял тадбирал гьарулеб заман, гьединлъидал гIемерисел фермеразда кIвечIо дотациялъе хIажатаб материал бакIаризе ва гIемерисел фермерал хутIана дотацияги щвечIого. Гьединлъидал гьеб заман 1 июлалде щвезегIан халат гьабизе ккола.

Араб соналда республикаялда щун букIараб 30 гранталъул бакIалда исана щвана гIицIго 10 магIишаталъе грант. Тайпадулаб гIи-боцIуе араб соналда щун букIана 11 азарго гъурущ, гьаб соналда 8 азарго гурого щолеб гьечIо, гьебги щвечIогоги руго гIезагIан магIишатал.

Нилъер районалъул «Цикломен» производствалъул кооперативалда гIезабула «Тушинская» абураб гIиял тайпа. Гьениб гIи-боцIухъабаз гIелаз-гIелазухъе кьун лъазабула гьеб тайпа гIиял хьихьулеб къагIида, кигIанго гIияхъабазул гIумру къойидаса-къойиде захIмалъулеб букIаниги.

Бокьилаан нижер захIмалъаби хIисабалде росани ва киналго фермеразе кумек гьабуни.

Нилъецаги хьул гьабулеб буго фермеразул ахIиги хIисабалде босун, пачалихъалъ гьезие кумек гьабиялде.

Н. ГIАЛИЕВА

Просмотров: 112 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz