Пятница, 26.04.2024, 02:28 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Автор Гъаирбегов Зубаир, районалъул харабазул советалъул председатель. Май 2021 сон.

 Чанго тухум буго Хунзахъ росулъ кинаб рагъ-кьал кканиги гьелда жидеца жигараб гIахьаллъи гьабураб. Гьединаздасан цояб ккола Шамил имамасул машгьурав наиб ХIажимурадил тухум.
Гьесул вас Гуллал вас Бадави жиндиего бокьун ана гIурусазулгун-япониязул рагъде ва гьениб бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ мустахIикълъана кIиго БахӀарчиясул хъанчалъе, доб заманалда цIакъ кIудияб шапакъат букIана гьеб. Гьесулги вас МухӀамад ХIажимурадов гьавуна 1915 соналъ Хунзахъ росулъ. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьилалде гьес лъугӀизабула Ростовалъул педагогикияб институталъул историялъул факультет. 1942 соналъул апрелалда цIалун лъугIула Сталинградалъул рагъулабгун-политикияб училище, гьитIинав (младший) политрукасул цIаргун. Лъабго къоялдасан гIахьаллъула Крымалъул фронталда Керчь шагьаралда ккарал рагъазулъ. 1942 соналъул 11 апрелалда захӀматго лъукъула ва витӀула госпиталалде, кIиго моцӀалъ гьенивги вегун рокъове виччала ва тӀубанго сахлъизегӀан гIагараб росулъе вачIуна. 1942 соналъул 15 сентябралдаса нахъе кколаан Доналъул хъазахъазул гвардиялъул кавалериялъул корпусалъул Эльбрусалъул рахъалда бугеб кавалериялъул комсорглъун, хадуб Закавказалъул фронталъул Северияб рагъухъабазул къокъаялъул комсорглъун. 1942 соналъул декабралда нахъойги лъукъула ва Ереван шагьаралда госпиталалде витӀула.

Просмотров: 262 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор Шайхова Эльмира, Харахьи росу. Май 2021 сон.

 1941-1945 соназул КӀудияб ВатӀанияб рагъалъ лъалкI течIеб тухум яги хъизан цониги батиларо цебе СССРалда гьорлъ рукӀарал, гьанже жалго жидедаго чӀарал пачалихъазда. Рагъда лъала бихьинал. Гьебго рагъда лъала къадаралги. Нилъерго райгазеталъул гьумералдасан дие бицине бокьун буго нижее киназего хирияв вукIарав, нижер кӀудияв инсул хIакъалъулъ.
Ибрагьимов Шайих гьавуна Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ 1914 соналда. 1941 соналъ, рагъ байбихьун тIоцересел къоязго, Шайх-дада (хӀурмат гьабун гьедин абулаан нижеца гьесда) ун вуго тушбабаздаса ВатIан цIунизе. Гьесул рагъул нух халатаб буго-гӀахьаллъи гьабуна фашистаз ккурал Балашов, Киев, Ростов-на-Дону ва Харьков шагьарал эркен гьариялъулъ. Рагъулав полководец И. С. Коневасул нухмалъиялда гъоркь вагъанилан бицунаан гьес Шималияб Кавказалъул рагъухъабаздасан гIуцIараб 19-аб. армиялда.

Просмотров: 248 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор Ахlмадова Зарема, Хунзахъ росу. Май 2021 сон.

 Дир кIудаэмен АхIмадов Сайгид Дадаевич гьавуна 1912 соналда Хунзахъ росулъ векьарухъанасул хъизамалда. 4 классги лъугIизабун, рагъ байбихьизегIан гьев хIалтIана НКВДялъул кьеразулъ Новочеркасск шагьаралда ва Дылымалда. Хадуб хIалтIизе лъугьана Москваялъул порталда. Гьеб заманалда байбихьун буго рагъ. Гьедин 1941 соналъул 26 августалда гьев Москваялъул Пролетаралъул военкоматалдасан ахIун вуго фронталде сержантасул цIаралда. ВукIана отрядалъул командирлъун ва 03504 рагъулаб часталъул 53-аб. армиялъул автоматчиклъун. ГIахьаллъи гьабуна тушманасдаса Харьков, Белгород, Бухарест, Буденновск ва Кировоград шагьарал эркен гьариялъулъ. Узухъда, рехсарал шагьарал эркен гьарулаго бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ пачалихъалъ кьуна мустахIикъаб къимат. Гьесие кьуна «БагIараб байрахъалъул», «ВатIанияб рагъул кIиабилеб даражаялъул» орденал ва «Бихьинчилъиялъухъ» медаль. Гьединго 1945 соналде Япониялъулгун рагъул заманалда гIахьаллъи гьабуна Хинганалъулгун Мукденалъул гьужумалъул операциялдаги. Гьев лъалаан СССРалъул БахIарчи, маршал Георгий Константинович Жуковасдаги «О мужестве, о доблести, о славе» абураб тIехьалда кIудаинсул вукIарав нухмалъулев СССРалъул БахIарчи, генерал-полковник Иван Мефодьевич Манагаровас бицараб харбида рекъон хъвалеб буго: «Дида гьев лъикI лъарав мехалъ, дица Сережаян абизе байбихьана гьесда. Армиялъул штабалъул солдатазгун офицеразги гьединго абулаан гьесда. Амма цонух маршал Г. К. Жуковас «Ахмедыч» абун борчIидал, гьелдаса нахъе гьеб цIар рекIана гьесда.

Просмотров: 208 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

 Баркула нужеда КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса 76 сон тIубай. Гьеб ккола ракI-ракIалъ нилъ нилъерго ВатIаналдаса, гьелъул яргъилал къуватаздаса, нилъер халкъалъул цолъиялдаса чIухIиялъул асаралъ нилъ цолъизарулеб байрам. Гитлерилаб фашизмалда тIад бергьенлъи босиялъулъ ВатIан цIунизе рахъарал дагъистаниязул кьеразулъ мустахIикъаб бакI ккуна нилъер районалъул гIадамазги. ГIемерисез рихьизаруна бахIарчилъиялъул ва бихьинчилъиялъул мисалал, щвана рагъулал орденал ва медалал.
Фронталъе кванил ва ратIлил кумек гьабиялъе гIоло бахIарчиго хIалтIана хунзги авлахъазда ва хурзабахъ. Нилъер халкъалъ КIудияб ВатIанияб рагъулъ бихьизабуна бахIарчилъи, гъунки ва халкъалъул цолъи. Жакъа къоялда районалда хутIичIо цогIаги рагъул гIахьалчи, ана гьел абадияб рокъоре. Амма нилъеда кидаго кIочене бегьуларо гье-зул рагъул дарсал, нилъ ккола гьезул ирсилал. ГIелаз гIелазухъе кьун, нилъеца даимго цIунила КIудияб Бергьенлъиялъул ракIалдещвеял. Гьарула щивасе щулияб сахлъи, даимаб рохел, рекъел, икъбал ва талихI.


Райадминистрациялъул бетIер Н. ЗАДИЕВ.
Райсобраниялъул председатель М. МУХIАМАДОВ.  

Редакция

Просмотров: 207 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор М. Мухlамадов. Апрель 2021 сон. 

 Ахирал соназда нилъер гIумруялъулъ ккарал бищунго кIудиял хиса-басиязул цояб ккола диналде гIадамазул бербалагьи хиси. Гьебго заманалда цебетIей щвана диналда хурхараб рухIияб маданияталъеги: Дагъистаналда къватIире риччалел руго диниял газеталгун журналал, рахъулел руго тIахьал, тIоритIула диналда хурхарал тадбирал. Исламияб публицистикаялда цадахъго цебетIуна исламиял темабазда художествиял асарал гIуцIиги.
Нилъеца бицен гьабулеб заманалда жаниб МахIмуд-апандил пагьму-гьунаралъулъ ккана лъалеб цебетIей. Гьев лъугьана бищунго машгьурал исламиял шагIирзабазул цоявлъун. РекIелъ щулияб иманги бугев, ахираталъул пикрабазги кодове восарав шагIирасул диниял асараз халкъалъул ракIазулъе нух бахъана.
Дагъистаналъул Халкъияв поэт ГIабасил МахIамадица хъвалеб буго: «ШагIир хIисабалда, МахIмуд-апанди адабияталде вачIунев вукIана батIи-батIияб нухдасан. Цин рокьул шигIраби хъван, цинги кьалул кучIдул хъван, хадуб философиял ункъжугьабазде кIанцIун. Ахиркъадги, гьале гьаб динияб поэзиялъул нух жиндираблъунго батун буго гьесда», - ян.
ЦIалдолезул тIадегIанаб къиматалъе мустахIикълъана гьесул «УнкъбокIонал чIинхал» (1995, 2013) абураб мажмугI, «Дир ЧIикIаса КIудияв» (1996) абураб къасидат (поэма), «ЦIияб мавлид» (1998), тIоцебесеб нухалъ сапаралъ рахъунел хIажизабазе малъа-хъваял гьарун кочIодалъун хъвараб «Нужее нух битIаял, хириял хIажизаби» абураб тIехь, ГъазимухIамад имамасул мурид Харахьиса ГIалихIажиясул хIакъалъулъ «Имамасул цо мурид» ва «Генуса шайих ГIабдула-хIажи» абурал поэмабаздасан гIуцIараб «Муридги шайихги» (2001) абураб тIехь.

Просмотров: 212 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

 МухIамадов МахIмуд-апанди ГIумарович-ккола пагьму-гьунар камилав, магIна гъваридал асаразул поэт ва прозаик.
Гьавуна 1951 соналда Харахьи росулъа педагог ГIумаров МухIамадил хъизамалда. Эбел, Хадумова Зайнаб гьаюна Чачаналде кколеб Кванхи росулъ.
МахIмуд-апандие тарбия щвана динияв цевехъан, бакIалъулаб тарих, гIараб ва авар литература лъикI лъалев, халкъияв хурдузул устар, гьесул кIудияв эмен МустIафал ГIумарил бербалагьиялда гъоркь. ГIолохъанаб заманалда кIудияв эменгун цадахъ МахIмуд-апанди гIемерав хьвадулаан Дагъистаналъул тарихиял бакIазде. ГIолохъанаб жан-жигаралъ ва ракIалда жо чIеялъ, цIи-цIияб лъазе бугеб гъираялъ, цIодорлъиялъ, гьесул чорхолъ рессана гIемерал цересел харбалги, бице-киценалги. Гьез кIудияб кумек гьабуна гьесул хадусеб гIумруялъеги.

Просмотров: 202 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор Н.Гlалиева. Апрель 2021 сон 

 Жеги дун гьитIинай, гьанжего гьанже школалде ине хIадурулей яс йигеб мехалда, Дагъистаналъул педагогикияб институтги лъугIизабун, Хунзахъ гьоркьохъеб школалда учительницалъун хIалтIизе ячIун йикIана Залму. Дида гьеб мехалдаго гьелъул берцин рихьулаан шалида гъоркьан раккарал 2 халатаб гъалги, эгъе борхатал «шпилькаби» туфлабиги. Эбел-инсуца кIудияй гIураб мехалда щийлъун яхъине бокьилебан гьикъидал, дица абулаан Залмулъун яхъине бокьилаанилан. Щайин гьез гьикъидал, жавабги кьолаан гьелъ гIадинал шпилькаби ретIинеян. Гьеб заманалдаги, хадуб школалде ячун хадубги, дида цIакъго берцин бихьулаан Залмул гьурмал, чорхол берцинлъи гуребги, гьелъ гIадамазул гьабулеб адаб-хъатирги, берцинаб кIалъайги, недегьаб гьимиги. Жакъа дие рес щвана гьеле гьелдаса нахъе рокьи ккарай Залмулгун гара-чIвари гьабизе.

Просмотров: 189 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

 Батирова Залму-поэтесса ва драматург. Гьаюна 1941 соналъ Хунзахъ районалъул Хунзахъ росулъ. 1960 соналъ лъугIана гьоркьохъеб школа Хунзахъ, хадуб-Дагъистаналъул педагогикияб институт. Къого соналъ хIалтIана учительницалъун, 1985 соналъ яхъана МахIачхъалаялде ва хIалтIизе лъугьана «Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул авар мацIалда бахъулеб выпускалъул редакторлъун. 1986 соналда хIалтIизе лъугьана МахIачхъалаялъул Кировский райисполкомалъул гIаммаб отделалъул заведующийлъун, 1991 соналдасан-ДРялъул тIабигIиял ресурсазул ва тIабигIат цIуниялъул Министерствалъул гIаммаб отделалъул начальниклъун, Дагъистаналъул ралъдал инспекциялъул пачалихъияй инспекторлъун.

Просмотров: 195 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

 Хунзахъ район кидаго бечедаб букIана поэтаз-далъун ва хъвадарухъа-баздалъун. Гьелда абизе бегьула шагIирзабазул къебелъиян. Гьеб тасдикъ гьабуна дагьаб цебегIан Россиялъул хъвадарухъабазул Сою-залъ адабияталдагун маданияталда цере рихьизарурал тIокIлъабазе гIоло ва адабият цIуниялъулъ лъураб кIудияб бутIаялъе гIоло нилъер районалъе «Россиялъул литературияб район» абураб хIурматияб цIар кьезе гьабураб хIукмуялъги. ГIемер гьечIо анлъго Халкъияв шагIирасдаса ва хъвадарухъабаздаса чIухIизе рес бугел районал. Дагъистаналъул адабияталъул борхалъуда хасаб гвангъигун кенчIолел руго ДРялъул Халкъияй шагIир Залму Батировалъул асарал. Гьезул щибалъулъ буго кунчIи. Гьениб дандчIвала кочIохъе хъвараб хабарги, харбихъего хъвараб шигIруги. Цоязулъ бихьула ракI пана гьабулеб поэзиялъул гьунар, цогидазулъ-гIодизе тIамулеб пашманлъи ва гIасрабаз хъвагIаларел тарихалъул хIужаби. Исана нилъер шагIиралъ тIубала 80 сон. ХIурматияй Залму МухIамадовна, дирго ва тIолалго районцоязул рахъалдасан ракI-ракIалъ баркула дуда гьеб юбилей.Хадубккунги дур магIна гъваридал асараз ниж хIайран гьаризе щулияб сахлъи ва икъбалгун талихI гьарула дуе. Хъизан-лъималаздаса ва гьезулги лъималаздаса йохун хутIаги даимго.Гьединго исана 70 сон тIубана цоги нилъер районалъул машгьурав поэт МахIмуд-апанди МухIамадовас. Гьесул творчество бокьулезда лъала кигIан гьунар бугев шагIир МахIмуд-апанди кколевали. Гьесул творчествоялъул байбихьи букIана жиндирго цIар гIахьалав ХъахIабросулъесул гIадаб-МахIмуд-апандица хъвана рокьул кучIдул. Хадубккун гьес хъвана философияб ва динияб темабазда асарал. Гьесул «УнкъбокIонал чIинхал» абураб тIехьалъе тIадегIанаб къимат кьуна цIалдолез. Бусурбабазе кутакалда пайда цIикIкIараллъун руго «1001 жаваб» ва «ХIадисазул квацIи» абурал тIахьал. Бокьун буго гьединго ракI-ракIалъ баркизе МахIмуд-апанди ГIумаровичасда юбилей. Биччанте жеги гIемерал соназ сах-саламатго мун нижгун вукIине ва гьунаралъе мустахIикъал цIаралгун шапакъатал дуе щвезе!

Районалъул бетIер Н. ЗАДИЕВ.

РЕДАКЦИЯ

Просмотров: 199 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 08.12.2021 | Комментарии (0)

Автор МухӀамад Гlумаров. Январь 2021 сон.

ЗахӀматал рукӀана дол революциялъулал къоял. Дагъистаналъул халкъалъул къисматин абуни доб мехалъ цIакъго кьогIаб букIана. Язихълъиялъ къвал бараб, бецӀлъиялъ кодоб ккураб букӀана магӀарулазул гӀумру. Гьеле гьедин рес къотӀиялъ къватӀиве вахъарав дир эменги гӀемер мехалъ хӀалтӀана Бакуялъул нартил буругъазда. Гьевгун цадахъ 1911-1918 соназ Бакуялда дунги хӀалтIизе ккана чанго батӀиял хIалтӀабазда. 1918 соналда росулъе тIад вуссараб мехалъ мугӀрузда тӀибитӀун букӀана Россиялда револю-ция бергьиналъул хӀакъалъулъ хабар.

Просмотров: 432 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.11.2021 | Комментарии (0)

Автор П.Пайзулаев. Январь 2021 сон.

ЛъебергогIан соналъ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб,   1860 соналъул 5 апрелалда Россиялъул пачаясул Кавказалда вукIарав сардарас тасдикъ гьабуна Дагъистан областалда ва Закатала округалда нухмалъи гьабиялъул положение, низам. Областлъунги лъазабун букIана гьеб тарихалда тIоцебе Дагъистаналъул ракь цолъизабураб гIуцIи. Областалъул гIатIилъи бащалъулаан 29,8 азарго квадратияб километралда. Дагъистаналъул ракьалда рукIарал ханлъабиги цогидал политикиял гIуцIабиги хвезарун, гьенив бетIерлъун тана генерал-губернатор. 

Просмотров: 261 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.11.2021 | Комментарии (0)

 20 январалда 100 сон тlубала Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социалистияб Республика гIуцIаралдаса. Нахъа тараб гIасруялъулаб гIумру-ялда регион лъугьана экономикияб, культурияб, социалияб рахъалъ Россиялъул Федерациялъул щвалде щвараб политикиябгун правовияб субъектлъун. Амма нилъеда ракIалдаса ине бегьуларо революциялда цебесеб, советияб, пере-стройкаялда хадусеб Дагъистаналъул тарихазул бахIарчиялги, пашманалги, рохалилалги гьурмал.
Нилъер халкъазул цолъи ккола къиматаб хазина, батIи-батIиял гIадат-гIамал-хасиятал жиндилъ рехсараб гIемермиллатазул ва батIи-батIиял диназул республикаялъул щулияб кьучI. Дун божарав вуго гъунки, гражданинасулаб цадахърекъей, миллияб хаслъи хадубги цIунани, нилъеда кIвелин цере лъурал масъалаби тIуразаризеги, районгун республика Россиялъул церетIурал регионазул цояблъун лъугьинабизеги.
Гьарула тIолалго дагъистаниязе ракълилаб зоб, гвангъараб гIумру, икъбалгун талихI! Дагъистан республикаялъул 100-сонилаб юбилейгун!
«Хунзахъ район» МРялъул бетIер Нурмухlамад Задиев

Просмотров: 212 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.11.2021 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов. Августь 2020 сон.

Районалда т1адбан унеб буго бач1ин бак1ариялъул ва раг1и-хер х1адуриялъул х1алт1аби. Гьединго т1аде щолеб буго гъутабазде г1и гочинабулеб заманги. Гьеб киналъулго ц1ехон ниж дандч1вана райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул специалисталгун. Гьезул раг1абазда рекъон, гъоркьисалаялде данде ккун исана к1иц1ул ц1ик1к1ун гьабун бук1ана хаслихъе рекьи, гьелъул х1асилалда к1иго нухалъ ц1ик1к1ана бач1инги. Гьедин районалъул киналго категориязул маг1ишатаз г1аммаб къаг1идаялъ хаслихъе рекьи гьабун бук1ун буго 1700 гектаралда.

Просмотров: 3199 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 06.09.2020 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Август 2020 сон.

6 августалда т1олабго Дагъистаналдаго к1одо гьабуна республикаялъул т1оцевесев президент, философиял г1елмабазул доктор, жамг1ияв ва политикияв х1аракатчи, нилъер ракьцояв Мух1у Г1алиевасул 80 сонилаб юбилей.

Просмотров: 428 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 26.08.2020 | Комментарии (0)

Гара-чӀвари гьабуна республикаялъул литературиял журналазул бетӀерав редактор Мурад AXIMAДОВАС.

-МухӀу Гьиматович, дуе pec щвана тӀубанго батӀи-батӀиял заманабазда кӀиго нухалда республикаялъе нухмалъи гьабизе. Мун вукӀана СССРалда гьоркьоб Дагъистан бугеб мехалда партиялъул обкомалъул тӀоцевесев секретарлъунги, Россиялъул Федерациялда гъорлъе унеб нилъер республикаялъул тӀоцевесев президентлъунги. Гьеб кӀиялдаго гьоркьоб ана 15 соналъул тарих. Кинаб къимат дуца кьолеб жибго гьеб цоцаздаса тӀубанго батӀи-батӀияб заманаялъеги, гьел заманабазул нухмалъиялъул хаслъабазеги? Щиб нилъее щвараб ва щиб нилъехъа билараб? Кинал захӀмалъаби дандчӀварал дудаги республикаялдаги гьел соназда? Аслияб къагӀидаялъ гьабизе щиб кӀвараб ва щиб хутӀараб гӀумруялде бахъинабизе бажаричӀого?

Просмотров: 433 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.08.2020 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 10 11 12 13 14 ... 84 85 »

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz