Пятница, 26.04.2024, 18:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Октябрь » 25 » ЦЕРЕТlЕЯЛГИ КАМУН ГЬЕЧlО
12:33
ЦЕРЕТlЕЯЛГИ КАМУН ГЬЕЧlО

Г1адатлъун лъугьун буго жиде-жидер хъулухъалъул х1алт1ухъабаз профессионалияб байрамалда ц1и-ц1иял бергьенлъабигун, церет1еялгун дандч1вай гьабулеб. Гьал къоязда нилъеца к1одо гьабуна росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазул къо.
Гьеб къо аслияб къаг1идаялда данде ккола ахакь, хурзабахъ гьарулел х1алт1абиги лъуг1ун, риидалил хинал къоязулгун къо-мех лъик1ги гьабун хасалиде г1агарлъулеб заманалде. Кинанха районалъул росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабаз гьеб къоялда дандч1вай гьабураб?
Гьеб суалгун дун щвана районалъул администрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул начальникасул заместитель Г1умаров Х1усен Г1алилмух1амадовичасухъе.


-Х1усен Г1алилмух1амадович, нахъа тана маг1ишатияб соналъул 9 моц1. Лъазе бокьилаан кинал х1асилал ккарал гьеб заманалда районалъул росдал маг1ишаталъул бут1аялдаяли? Кинал бергьенлъабигун рач1унел ругел гьел професионалияб байрамалдеяли?


-Районалъул гуребги, Республикаялъул росдал маг1ишат цебет1езабиялъулъги бихьулеб бут1а лъолеб буго нилъер районалъул маг1ишатаз. Росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазул къоялде гьезда к1вана пачалихъалъе продуктаби ричиялъул 9 моц1рол план бергьенлъиялда т1убазабизе. Жакъа къоялде пачалихъалъе бичун буго 3600 тонна гьанал. Гьеб ккола араб соналда дандеккун 400 тоннаялъ ц1ик1к1ун. Гьединго бичун буго 21 азарго тонна рахьдал, гьебги ккола араб соналде данде ккун 150 тоннаялъ ц1ик1к1ун, къунц1ун буго 400 тонна квасул. 


-Гьединал х1асилал ккезе ккани, г1и-боц1ул къадарги г1езег1ан ц1ик1к1араб батилагури районалда?


-Лъик1ал х1асилал руго районалъул маг1ишатазул г1и-боц1ул къадар борхизабиялда ва гьеб ц1униялда хурхунги. Гьабсаг1аталда районалда бугеб г1иял къадар бахуна 200 азаргоялдаса ц1ик1к1араб бет1ералде, боц1ул 25 азаргоялде бахуна. Исана нилъер г1ияхъабазе щвана 110 азарго т1инч1. Гьебги лъик1аб х1асил ккола.


-Кин бугеб хасалоялде раг1и-хер х1адур гьабиялъул иш?


-Г1уц1араб къаг1идаялда унеб буго хасалоялде раг1и-хер х1адур гьабиялъул ишги. Планалда х1адуризе бихьизабун бук1араб 45 тонна раг1и-хералдасан маг1ишатазул г1архъазда лъун буго 40 тонна. Х1алуцараб къаг1идаялда унеб буго хут1араб х1алт1и гьабиги.


-Гьабсаг1аталда г1иял хасалил муч1дузде гочунел ратила?


-Нухда дандч1валел зах1малъабиги къезарулаго, т1аса ин ккезе биччач1ого гочунеб буго г1и гъутабазде. Гьел т1аде щвелалде ремонт гьабун, г1ияе квег1енлъаби гьарун т1убараб х1адурлъи гьабун буго гъутабаздаги.   


-Нилъеца жеги бицинч1о хурухъанлъиялъул х1акъалъулъ.


- Квешал х1асилал ккеч1о хурухъанлъиялдаги. Байбихьун буго хаслихъе культураби рекьизе. Унеб буго пиринч1 бак1ари. Ункънусиялда лъебералда анкьго гектаралда бекьараб пиринч1алъул 300 гектаралдаса бак1арун буго цо-цо гектаралъе 40 центнер х1исаб гьабун пиринч1.


- Росдал маг1ишаталъул къоялде лъик1ал х1асилалгун рач1унезул ц1арал рехсани бокьилаан.


- Байрамалъул къоялде рач1унелъул гуребги, цебеялде данде ккун, г1езег1ан ч1аголъи лъугьун буго росабалъги, маг1ишатиял г1уц1абаздаги, росдал маг1ишат цебет1езабулел фермераздаги гьоркьоб ахирияб заманалда. Дида рак1алде кколеб буго г1адамаздагин маг1ишатиял х1алт1ухъабаздаги дагь-дагь ккун бич1ч1улеб бугин г1и-боц1и хьихьич1огоги, ах-хур г1езабич1огоги нилъ кинго т1уралареллъи. Сунде данде рачинел нилъерго рокъоб г1езабурал ах-хуралъул ниг1маталги, нилъецаго хьихьараб г1и-боц1иги. Маг1ишатазул бицани, жакъа росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазул къоги к1одо гьабулаго, цересезул кьердасан унел руго Т1ануси «Машгьурал г1адамал», Х1ариколо «Баг1арав партизан», Гьац1алухъ «Гацалухский», «Орота», Г1ахьалч1и, «Мущулинский», Сивухъ «Баркаман» СПКял, Харахьи МУП, Т1ануси – «Аконит», Байикь – «Цикломен», «Стела», Г1обода – «Дайитбег», «Заг1иб», «Хашта» фермеразул маг1ишатал.
«Гьоц1алъ» консервазул ОО г1ахьаллъана Москваялда т1обит1улеб бук1араб «Меседилаб хаслихълъи» Т1олгороссиялъулаб выставкаялда. 15 бат1ияб продукцияги босун гьелда г1ахьаллъараб гьеб цолъи т1ад буссана ц1акъго лъик1аб къиматги кьун. Нилъер тайпадулаб «Тушинский» г1ияе гьединабго цебелъеялда щвана меседил медаль.


- Пачалихъалъул рахъалдасан кумек бук1унищ г1и-боц1ухъабазе, ахихъабазе?


- Х1укуматалъ субсидиял кьола щибаб эбелаб чахъуялде т1аде, щибаб тайпадулаб г1и-боц1и г1езабуразе, пачалихъалъе рахь бичаразе, лъалъ гьабуразе, хъурухъанлъиялдагун ахихъанлъиялда х1алт1аразе.


- Х1усен, баркала гара-ч1вариялъухъ. Баракатаб батаги, нужее, т1аде бач1унеб бугеб хасел. Гьабулебщиналъулъ инкъбал, сахлъи, бажари.


Н. ГlАЛИЕВА
 

Просмотров: 227 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz