1 декабралда райцентралда Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб маданияталъул кlалгlаялда тlобитlана Халкъазда гьоркьосеб инвалидазул къо кlодо гьабун тадбир. Жакъа къоялде районалда вуго 318 лъимер - инвалид. Гьелда гlахьаллъи гьабизе вачlун вукlана машгьурав кочlохъан ва телеведущий Виктор Тартановги.
Инвалидазда гьезул къоги баркун, кlалъана районалъул жамгlияб палатаялъул председатель Раисат Гlусманова.
“Дица киназдаго баркула жакъасеб къо. Инвалидал руго нилъер хасаб бербалагьиялде ва тlалаб-агъазалде ккарал чагlи. Амма нилъеда бихьулеб буго кигlан сахлъиялъул рахъалъ загlипал ругониги, гьезги жидерго мурадал тlуразе хlаракат бахъулеб букlин. Районалъул Жамгlияб палатаги кидаго хlадураб буго нужее бажарараб кумек гьабизе”, - ян абуна гьелъ.
“Дун цlакъ вохарав вуго жакъа Дагъистаналде ва Хунзахъе вачlине щвеялдаса. Машгьурав поэт, дунялалъулго инсан Расул Хlамзатовасул, цlар рагlарал спорстменазул, рагъухъабазул, гlалимзабазул ва цогидалги кlудиял гlадамазул Ватlаналъул берцинлъи бераздалъун бихьулеб гьечlониги, чорхолъе рещтlунеб буго гьанир ругел гlадамазул ракlазулъан бачlунеб хинлъи, гьезул гьалбадеридехун бугеб рокьи, адаб-хlурмат. Инвалидаздехун дица абилаан, кигlанго гlумруялъ тlаде цуниги кверал гlодоре ричччагеян. Дун гьавуна 10% гурони канлъиги гьечlого. Узухъда, дирги рукlана дирго анищалги хьулалги. Дие цlакъ бокьулаан суратал рахъизе. Дицаги кверал гlодоре риччачlо. Дир буго цlакъ талихlаб хъизан ва 4 лъимер. Гlумруялъ гlемерал захlмалъаби хlадурун ратула инсанасе. Амма хlаракат бахъизе ккола гьелги къезарун церехун ине. Гьединго дица киналго ахlилаан канлъи цlунизе. Щайгурелъул, жакъа къо бахъанагlан цlикlкlунел руго канлъукъазул кьерал. Гьитlинаб къоялдаса нахъе лъимер кlудияб гlолеб буго телефоналда тlадеги къулун. Гьелдалъун загlиплъулеб буго лъимадул канлъиги. Гаджетаз гуреб, эбел-инсуца кьезе ккола лъималазе тарбия”, - ян абуна Виктор Тартановас.
Гьединго кlалъаял гьаруна районалъул халкъалъе социалияб хъулухъ гьабиялъул комплексалъулаб централъул (КЦСОН) нухмалъулев Зайирбег Атаевас, лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ, Дербенталъул хасаб коррекциялъул школалда сакъатал лъималгун хlалтlи гьабулей мугlалим Светлана Богачевалъ ва цогидазги. Кlалъаязда гьоркьор кучlдул ахlана Виктор Тартановас, Ирада Хановалъ, кьурдулаб номергун цебе бахъана “Гlакаро - Хунзахъ” ансамбль.
Ахиралда райадминистрациялъул рахъалдасан баркалаялъул кагътал кьуна районалда ругел лъимал-инвалидазулгун хlалтlи гьабулел педагогазе ва тадбир гlуцlизе хlаракат бахъаралщиназе.
И. Мухlамадов.
|