Среда, 24.04.2024, 10:22 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Ноябрь » 20 » АЛЖАНУЛ КlАЛГlА ГlАДИН ТlАХЬАЗУЛ РУКЪГИ КЪАЧlАН, КИНАБГО ГlАЛАМАЛДА ГЬЕЛЪУН ГlЕЛМУ МАЛЪАРАЙ
22:16
АЛЖАНУЛ КlАЛГlА ГlАДИН ТlАХЬАЗУЛ РУКЪГИ КЪАЧlАН, КИНАБГО ГlАЛАМАЛДА ГЬЕЛЪУН ГlЕЛМУ МАЛЪАРАЙ

«Херал маг1арулал нужер цо раг1и, цо г1алимчиясул т1ехь буго дие»,-ян Расул Х1амзатовасул коч1ол мухъал рач1уна дида цере ц1ик1к1арал г1адамазулгун гара-ч1вариязда. Гьезул х1акъалъулъ г1олеб г1елалда лъазелъун рагьана дица социалиял гьиназда «Нилъер хараби» проектги (газета ц1ализе г1едег1ич1ониги инстаграмниги гьез бегулелъул).
Дир гьаб очеркалъул аслияй героиня Пат1имат Хочоева гьаюна 1935 соналъ Хунзахъ росулъ. Абизе бегьула Пат1иматица т1олабго г1умру сайгъат гьабунин районалъул маданияталъул бут1аялъеян. 1958 соналъ районалъул лъималазул библиотекаялде х1алт1изе лъугьарай гьей 1976 соналдаса нахъе 2017 соналъ рокъой ч1езег1ан х1алт1ана районалъул библиотекабазул системаялъул директорасул заместительлъун. Пат1имат ккола ДРялъул культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан, зах1маталъул ветеран, юбилеялъул медалазул, республикаялъул ва районалъул рик1к1ен г1емерал грамотабазулгун баркалаялъул кагътазул бет1ергьан.
1970 абилел соназ т1обит1араб РСФСРалъул социалистияб къецалда лъималазда гьоркьоб библиотекаялъул х1алт1ул бищун лъик1аллъун рик1к1арал ва соцсоревнованиязда бергьарал дагъистаниязул гьит1инабго къокъаялда гъорлъ (сураталда) П. Хочоеваги йик1ана. Гьелъго бицуна Пат1имат х1алт1и бокьулей ва гьеб лъик1 лъалей инсан йик1иналъул. Хъварабщинаб  кеч1ги гьелъул, жийго йихьизайизе гуреб, библиотекаялъул х1алт1и цебе бачине, дора т1орит1улел тадбирал релълъинаризе херхарал руго. Г1емераб ц1ияб лъана дида нижер хабаралдасан, щвана рик1к1адал умумузул гъанситухъе, къулч1ана рагъул лъимерлъиялъул кьог1лъи…


-Пат1имат, рагъул заманаялъул лъимер ккола мун, рак1алда ругелищ дол кьог1ал сонал?


-К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьараб мехалъ дир г1умрудул бук1ана г1иц1го 6 сон. Доб ч1ах1иязулги г1исиназулги рек1елъ цо гьеб раг1иялъ решт1инабураб х1инкъи т1аса унеб жойиланго кколароан. Граждан рагъул герой Х1ашт1ихил Мух1амадица ниж гьит1инал чаг1азе бицунаан, нуж эбел-инсуда аск1ор лъик1 ругилан, кваназе бугин, рет1ине бугин, г1урус лъималазин абуни, умумулгун рат1аги гьарун, Казахстаналде гочинариялъ, жидеего бет1ербахъи гьабизе кколеб бугилан.
Гьединги батила, щибаб къойил магъилъе х1алт1изе ин нижер т1адаб борчлъунги бук1араб. Абиларо, ракъи-къеч бихьанилан. Хунзахъ 3-4 хъизан бук1ана колхозалда х1алт1улеб бугеб, гьезда гьоркьор рук1ана дир умумулги. Колхозчаг1азе «къойида жо» щолеб бук1индал, кваназе жо гьеч1ого ниж хут1ич1о. Амма ц1акъ хьул лъолаан «х1укуматалъул» чадиде. Дол ханзабазул рукъзабахъ цебе к1иго тукен бук1ана: цо ххам бичулеб, цо-чед бичулеб. Колхозчаг1азе чед бичулеб бук1инч1ого, рек1екълъун т1адюссунаан дун тукадаса, долъул мах1алъ хьулги лъезабун.
Х1ат1ида г1иц1го хьвадулаан школалдеги, хадур хьитал щведалцин, гьел рахъун лъун рук1унаан, додин ругьунлъун ккеялъ.
Конфет-печена нижеда лъазего лъалароан. Магъилъ х1алт1илел ругел чаг1азул  анищал рук1унаан «Цо г1орц1изег1ан гьекъезе гьуинаб чаялъухъ». Доб мехалъ щвараб чакаралъул пушт1урги к1албиччанкъоялде бахчулаан улбуз. Бук1инч1о нижер рах1атаб, рак1 бохараб лъимерлъи. Х1аялцин гьарулаан ч1ах1ияз гьабулеб бихьараб такрар гьабун. Цо нухалда «хварав чи вукъи» х1алел рук1ана ниж: маг1аби-зикругун, бук1а-бук1унебщинаб гьабун. Хъаладухъа рокъове вач1унев учитель Г1алиханил Зайирбегида нижер «рукъа-русиялъул» х1ай росулъ ккараб хвелилан ккун буго. Г1иц1го аск1овег1ан щведал: «Малг1унал, лъимал рук1ун рихьуларищ ал!» - ян г1одове виччан вуго гьев. Х1алаан ригьин-ц1а, лъимер гьабиялъул г1адаталги. «Мая» абураб г1исинаб т1егь т1ад бахъараб ххамил гурде - бищун ч1ух1араб къач1ай, хъабахъалъул гьабураб ц1а-раг1, хьагал – бищун лъик1ал расанк1аби… Гьедин ана нижер лъимерлъи.


- Дуда бихьана чанго бат1ияб заман, цебейищ гьанжейищ г1адамал лъик1ал рук1арал? Рак1алде щолищ дурго х1алт1ул сонал?


- Х1алт1удаса нахъе йилъун санал аниги, лъик1аб рахъалъ раг1изе бокьула библиотекаялъул, гьабсаг1атги абула «нижер ясалалилан» дора х1алт1улезде. Цебе, киг1ан зах1малъаби рук1аниги, г1адамазул рак1алжурай ц1ик1к1ун бук1ана. Г1емерго гьарулаан лъималазда гьоркьор экскурсиял, т1ахьал рокьизариялъул х1алт1аби. Лъик1аб тадбир лъугьун бук1ана х1ажизабазулгун дандч1вай. Бокьулаан росабалъ филиалазулгун х1алт1и г1уц1изе, гьезда квешаб-лъик1аб малъун, жидерго х1алт1улал бак1азда берцинлъи г1уц1изе гьел гьесизаризе.
Х1алт1улги т1ехьалъулги бук1ана къимат. Г1емер рак1алде щола ва дуг1адулъ ккола цадахъ х1алт1арал, гьабсаг1ат нилъгун гьеч1ел гьалмагъзаби: т1ахьазул рукъалда рахарал к1улал г1адай Мух1ул Мух1амадил Саки, бажари бугел нухмалъулел Баржанатил Пат1и, Г1адул Мух1амад, аваданав Дибирасул Х1усен, дирго гьалмагъ Т1анусиса Яхьяева Пат1имат… Лъик1аб коллективалда х1алт1изе рес щвана дие.
Рак1алда буго, г1олохъанч1ужу Буц1рае халгьабиялъ йит1ун йик1ана дун (лъелго,17 км манзилалда! - авт), хадув вач1унев цо чода рек1арав вихьун, х1инкъиялъ еке-екерун щвана дун Балада нахъе. Кинаб г1ажаиблъиха дир бук1араб, дов чот1ахъан чу бичизе жиндирго сапаралъ унев х1ат1ида г1иц1ав гьит1инав вас ватидал?!
Зах1матаб бук1аниги, г1аданлъиги, чилъиги, х1алт1ул къиматги бугеб заман бук1ана.


- Мун йиго иман-ислам дурусай муъминч1ужуги. Щиб насих1ат дуца гьабилаан г1олеб г1елалъе?


- Дие икъбал ккана к1удияв г1алим Х1ажи-дадал наслуялъул яти (7 сон барав чи эбелалъ мугъзада лъун Буц1раве щвезавун вук1ун вуго гьев г1елму ц1ализе - авт). Дах1абабае ва досие каке чуризе лъим баччулаан дица «начальникасул» иццухъа бахъараб, росулъ лъабго гурого ицц бук1инч1о доб мехалъ. Дида т1ад лъураб бук1ана рогьалил какде к1удиял рорч1изаризеги. Г1олилазда дица гьарилаан куцал гурел, рак1ал рац1ц1ад гьареян. Дов т1оцебе какги жинца ахарав Билал – асх1аб, аварагас (свалляллагьи г1алайгьим вассалам) тархъан гьавурав лагъ хоч1ие гьавулев вук1ун вуго сверухъ ругез куцги ч1ег1ерав, сурукъав чи вук1иналъ. Куцалда кверги бахъун жаваб гьабун буго дос гьединазе: «Рецц Аллагьасейин, Гьес кьураб бук1иналъ, гьаб сипаталдаса жив ц1акъ разияв вугилан». Куц-жинс бугезе щвараб бат1ияб талих1ги дида лъаларо. Амма иман бугев рак1 лъик1ав чи г1адамазеги Аллагьасеги вокьула.

Газеталъул цо гьумералда хъван лъуг1улеб хабар ккеч1о дирги Хочолалъулги доб лъабго саг1аталда жаниб. Г1емераб жо малъана, бицана г1акъилай инсаналъ. Гьелъулгун накъиталъул цо-цо кескал социалилял гьиназда лъедал, г1емер чияс гъоркь хъвалеб бугоан: «Вай йигей рек1елъе йортаян ч1арай к1одо», «Сах-саламат таги рак1 рагьарай инсан», «Ч1ахъаги нилъер г1акъилал хараби!» ян калимаби. Амма рагьун долъ бицинч1ониги, ругоан Пат1иматил рек1елъ х1унчарал, цо-цо «кидаго г1олохъангоги бажариялдаги хут1изе рак1алда бугезул» рак1бакъваялги, х1акъирал раг1абиги. Гьезиназе лъик1аб бук1инаан кват1ун ккелалде, ц1ик1к1арал г1адамазул рак1 лъукъарал пишабаздаса т1асалъугьин гьаризе. Херлъи, Ц1адаса Х1амзатица абухъе, «хехго т1аде щолев, бечедав гьоболлъидал».
Макъалаялъул ахиралдайин абуни, дирго эбелалъулги х1ал-рак1 жубарай гьалмагъ, пишацояй Хочоева Пат1иматие рак1-рак1алъ гьарила йигейг1ан соназ сахлъиги, г1олилазда квешаб-лъик1аб малъизе тавфикъги, росу-жамаг1аталъего дуг1а гьабизе соналги. Нуж руго нижер хазинаги, баракатги, г1акълудал къулг1аги.


Ф. Мухlамадова. 

Просмотров: 146 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz