Автор Ф. Мухlамадова. Ноябрь 2022 сон.
«Херал маг1арулал нужер цо раг1и, цо г1алимчиясул т1ехь буго дие»,-ян Расул Х1амзатовасул коч1ол мухъал рач1уна дида цере ц1ик1к1арал г1адамазулгун гара-ч1вариязда. Гьезул х1акъалъулъ г1олеб г1елалда лъазелъун рагьана дица социалиял гьиназда «Нилъер хараби» проектги (газета ц1ализе г1едег1ич1ониги инстаграмниги гьез бегулелъул).
Дир гьаб очеркалъул аслияй героиня Пат1имат Хочоева гьаюна 1935 соналъ Хунзахъ росулъ. Абизе бегьула Пат1иматица т1олабго г1умру сайгъат гьабунин районалъул маданияталъул бут1аялъеян. 1958 соналъ районалъул лъималазул библиотекаялде х1алт1изе лъугьарай гьей 1976 соналдаса нахъе 2017 соналъ рокъой ч1езег1ан х1алт1ана районалъул библиотекабазул системаялъул директорасул заместительлъун. Пат1имат ккола ДРялъул культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан, зах1маталъул ветеран, юбилеялъул медалазул, республикаялъул ва районалъул рик1к1ен г1емерал грамотабазулгун баркалаялъул кагътазул бет1ергьан.
1970 абилел соназ т1обит1араб РСФСРалъул социалистияб къецалда лъималазда гьоркьоб библиотекаялъул х1алт1ул бищун лъик1аллъун рик1к1арал ва соцсоревнованиязда бергьарал дагъистаниязул гьит1инабго къокъаялда гъорлъ (сураталда) П. Хочоеваги йик1ана. Гьелъго бицуна Пат1имат х1алт1и бокьулей ва гьеб лъик1 лъалей инсан йик1иналъул. Хъварабщинаб кеч1ги гьелъул, жийго йихьизайизе гуреб, библиотекаялъул х1алт1и цебе бачине, дора т1орит1улел тадбирал релълъинаризе херхарал руго. Г1емераб ц1ияб лъана дида нижер хабаралдасан, щвана рик1к1адал умумузул гъанситухъе, къулч1ана рагъул лъимерлъиялъул кьог1лъи…
-Пат1имат, рагъул заманаялъул лъимер ккола мун, рак1алда ругелищ дол кьог1ал сонал?
-К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьараб мехалъ дир г1умрудул бук1ана г1иц1го 6 сон. Доб ч1ах1иязулги г1исиназулги рек1елъ цо гьеб раг1иялъ решт1инабураб х1инкъи т1аса унеб жойиланго кколароан. Граждан рагъул герой Х1ашт1ихил Мух1амадица ниж гьит1инал чаг1азе бицунаан, нуж эбел-инсуда аск1ор лъик1 ругилан, кваназе бугин, рет1ине бугин, г1урус лъималазин абуни, умумулгун рат1аги гьарун, Казахстаналде гочинариялъ, жидеего бет1ербахъи гьабизе кколеб бугилан.
Гьединги батила, щибаб къойил магъилъе х1алт1изе ин нижер т1адаб борчлъунги бук1араб. Абиларо, ракъи-къеч бихьанилан. Хунзахъ 3-4 хъизан бук1ана колхозалда х1алт1улеб бугеб, гьезда гьоркьор рук1ана дир умумулги. Колхозчаг1азе «къойида жо» щолеб бук1индал, кваназе жо гьеч1ого ниж хут1ич1о. Амма ц1акъ хьул лъолаан «х1укуматалъул» чадиде. Дол ханзабазул рукъзабахъ цебе к1иго тукен бук1ана: цо ххам бичулеб, цо-чед бичулеб. Колхозчаг1азе чед бичулеб бук1инч1ого, рек1екълъун т1адюссунаан дун тукадаса, долъул мах1алъ хьулги лъезабун.
Х1ат1ида г1иц1го хьвадулаан школалдеги, хадур хьитал щведалцин, гьел рахъун лъун рук1унаан, додин ругьунлъун ккеялъ.