5 октябралда райадминистрациялда тlобитlана районалъул мобилизациялъулаб комиссиялъул гlатlидаб данделъи. Аслияб къагlидаялда гьениб гьоркьоб лъун букlана Россиялъул Президент В. Путинил указалдалъун 21 сентябралда улкаялда лъазабураб рагъулаб мобилизация районалда букlине кколеб даражаялда тlобитlиялъул суал. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, военком Шамил Мухlамадовас, прокурор Рамазан Гlумаровас, росабазул бегавулзабаз ва цогидалги жабавиял хlалтlухъабаз.
Данделъиялъул байбихьуда районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас бицана жакъа районалда мобилизация тlобитlиялда хурхун бугеб ахlвал-хlалалъул ва дандчlвалел ругел захlмалъабазул.
“24 февралалда Украинаялда байбихьараб хасаб рагъулаб операциялда гlахьаллъи гьабулел ругел нилъер гlолохъаби хисизе ва гьал къоязда Россиялде гъорлъе рачарал цlияб ункъго субъект цlунизе рукlинелъун улкаялъул бетlерас 21 сентябралда жиндирго указалдалъун лъазабуна цо бутlаялъулаб мобилизация. Кинха нилъер районалда гьеб тlобитlулеб бугеб? Руго гьеб суалалда сверухъ хlалтlи гьабулел ругел бегавулзабиги. Мисалалъе, Хунзахъ, Бакьагьечlи, Гlахьалчlи росабазул советаздасан чанго чи витlана Ватlан цlунизе. Амма руго жидеца гьеб рахъалда хурхун гьабулеб хlалтlудаса дун рази гьечlел бегавулзабиги. 11 росулъан жеги цониги чи витlун гьечlо армиялде. Гьезда гъорлъ руго Гlорутlа, Гьамущи, Гьамиштlа, Буцlра, Шотода ва цогидалги росаби. Хlукуматалъ дагьаб хlалтlийищ нилъер районалъе гьабураб? Гьелъ гурищ нилъее нухалги гьарурал, лъиналги рачарал, школабиги, паркалги, спортзалалги ва цогидаб инфраструктураги балеб бугеб? Пачалихъалдаса кlвараб жоги босун, гьанже гьеб цlунизе ккедал рахчун чlеялъул магlна щиб? Дида лъала нилъер гlолохъаби хlинкъучал гуреллъи ва гьезда гъорлъ гlемер унго-унгоял бихьинал рукlинги. Гьелъие нугlлъи гьабула хасаб операциялда гlахьаллъи гьабулел ругел нилъер гlолохъабазе щолел ругел шапакъатазги. Амма гьезул цо-цоял, хасго гьезул эбел-эмен божулел руго Интернеталдасан нилъер тушбабаз тlиритlизарулел ругел гьересиял харбазда. Нилъер масъала буго гьел къватlул харбаздасаги цlунун, гьезухъе хlакъикъияб информация щвезаби”, - ян абуна гьес.
Гьединго районалъул нухмалъулес бегавулзабазе тlадкъай кьуна зама-заманалдасан хасаб рагъулаб операциялда гlахьаллъи гьабулел ругел гlолохъабазул хъизамазухъеги щун, гьезие хlажатаб чlезабун, гьезул садиказде яги школазде ине гlурал лъимал ратани, гьел цогидаздаса цере росун, гьезул тlалаб-агъаз гьабеян. Райадминистрациялъги гьабизе бугин гьезие хlажатаб кумекилан тlадеги жубана гьес.
Гьединго районалъул прокурор Рамазан Гlумаровас бицана Ватlан цlунизе ине инкар гьабуралъухъ законалда рекъон кинаб тамихl бихьизабун бугебали. Полициялъул хlалтlухъан Муслим Гlабдулкъадировас баян кьуна уклонистазда хурхун полициялъ гьабулеб бугеб хlалтlул. Гьединго мобилизация тlобитlиялъул бицана районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас. Гьесул баяназда рекъон гьабсагlатлда районалда рагlула 20-35 саназул ригьалда ругел, армияле ахlизе рес бугел 1235 гlолохъанчи. Районалдаса жеги 320 гlан чияс гlахьаллъи гьабулеб буго хасаб рагъулаб операциялда контракталда рекъонги.
Ахиралда бегавулзабаз кьуна жидерго суалалги.
И. Мухlамадов.
|