Автор И. Мухlамадов. Октябрь 2022 сон.
Гlабасил Махlамад гlабсахъ восулев
Гlадан гурев вугев нилъер тlалъидал
Москваялда гlемер лъагlелал рана
Лъагlилухъ батараб билизе течlо
Р. Хlамзатов
1 октябралда районалда кlодо гьабуна Дагъистаналъул Халкъияв шагlир Гlабасил Махlамад гьавуралдаса 90 сонилаб юбилей. Тадбир байбихьана тlоцебе райцентралъул цо къватlалъе шагlирасул цlар кьеялдасан. Гьенисан киназго сапар бухьана шагlирасул гlагараб Лъагlилухъ росулъе.
Тадбиралде рачlаразда гъорлъ рукlана республикаялъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Мухlамад Ахlмадов, филологиял гlелмабазул доктор Мухlамад Мухlамадов, Халкъиял шагlирзаби Залму Батирова, Тубхlат Зургьалова, республикаялъул миллияб прессаялъул журналистал ва цогидалги интеллигенциялъул вакилзаби. Гьалбалгун цадахъ районалъул нухмалъиялъ росдал гьоркьохъеб школалъул азбаралда поэтасе бараб памятникалда цебе лъуна тlугьдул.
Гьалдаса хадуб росдал клубалда жаниб байбихьана тадбиралъул официалияб бутlаялде.
Данделъаразе саламги кьун, кlалъай гьабуна районалуъул бетlер Нурмухlамад Задиевас.
“Гlабасил Мухlамадил хlалтlулги, гьес нилъер миллияб адабияталда тараб лъалкlалъулги бицун дихъа бажариларо. Гьелъул гlемер лъикl бицина жакъа тадбиралде рачlарал гьесул гьудул-гьалмагълъиялъ, поэтаз, журналистаз ва творческияб интеллигенциялъ. Дие абизе бокьилаан жакъа нилъеца кlвараб хlаракат бахъизе кколин Гlабасиласулги цогидал нилъер шагlирзабазулгун хъвадарухъабазулги рухlияб ирс наслабазухъеги, нилъер лъималазухъеги кьезеян. Нилъер буго Дагъистаналъул 6 Халкъияв шагlир рахъараб ва улкаялдаго тlоцебе литературияб абун цlар щвараб район. Гьез нахъе тараб рухlияб бечелъи цlуни - гьеб буго жакъа нилъер аслияб масъалаги”, - ян абуна гьес.