Пятница, 26.04.2024, 12:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Ноябрь » 21 » НИЛЪЕР УМУМУЗУЛ ИРС-ХАДУСЕБ ГlЕЛАЛЪЕ НАХЪРАТЕЛ
20:50
НИЛЪЕР УМУМУЗУЛ ИРС-ХАДУСЕБ ГlЕЛАЛЪЕ НАХЪРАТЕЛ

Ахиралде щолеб буго Россиялдаго маданияб ирсалъул сонлъун лъазабураб лъагIел. Гьединаб цIар гьаб соналъе кьеялъе гIиллалъун ккана нилъер умумузул гIадаталги, бахIарчияб нухги, халкъияб творчествоги гIун бачIунеб гIелалда лъазабиялде, гьеб цIуниялде дагьабги цIикIкIун кIвар кьей. Гьеб цIуниялъе кIудияб кIвар буго Культураялъул рукъзабазул, клубазул, маданиял центразул. Гьезул хIалтIи буссараб букIуна нилъерго Дагъистаналъе, районалъе хасиятал маданиял гIадатал Россиялъул цогидал халкъазда лъазари, гьезул лъикIал рахъал нилъецаги хIалтIизари. Гьеб мурадалъе гIоло гIемерал батIи-батIиял тадбирал тIоритIана Россиялъулго маданияталда, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналда ва нилъер районалда. Гьел рукIана Россиялъул халкъалъул рукIа-рахъиналда, культураялда, искусствалда, тарихалда хурхарал. 
ЛъагIалил ахирги бугелъул, кин гьаб сон нилъер районалда тIобитIулеб бугебали лъазелъун жакъа дун дандчIвана районалъул Маданияб централъул нухмалъулей Хъайитмазова Жавгьарат ГIабдурахIмановнагун. Гьелдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари:


-Жавгьарат ГIабдурахIмановна, лъазе бокьилаан кинаб кIвар бугеб нилъер маданиял гIадатазул централъул этнотрадиция цебетIезабиялъе ва гьеб цIуниялъе.  


Маданияталъ бихьизабула инсанасул, тIолабго жамгIияталъулго гIумру унеб сверухълъиялъул жанисеб дуниял. Гьаб отделалда хIалтIулелъул дица жигар бахъулеб буго цебесебги хIалтIизабун, гьанжесеб цIияб гъорлъе бачун, районалъул маданият мустахIикъаб къагIидаялда цебехун бачине. Гьаниб данде гьарун рукIана нилъер умумузул фольклор, гIадатал, тарих, творчество, хIалбихьи, гIумру-яшавалъул къагIидабазул баянал. Нижеца жигар бахъула сундулъго жигараб гIахьаллъи гьабун, якъинго гьел гIадамазухъе кьезе. ХIисаб гьабуни, кинаб тадбир районалда тIобитIулеб букIаниги, культураялъул хIалтIухъаби гьоркьор гьечIони гьеб релъунаро. Бертин-туялда, рохалилаб мажлисалда магIарул бакъаналда ахIулеб хIасратаб кочIол гьаракьалъгIадин черх чIаголъун, гIолохъанлъун бачIунаро, унтарасул рекIелъе дарулъун лъугьуна гьеб. ЦIа гIадал гIолилазул ракIазе гуребги, ботIрол рас хъахIлъарал харабазеги, сакъатлъиялъ черх загIип гьабурал инвалидазеги рекIее паракъалъи бачIинабула гьелъ.
Нилъер гIадатал, рукIа-рахъин, ругьунлъаби цогидал миллатазда лъица загьирго рихьизарулел культураялъул хIалтIухъабаз гIадин берцинго. Къварилъи кканиги, рохалилал тадбирал тIоритIулел ругониги, культураялъул хIалтIухъаби тIоцебесеб кьерда чIола. БукIана замана культураялъул учреждениял ковидалъул заманалдаги, цоги батIи-батIиял гIиллабаздалъун къаралги. Кинаб лахIзат тIаде бачIаниги, хIатта, батIи-батIиял гIиллабаздалъун заманаялъ нижер гIуцIи къан бугеб мехалдагицин, кинаб тадбир районалда тIобитIулеб букIаниги, нилъер культураялъул хIалтIухъабаз гьениб гIахьаллъи гьабичIого течIо.


-Жавгьарат ГIабдурахIмановна, бокьилаан лъазе жакъа къоялда жаниб кинаб хIалтIи маданияб централда унеб бугебалиги.


-КватIичIого нилъеца кIодо гьабизе буго Дагъистаналъул халкъияй шагIир, Андрей Первозваныясул орденалъул кавалер Фазу ГIалиева гьаюралдаса 90 сон тIубаялъул юбилей. Гьеб хIурматияб байрамалде нижеца хIадурулеб буго нижерго артисталги, районалда цого-цо бугеб ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул «Школалда театр» абураб проекталъул вакилзабиги, искусствалъул школалъул махщалилалги гIахьаллъун театрализованныяб церерахъин. Гьелда гьоркьобе бачун буго нилъер ракьцояй шагIиралъул гIумруялдасан 2 эпизод ва «ГIакаро-Хунзахъ» ансамблялъул жеги лъиданиги бихьизабичIеб 2 цIияб кьурди. Буго гьезие хIадур гьабун цIияб ретIелги, тIасияб соналда нусго сон тIубалев нилъер вокьулев шагIир Расул ХIамзатовасул юбилеялда хIалтIизабизе букIинелъунгицин. 
Гьединго Фазу ГIалиевалъул юбилеялде нилъер хIукуматалъ гIуцIараб гIаммаб планалда рекъон, поэтессаялъул хъизан-лъималги ва республикаялъул тIалъиялъул вакилзабиги гIахьаллъун, бахIарзал-афгъанцазул паркалда рагьизе буго Халкъияй шагIиралъул бюст. Фазул вас ГIали, Афгъанистаналъул рагъул гIахьалчи вукIиндал, гьеб буго гьелъулго вас Жамбулат МухIамадовасул анищ. Рохалилаб тадбиралдаса хадуб букIине буго «МагIарулалъул шал» абураб акция. Гьелдаса хадуб культураялъул кIалгIаялда тIобитIизе буго концерталъулаб программаги. Нилъер йокьулей шагIир даимго рекIелъ хутIиялъул мурадалда, гьеб къоялде хIадур гьабулеб буго виртуалияб музейги. Хадубккун бихьизабизе буго кин гьенибе жанибе лъугьине бегьулебалиги. 
Нилъер шагIир Расул ХIамзатовас 100 сон тIубаялъул юбилеялдеги гьанжего унеб буго хIадурлъи. Рес гьечIо хунги рахъунги Дагъистанги, нилъер районги дунялалда рагIизабурав шагIир кIодо гьавун, нилъер улкаялда гуребги, батIи-батIиял бакIаздаса гьалбал рачIунеб гьеб рохалилаб мажлис тIадегIанаб къагIидаялда тIобитIичIого. Гьанжего ниж хIадурулел руго гьелда иммерсивияб представление гьабизе. Гьеб щибжоян гьикъани, гьеб ккола тIаде рачIарал гьалбадерицаги, гIицIго ралагьун рукIинчIого, тIобитIулеб  тадбиралда жигараб гIахьаллъи гьаби.
Нижеда цадахъ тадбиралда гIахьаллъизе рес буго районалдаса лъикI кечI ахIизе, кьурдизе лъалел махщелчагIазулги. Гьезул захIмат гIадада тезе ракIалда гьечIо нижеда. 


-Риидалил заманалда нилъехъе рачIун рукIана Москваялдаса гIадамазул къукъа. Гьел туристалищ яги нилъеца ахIарал гIадамалищ рукIарал?


-Ахираб заманалда нилъер пачалихъалъ гьарурал кIвар бугел маданиял проектал руссарал руго нилъер маданияб ирс, рухIияб сахлъи, гьанжесеб халкъияб творчествалъул этнотрадициял, фольклориял ансамблял цIуниялде, миллатазда гьоркьоб бухьенал щула гьариялде, щибаб миллаталъул гIадамазул гIадаталгин рукIа-рахъин лъазабиялде. Гьеб мурадалда тIоритIулел руго Россиялъул батIи-батIиял регионазул гIадамазулгун дандчIваял. Гьеле гьедин, «НуцIби рагьулаго, ракIал рагьулел» абураб проекталда рекъон нилъер районалде рачIун рукIана Москваялдаса гьалбал. Нижеца гьезда рихьизаруна нилъер анир ругел берцинал, тIаде бер цIалел бакIал, миллиял квенал, рукIа-рахъин. Рихьизаруна бакьал цIеялъул, расукI гьабиялъул, куракул карщ гьабиялъул, квас самиялъул мастер-классал. Щвана ниж нилъер кибго цIар рагIарав шагIир Р. ХIамзатовасул рукъ-музеялде, даруялгин кьер-кьерал хурдуз тIегьазабураб Макьас расалъиялде, гIарцул кьерал чвахелабаз кенчIезарулел гъваридал кIкIалабазухъ балагьизе.
Гьелдаса хадуб нилъер 20 чIужугIадан ун йикIана гьезухъе Москваялдеги гьоболлъухъ. Гьезги ниж рачун рукIана БагIараб площадалде, КIудияб театралде, Гончаровасул усадьбаялде, опереттаялъул театралде ва цогидалги бакIазде. 
Щуго къоялдасан гIуцIараб программа букIана цIакъго интересаблъун ва пайда цIикIкIараблъун. КIиябго рахъ кутакалда цоцаздаса рази хутIана. 


- Украинаялда хасаб рагъулаб хъулухъ тIубалел ругел васазе рекIелгъеялъулаб хIухьбахъи гьабизе хIадурулел ругин Культураялъул хIалтIухъабиян бицен букIана…


- Нижее бокьун букIана нилъер рагъухъабазул рухIияб рахъниги борхизабизе, кечI-бакъангун гьезухъе гьоболлъухъе ине. Амма ниж риччачIо. Хадубги дир пикру ккана Украинаялъул хасаб операциялда гIахьаллъулел гIолохъабазе букIаниги, къварилъиялде ккарал Украинаялъул гIадамазе букIаниги, нижедаса бачIараб кумек гьабизе кIоларищан бихьизе. Районалъул бетIерасда дандги бан, гьесул разилъиялдалъун дун кIалъана Дагъистаналъул лъималазул ихтиярал цIуниялъул иш бачуней вакил Ежова Маринахъе. Гьей цIакъ йохана дица гьелъулгун бухьен кквеялдаса ва абуна Донецкиялдаса лъималазул ва гIолилазул искусствалъул школалъул къокъа бачIунеб бугин Дагъистаналде, гьел къабул гьарун бажаруларищин нилъер культураялъул отделалъан. Гьел гIолилал разилъун ахIана нижеца нижехъего гьоболлъухъе ва цо къоялда жаниб гьезда рихьизаруна хундерил тIалъиялъул берциналщинал бакIал. Гьалбал хIайран гьарун рукIана ЦIолбокь кIкIалалъул берцинлъиялъги, гьенисан чвахулел  лъел чвахиязги, гIурччинал расалъабазги, гьуинал лълъимазги. Гьалбадерида гьоркьосан 2 яс 5 къоялъ чIана нилъер районалъул ШототIа росулъа учительница МухIидинова Анжела Сапигулаевнаялъул ва Хунзахъ МухIамадова Шамай МухIамадхIажиевнаялъул хъизаназда гIумру гьабун. Гьезда бихьана гIадатиял магIарул хъизаназул рукIа-рахъин, гIадатлъи. Жидедаго бихьичIого гьединаб гьайбатаб гIумру дагъистаниязул батилилан ккун букIинчIила жидедаян мукIурлъун абуна гьез. Жал гьедин кIодо гьаруралъухъ ракI-ракIалъулаб баркалаги загьир гьабун тIад руссун ана.
Туристал рачIараб мехалда культураялъул отдел хIадурго буго нилъер умумузул бищунго лъикIал гIадатал, миллиял кьурдабазул берцинлъи, этносалъул гъварилъи нилъер гьалбадеридаги, туристаздаги бихьизабизе. Ниж хIадурал руго Дагъистаналъул туроператоразулгун гьоркьоблъиги ккун бертин гьабиялъул, бахIарав викъиялъул, бартун бихьиялъул, лъимер кинида лъеялъул ва гьелъие цIар кьеялъул, батIи-батIиял умумузул каршал гьариялъул, ролъул, гIатIал, гьолочIвараб гIатIал хинкIал гьариялъул, салмагал рессиялъул, бакIиде рахъиналъул, бертадул лезгинка кьурдизе малъиялъул мастер-классал, гьезда рихьизаризе.


- Жавгьарат, баркала гара-чIвариялъухъ.


- Дуеги баркала нижер хIал-хIукму цIехезе нижехъе ячIаралъухъ.


Н. Гlалиева.

Просмотров: 262 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz